Авторизация

ГIашилтIаса КъурбангIали

КъурбангIали гьавун ву­го гIага-шагарго 1895 соналъ. Къарахъа МухIамад-ТIагьирица жиндирго асаразулъ рехсон вугев, ГIашилтIаса ГIабдулагьилги Ханулги хъизаналъе.

КъурбангIалил кьибил ккола Хунзахъ районалъул ГIахьалчIиса. ГIашилтIаги ГIахьалчIибги буго гьесул гIагарлъи. Къварилъиги гIатIилъиги бикьизе гьел цоцазухье щола.

МухIканал тарихиял хIужаби кодоре щун гьечIониги, абизе бегьула ГIашилтIаса КъурбангIали кколин ХI-ХII гIасруялда вукIарав Дагъистаналда машгьурав гIалимчи ГIахьалчIиса КъурбангIалил тухумалъул ва гьесул цIар лъурав чийиланги.

... АхIулгохIда унел рукIана кор боркьарал рагъал. Эменги хун нахъе хутIарав вас КъурбангIалиги каранда хахулей ясги ячун яхуна гьезул эбел Хану АхIулгохIде. Рагъул кьогIлъи, ракъи-къеч – кинабго муридзабазда бащадго хIехьана гьеб хъизаналъги.

Шамилица гохI тезе изну кьун хадуб нух гьечIеб цо рокъор рукIарал гьезде тIаде кIанцIун рачIуна гIемерал солдатал. ГIурусазухъе щвечIого хвезелъун, Хануца каранда хахулей йикIарай яс рокъоб жаниб чед бежизе, цIоросаролъ, ролъ барсизе гьабун букIараб багIарараб короние егьула. МагIарулалъул гьединаб тавакал бихьарав гIурус солдатас, вортун ун, яс нахъе йосула ва къватIие ячун уна. Гьелъул хадусеб къисмат нилъее балъголъилъун хутIула.

Жиндирго лъималазе гохIил хабар бицунебщинахъе КъурбангIалица абулаанила гьей яс чIаго ятани, цо кьер нилъер гIагарлъиялъул купруялъулъ букIине кколилан.

АхIулгохIда ккараб рагъул чIагояв нугIлъун вукIарав КъурбангIали Дагъистаналда цIар рагIарав кIудияв гIалимчилъун вахъана.

...АхIулгохI тун хадуб за­маналда Шамил уна Чачаналде, КъурбангIалийин абуни 15 гIашилтIисевгун цадахъ Шамилил буюрухъалда рекъон, росу цIи гьабизе ГIашилтIе тIад вуссуна. Росулъ гьес бала мина, босула чу-ярагъ ва хIадурго вукIуна Шамил вачIиналъухъ балагьун, аскаралде лъугьине.

Шамилида лъалаан хъвай-цIалиялъе КъурбангIалил бергьараб гьу­нар букIин. Гьесул хIакъалъулъ Шамилил цо хасаб пикруги букIун батизе ккола, гуребани тIад вуссун ГIашилтIе щварав Шамилица Къур­бангIалида кьварун лъазабилароан: «Чу-ярагъги бичун, цогидал киналго ургъелалги жалго тун, гIелмуялде машгъуллъе!» – ян.

Гьеб къоялдаса нахъе КъурбангIалиги жиндирго пагьму-гьунаралдаса пайдаги босун, гIелмуялда тIад чIола.

Дир пикруялда, гьеб мехалъ букIине ккола имамас гьесда тIад къарабги АхIулгохIил щвалде щвараб хIакъикъаталда рекъон асар хъвазеги. Кида хъвараб батаниги, Шамилил тIадкъаялдалъун ва тIадчIараб бербалагьиялда гъоркь КъурбангIалица рагIа-ракьанде щвараб, киналго лъугьа-бахъинал рехсараб, ритIухъаб, щвалде щвараб, асар хъвараблъи нилъее мухIканаб хIужа буго.

РакIбухIизе ккараб жо буго – гьеб къиматаб асар нилъехъе жеги щун гьечIолъи ва щиб гьес гьелда гьабурабали лъангутIи.

РакIчIун пачаясул пол­итика Дагъистаналдаги билълъанхъараб, гьезул кIудияв хъулухъчилъун КъурбангIали вахъинегIан халкъалда гьоркьоб мухIканаб бицен букIун буго гьеб тIехьалъул хIакъалъулъ, хадубин абуни, гьелъул бицен къотIун буго.

КIудияб хъулухъалда вугев КъурбангIалица пикру гьабун батизе ккола АхIулгохIда ккарал рагъазул хIакъалъулъ хъвараб ритIухъаб асар гIурусазухъе щвани, жив гIумруялъул гIемерал санагIалъабаздаса махIрумлъизе бегьулилан. Гьединлъидал гьес гьеб асар, тIубанго хвезабичIбго, кибниги бахчун батилилан хьул буго.

КъурбангIалил хIакъалъулъ буго цо гьадинаб биценги. Доб заманалъул лъикIа-лъикIал гIалимзабазда цеве цIалун, гIелму-лъай тIалаб гьабулаго, гьев щола Кьохъа (гьанжесеб Болъихь район) Салман-апандида аскIовеги. Гьев кко­ла гьаб заманалда магIарулазда гьоркьоб жиндир адаб-хIурмат бугев Кьохъа СултIанмухIамадхIажил цевесев чи.

Салман-апандида цеве цIалулаго, гIелмуялде машгъуллъиялъул кутакалъ, квен-тIех, макьу, регел ва цогидал са­нагIалъаби мукъсан гьариялъул, гIемераб заманалъ халатбахъун цого къагIидаялъ тIахьазде къулиялъул хIасилалда собо-годон, захIматго унтун, щуризе кIоларев чи, чодаги къан, Кьохъа ГIашилтIе восун вачIуна КъурбангIали. Гьедин захIмалъаби хIехьон, гъираялда гIелму тIалаб гьабиялъул хIасилалда гьев къокъаб заманалда гъваридаб гIелму кодосев чилъун вахъуна. Гьелъие нугIлъи гьабула гьитIинго КъурбангIали гIешдерица дибирлъун теялъ ва сверухълъиялдасацин мутагIилзаби гьесда цере цIалулел рукIиналъ.

Дир пикруялда, БакьагьечIиса ЧIанкIаги КъурбангIалица ГIашилтIа цIализавун вукIине ккола.

Жиндирго мугIалим хванилан рагIидал, рекIелъе кIудияб пашманаб асар ккун, хъвараб буго ЧIанкIаца КъурбангIалиде гьабураб кIиго бутIаялдасан гIуцIараб зигара-кечI.

Шамилил рагъал лъугIун хадуб КъурбангIали тIамуна Хунзахъ округалъул къадилъун. Гьенив хIалтIулеб мехалъ ккана магIарулазда гьоркьоб машгьураб бицен бугеб кIиго лъугьа-бахьин.

ТIоцебесеб хурхараб буго КъурбангIалидаги ва гьесул заманалда вукIарав бергьарав гIалимчи – устар ГIободиясдаги.

КъурбангIалица живго гIадинал гIелмуялъул гIадамал данделъараб бакIалда ГIободиясул бицен ккараб мехалъ, гьев сан гьавичIого, рагIаби абула.

Гьеб заманалда жин­дирго росулъ рокъов каки чурулев вукIарав устарас аскIов вугев жиндирго муридасда абула, Аллагьас хъван батани, метер Хунзахъе рилълъине ругилан.

Циндаго устарасул ракIалде бачIараб Хунзахъе рилълъиналъул пикруялда гIажаиблъарав муридас сапаралъе гIилла цIехола.

– Аллагьас хъван бата­ни, метер ГIашилтIаса КъурбангIалида умиян (эбел магIнаялда абулеб рагIи) ахIизабизе буго! – ян жаваб гьабула ГIободияс.

Нахъисеб къоялъул ра­далиса къватIиве вакка­рав КъурбангIалида, чуяздаги рекIун, цере эхетун ГIободиявги ва гьесул цо чанго муридги рихьараб мехалъ лъицаниги калам гьабилалде кинабго бичIчIула.

– ТIаса лъугьа, устар! Гьалъ кьвагьана, гьаниб щвана! – ян абула, килищ цин жиндирго кIалалда, хадуб надалдаги хъвазабун.

Устар ва муридзаби тIокIалъ калам гьабичIого, тIад руссинарун чуялгун, ГIободе уна.

Дир пикруялда гьаб лъугьа-бахъиналъ бихьизабулеб буго кIиявго гIалимчиясул гIелму-лъаялъул гIорхъаби гIатIидал рукIараблъи.

КIиабилеб бицен хурхараб буго КъурбангIалидаги ва жиндирго оц батичIого, чодаса гъоркье рещтIинарилан Аллагьасул цIаралдасан гьедарав чиясдаги.

Гьев чи киса кколев лъаларо, амма кигIан свераниги, оцги батичIого, лъида гьикъаниги чодаса гъоркье рещтIине нухги щвечIого ахирги вачIуна гьеб заманаялъ цо къваригIелалъ ГIашилтIа вукIарав КъурбангIалихъе. Гьоболасул мурад бичIчIарав гIашилтIасес чол чIолохъжо жиндихьего босула ва щибниги рагIи абичIого цо гъотIода аркIове вачуна.

– Чодаса гьаб гъотIоде ваха! Щиб кинали бичIчIичIев чол рекIарав абураб гьабун, хъата-масан гъотIоде вахуна.

– Гьанже гъотIодаса гъоркье лъугьа!

ГъотIодаса гъоркьеги лъугьун гьобол аскIове вачIарабго:

– Мун гъоркье рещтIана гъотIодаса, гьанже ургъел тезе бегьула, Аллагьасул цIар хвезабичIо дуца! – ян абула КъурбангIалица, вохиялъ хIаладаса арав гьоболасда.

Хунзахъ округалъул къадилъиялдаса КъурбангIали вачуна Щура шагьаралде Дагъиста­налъул къадилъун. Гьеб букIана Къарахъа МухIамадтIагьирида хадусеб заман. ГIага-шагарго 1900 соналъ хвезегIан КъурбангIали гьеб хIалтIуда вукIана. Гьесие кьун букIана офицерлъиялъул чинги.

КъурбангIалица изну кьун бана АхIулгохIда бу­геб гьитIинабго мажгитги, магIарулазул вакилзаби, изну тIалаб гьабун гIемер рачIун, нахъчIвазе кIвечIого.

– Бегьуларо, диналъул вацал АхIулгохIда кигIан дагьабниги квербагъари гьабизе! Гьенире зияраталъе рачIарал гIадамазе жанире руссине бакI гьечIолъиялъ бугеб санагIатбахъиялъул хIисабги гьабун, нужер гьариги нахъчIвазе кIвечIого, кIудияб мунагь-хIакъги дирго бетIералде босун, кьезе кколеб буго изну гьитIинабго мажгит базе, – ян абула КъурбангIалица, ахирги яхI хварав чияс.

Гьанже гьеб мажгит цIигьабун къачIан буго. ЛъикIаб лъай бугев гIалимчилъун вахъана КъурбангIалил вас ХIабдулагьги. ГьабсагIаталъги ГIабдулагь лъалел гIешдерил гIадамаз ракI хIайранлъуледухь бицуна гьев инсанасул гIамал-хасияталъул, берцинлъиялъул ва гIелму-лъаялъул гъварилъиялъул, камиллъиялъул. ХIакъикъаталдаги гьединав чи вукIиндал батизе ккола гIадамаз гьесие кьун букIараб гIалимзабазда гьоркьоб цIакъ къанагIатаб гIелмуялда гIамал рекъараав абураб цIар.

ГIабдулагьица дибирлъи гьабула Хунзахъ. Гьебго хIалтIиялда 30 абилел соназул авалалда Унсоколо вукIаго, бакIалъулав мацIихъанасул «баракаталдалъун» НКВДялъ ккун туснахъалъув тIамула.

Карандаса гъоркье борчIараб хъахIаб мегежалъул гьайбатав инсан гIелмуялда гIамал рекъарав ГIабдулагь, большевиказ Архангельскиялъул рохьаздеги вачун, араб бакI лъачIого тIагIинавула. КъурбангIалил яс Ханул вас ккола, магIарулазда гьоркьов машгьурав ин­женер-энергетик, драма­тург Багьадур Малачиханов. Гьесул хIакъалъулъ рехсей буго ЦIадаса ХIамзатил асаралдаги. Гьелъие гIиллалъун букIана жиндирго пикрабаздехун машгъуллъиялъ­ул кутакалъ, МахIачхъалаялъул цо къотIносан унаго канали­зациялъул гвендинибе ккун, Багьадурил бох бекун букIин. Гьевги лъугьуна большевиказул къурбанлъун.

Багьадурил вац Саладинги, гьоркьохъеб гIелмулъай бугев чи, дибирлъун хIалтIана ХарачIи (Унсоколо район) росулъ, учительлъун – Унсоколо тIоцебе рагьараб школалдаги.


Автор: Батулил МухIамад

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

Баяналъул кьучI: 1995 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий
Къурбанг1али гьавураб соналъулъ гъалат1 буго, бит1изабе. Шамилил заманаялъул чи 1895 соналъ кин гьавулев?


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook