Авторизация

Киса бачIараб Авар абураб рагIи

«Авар» абураб рагIи киса бачIараб бугебали бахIсал Кавказалда рукIана XIX гIасруялдаго, гIурусазул гIелмияб жамгIияталда жаниб гьеб суалалде  кIвар буссаралдаса нахъе.

Гьел бахIсазул хIасилалда бижана чанго батIияб версия, «авар» абураб рагIи киса бачIарабали бичIчIизабулеб. Гьезда гъорлъан бищун тIибитIараб буго версия, аварал абураб рагIи Шималияб Кавказалда VI гIасруялда рукIарал гочунел, «авар» абун цIар бугеб халкъалдаса бачIараб бугилан абураб. Гьедин, Н. Г. Волковалъул пикруялда, гьел аваразул цо-цо къокъаби мугIрузул мухъазде рачIун, гьенир чIун ратизе рес буго, ва дагь-дагьккун гьенир рукIарал бакIалъул гIадамалгун журан, гьезул мацI босун буго гьез, амма бакIалъул гIадамалгун жураниги гьеб халкъалъул цIар цIунун хутIун буго «аварал» абун.

 Гьебго заманалда, Волковалъул версия цIияб версия кколаро, щайгурелъул гуржиязул гьоркьохъел гIасрабазда гьарурал хъвай-хъвагIаязул цояб ккола «Картлис Цховреба». Гьелда бицен гьабулеб буго цересел гIасрабазда вукIарав Картли абураб гуржиязул улкаялъул парчахI, жиндир цIар Гурам абурав чияс МагIарухъе аварал абураб халкъ гочинариялъул.  Гьел аваразул рагъ ккун буго Гъурамилгун, хIасилалда, Византиялъул хан, Юстиниан гьоркьове лъугьун рекъел гьабун буго кIиябго рахъалъ, амма Гурамица аваразул халкъ Кавказалъул мугIрузде ва кIкIалабахъе, гьединго Хунзахъе рахъинарун руго, жакъаги гьезда аваралилан абулебги буго. Амма нилъеда бихьухъе, гьел баянал тIуран ритIухъал ратизе рес гьечIо, гьелго гуржиязул цогидал тарихчагIаз хъварал тарихиял баяназухъ балагьидал, гьеб кьучI гьечIеб бицен букIинги бичIчIулеб буго.

ТIадехун рехсарал гуржиязул тарихияб бицен хIисабалде босун, тарихчи Т. М. Айтберовас рикIкIунеб буго VI гIасруялда цо бутIа аваразул мугIрул тIалъиялде рахъун, гьенир бакIалъул гIадамалгун журан ратизе рес бугин. Хадубккун гьеб цIар лъугьунеб буго Сариралъул цо-цо ханзабазул цIарлъунги. Гьедин, гIалимчияс рикIкIунеб буго жакъасеб Аваралъул централияб бутIаялда чIей гьабурал авараз гIуцIун бугин гьезул кверщел кодосеб тIалъи ва жалго бакIалъул гIадамалгун журан ругин.

Гьелдаго релълъараб пикру буго цо-цо Азарбижаналъул тарихчиязул, гьеб суалалда тIад жал хIалтIарал.

Руго цогидал версиялги, хIакъикъаталдаги, жал мухIкан гьарулел хIужаби ругел. Масала, В.М. Бейлисица рикIкIунеб буго жакъасел аваразул умумул «ахвар» ва «авгьар»  абурал цIаралда гъоркь лъалел рукIанин, хадубккун, гIараб хъвай-хъвагIаязда гьел сверанин аваразде. Гьебго заманалда, гьоркьохъеб Азиялда рукарал аварал гIараб мацIалда рехсолел руго «ал-Абар» абун. Гьенибго ракIалде бачIунеб буго гIурусазул «обралги». Бейлисил пикруялда, Авар абураб цIар тIоцебе дандчIвалеб буго гIараб хъвай-хъвагIаязда, Сариралъул ханасул цIар хIисабалда. Дагъистаналъул тарихчагIаз Авар абураб цIар рикIкIунеб буго Сариралъул кверщел кодосеб тухумалъул цIарлъун.

О. М. Давудовасул пикруялда, авараллъун Сариралъул халкъ лъугьун буго гIицIго IX гIасруялдаса хадуб.

Бейлисил хIалтIиялъухъ хал гьабун абунани, гьесул версия данде кколеб  гьечIо цогидав тарихчи, В. Ф. Минорскиясул версиягун. Гьедин, Минорскияс рикIкIунеб буго Сариралъул ханзабазул тухум Алтаялдаса рачIарал ругилан.

Азарбижаналъул тарихчи Г. А. Гейбуллаевас ратIа гьарулел руго Кавказалъул аварал ва гьоркьохъеб Азиялъул аварал, гьезул гIицго цIар релълъараб бугилан абун. Шималияб «Кавказалъул халкъалъул тарих, бищун цересел гIасрабаздаса байбихьун» абураб тIохьода кьолел руго гьадинал баянал. Гьениб хъвалеб буго 560 соналъ Дунай ва Сава гIурул рагIалде рачIанин аварал, Каспиялъул шималияб рахъалдаса ва жанубияб рахъалъул гIурусазул авлахъаздаса. 558 соналда, аланазул ханасул гьоркьолъиялдалъун аварал лъугьунел руго Византиягун цолъиялде ва гьеб заманалда Византия букIун буго Ирангун кьалда. 560-56I  соназ авараз Дон гIор тун буго ва славяназул халкъал гъурун руго, ахиралда Дунай гIурул рагIаллъабазда чIейи гьабунги  чIун руго, гьениб Аваразул каганатги гIуцIун. Каганаталда гъорлъе унел рукIун руго чанго халкъал, жидер гIаммаб мацI гьечIел.

Гьел харбазда божани, гьоркьохъеб Азиялдаса рачIарал авараз гIицIго чанго сон гурого бан гьечIо Шималияб Кавказалда ва гьеб заманалда жаниб къуркьизабун буго Кавказалъул халкъал, хадубккун я Тамерланида, я монголазда, я гIарабазда къуркьизабизе кIвечIеб Авар халкъ. Гьединлъидал, гьеб версияги ургъун бахъаралда релълъунеб буго.

БатIи-батIиял версиял рахъулаго, хал гьабулез хIисабалде босулеб гьечIо, Авар абураб рагIи жибго авар мацIалдаса бачIараб батизе рес букIиналъул. Гьебго заманалда, цогидал гIагарал мацIазда данде ккун, авар мацIалъ  рес кьолеб буго гьеб рагIи бачIин бичIчIизабизе.

«Авари»  абураб рагIи – гIалах  абураб магIнаялда, 4 азарго соналъ цебе Жанубияб Кавказалъул мацIазулъ цебе тIибитIун букIараб, И. М. Дьяконовасул пикруялда, цIунун хутIун буго рутул мацIалда санлъи абураб магIнаялда ва авар мацIалда гIалах абун.

Цогидай лингвист, Н. Нодадзел пикруялда,  гьеб рагIул буго жеги магIна магьигIел, ай жив авлахъал цIунун тарав чи. Гьебги хурритал абураб 5 азарго соналъ цебе гьанжесеб Курдистан улкаялда букIараб халкъалъул мацIалдаги хутIун рагIула.

Авар мацIалъул жанубиял диалектазда гьедино буго «авахI»  абураб рагIи (чIобогояб бакI), гьебго заманада гIуриялда гьез «алахI»  абулеб буго.

«АлахI» ва «гIалах»  абурал рагIабаздасан лъугьун руго: гIалхул, гIалхил, улхIол абурал рагIабиги.

 МагIарулазе гIалах ва мегIер абурал рагIабазул магIна релълъарал руго, ай гьезул цо магIна букIиналъ: гIи-боцIи хьихьулеб бакI.  М. Агъларовас гьел баян гьарулел руго хасало гIи-боцIи хьихьулеб бакI — гIалах ва риидал гьел риччалел — мегIер.

Гьединго, кIвар буссинабизе ккола Авар абураб рагIул ва авараг абураб рагIул релълъеналда. Авараг рагIиялъул этимологиялъ кумак гьабула авар абураб рагIиги кин бачIарабали бичIчIизе.

 

Кин лъугьараб Авараг рагIи?

Авараг абураб рагIул бачIиндаго букIараб магIна буго батIа-тIун мугIрузда яги авлахъалда, гIадамал гьечIеб бакIалда чIарав, как-диналда вугев чи абураб. Гьеб рагIи лъугьун буго кIиго рагIи жубан: Авар – «гIалах» ва «лаг» — чи. Ва гьелъул магIна кколеб буго «гIалхул чи».

МагIарул мацIалъул «авараг»  абураб рагIи бачIиналъул хал гьабун буго П. К. Усларица, Н. Я. Маррица, Л. И. Жирковас. П. К. Усларил пикруялда, гьеб рагIи лъугьун батизе рес буго турк мацIалъул авара абураб рагIудаса (гIалхул, батIатIун чIарав чи). Н. Я. Маррица гьеб рагIи хурхинабулеб буго «мargarey»  абураб рагIиялда (авараг эрменазул мацIалда). Амма И. Х. ГIабдуллаевас гьеб хурхинаби гIемер рекъараб гьечIолъи бихьизабулеб буго, щайгурелъул гуржи ва эрмениязул мацIазда бугеб гьеб рагIи перс мацIалъул «Мarаg»  рагIудаса бачIараб букIиналъ.

Л. И. Жирковасул Авар-гIурус словаралда «авараг» абураб авар мацIалъул рагIи гьес хурхинабулеб буго «апараг»  абураб рагIуда. Ва гьебго магIнаги кьолеб буго. Жирковасда гьеб кIиябго рагIи цо магIна кьолеблъун бихьулеб буго. Амма гьеб хурхен гьабиялъеги кьучI гьечIеблъи бихьизабулеб буго гьевго ГIабдуллаевас. Гьедин, «авараг» абураб рагIул гIицго цо магIна гурого гьечIо авар мацIалда, гьебго заманалда «апараг» абураб рагIул магIнаялда гьеб хIалтIизабулеб гьечIо.

Дагъистаналъул мацIазда аварагасул цIарал лъугьиналда хурхун хIалтIи хъварав И. Х. ГIабдуллаевасул пикруялда, гьеб лексема (авараг) хурхараб гьечIо я гIараб мацIалда, я турк мацIалда, я персазул мацIалда ругел рагIабазда. Гьебго заманалда, Дагъистаналъул мацIазда аслияб къадар диниял терминазул бачIарал мацIал кколел руго гьел. «Авараг» абураб рагIи Дагъистаналъул мацIазда ислам дин тIибитIилалдего букIараблъи чIезабулеб буго гьес. Гьеб рагIи хадубккун, ислам тIибитIидал Исламалъ къабул гьарулел аварагзабазда абизе лъугьун буго.

«Авараг»  абураб рагIи тIибитIараб буго киналго Дагъистаналъул мацIазул тIелазда: магIарул (авар, гIанди, цIунтIа ва гь.ц.), даргиязул, тумазул, куралазул (хъалтагъазул ва газалазул) мацIазда. Гьелдаса бичIчIулеб буго халкъазул диниял бербалагьиял релълъарал рукIинги, ислам тIибитIилалда цебесеб заманалдаго. Дагъистаналъул мацIазде гьеб рагIи бачIун буго цебесеб  заманалда. Амма гъорлъ босун буго щибаб мацIалда батIа-батIаго. Гьединго, гьеб рагIи цониги Дагъистаналъул мацIалдаса бачIун цогидал мацIазулъ чIараб гьечIо, гIицIго авар мацIалдаса цезазул ва гIандисезул мацIазде гурого.

Авараг абураб  рагIиго гIадин лъугьарал жеги рагIаби руго авар мацIалда, мисалалъе кьадалисез абула: биса-рахъ ччугIихъанасада (биса – ччIугIа ва рахъ – чи). Гьединалго руго дарги мацIалдаги, масала шагьар-лан, шагьаралъул чи, дубур-лан – магIарулав.

Заманалдасан, лаг абураб рагIи —  гIадан абураб магIнаялда хIалтIизабулеб букIараб, Дагъистаналъул мацIазда (рахъ, лагI, лагъ) журарал рагIабалъ хIалтIизабулаго сверун буго ахиралде «-ал, -гIал» ва терминал рагIабазулъ «-лав». Гьединго тIибитIун буго

 «-гIал-» суффиксалъул кумакалдалъун лъугьарал рагIабиги: яцIгал, имгIал, цунагIал, доногIал.

Жакъа къоялда гьел рагIаби бигьа гьарулел руго. Масала, ункъгIал абураб рагIи ункъал яги ункъалай абун толеб буго, яги вацгIал абичIогон – вацалав, вацал абулеб буго. Гьединго рес буго лъугьун ратизе жиндир заманалда нуцал, шамхал, чIахIал — гIадал рагIабиги.


Лаг, лак абурал рагIабазул магIна

В. Ф. Минорскияс «лак»  рикIкIунеб буго Дагъистаналъул мацIазул рагIилъун ва гьеб «лаг»  абураб рагIиялдаса лъугьараб бугилан. «Лаг» абураб рагIиялъ Дагъистаналъул мацIазда кьолеб буго «чи» абураб магIна.

Рес буго «лаг» абураб рагIи Дагъистаналъул ракьазда цIакъго цересел гIасрабаздаса байбихьун хIалтIизабулеб букIун батизе. Чанго гIалимзабаз чIезабун буго «лаг» абураб рагIи Жанубияб Кавказалъул территориялда букIараб рагIи бугин ва гьелъул гIадан абураб магIна букIин. ХIХ гIасруялдаго П. К. Усларица хъвалеб буго «… хурхараб гьечIодай гьеб легазда, лезги ва лезгиназда?», — абун. В. И, Абаевас, Кавказалъул мацIазул хал гьабураб хIалтIуда хъвалеб буго Кавказалъул мацIазул рагIи бугин «лаг» абураб рагIи, «лагъ, векьарухъан, чи» абураб магIнаялда гьел мацIазда дандчIвалеб. Гьириязул (осетиназул) мацIалда бищунго цIубан цIунун хутIараб «лаг»-инсан абураб магIнаялда. РикIкIунеб буго гьеб рагIи ираназул мацIалдаса бачIараб гуреб, Кавказалъул мацIазул рагIи букIин. Гьебго заманаялъ «лаг» абураб рагIиги «лег» абураб рагIиги хурхинарулел руго. Гьириязул мацIаздаса гьеб нахъеги тIадбуссун бачIунеб буго Дагъистаналъул мацIазде. И. Х. ГIабдуллаевасул пикруялда, «лакзи» абураб рагIи кколеб буго гIицIго литературияб форма, «лазги»  абураб кколеб буго кIалъалаго хIалтIизабулеб букIараб, Заманалдаса гьеб тIибитIун буго ва нахъе цIунуги хутIун буго. Гьеб рагIи хIалтIизабулеб букIун буго дагъистаниял абураб термин хIисабалда (гуржи мацIалда «лекIи», гьириязул мацIалда «лекъаг»).

Гьединлъидал, «Авар» абураб рагIул хасаб, Кавказалдаса бачIараб этимология букIинеги рес буго. Авар мацIалдаго бижараб батизе рес буго «авар» абураб рагIи. Гьелъ кумак гьабизе буго гьоркьохъел гIасрабазда Жанубияб Кавказалда кколеб рукIарал лъугьа-бахъинал ва гьезул хIасилазда аваразул халкъ лъугьинги бичIчIизе.

БачIинахъего, цо-цо гIалимзабаз товухъе, гьеб букIун буго Awhar (авахI + ар/ал) абураб къагIидаялда, хадубккун, хъвай-хъвагIаязда гьеб батулеб буго Awar абун хъван, амма XIV-XV гIасруялъул хъвай-хъваяздаги цо-цо цIунун хутIун бутулеб буго Awhar абун хъвалеб къагIида. Гьеб рагIул магIна бичIчIизе бегьула гIалахалда гIумру гьарун ругел гIадамал абун. Ва гьеб хурхинабизе бегьула гьез жалго рехун тараб  гIалхуда рачIун чIарал чагIилъун рикIкIунел рукIин. Гьеб батулеб буго нилъеда «Картлис Цховреба» абураб тарихияб хъвай-хъвагIаялдаги. Гьелда рекъон, кIудияб бутIа лекIазул, хунзал абун цIар бугеб, рахъун руго Дагъистаналъул мугIрузул рахъалде. Гьенибго хъвалеб буго цо бутIа гочарулел халкъазул къуваталлъун лъугьиналъулги ва гьел «хазарал» абун рехсолел руго хъвай-хъвагIаялда. «Хозаних, ЛекIил цогидал ирсилаздаса тIокIав вукIиналъ  чIун вуго мугIрузда, гьениб бан буго шагьар ва жиндирго цIар кьун буго – Хозанихи абун», — хъвалеб буго гьениб

Гьединго, жугърупалъул (география) принципалда рекъон лъугьун буго лъарагIал абураб рагIиги (гIодоблъиялда ругел гIадамал). Гьединго лъугьун батизе рес буго аваралги (авлахъалда, гIалахъалда ругел гIадамал).

Гьеб гьедин батизе рес букIиналъул пикру щула гьабулеб буго гIандисез жидедаго «гъванал» абулеб букIиналъ. Гьеб магIнаялъул рахъалъ данде кколеб буго «авар» абураб этнонималъул магIнаялда. ЦIадаса ХIамзатица хъвалеб буго «гъванил уммат» абун ва гьеб рагIул магIнаги гьабулеб буго «гIалхулал», «ракь  жубалареб къавм». Гьединго «авар»алги кколел руго «гIалхулал», яги «гIалах»алда гIумру гьабулел гIадамал. Авар мацIалъул рагIирукъазда (словаразда) гьечIо гьеб рагIи кьолеб, амма мацIалда руго гIемер кьибилцоял рагIаби: «гванзу» – гIалхул бакI, «гванзихъ» –цIакъ рикIкIадаб ва гь.ц.


Автор: Маркъо ШагIбанов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook