Авторизация

Гелбахъалдаса Бегав (XVI гIасру) – нухмалъулев ва рагъул цевехъан

ХVI абилеб гIасруялда Терек ва Сулахъ гIоразда гьоркьоб бугеб бакIалда лъугьана тIубанго миллияб ва политикияб ахIвал-хIал хисизабулел лъугьа-бахъинал. Гьеб букIана жеги Кавказалде Россиялъул империялъулаб квачI щвечIеб заман.


ЛъарагIлъиялъул аварал

Гьеб мехалъ Сулахъ гIоралдаса югалдехун ругел лъарагIал гочизе байбихьана Терекалдагун Сулахъалда гьоркьоб бакIалде. Гьедин хъвалеб буго I860 соналъ къватIибе бачIараб «Кавказ» абураб журналалда бахъараб, бакIалъулал гIадамазул харбазда рекъон хъвараб макъалаялда.

ЛъарагIалгун Кабардаялдаса рачIарал ва гьединго мугIруздаса гочараб халкъалъ гIумру гьабизе байбихьана гьеб бакIалда. Макъалаялда хъвавухъе, аваразул цо бутIаги букIана. Рехсолел руго РикIвани абураб росулъа гочарал гIадамал. Цоги Салатавиялдаса гочарал магIарулаз чIей гьабуна Ахдач гIурул рагIалда ва гьединго Индиралда. Гьезул тIоцевесесда цIар букIана Муса.

Гьел кIиго тIадехун рехсарал аваразул къокъаби гурел, рехсараб бакIалда гIумру гьабун рукIана «гуенал» абурал гIадамалги. ГIалимзабазул пикруялда рекъон, гьеб цIар бачIун буго гIандисел магIарулаз жидецаго жидеда абулеб «гъван» абураб рагъудаса. ТIадехун рехсараб макъалаялъул авторас рикIкIунеб буго гьел гIагарал рукIанин гIандалалгун ва доб мехалъго лъалеб букIараб Гъуниб росдал гIадамалгун абун. «Гъуннал» абурал Азиялдаса гочун рачIарал къокъабазул хъала букIун буго гьанжесеб Гъуниб росу бугеб бакIалда, гьенисан бачIараб бугин росдада цIарги абун рикIкIунеб буго авторас.

Гьеб мехалъ (Т. Макаровасул пикруялда рекъон, гьел лъугьа бахъинал ккун руго I574 соналда Чопан шамхал хвезегIан) рехсараб бакIалде гочун руго «туман» абун цIар бугел къокъабиги. Авторас хъвавухъе, рехсарал киналго къокъаби данделъун гочун руго Чир-Юрталде, гьенисанги гьанжесеб Бавтугъаялдаса тIадехун бугеб Гелбахъ абураб бакIалде, гьенисаги Индиралде.

«Туменал» гIага-шагарго рукIун руго нугъаял. ХVI гIасруялда гьезул ракьал рукIана Терек гIор ралъдалъе чваххулеб бакIалда. I588 соналъ Терекалда гIурусаз хъала барабго гьел гочана Сулахъалде. I594 соналъ гьезул хъала Тарки бухIана ва щущахъ базабуна гIурусаз ва туменал Эндереялда аскIоре гочана. Гьел лъабалго тIадехун рехсарал къокъабазда («гуенал», «салатавиял» ва РикIваниса гIандал) тIаде щвана Сулахъалдаса югалдехун букIараб Къумукъ шамхаллъиялдаса щварал лъарагIалги. Гьезда цадахъ щвана лъарагIазул ханзабазул рокъоса къватIив ккарав СултIан-МахIмудги (СултIан Мут). 

СултIан Мут ва Бегав I574 соналъ хвана лъарагIазул шамхал Чопан ва нахъе тана кIиго чIужуялъул лъимал. ТIоцеесей йикIана Хайдакъалъул уцмиязул тухумалдаса, кIиабилей йикIана кабардинай. Гьелъул лъимал – СултIан-МахIмуд, Нуцал ва АхIмадхан ханасул ирсалдаса махIрум гьаруна тIоцееселъул лъималаз. Гочун арал вацал чIана Гелбахъ абураб аваразул росулъ. Росдал бегавул вукIана Бегав абурав чи. Щивха вукIарав гьев Бегав ва кинаб гIахьаллъи гьабураб гьес хадур рукIине ругел лъугьа-бахъиназулъ?

Гьел суалазе жаваб батулеб буго ХIХ гIасруялъул архивалъул материалазда. Гъоркьехун кьолеб буго гьеб темаялда хурхараб документалъул бутIа. «Бегав вукIун вуго ГIандиса Салатавиялде гочарав жиндир гIагарлъигун ва гьенир ругел гIадамаздаса гьез магъало бакIарулаан. Заман ингун бакIалъулаз гьесул гIагарлъи гъурун буго, живго Бегав лъутун вуго Сулахъалде лъабго васгун: ГIабдурахIман, СултIан ва Камбулатгун ва гьениб Гелбахъ абураб росу чIван буго. Гьенире гочун руго жеги магIарухъа бачIараб I0 хъизан. ГIумру гьабулеб букIун буго аслияб къагIидаялъ Гъабардаялде ва сверухъ ругел бакIазде чабхъенал гьарун.

Гьеб мехалъ Таркиялъул шамхаласул ва Гъабардаялъул Азнавурал абураб тухумалъул чIужугIаданалъул вас СултIан Мут щун вуго гIагарлъиялдаса вахчун Гелбахъалде. Гьев жиндир вацаз инсул ирсалдаса махIрум гьавун вукIана. Бегас гьесда абуна эбелалъул гIагарлъиялдаса кумек гьаризе Гъабардаялде айин ва кватIичIого СултIан Мутие кумекалъе щвана I0 азарго рекIарав. Гьел балъго щвана Гелбахъалде. Бегас гьел рикьана лъабго къокъаялде ва сверухъ бакIазда рахчана, живгоги ана СултIан Мутил вацал гьесулгун гара-чIвариялде ахIизе. 

Рагъухъабазда лъазабуна жив вукIине вугин багIараб чухъа ретIун. Ишан гьабурабго рагъухъабаз сверун кквезе кколаан СултIан Мутил вацал. ДандчIвазе вацал рачIана 40 рекIаравгун, Бегав абуни вукIана цохIо СултIан Мутгун цадахъ. Гьес вацазул кIудиясда бицунеб букIана щай вацгун дандчIвазе гьелгощинал чагIигун вачIарав абун, дос жаваб кьуна шамхаласе рекъон гьечIин аскар гьечIого хьвадизе. Хадуб Бегас абуна рекъел бахъизе кколин ва СултIан Мутие ирсилав хIисабалда гьесие кколеб ракь кьезе кколин, амма вацаз гьеб хабаралда гIин тIамичIо ва Бегасда абуна гIантав магIаруласул гIакълуялъухъ гIин баларин шамхалас. Гьеб мехалъ Бегас ишан гьабуна ва гъабардаялъулаз сверун ккуна СултIан Мутил вацал. Гьез тIамуна вацал СултIан Мутие ракь кьезе ва киданиги гIорхъи бахъизе гьечIилан Къуръаналда гьа базе.

Гелбахъалдаса Бегав гочана СултIан Мутгун цадахъ Чумлу абураб бакIалде. Гьенисан Бегасул лъимал гочана бакI-бакIазде ва гьезул цояс цереккун казаказ гIумру гьабулеб букIараб Андреевская абураб бакIалда росу чIвана. Гьеб гуребги, гьесие щвана «сала-узден» абураб цIарги. Гьел рикIкIунаан уздензабазда гьоркьор бищунго тIадегIанаб даражаялда ругеллъун. Бегасдаса араб гьесул тухум рикIкIуна хIурматияб уздензабазул тухумлъун. Гьесдасан араллъун рикIкIуна Кандауровал, Тавлуевал, Ирбаиновал, Умашевал ва гьел гурел цогидалги тухумал».


Бегасул наслу – лъарагIазул уздензаби

НахъбакIазул (Салатавия) мацIалъул хIакъалъулъ хъвараб М-С. Саидовасул тIехьалда руго сала-узденазул тухумалъе кьучI лъурав Бегасул хIакъалъулъ баянал. Гьес гьел хъван руго I955 соналъ Алимпаша Аджаматовасдаса.

«Бегав ва гьесул вас Бий-СултIан ккола аварал. Хадур гьел лъугьана сала-узденал. Солтанбут Гъабардаялде эбелалъул гIагарлъиялда кумек гьаризе арабго Бегас гьесда цадахъ ритIун рукIана щуго жиндир вас гьесул рагъухъаби хIисабалда. Хадуб Солтанбутица гьесие ва гьесул тухумалъе сала-узденазул цIар кьуна».

Бегав ГIандиса гочарав вукIанин абураб пикру тасдикъ гьабулеб буго I860 соналъ хъварал, тIадехун рехсарав Т. Макаровасул баяназги. Гьединго хъвалеб буго ХIХ гIасруялъ гIумру гьабун вукIарав лъарагIазул автор Девлетмирза Шихалиевасги: «СултIанмут Чирюрталде (Гелбахъ) щвараб мех букIана ЛъарагIлъи тIегьалеб заман», ай гьеб мехалъ байбихьана Терекалдагун Сулахъалда гьоркьоб бугеб лъарагIлъиялда гIадамаз росаби чIвазе, щайгурелъул рекъав Тимурил чабхъеналдаса хадуб гьениб щибниги букIинчIо.

«СултIанмут Чирюрталде щварабго гьениб гIумр гьабун рукIана РикIваниса рачIарал чагIи, гьанжесел сала-узденазул умумул, амма дихъе ругел кагътазда буго гьел ГIандиса рукIанин. ХIатта, РикIваниги буго гIандадерил росу», - абун хъвалеб буго Д. Шихалиевас. Гьесго хъвалеб буго Чирюрталда (Гелбахъ) гIумру гьабун салатавиялъулалги рукIанин.

ХVI гIасруялъул гIурусазул документаздаги рехсолев вуго Бегав. I598 соналъ Дербенталдаса Аллага абурав чиясда тIадкъан буго гIурусазул рагъулал церехъабаз Дагъистаналъул рагъулал феодалиял къокъабазул аскаразул хIакъалъулъ хъвазе. Гьес хъвалеб буго СултIан Мутил вукIанин 200 рекIарав рагъухъан, Бегасул - 70 рекIарав. I62I соналъул документазда рехсолев вуго Бегасул вас СултIан. Гьев вукIун вуго гIурус ханасе мутIигIлъи загьир гьабизе унел СултIан Мутида ва Нуцалида цадахъ.

Гьел баяназ рес кьолеб буго гIага-шагарго Бегасул гIумруялъул заман чIезабизе. Гьев гьавун ватизе рес буго I530-40 абилел соназ, ва хун вуго I6I0-лел соназда. ЛъарагIазул шамхаласдагун СултIан Мутида гьоркьоб букIараб рагIи дандеккунгутIиялъул хIужа букIун буго гIага-шагарго ХVI-ХVII гIасрабазул гIорхъода. Мисалалъе, I603 соналъ гуржиязул хан Александрил Москваялда вукIарав вакилас хъвалеб буго гьеб хIужаялъул хIакъалъулъ. Гьединго, Гъарабудахкент росдал тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалда буго СултIан Мут Гелбахъалда вукIанин I585-I597 соназ ва хадув гочанин Эндиреялде абун. I605 соналъ Бегас жигараб гIахьаллъи гьабуна гьанжесеб МахIачхъалаялдаса севералдегIан гIурусазул экспедициялъулаб корпус гъуриялъулъ.

Гьедин, Эндиреялда пачалъихъияб гIуцIи букIиналъулъ кIудияб хIалтIи гьабуна жиндир вацаздаса вахчарулев ханасул вас СултIан Мутие Бегас кумек гьабиялдалъун. Гьединго бихьулеб буго Сулахъалдаса севералде ругел лъарагIазул гIумруялъулъ кIудияб гIахьаллъи гьабун букIин гьенир рукIарал аваразул халкъаз. Хадурккун гьез лъарагI мацI босана ва лъарагIазде сверана. Гьезда жанир рищунго кIвар бугеллъун рикIкIине бегьула нилъеца тIадехун рехсарал «гуенал». Гьезул аслияб щулалъи ва бищунго кIудияб росу букIана

Ихран. Лъалеб букIахъе, Ихран рикIкIуна аваразул некIсияб Сарир пачалихъалъул тахшагьарлъун.

Гьеб росдада аскIоб биценазда рехсолеб буго «Куйван» абураб хъалаги. Абизе бегьула гьеб букIанин «гуеназул» (гъванал) тахшагьар. Довго лъарагIазул автор Д. Шихалиевас хъвавухъе, «гьезул букIана Миякьоб аскIоб кьурда тIад щулияб хъала». Гьел баяназда ракъон абизе бегьула Бегав вукIанин аваразул нуцалзабазул Гелбахъалда чIараб тухумалдаса чи. I860 соналъ гьенисан ракIарарал баяназда рекъон, бихьулеб буго «гъванал» гьеб бакIалда цIакъго цебегосеб заманалдаса нахъе рукIараллъи. Т. Макаровас хъвале буго гьадин: «Кавказалда рукIарал киналго миллатазда жанисан гъваназ бищунго хадуб босана МухIаммадил дин. Цере гьел рукIана насраниял, гьезул букIана цояб тухумалдаса цогидаб тухумалде кьолеб цIарагI, къиматав гьобол вачIарабго гьелда тIад лъун болъонил бетIер босулаан гьез цебе».

ГIурусазул тарихиял документазда Бегав рехсолев вуго «куеназул хан» абун, гьединго бицунеб буго гьесул васасул хIакъалъулъги. Ай, бихьулеб буго ханзабазул тухумалъул чи вукIин. Гьединлъидал, Гелбахъалдаса нуцалчиязда ва Сариралъул ханзабазда гьоркьоб бухьен бугинал абизе бегьула.

Гьебго заманалда жаниб абизе бегьула гелбахъалъулал рукIанин гIезегIан щулияб рагъулаб къуват бугеллъун ва гьезда бараб букIанин Дагъистаналъул лъарагIлъиялда ахIвал-хIал. Сариралъул севералъулаб тахшагьар – Гелбахъ букIана батIи-батIиял тюрказул аскаразда дандечIей гьабулеб къуватлъунги.

Сала-узденал абун цIар щварал Бегасул наслаби рукIана Эндирей пачалихъалъул аслияб рагъулаб къуватлъун. ХIХ гIасруялъул авторас хъвавухъе, «Уздензабазда гьоркьоб тIоцебесеб бакI кколел рукIана Сала. ТIоцебе лъарагIлъиялда ракь ккурал чагIи рукIиналда бан, гьезул ракьал рукIана ханзабазулаздаса дагьал гурел. ГIакъилал, къуватал, сихIирал ва гьебго заманалда цоцалъ гъункарал уздензабазул сси букIана ханзабазда цебе, гьел рукIана кIвар бугел рагъухъаби ва жамагIаталда жанир хIурмат бугел церехъаби. Ханзабаз кидаго хIаракат бахъулаан гьел жидер рахъалде цIазе. Халкъалъ гьезда кидаго божилъи гьабулаан ва ханзабаздаса жал цIунеян гьарулаан, гьезги кумек гьабулаан. ГьабсагIатги, цоги халкъалъул къвакIи чучлъарабго гьел къадруялда руго. Аслиял росабалъ гьезул руго жидерго авалал. Ракь бекьизе рахъула жалгоги цадахъ лагъзалги рачун. ГIемерисезул руго кулаби, гьенир чIун руго эркенал уздензабазул хъизамал. Гьел хъизамаз ракь хIалтIизабиялъухъ магъало кьола сала-узденазе. ГьабсагIаталда Эндиреялда ругел сала-узденазул тухумал ккола: Кандауровал, Паштовал, Аджиевал, Казбековал ва Тутушевал; Ахъсаялда: Таулуевал, Гъарабудагъовал, Ачакановал, Качалаевал; Костекалда: Токаевал,

ГIумар-Аджиевал ва ГебекIовал.


Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook