Авторизация

Авар мацI

ГIабдулатIип ШамхалОктябрь инкъилаб гьабун больщевиказ совет хIукумат гIуцIаралдаса разилъиялда ругел гьитIинал миллатазе лъикIаб заман бачIана. Цебе, пачаясул заманалда гIурус гурони цоги мацI щибго ишалъе къабул гьабулароан. Пачаясул хIукуматалъул сиясат букIана гьел гьитIинал миллатазул мацIал тIуран киналго гIурус мацIалде руссине гьари. Гьеб мурадалде бакIазул школазда жо малъиги гIурус мацIалда букIунаан. Рахьдал мацI хIалтIизе гьабизе толароан.

Совет хIукуматалъул сиясат батIияб буго. Гьелъ абула щибаб миллаталъул (гьитIинал рукIаниги) хъвай-хъвагIай, цIали-къалиги жидерго рахьдал мацIалда букIине ккелила, щай абуни гьелъулъ мискин-пакъир халкъалъе кIудияб бигьалъи бугелъул. Гьедин иш бугеб заманалъ рахьдал мацIал цIакъ кIвар бугеллъун кколел руго. Гьел мацIазда батIа-батIаял гIелмабазул тIахьал рахъулел руго, гьел мацIазда хъвай-хъвагIай гьабулеб куцалъул, гьезул нахIю-сарпалъул, истилахIазул рицарал тIахьалги басмаялда рахъулел руго. Гьанже нилъер кансиларазда гьабулеб хъвай-хъвагIайги ишколазда гьабулеб цIалиги нилъерго магIарул (авар) мацIалъ буго. Хьул лъола гьел мацIазул кватIичIого адабияталъе бегьулел мацIал лъугьина абун. Нилъер Дагъистаналда ругел мацIазул авар мацI бищун кIвар бугезул цояб буго. Авар мацI кIиабилеб рахьдал мацIлъун жодой кколел гьитIинал миллатал Дагъистаналда гIемер руго: гьезул хъвалеб кагъатги, ахIулеб кечIги, цIалулеб дарсги авар мацIалда буго. Гьезул гIисинал лъималаздацин лъала авар мацI. Киналго аваразул 200 азарго гIезе рикIкIарав чи вуго. Цоги миллатазул авар мацIалда кIалъалел чагIазулги халгьабуни, гьезул рикIкIен 250 азариде бачIуна. Авар мацIалъул жагърапияб тIибитIиги кIудияб буго: ГIанди округалъул цо гIураб бутIа, Авар округ, Гъуниб округ, Хасавюрт округалъул Салатау, Буйнахъ округалъул лъикIалан росабиги. Дагъистан къватIибехун авар мацI Закаталаялдаги буго. Авар мацI бихьизегIан гIадатияб мацI буго. Аваразул лъикIаб гьунар бугел хъвадарухъабиги кочIохъабиги руго. Ва амма гьезул асарал-назмаби, шигIраби жеги къватIир рахъун, зарбу кьабун, тIиритIун гьечIо. Нилъеда тIадаб буго гьел, гьанжелъегIан щибго къимат гьечIого, тIалаб гьабичIого рукIарал асарал ракIарун, басмаялда рахъизарун, халкъалда гьоркьор тIиритIизе гьаризе.

Дагъистаналъул мацIазда гъорлъ авар мацIалде щвараб мацI лъарагI мацI гурони гьечIо: бакътIерхьул магIарухъ авар мацI хьвадула, лъарагIалда – лъарагI мацI. ХIасил, гьеб кIиябго мацI буго цоцалъ къацандулеб, жинди-жиндие бергьенлъи тIалаб гьабулеб.

Нилъер магIарухъ жиб-жиб заманалъ цо-цо цIар арав кочIохъан вуго. Гьезул цо тайпа гьаракь цIакълъиялдалъун машгьурлъула, цогидал – пасихIал кучIдул гьаризе махщел цIикIкIарал рукIиналдалъун хиралъула. ЛъикIав кочIохъанасул къиматги батIияб букIуна гIадамазда жаниб. Аваразул халкъалъул адабият, маргьаби, кучIдул, кицаби, рицанкIаби, гьезда релълъарал цогидал жалазул батIаго гIибарат (дарс, мисал) буго…


Автор: ГIабдулатIип Шамхал

Баяналъул кьучI: 1928 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +6
  • Нравится
Оставить комментарий
Цитата: orosib
Гьанже шагьаразда ругел маг1арулаз г1урус мац1 бицулеб руго

Дуца кинаб мац1 бицулеб бугеб?)
Салам сахал г1адамазе!

Амирхан, Авараз жидерго
рахьдал  мац1 к1очоне биччазе бегьиларо. Квеш ккараб жо буго аваразда жидерго тарих льангут1и.
Анц1ила микьабилеб г1асруялдаса цебе бук1араб тарихальул дагьаб гурого бицен гьеч
Амирхан,
Мун г1адин зигардулел г1адамал рук1аго,щиб хисилеб,жигар бахъе щиб бук1аниги гьабизе)


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook