Авторизация

ГIодонакIкI

ГъазимухIамад ГъалбацIов Цо гьит1инаб къвариг1елалъ дун ккун вук1ана муг1рузда бугеб росулъе. Гьениб дир лъай–хъвай ккана жакъаго хвелей г1адин херлъарай ч1ужуг1аданалъулгун. Гьеб бук1ана август моц1.
Дие гьоболлъи гьабулев рукъалъул хважаинги, гьесул гьалмагьлъиги квана–гьекъолел рук1аго, гьаракь раг1иларедухъ нуц1аги рагьун, жание яккун яч1ана херай г1адан. Гьей г1аданалда бер ч1варабго нижее гъабураб асар духъеги кьезе к1оларищали х1ал бихьизе, дица к1вараб жигар бахъила гьелъул сипат–сурат дуда бихьизабизе. Байбихьудаго абизе ккола – жанибе бач1араб жо бихьигун гьекъон вук1арав дун вигьана.
Цебе ч1езабе къокъаб, киданиги хач1еб хъах1лъараб расги бот1рода бугеб, т1ад я шал, я чохт1о гурого, я т1агьур гурого, мун ворлъиледухъ духъ балагьараб рух1ч1аголъи. Берал рук1ана г1исинал, жаниса баг1арал. Зама–заманалдасан гьелъул бет1ер т1ерк1олеб бук1ана, гьелъ батила, бералги зама–заманалдаса т1аг1унел ру¬гилан кколаан. Амма гьезул балагъи черхалъул щибаб лагаялда лъалаан. Рух1ч1аголъиялъ рет1араб гурде бук1ана къокъаб, чорокаб ва ч1ег1ераб къералъул. Кверал рук1ана сурмиял, бидурихьазул гьарурал, т1ур–т1удулел ва гьеб лагаялъе г1ажаибго халатал. Щватабицин т1ад гьеч1ел г1иц1ал х1ат1азда хун рук1ана калошал. Дица гьеб рух1ч1аголъиялъул бицине х1ат1аздасан байбихьизе кколаан, щайгурелъул хал гьабурасда бищунго цере гьел рихьулаан, х1ат1азул квачараб, хъач1аб хъах1лъи бач1унаан бадибе рехун. Маг1арухъ дандч1ван йик1иналъги батила, ц1акъ зах1мат бук1ана гьелда ч1ужуг1адан йигин гьайин абизе. Лъица бугониги абуни, жакъа къот1носан унеб херлъи бихьанилан, дида гьей г1адан цее яч1ина. Ч1ужуг1аданалъул гьурмада рук1к1алаби г1емерал рук1инч1о, амма ругел гьваридал, т1абиг1аталъ гуреб, г1адамаз лъугьинарурал гlaдал рук1ана. Дунялалда бищунго цоцазде данде кколареб жо дида гьикъулев чи вахъани, дица жаваб кьелаан нуц1ида нахъа эхетарай гьай ч1ужуг1аданги кеч1ги бугилан. Щаяли лъаларо, гьелъухъ валагьун вугеб мехалъ, умумузул цебегосеб кеч1 рак1алде щолеб бук1ана, коч1ол бакъаналъулги хералъулги данде ккунгут1и бихьулеб бук1ана. Дида гьеб асар paгla–ракьанде щун дуда бич1ч1изабизе к1олеб гьеч1о...
Заманаялъ дихъ ялагьунги йик1ун, ч1ужуг1адан гьимана. Гьебсаг1атго, к1анц1ун т1аде рахъун к1игоял гьей къват1ие ячахъизе лъугьана, амма хералъ данде ч1ей гьабуна. Нуц1ида нахъа гьелда гаргадилел, гьей къват1ие рег1улел гьалмагъзаби рук1аго, хважаинас абуна:
– Г1адаллъарай г1адан йиго... Жиндирго ц1арцин лъаларо... Ич1го–анц1го сон батила, яч1ун гьаний росулъ ч1ана, лъиданиги щибниги лъалеб жоги гьеч1о. Гьадаба, росдал ахада цо биххараб бак1 бук1ана, гьадае жание юссун йиго. Гьадин къаси г1адин, цо рокъоса цойгидалъуе яккун, гурх1араца квенги кьун, хьихьун йиго... Цо нухалъ яч1ана...
Гьес лъуг1изабич1о – ч1ужуг1адан г1одана ва хважаин вуц1ц1ун ч1ана; херай къват1ие гъезе лъугьун вук1арав к1иявго г1олохъанчи, цадахъ нахъе галабиги росун ч1ун хут1ана. Гьедин рук1уна, жидехъаго лъач1ого цо х1алихьатаб иш борч1араб мехалъ... Масала, гьедин йик1уна эбел ццин бахъун жиндирго лъимаде «хваги» – ян хьамигун, гьелъул гьари т1убани.
– Жание щай яч1унарей? Йик1ани щиб, вац, ай? – илан гьикъана дица цин гьалмагъзабазда, цинги хважаинасда, амма цонигияз дие жаваб кьеч1о. Дун ч1ужуг1аданалдехун вуссана: — Яч1а, жание яч1а... Г1одой ч1а...
Гьай–гьай рекъон бук1инч1о рукъалъул хважаин г1адин лъугьун, жанивеги вачун чи столалда нахъа ч1езавизе. Хасго къват1иве вит1изе бокьун вугеб мехалъ. Амма дида лъалаан, гьей к1одо гаргадизайич1они хадуб дирго рак1 бух1улеблъи. Дагьабниги бат1ияб рагъа–рашариялъул инсан ватани, дица, чара гьеч1ого, гьесулгун лъай–хъвай гьабизе ккола – буго дир гьединаб унти...
Гьоболасул адаб–хъатир гьабулел ругин рук1ун ратила, дица ч1ужуг1адан столалда нахъа ч1езабиялда рекъана киналго. Амма столалда нахъаса цо хинлъи т1аг1ана, бук1араб хабаралъул гьуинлъи т1ад буссунеб бук1инч1о.
Дица, ч1ужуг1аданалда цебе квен хъурщана. Гьелъ кванач1о. Дида рак1алде ккана нечон к1оларого батилин. Бокьун бук1ана гьей г1адан нижедаго гьорлъ йосун йик1ине г1оло, гьелдехун кинаб бугониги к1варги кьеч1ого, нижго нижедего руссун рук1ине. Гьединги бажарич1о. Бильлъинч1о я хабар, я квен; г1ажаибго хисана рукъ.
– Дуда ц1ар щиб? – илан гьикъана дица ч1ужуг1аданалда.  
Гьей   аск1ой   г1одой  ч1ун йик1ана. Гьелдасан бач1унеб мах1 данде кквезе бат1ияб мах1 бук1арабани, гьадинаб г1адаб мах1 бук1анилан абилаан, дида гьединаб мах1 батизе киг1ан ургъаниги к1олеб гьеч1о.
Ч1ужуг1адан т1урк1ана, дидехун юссана ва гьи¬мана.
– Гьав вуго дова рик1к1адасан вач1арав чи.  Ас дур бокьараб мурад т1убала, дуца асие кинабго бице ... элъие вач1арав чи вуго ав ... Мух1амад аварагасул тухумалъул чийин ав кколсв...
Нижеда гъоркь вук1арав цо ц1ек1ав г1оркьилас абурал гьел раг1абаз к1удияб асар гьабуна хералъе. Дида гьедин циндаго хисулев чи киданиги вихьун вук1инч1о. Рихьуларел квераз к1век1улеб х1исаб бук1ана гьелъул гьумералъул; гьурмада багьарич1еб ччобори хут1ич1о.
    – Агьа ... — ян борч1ун ана дихъа. Гьелъул бак1алда бат1ияб гьаракь борч1изеги бегьулаан, гьениб диде бараб жо бук1инч1о.
    – Бицине дир буго, – ян абуна ч1ужуг1аданалъ. Гьаракь бук1ана г1олохъанаб, амма к1алдиб мац1 гьеч1ев чиясул бук1унеб г1адаб; гьороца бахъинабизе бегьула гьединаб гьаракь. Цо–цо мехалъ кколаан гьеб гьаракь к1алдисан гуреб  мукъулукъалдасанго бач1ун рокъоб жаниб т1ибит1улеб бугилан.
    – Бици¬не дир буго... Бокьун мун г1адав вач1ине чи вук1ана дие. Лъиениги гьеб хабар, гьеб хабар гуро, буго ккараб мун г1адав къвариг1ун вук1ана бицине гьеб. Дун, дуда бицине бегьула хванани дун...
Ц1акъ зах1малъулеб бук1ана гьелъ бицунеб жо бич1ч1изе; гьелъ раг1аби бат1аго лъолел рук1ана цоцазда хадур. Г1адамасул пикру, х1акъикъаталдаги, paг1уца загьир гьабулеб батани, гьелъул пикрабиги цоцазда хадур, г1адамазул г1адин рач1унел рук1ун ратуларо.
Гьеб сордоялъ ч1ужуг1аданалъ нижее бицана, бат1иязе лъаларо, дие ц1акъ к1удияб асар гьабураб лъугьа–бахъин. Лъугьа–бахъинцин гуро, дида гьелда лъелеб ц1арго лъаларо, цо къиса г1адаб жо...
Дие бокьун буго гьеб бицине. Амма гьей ч1ужуг1аданалъул ц1аралдасан гуроха, дирго ц1аралдасан, дидаго бихьараб г1адин, дида бич1ч1анихъе. Ч1ужуг1аданалъ бицаралдаса дица щибниги нахъе босиларо, амма т1аде жубала. Буго гьениб цо бак1, т1аде жубан бич1ч1изабич1они бичIч1изе зах1матаб. Лъуг1изег1ан ц1ализе дур ях1 г1унани, мунги нилъер заманаялъул ц1алдоларев  чилъидал, дуда гьеб бак1 батила, щай гьедин гьабурабали бич1ч1ила ва мун дида т1аса лъугьина. Бисмилагьи рах1мани рах1им.

1

Байбихьизе бокьун буго сурукъай ясалдасан. Гьей йик1ана хъант1арал беразул, г1ажаибго сурукъаб гьумералъул анц1ила микьилъе яхарай яс. Бищунго ц1акъ гьеб г1олохъанлъи сурукъ гьабулеб бук1ана ясалъул квег1аб квералъ; гьеб бук1ана квараналдаса к1иго нухалъ къокъаб, гьит1инаб, лъимадул г1адаб. Хъизаналъул ругелщинал чаг1и (хъизаналда эбелги эменги гурони, рук1инч1о) х1инкъулаан ясалъул квералдаса. Ц1акъго чи х1инкъиледухъ гьеб лъугьунаан багъарахъдулеб мехалъ; черхалда гъар–гъар балаан г1олохъанай ясалъул хьолбода шуршудулеб, г1исинал килщалги ругеб, г1азу хъах1аб жо бихьараб мехалъ.
Гьаюна гьей яс г1адамаздаса рик1к1ад, бищунго г1агарда бугеб росдадаса къоло к1иго километраялъул манзилалда бугеб колода. Яс гьаюраб сордо бук1ана роц1ц1араб, г1одобе биччараб, г1ажаибго сих1къот1араб; гьанжего–гьанже гьабураб лъима¬дул гуреб, жиндилъ кина–бугониги сас гьеч1еб. Ч1ужуялъе кумек гьабуна росас.
Ясалъул эбелалъул, дова росулъ вук1ана жиндиего вокьулев вас. Гьабсаг1ат вугев росасе иналде цебе, гьелъ жиндицаго бицун бук1ана вук1ине вугев бет1ергьанчиясда жий дос хвезаюнилан. Ро¬сас гьелда абун бук1ана:
– Гьеб дудаги Алагьасдаги лъалеб батила...
Т1ок1аб я росас, я ч1ужуялъ гьелъул х1акъалъулъ бицен ц1и гьабун бук1иич1о.
Г1адамасул рак1алъе цо сунца бугониги рах1ат толеб гьеч1они, рах1атхвей г1умруялъ т1ад баччун бук1ин гуребги, гьелъ г1адамас гьабулебщинаб ишалда,  гьесул  рагъа–рашариялда  жиндирго  лъалк1ги лъола. Гьедин вук1уна вакъарав чи, вуц1унги ч1ун, киве кканиги квен балагьулев. Гьедин руго нилъ, ки¬наб иш гьабулел ругониги, гьелда нахъа бугеб г1арцухъ ралагъун. Гьедин бук1ана ч1ужуг1даналъе г1олохъанаб мехалъ росуль ккараб лъугьа–бахъинги.
Яс гьаюн нахъисеб къоялъ эмен колода аск1осан чвахулеб г1орухъе лъим босизе ана. Гьесда, кьолбалъа бахъун рехун батана гьениб бук1араб гъит1инаб куракул гъвет1. Сверухълъиялда бук1инч1о цониги г1аркьел, цониги г1одобе бортараб т1амах. Инсуца гьедин батанилан ч1ужуялда бицинч1о.
Цойгиги: гьаюраб мехалда эбел–инсуца ясалда ц1ар лъеч1о; инсуда бич1ич1о щай гьебали, эбелги данде ч1еч1о...

2

Ясалда (ц1ар гьеч1елъулха) лъалеб бук1инч1о цониги xlapп, ясалда бихьич1о телевизор, радио, токалъул чирахъ, газета – ай, нилъедаса т1абиг1ат бахчизелъун инсанас ургьарал т1аг1елал. Ясалъе дунял бук1ана рукъалда цебесан чвахулеб гlop, хурибеги нахъеги эбелалъ жийго ячунеб нух, жаниб квен гьабулеб лах1ул ц1ураб хъазан, ай нилъеда рихьуларел т1аг1елал.
Яс г1олей йик1ана кьурабалъ, ганч1алъ, г1урул раг1аллъиялда рижарал гьут1бузукь. Гьелда лъалароан я куч1дул, я маргьаби, я харбал. Жийго жиндидаго хут1игун, гьей гаргадулаан гьуригун, нак1к1алгун, жидерго г1ачиялгун, хуриса бач1араб  бач1ингун. Бищунго гьелъие бокьулаан г1орул раг1алда г1одой ч1ун йик1инеги, ц1адухъ ялагьизеги.
Ясалда лъалароан жийго сурукъай йик1ин. Гьелда лъалароан сурукълъиги берцинлъиги бат1а бахъизе. Гьелъие рокьулаан авлахъалда т1угьдуз гьарурал накъищал, бокьулаан гьезул мах1. Бокьулаан цояб ганч1идаса цойгидалде к1анц1улеб дег1ен бихьизе. Амма гьелда бич1ч1улароан т1угьдуздаса щиб къоркъол сурукъаб бугебали, даг1нида данде борохь щай гьабизе бегьуларебали. Гьелъие т1абиг1аталда сурукъабги берцинабги жо бук1инч1о.
Гьай–гьай, гьелда бич1ч1улаан жиндирго цояб квер эбслалъулги инсулги г1адаб гьеч1олъи, квералъул жиндиего квал–квал бук1ин. Амма квералъул сурукълъиги ясалда бихьулеб бук1инч1о.
Эбелалда бихьулсб бук1ана яс г1олей йик1инги, сурукъай йик1инги ва бич1ч1улеб бук1ана цо щиб бугониги жиндица гьабизе кколсблъиги. Эбелалъе гьеб ургьел къойидаса къойиде зах1малъулеб, къойидаса къойиде к1одолъулеб бук1ана. Гьей х1инкъулей йик1ана росасда гьелъул х1акъалъулъ бицен гьабизе. Гванчал кверазул, бахараб мегежалъул, бук1к1араб нодоялъул, кидаго рачлихъ бан нусгун вук1унев росасда, аск1об рекъезехъин бук1инч1о эбелалъ гьесдехун бикьизе бугеб ургь¬ел.
Амма эбелалда ях1 гьабизе к1всч1о; цо роц1араб къоялъул марк1ач1ул г1ужалда гьелъ росасулгун гара–ч1вари гьабуна. Байбихьана гьадинан:
    – Яс г1олей йиго нилъер...
    – Гьа... – ян абуна росас, къаси ц1ад базехъин бугебищали хал гьабулев чи г1адин, зодовеги ва¬лагьун.
– Дагьал цсрег1ан къояз яч1ана, г1орул раг1алда йик1анила... Машинаги бачун бихьиналги ц1уялги г1адамал... бихьиналги, к1иго ч1ужуг1аданги рач1анила, цо шишаялъуса лъимги гьекъанила...
– Ай аний щиб гьабулей йик1арай? – Гьев гьанжеги зодове валагьана. – Базехъин гьеч1оха...
Эбелги ялагьана зодое, амма бицунеб бук1араб жо лъуг1изе теч1о.
    – Хадуб гьоз т1аса рет1елги бахъанила...
    – Гьа! Мун дие щиб бицуней йигей?!
Эбел дагьаб мехалъ юц1ц1ун ч1ана. Бокьосан унтараб бачил гьаракь бахъана. Эбелалда рак1алда бук1инч1о байбихьараб гара–ч1вари раг1алде бахъинабич1ого ч1езе гьелда лъалаан жакъаги росасда абун бажарич1они, хадуб дагьабги зах1малъулеблъи.
– Ясалда бихьулеб бугелъулха... Цо нухалъ дида гьикъана, мун дадада цадахъ щайила егуларейла…
Эмен, г1одобе х1ац1уги тун, т1аде вахъана ва нахъе ана. Эбел гьесда хадуй ялагьич1о, реч1изабулсб нуц1ил гьаракь бахъингун, бич1ч1ана гьелда рос рокъове жаниве аравлъи. Эбелалда лъа¬леб бук1ана росас жиндирго ургьел т1аса босулареблъи, кумек гьабизе к1олареблъи. «Унха, досги щибха гьабилеб? Досдаги бихьулсб батиларищ кинай яс жиндирго йигеяли» – ян пикраби рук1ана эбелалъул.
Нахъасан яч1ун, эбелалда аск1ой г1одой ч1ана яс. Ясалъул, цойгиги нухалъ абила, г1ажаибго инсулалда релълъарал хъант1арал берал рук1анилан. Г1адамасдаса гьалъул чанида пархен бугеб йигилан кколеб бук1ана эбслалдацин.
– Баба,  дуца бицун бахъинег1ан щай ч1еч1ев дада?
Эбел т1урк1ана. Гьелда цин бич1ч1улсб бук1инч1о жиндидаго аск1об бахъараб гьаракь лъилали, хадуб гьелъ г1ажаиблъи гьабуна, кинаб бугониги сасги бахъине теч1ого, жиндидаго аск1ой к1усун яс ятиялда.
– Мун нижехъ г1енеккунищ йик1арай?
– Ание яч1унеб мехалъ раг1ана, – ян абуна ясалъ, жиндирго гьит1инаб квералъ гьалги гъажалде нахъехун рехулаго.
Гьеб квер, циндаго г1адин, кисанали бич1ч1улареб къаг1идаялъ баккун бач1ана ва жийго ясалъе бокьун гуреб, жиндиего гьеб квералъе бокьун гьал нахъехун реханин гьелъин кколеб бук1ана. Квералъухъ ялагьарай эбел ц1орораб лъим жиндидего т1ураб г1адин лъугьана. Амма гьелъ ясалда х1ал лъазе теч1о.
– Гьединан ч1ах1ияз бицунеб жоялъухъ г1енеккизе бегьуларо...
– Щай?
Эбелалда лъач1о щай бсгьуларебали.
Гьебго къоялъ, ай гьеб къо лъуг1игун, бакъани г1ужалъ, росас ч1ужуялда жиндидаго батун бук1араб куракул гъот1ол бицана. Эбелалда бич1ч1улеб бук1инч1о гьанжелъаг1ан бицунеб бук1инч1еб гьанже щай бицарабалиги, бицун элъ щиб кьезс бугебалиги.
Росас бич1ч1изабизе х1ал бихьулеб бук1ана:
– Дида жакъа, добго бак1алда баккун бач1инеб ц1ияб куракул гъвст1 батана...    
– Эниб г1ажаиблъи гьабизе ккараб жог1аги щибха бугеб? – илан гьикъана эбелалъ.
– Лъаларо...

3

Ясалда бихьана жидерго рукъалдаса квег1идехун, рик1к1ада, гьит1инаб паркъелеб ц1адул кунч1и. Гьединаб кунч1и киданиги бук1араб жо гуро, амма ясалъ гьелъухъ г1инт1амич1о. Гьей, кьижарал эбел–эмен рорч1иларедухъ, рокъое жаниеги лъугьун, гьаракь бахъинаредухъ, т1аса рет1ел бахъизе лъугьана. Рет1ел бахъулаго, ясалъ¬ул гьанжеги бер ч1вана добго кунч1иялда. Гьанжесала кунч1и бихьулеб бук1ана рукъалъул ганч1ил къадалъан, ц1оролъан г1адин. Яс х1инкъана, амма т1аса бахъухъего рет1елги тун (гьелъ рат1лиде к1удияб к1варго кьолароан) толох1очго, додинго гьаракь бахъинаредухъ рокъоса къват1ие т1урана. Рукъалда нахъа, ц1а бугеб рахъалдехунги ялагьун, гьей дагьаб мехалъ лъалхъана. Ц1а, добго бак1алда, додинго паркъелеб бук1ана. Яс сверухъе ялагьахъдана. Бук1инч1о сундулниги мах1, бат1ияб кинаб бугониги канлъи, г1иц1го гьелда ч1валеб бук1ана рукъалда сверухъ ругел гьут1бузул т1анхазул шур–шур,  рик1к1адасан бач1унеб г1урул хъудиги. Яс ана ц1а бугеб рахъалдехун. Гьаб бак1алда абизе кколаан, инч1ого гьелда ч1езе к1веч1илан; гьелъул рек1елъ бук1ана кинабалиго бич1изабизе к1олареб, гьей канлъухъе ячунеб бат1ияб асар. Ясалда рихьулел рук1инч1о цере ругел ганч1ал, хъит1ал, гьут1би, амма гьей сунданиги тункулей йик1инч1о. Яс, риччалъ йигей  г1адин, т1асан яхуней йик1ана цебе бата–батаралдасан. Гьелда лъалеб бук1инч1о жиндирго черхалъе, киналниги ччорбазе жиндицаго кьолеб бугеб г1акьуба: ясалъ х1охьел ц1алеб бук1ана тахбак1ида рах1аталда вугев чияс г1адин, г1одобе биччан. Цо–цо бак1алъан гьелда кколеб бук1ана жийго лъамалъиялъулъан уней йигилан. Ясалъ кунч1иялдаса берал нахъе росулел рук1инч1о.
Циндаго гьеб ц1а ч1арабго бак1алда сородизе лъугьана ва турк1ун квег1идехун, г1урул раг1алдехун боржун ана. Яс лъалхъана. Ц1аги ч1ана. Яс ц1идасан ц1адуда аск1оехун йиллъана. Ц1а ч1арабго бак1алъ сородана ва ц1идасан г1урул раг1алдехун балагьун ине лъугьана. Ясалъги гьел¬да рекъон нух хисана ва ц1адуда хадуй г1урул раг1алдехун сверана.
Ясалъул кинаб бугониги щаклъи бук1инч1о гьеб ц1а сунда бугониги хурхараб ц1а бук1иналда ва цо кинав вугониги чияс, яги кинаб бугониги рух1ч1аголъиялъ кодоб ккун, босун унеб батиялда. Ясалъул рилълъин г1едераб бук1ана ц1а босун унеб жоялъулалдаса. Амма киг1ан яс аск1оег1ан г1агарлъаниги, лъазе к1олеб бук1инч1о лъица ко¬доб ккун гьеб ц1а бугебали.
Г1урул раг1алде щвегун, ц1а лъалхъана. Ясги лъалхъана. Заманаялдасан ц1а, гьаваялдаса г1одобеги бач1ун, г1урул раг1алда бук1араб ганч1ида рещт1ана. Дагьаб мехалъ сверухъе канлъи т1ибит1изабулебги бук1ун, ц1а свана. Яс ганч1ида аск1оег1ан къана. Ганч1ида т1ад щибниги батич1о. Гьелъ г1амал гьабуна ганч1иде т1аде яхине, ц1а свараб бак1алда квер бахъизе, амма бажарич1о... Гамач1 г1ажаибго тамахаб бук1ана ва гьелда яги х1ет1е, яги квер хъвани, ганч1ида гьорлъе унеб бук1ана. Ясалъ бищунго цебе гьелда жиндирго гьит1инаб квер лъуна, гьеб г1унк1рукьалде щвезег1ан ганч1илъе жанибе ана. Киг1ан яс терк1аниги гьелда квер ганчихъа бахъизе к1олеб бук1инч1о. Квег1аб бахъизе г1оло ясалъ кваранабги ч1вана ганч1ида; гьебги ана ганч1илъе ва гьей ягъаризе йиччач1ого ккуна.
Яс т1урк1ун йорч1ана. Т1урк1ун йорч1аниги гьелъ г1емераб заман бана макьуялдаги х1акъикъаталдаги гьоркьоб бугеб г1урхъи бахине к1оларого. Рокъоб жаниб рогьунеб дунялалъул канлъи чвахун  бач1ингун,  яс,  макьилъ ганч1илъ къан рук1арал жиндирго кверазухъ ялагьула. Гьел рук1ана риччун.
Ясалда гьеб макьу к1очон толеб бук1инч1о.
Радакь эбелалъул х1укму ккана росас къот1ун тун бук1араб ц1ул данде рехизе, цойиде бак1аризе, хасалоялде нахъе босизе х1адурун тезе ине. Гьелъ цадахъ ясги ячана. Рокъоса къват1ие лъугьингун, нуц1ил к1алт1аго, к1ал–мац1ги ккун, г1унун хут1ана яс. Макьилъ гьелда бихьун бук1араб ц1а ч1ун бук1араб бак1алдаса бахъараб г1урул раг1алда бугеб ганч1ида аск1обе щвезег1ан биццатаб к1к1уйдул мохъ бук1ана.
Эбслалда бихьана яс ч1ун хут1арайлъи, гьелъул гьурмал кьер т1ураблъи.
– Дуе лъугьараб щиб?
Ясалъ жаваб кьеч1о. Гьей йик1ана жегиги к1к1уйдул мохъалъухъ ялагьун. Гьединан яс г1емераб мехалъ хут1изеги бегьулаан, эбел аск1ое яч1инч1ейани:
– Мун щай к1алъаларей? Дуе лъугьараб жог1аги щиб? Йо?
– Щибниги гуро... гъадинго... Рилълъа... – ян абуна ясалъ. Гьелъул хъант1арал берал сверухъ цо жо балагьулел рук1ана.
Нухда циндаго ясалъ гьикъана:
– Баба, дуда макьаби рихьулелищ?
 Эбел гьеб суалалдаса йохана.
– Рихьула, щай рихьуларел... Нолъги бихьа¬на... Ноль мун росасе кьун йихьана...
Гьай–гьай, гьеб эбелалъул гьереси бук1ана, гьелда нолъ макьу бихьун бук1инч1о. Гьеб эбелалъ ургьунго, ригьнал бицен ккезе г1оло абураб раг1и бук1ана. Эбелалъулги ясалъулги жеги гьелъул х1акъалъулъ к1алъай ккун бук1инч1о; эбелалда лъалароан ясалъул жиндирго щиб бербалагьи ригьнадехун бугебали.
– Дидаги рихьула... Нолъ дидаги бихьана, – ян абуна ясалъ, доб къоги бихьун эбелалъ бицараб гьересиялъухъ г1инго т1амич1ого.
Амма эбел т1аса йич1улей йик1инч1о.
– Щив дуда вихьарав? – Эбелалъе ц1акъ бокьун бук1ана «щив» – илан абураб раг1и ясалда раг1изе.
Гьеб суалги ясалда раг1ич1о.
    – Бит1араб бицани, дида бат1а бахъизе лъалеб гьеч1о макьилъиш дида гьеб бихьараб, яги х1акъикъаталдайиш ккарабали…
 Жийго жиндидаго г1адин к1алъалей йик1ана гьей, жегиги к1к1уйдухъги ялагьун. Жиндидаго цадахъ эбел йигиланго кколеб бук1инч1о ясалда.
Х1акъикъаталдаги, ясалъул бук1ана бат1ияб рагъа–рашари. Гьабсаг1аталда гьелъ щибилан абуниги ясалъухъ г1енеккарав чи гьелда божилаан; гьесда жиндицаго гьедин абуниланцин ккелаан. Эбелалда щибниги бич1ч1улеб бук1инч1о.
– Щай дуда лъалареб, макьуйищ х1акъикъатищали?
– Лъаларо, бат1а–бахъизе... Баба, дуда доле добаса бахъараб г1орул раг1алде щвезег1ан унеб к1к1уйдул мохъ бихьулеб бугищ?
– Гьеч1о... Кинаб мохъ?
– Дида бугоха...
– Кинаб мохъ?!
– К1к1уйдул, доле добе г1урул раг1алде щвсзег1ан...
Эбел цеегоялдаса нахъе щаклъулей йик1ана ясалъул цо бат1ияб унти бук1иналда. Амма гьелъ¬ул т1убанго рак1 ч1ана ясалъул х1ал лъик1 гьеч1олъиялда, ц1улал гох1алги гьарун, берк1ал–кверал чуризеги, какал разеги, жалго г1урул раг1алде щвараб мехалъ. Эбелалъ как бан бахъинег1ан яс доб ганч1ида сверун лъугьун йик1ана. Как бан бахъингун эбел семизехъин йик1ана ясалде, ясалъги как бач1огонилан, амма ясалъ гьей к1алъалелдего абуна:
– Баба, гьаб ганч1ида квер хъвай цо... Гьарула дуда...
Эбел х1инкъана. Гьелда кколеб бук1ана ясалъул гьумер дагь–дагьккун ч1ег1ерлъулеб бугилан. Эбел х1инкъулей йик1ана ясалда к1алъазецин.
    – Баба, хъвай цо... цох1о нухахъ квер хъвай... Дие ц1акъ къвариг1ун буго...
    – Щай...?
    – Тамахаб бугебищали...
Эбел юц1ц1ун я1ана. Яс эбелалъухъ ялагьулейцин йик1инч1о. Гьей йик1ана ганч1ида сверун лъугьун, т1оцебе бихьулеб жо гьеб г1адин, жиндирго хъант1арал бераз гьеб кваналей. Ясалдаги к1олеб бук1инч1о ганч1ида квер хъвазе.
Гьениса нахъе унеб мехалъ ясалъ эбелалда гьикъана:
– Баба, гьаб куракул гъвет1 цебеги бук1арабищ гьаниб?
– Ия? — ян ясалъ абураб жоги бич1ч1ич1ого, макьидаса т1урк1ун гьанжего–гьанже йорч1арай г1адин лъугьана эбел.
– Щибниги гуро...

4

Г1урул лъим чвахулеб бук1ана...
Эбелалъ росасда бицинч1о ясалъулги жиндиргоги ккараб. Амма гьелъул рах1ат жиндирго холеб бук1ана  гьеб лъугьа–бахъин рак1алде щварабщинахъе. Эбелалда ц1акъ лъик1 бихьулеб бук1ана яс къойидаса–къойиде хисулей йик1ин. Г1амал–хасият гуребги, гьурмалъан, чорхолъан ят1а яхъизе лъаларедухъ, чияр яс г1адин лъугьуней йик1ин, х1алакълъулей йик1ин. Цо–цо мехалъ к1иго–лъабго нухалъ гьаракь гьабуни гурони, «гьа» – ян жаваб гьабулеб бук1инч1о ясалъ, къанаг1атго гурони риччалъа йигъуней йик1инч1о гьей. Чанго нухалъ лъел ц1езе яс йит1игун эбелалда раг1ана гьелъ жийго ах1улей гьаракь. Лъелги ц1ун т1ад юссине заман щванин ккун эбел къват1иехун яккигун ятулаан нуц1ил к1алт1а ч1ун, жегиги лъел ц1езего инч1ого, бадиб ч1ван жиндирго лъимадул квергун «баба!» – ян ах1делей. Чан нухалъ дуе щибин гьикъаниги ясалъ жаваб кьолеб бук1инч1о. Жиндиего гьеб суал кьурабго, йохха–хочун, гьикъизе бегьулареб жо гьикъараб г1адин лъугьунаан ва, т1урун ун, къаси нахъа гурони рукъалде юссунароан. Къаси кват1ун рокъое яч1ани нахъисеб т1убараб къоялъ ясалъул г1амал–хасият ч1аголъулаан, гьей ц1илъарай г1адин рази–ракиго йик1унаан.
Гьединго, къаси–къасиги гьаюлаан ясалъ эбел х1инкъизе. Къаси сардилъ, г1емерисеб нухалъ сордо башалъигун, т1адеги яхъун яс рукъ сверун женжедизе лъугьунаан. Нахъасан нуц1а щула гьабизе лъугьунаан, рокъоб жаниб квер хъвач1еб жо толароан. Гьезул рокъоб к1иго нуц1а бук1ана. Цо киналго рукъзабахъего лъураб, цойгидаб эбелги ясги регулеб рокъобе лъураб. Ясалъ, сардилъ яхъ¬ун, щула гьабулаан жийго жаний егулеб рукъалъул к1иабилсб нуц1а. Нахъа т1ил ч1валаан (инсул вехьасул т1ил) нуц1ида нахъаса гамач1 гирулаан (эбелалъулги ясалъулги рокъоб к1иго, михир г1адаб гамач1 бук1ана, т1аде салмагалги рехарал), жийгоги ч1олаан нуц1ида мугъги ч1ван. Гьелъухъ балагьараб мехалъ лъилниги щаклъи ккелароан яс жаниве вач1унев чи виччаларилан ч1ун йик1иналда. Ясалъ гьеб кинабго гьабулаан кьижарай эбел йорч1иларедухъ, гьаракь бахъинаредухъ ва жийго йихьиларедухъ. Амма къанаг1ат гурони, ясалъе бокьухъе кколароан, г1емерисеб мехалъ эбел йорч1улаан. Йорч1улаан, амма т1аде яхъунароан, ягьарулароан, ясалъ гьарулел г1ажаибал ишахъ ялагьун, к1иябго квералъ т1аде бачараб юргьанги ккун гьеб къакъалей йик1унаан.
Зама–заманалдасан яс, нуц1аги щула гьабун, рукъ бакьулъеги яч1ун, т1аса рет1ел бахъизе лъугьунаан. Эбелалда бихьулаан ясалъул хъах1аб черх гордухъан (къадада бахъараб карат1алда гордуян абизе бегьулеб батани) бач1унеб моц1рол канлъухъе. Жиндирго г1айибаб квер эбелалдехун ккейгун, эбелалда г1емераб къо бихьулаан гьаракь к1анц1изе биччаларого, жийго ялагьун йик1ин ясалъукьа бахчулаго. Эбелалдацин сурукъ бихьулеб бук1ана лъимадул г1унгут1и. Ясалда киданиги лъач1о жиндихъго эбел ялагьун йик1ин.
Цо нухалъ, сордо бащалъарабго т1адеги яхъун ясалъ нуц1а щула гьабуна, амма т1аса рет1ел бахъич1о, нуц1ида мугъ ч1ванги ч1еч1о. Гьей яч1ана кьижун йигей эбелалде аск1ое ва шурун абуна:
– Баба! Ва баба...
 Гьей т1аде яхъиналдего йорч1ун йик1ана эбел, амма кьижараб ххвелги гьабун, ягьарич1ого, лъабго–ункъо къоялъ цеего хварай ч1ужу г1адин ч1ана.
– Баба! Ва, баба! – ян ах1ул1й йик1ана ясалъ эбел. Эбелалъ жаваб кьолеб гьеч1олъиги бихьун гьей нахъег1ан къана ва заманаялъ рукъ бакьулъ эхетунги ч1ун, циндаго нуц1ида нахъе екерана; нуц1ида нахъа жиндицаго гьабураб щулалъи нахъе рехана. Цох1оги нухалъ эбел йорч1ун йигодаян гьелда берги реч1изабун, ясалъ нуц1а рагьана ва цо лах1заталда рокъоса къват1ие т1урун ана. Эбел г1емераб заманаялъ х1инкъун, пикраби рук1алиде кколарого, щиб гьабизе кколебали лъаларого, ягьарич1ого егухъего ч1ана. Амма яс т1ад юссуней йик1инч1о. Эбелалда ях1 гьабизе к1всч1о; т1аде яхъана ва ясалда хадуй рокъоса къват1ие лъугьана.   Къад ц1адги  зоб бац1ц1алъун бук1аниги сордо бец1аб бук1ана. Эбелалъ рик1к1аде инеги х1инкъун, яс йихьизе  хьулалда, рукъалда аск1оса г1ебедего цо свери бахъана,  амма  гьеб свери  г1уна  хьиталги, х1ат1алги, гордел ахалъиги харица биччизабизе ва яс сверухълъиялда гьеч1олъи бич1ч1изе. Яс ятич1о. Рукъ тун рик1к1аде ине эбелалда к1веч1о. Яс т1ад юссана рогьалилъ ва кьижизе егана.
Гьелдаса нахъе ана к1игониги анкь. Ясалъ, я эбелалъ гьеб лъугьа–бахъиналъул цоцазе бицен гьабич1о. Эбелалъе бокьун бук1ана гьеб росасда бицине. Цо къоялъ байбихьунги бук1ана, бат1иял пикрабазда, ццин бахъун г1адин вугилан ккун, гьесул нодо бихьигун юц1ц1ун ч1езе ккана. Эбелалъул рак1алда лъалеб бук1ана жиндирго рокъоб цо жо лъугьинехъин бук1ин; рукъалда т1ад бак1аб ч1ег1ераб нак1к1 льезехъин бук1ин. Т1адеялдаса т1аде живго жиндиего г1ун,   хъизамалдаса  ват1алъулев  вук1ана  рос. Т1адеялдаса т1аде хисун, чиярлъулей, бат1ияб г1умруялде гъорлъе лъугьун ун йик1ана яс.
Ясалъул къасилел сапарал ц1ик1к1ингун, эбел, т1оцересел сапараздаса г1адин х1инкъулей йик1инч1о; гьелда рак1алде ккана ясалда хадуб хал кквезе.
Сордо бук1ана моц1рол канлъи гьарзаяб, хинаб, заг1ипаб гьуриги бугеб. Гьединаб сордоялъ лъик1аб бук1уна г1урулъ чвердезе. Яс йорч1ана сордо бащалъилелдего. Т1аде яхъана, кидаго г1адин нуц1а щула гьабуна, рукъ бакьулъ ч1ана; т1аса рет1ел бахъич1о. Гьелъухъ ялагьун, х1охьел ц1алеб гьаракьцин ясалдаса бахчизе бокьун йигей эбелалда раг1ана:
–  Баба! Ва, баба...
Эбелалъул нахъияб къоялъго рак1 бух1изе буго ясалъул гьаркьие жаваб кьеч1олъиялдаса, амма гьабсаг1ат жаваб кьезе эбелалда к1олеб бук1инч1о. Ясалъ цойгиги нухалъ такрар гьабуна:
– Баба!  Ва, баба...
К1веч1о эбелалда ягъаризе. Яс т1ок1ай к1алъач1о. Гьей г1едег1ич1ого нуц1ида нахъе ана, гьениб бук1анщинаб жо нахъе босана ва, хехлъи гьабун, рукъ бакьулъеги яч1ун т1аса рет1ел бахъ¬изе лъугьана. Эбелалда бихьулеб бук1ана ясалъе жиндирго квег1аб квералъул бугеб квал–квал. Гьабсаг1ат ясалда гаргадизе лъугьанигицин гьел¬да эбелалъул гьаракь раг1илароан, гьелъул жин¬дирго, нилъер дунялалда жанисан щибниги биччалареб, жиндирго дунял бук1ана. Эбелин абу¬ни гьелда раг1ун х1охьел ц1азецин х1инкъулуй йик1ана.
Жиндидаго т1ад т1еренаб гурдеги тун, яс нуц1ихъа къват1ие т1ерхьана. Баг1арараб риидалил къоялъ г1одобе т1ураб лъим бакъвазег1ан заман ун батила, эбел бусадаго егун ч1ун. Гьедиг1анго заман бан батила яс киехун араяли лъаларого, рукъалда цее ч1унги. Яс киехун араяли киданиги лъач1ого хут1изеги бегьулаан, гьелъул гьаракь эбелалда раг1ич1ебани. Г1оралъул хъудиялъ цадахъ босун бач1унеб бук1ана:
– Гьале, гъале... яч1ине, унге... – ян
Эбелалъ г1ажаибли гьабуна, гьаракь аск1осан раг1улсб бук1иналда; яс рукъалдаса рик1к1адег1ан йик1ана. Эбел гьаркьидехун ана. Яс йихьулей йик1инч1о. Бец1лъудасан, гьадин уней йигони, эбел ясалда т1аде ккезеги бегьулаан. Гьединлъидал эбел г1одой к1усана. Заманаялдасан, цо гьит1инаб гох1ида нахъасан яккун яч1ана яс ва, г1алхул чан г1адин, тириго, г1урул раг1алдехун т1урун ана. Эбелалда рак1алде щвана ясалъ къват1ие унеб мехалъ, т1ад хьитал рет1унареблъи ва къаси мехалъ хьиталги рет1инч1ого къват1ие лъугьунев чи щайт1абаца кколилан абулеблъи, т1аде жоялъе ясалъ бет1ералда щибго ч1валареблъи, щайт1абаца кквезе гьелъулги кумек бук1унеблъи. Т1аде яхъунаго эбелалъ нигат гьа¬буна ясалъулгун гьабизе бугеб хабар гьелдасан байбихьизе.
Ясги эбелги рахчарилаго г1агарлъулел рук1ана доб ганч1ида аск1оре. Яс цониги нухалъ нахъ ялагъич1о. Ганч1ида аск1ое щвезе анц1го–анц1ила щуго галул манзил хут1араб мехалъ гьей лъалхъ¬ана. Эбел, хехлъи гьабун, аск1обго бук1араб гъот1ода нахъа яхчана. Дагьаб мехалъ ягъарич1ого ч1ун яс т1аса гурде бахъизе лъугьана. Т1убан жиндирго черх г1иц1лъарабго ясалъ гъалал риччан тана ва жиндирго заг1ипаб квер расулъ бахчана. Толох1очай г1олохъанай яс ц1орораб лъелъе лъугьунев чиясул рилълъада, бигьа–гьабун ганч1ида аск1ое къалей йик1ана. Эбелалда бич1ч1ана яс, ганч1ида аск1ое г1агарлъанаг1ан, жиндидасаго рик1к1алъулей йик1ин ва гьабсаг1ат жийго яхчараб бак1алъан гьелъ гьабулеб жо бихьулареблъи. Гьелда рак1алдс ккана гъот1ода цебег1ан бугеб гох1де нахъе к1анц1изе, гьений яхчизе. Нагагьлъун яс нахъехун ялагьани гьелда жиндирго эбел йихьулаан, гьединлъидал эбел к1ванаг1ан хехго, цо лах1заталда жаниб яхчизе кколаан. Гьот1ода аск1оса т1урулаго эбелалъул горде нахъасан ккуна ва гьеб бихъулеб гьаракь бахъана. Гьелда бич1ч1ана горде, сунда бугониги цо жоялда бан бихъараблъи, гьелъие гурдел ургь¬ел бук1инч1о, ургьел бук1ана ясалда гьаракь раг1ун батиялъул; эбел гох1да нахъа к1усун ч1ана.
Гурде бихъулеб гьаракь раг1игун ясалъулги борч1ана гьаракь; нахъ ялагьана, цояб квералъ г1олохъанал курмул рахчизе г1амалги гьабун, гьейги к1усун ч1ана. Ясалда, жиндаго нахъасан гьаракь бахъи гурони, щибго бич1ч1улсб 6ук1инч1о. К1иялго к1усун, цо щиб бугониги сверухълъиялда хисизег1ан ч1ун рук1ана. К1ияздаго раг1улсб бук1ана г1урул гьаракь; гьеб гьаракь чвахулеб бугеб заманаялъул гьаракь бук1анин абуни, эбелалъеги ясалъеги, гьереси ккелароан. Циндаго яс к1анц1ун т1аде яхъана ва кьурун ганч1идехунги юссун эбелалда вихьуларев цо чиясда гаргадизе лъугьана:
– Доб щиб? Дуда бихьарабищ? Дида раг1анаха... Цо бат1ияб гьаракь бук1ана...
Яс, ц1идасан эбел йигеб рахъалдсхун юссун, ганч1иде мугьги реххун ч1ана. Эбелалъул мах1аби соролел рук1ана, амма гьелда цониги нухалъ рак1алдецин ккеч1о гьениса нахъе ине, яги т1аде йорхизе. Ясалъ гьанжеги эбелалдехун мугь реххана.
– Цебе–цебе цониги нухалъ гьададинаб гьаракь бахъун бук1инч1оха... Мунги дагьав дида аск1овег1ан вук1анин ккола... – Яс дагьаб мехалъ юц1ц1ун ч1ана. – Дун... дун х1инкъулей йиго... дун т1ад юсина... дуца г1айиб гьабуге... дида к1оларо...
 Яс г1одана.
Яс жиндицаго гурде бахъун тараб бак1алде яч1ана, т1ад горде рет1ана, рук1арал къаг1идаялъ гьарич1ониги, хвел–к1вечалъе г1адин, гьалалги данде рак1арун, нахъ–нахъги ялагьахъдилаго, рокъоехун ялагьун ана.
Эбел рокъое щвегун яс кьижун ятана, эбелалъул бусада бук1араб юргъанги батана ч1арбиде рехун. Эбел гьеб сордоялъ кьижич1о. Рогьалилъ, дагьайго гьапуллъигун, ясалъ, гъажалдаги тункун, йорч1изаюна:
– Баба, дуда къаси киениги ине рак1алда бугищ?
Эбел нолъ ккарабги рак1алде щун, щиб жаваб бокьун яс яч1ун йигеялиги бич1ч1уларого, к1ал–¬мац1 ккун хут1ана. Ясалъ цойги нухалъ эбелалъул гъажалда квер хъвана ва елъулаго абуна:
– Дур тамахлъи...
Яс къват1ие т1урун ана.
К1иго къоялдасан эбелалъ цойгиги нухалъ хал ккуна ясалда хадуб.

5

Ясалъ кинабго, г1ara–шагарго, добцояб сордоялъ г1адин гьабуна: къаси сордо дагьабго бец1аб бук1ана. Ц1ваби рук1ана бат1аго, рихьизе ч1оларел рух1ч1аголъабазул берал г1адин; г1ажаибаб асар гьабулеб бук1ана гьел к1и–к1и, рекъон гьеч1олъиялъ. Яс сордо бащалъараб мехалъ йорч1ана, т1аде яхъана ва т1аса рет1ел бахъана; ц1идасан, жиндицаго щула гьабун рахан бук1араб нуц1а рагьана, ц1идасан т1ад рет1ел рет1ана ва рокъоса къват1ие т1урана. Къаси гьелъ «Баба» – ян ах1ич1о. Ах1ич1ониги, яс рукъалдаса рик1к1алъизег1анги ч1ун, эбел т1аде яхъана ва гьелда хадуй къват1ие лъугьана. Цебего г1адин, добго бак1алъ, гох1ида нахъаги яхчун эбел ясалда хадуй хал ккун ч1ана.
Яс, ганч1ида аск1ое щвезе щуго–анлъго галул манзил хут1араб мехалъ, лъалхъана; сверухъеги ялагьахъдун к1алъана:
– Гьалеха, йилълъана... Мун щайха вихьула¬рев? Мун къаси къват1ивего ваккулев гьеч1о... Щиб ккараб?
Яс г1енеккун ч1ана. Сундулниги гьаракь бахъинч1о. Эбел, ясалдаса цо лах1заталъ бералги нахъе росун, ганч1ихъ ялагьана; гамач1 тун бат1ияб жо бихьич1о. К1иабизе ясалъухъ ялагьигун эбелалда бихьана яс толох1очго йик1ин. Г1адамас т1аса рет1ел бахъизе г1ураб заман ун бук1инч1о.
– Гьанже йихьулей йигищ? – илан гьикъана ясалъ ва гьебсаг1атго елъана. – Гьалеха... Гьанже йихьараб мехалъг1аги щайха къват1иве вахъунарев? Ия? Раг1улеб гьеч1о, ч1а цо, дун аск1оег1ан яч1инин, – иланги абун, ганч1ида аск1ое уней йик1арай яс квешал гьаркьалги гьарун, к1усун ана. Эбел гьеб гьаркьикьа х1инкъана ва ясалдасаги ц1акъ г1одоеги къулун яхчана.
Заманаялдасан яс т1аде йорхун яч1ана:
– Гьаб щиб? Гьаб лъица? Дуе гьабулеб бук1араб щиб? Гьаб...
Эбелалда лъалеб бук1инч1о ясалда щиб бихьулеб бугебали ва бич1ч1улеб бук1инч1о лъие гьелъ суалал кьолел ругелали. Яс, т1адеги яхъун, бит1ун инч1о ганч1ида аск1ое, свериги бахъун ана. Эбе¬лалъ х1исаб гьабуна ясалъул х1ет1е хъвазе бегьулареб щиб бугониги жо гьениб батилилан. Т1адеги яхъун хал гьабизе эбел х1инкъулей йик1ана.
Дуца гьаб бак1алде щвезег1ан хабар ц1алун ба¬тани, хадусеб ц1ализеги рак1алда батани, абун тезе ккола гьеб ганч1ида цебе ясалъул инсуца бухъун тараб гвенд бук1анилан. Бухъизеги гьес ганч1ида гъоркьан, гьеб ганч1ил бакьулъиялде щвезег1ан бухъун бук1ана, гьесие бокьун бук1ана жиндицаго бухъараб гвандинибе гьеб бортизабизе. Гьабсаг1ат лъица бугониги гьеб ганч1ида нахъеги ун, бу¬геб рух1алъ гьеб тункун бук1арабани гамач1 гвандинибе бортун бач1унаан. Инсуца гьеб бухъун бук1ана, ясалъулгун ганч1ил бугеб хурхен лъан гуреб, живго жиндицаго ч1вазе г1оло. Жиндидаго нус ч1ваялдасаги, живго кварида ваялдасаги, кьурулъа гьоркье к1анц1иялдасаги, г1орулъе лъугьиналдасаги берцин бихьана гьесда жиндидего гамач1 гиризаби. Гвандиниве жанивеги лъугьун цо дагьабги ганч1ида гъоркьа бак1 бик1ани гьеб бор-тун бач1унаан, бухъулев вук1арав чиясда т1ад гвенд ц1ун бегун ч1олаан ва ганч1икье ккарав чи ч1ч1инт1улаан. Щай гьединаб хвел т1аса бищарабали дида лъаларо; рак1алде ккола жиндиеего хоб бухъизе ккеч1ого бук1ине т1аса бищараб хвел батилилан. Амма живго жиндицаго ч1ваялде кинан гьев ккаравали, дица к1вараб къаг1идаялъ бич1ч1изабила, хабар лъуг1изег1ан ц1ализе мун разилъани. Т1ад руссинин эбелалдеги ясалдеги.
Яс, свериги бахъун, яч1ун ганч1ида аск1ое щвана ва гьелда нахъе яккигун, ц1акъ х1ажатаб жо бихьараб г1адин йохана. Бицинехъин бугеб лъугъа–бахъин цебе ч1езабизе ккани, цебе ч1езабизе ккола г1олохъанав васасда цее эхетарай г1олохъанай яс ва гьелъул рагьа–рашари. Гьединго к1очене бегьуларо гьенив щивниги гьеч1евлъи, яс ганч1ида гаргадилей йик1ин.
– Мун щайха вахчун вук1арав? Ч1аха... Ч1а... дагьаб мехалъ ч1а..., – янги гьарделаго, яс нахъе¬хун къулулей йик1ана. Заманаялъ сих1къот1унги ч1ун яс циндаго хъант1ун х1охьел ц1азе лъугьана. – Ву! Гъанкъизе яхъана... Гьедин ц1акъ къаге... унтилсб буго... Ч1а... Ч1аха...
Ясалъ ч1арайго бак1алда цин г1ебеде, цин эхеде квералги рит1улаго, ганч1ида мугь цузабуна.
– Гьедин т1ад ваччугеха... Ч1а цо ... бицине жо бугин дуе... унтилеб буго ч1а... Щиб ц1акъ ваччулев куц? – ян йик1ана яс ганч1ида мугьги ч1ван, яччунги ч1ун. Х1охьел ц1алеб бук1ана гьелъ екерулей йигей г1аданалъ г1адин.
Эбел гьелъухъги ялагьун, сундул пикраби гьарилелалицин лъаларого хут1ун йик1ана. Гьелда щивниги вихьулев вук1инч1о, лъида яс к1алъалсй йигеяли бич1ч1улеб бук1инч1о, ясалда хъвалев чиги вук1инчо. Эбел т1адеялдаса т1аде х1инкъулей йик1ана.
Ясалъул гьаракь–мохъ, гар–гар лъуг1ана, г1иц1го х1охьел ц1алеб гьаракь ва угьди хут1ана. Кваранаб квер гьелъул бук1ана каранде къан цо жо ккураб г1адин, ч1ун, квег1аб,г1айибаб квер бихьулеб бук1инч1о.
    – А–а–гь... – илан, яс тамахлъун ана. – Дагьав довег1ан къай гьанжег1аги, – ян кваранаб квералъ цо жо добег1ан цуна гьелъ.
    – Бат1ияв чи вуго мун, т1ок1аб бат1ияб жого рак1алда бук1унаро дуда.
Яс чан–чахараб ганч1ида мугъги лъуризабун, хъущт1ун ун, гьелда яччун, г1одой ч1ана. Гьанже жийго г1адаллъулей йик1иналда рак1 ч1арай эбе¬лалъул берзукьа яс т1аг1ана, гьей йихьизе ккани эбел т1аде яхъине кколаан.  Эбел гьеб жо гьабизе т1амизе лъиданиги ва сунданиги к1велароан. Эбе¬лалда раг1улеб бук1ана ясалъул гьаракь.
– Г1одов ч1аха... Фуф! Г1одов ч1а... Т1оцебе бихьулеб батила дуда дир квер... Лъица дуе гьаб гвенд, гьаб къор бухъараб? Ия!!? Божуларо! Бук1ине рес гьеч1о... Асие мун щай? Лъаларо, я эбелалда лъаларо, я инсуда лъаларо... Дун ганч1ихъе хьвадулей йик1ин лъида лъалеб, лъаниги гьелда щив божилев… Эбел щакдарилей йигилан ккола, амма инсуда, рак1ч1ун лъала, лъалареблъи... Дун къаси мехалъ гурони, жеги яч1инч1ейлъидал... Амма дуда гъоркь гвенд щай бухъулеб бугебали дида бич1ч1ич1о….  Гьабсаг1ат бицина. Дида гьединаб макьу киданиги бихьун бук1инч1о. Нолъ дирго къвариг1елалъ рокъоса къват1ие яхъунаго, рагьумах1уялда бегун батана цо рух1ч1аголъи. Дида додинаб рух1ч1аголъи ки¬даниги бихьун бук1инч1о, т1ад ризго расги бижараб. Гуро, гуро дагьабги ризаб, дуралдаса тамахабги. Цин дун т1асан галиги т1амун инехъин йик1ана, хадубги пикру гьабуна гьеб бачахъизе. Дица эбел–эмен рорч1иларедухъ гьа¬ракь гьабуна, амма рух1ч1аголъиялъ бет1ерцин борхич1о. Дун, т1адги юссун, т1ад чарухъалги рет1ун гьелда мал базе аск1ое яч1араб мехалъ гьелъул бет1ер борхун бач1ана. Гьеб дихъ балагьун ч1ана. Дун г1асиго х1инкъана. Лъелъан рач1унел хул–хулазда цадахъ бач1унеб г1адаб гьаркьица гьелъ дида абуна:
– Дида хъваге... дун кету буго...  
Дида гьеб щибжоялицин лъаларо. Амма гьеб к1алъараб мехалъ дир х1инкъи лъуг1ана. Дица гьелда, г1одоеги къулун кверхъвазехъин бук1ана, амма к1веч1о; дида нахъа эхетун эмен ватана. Гьес абуна:
– Те, квер хъваге... гьеб хун буго, – ян.
Дун йорч1ана. Жеги рогьун батич1о. Хехлъи гьабун дун, т1ад рет1елцин рет1ич1ого нуц1ида нахъе екерана. Бугоха бегун хвараб цо рух1ч1аголъи. Унха... Кетуха... Дица гьеб, рач1ги ккун босун рукъалда нахъа бугеб ганч1икье реххана... Алагьасх1аги... Мун щай велъулев? Дида лъаларищха... Квачцин бук1ана гьелдасан дида ч1валеб... Вилълъа... вилълъа... Дидайищ батулареб?! Ч1аха бихьила...
Эбелалда йихьана яс т1адс яхъуней, амма жий¬го гьей ягъарич1ого ч1ана.
– Вилълъа... Дун х1инкъуларо... Дун х1инкъулсй, х1инкъулей гуроха йигей, дие бокьулеб гьеч1о гьаб гвенд... – Ясалъ ракьалде килищ бит1улеб бук1ана. – Дида бихьараб макьуги, гьаб гвендги дида киданиги к1очон тезе гьеч1о. Инсуе аб щайдай?
Эбелалда аск1оса яс рик1к1алъулей йик1ана, амма гьелда хадуй ине щиб гурин, ягъаризе к1олеб бук1инч1огьелда. Эбелалда киб, щиб ва щай – щибниги 6ич1ч1улеб бук1инч1о. Гьелъул г1иц1го рак1ч1ун бук1ана яс г1адаллъун йик1иналда, яги гьелъ жин¬дидаго гурони лъалареб, г1адамазда бихьулареб, бат1ияб дунялалда г1умру гьабулеб бук1иналда. Амма гьедин лъугьарал г1адамазда гьабизе кколеб жоги лъалеб бук1инч1о. Ясалда гьабизе кколелъулцин абиларо, гьабсаг1ат яхчун, мах1аби собон йигей жиндаго щиб гьабизе кколсбали бич1ч1улеб бук1инч1о эбелалда. Заманаялдасан, риччалъа йигьарай г1адин лъугьарай мехалъ, эбелалда жийго квачалей ятана. Гьанже гьабуна эбелалъ г1ажаиблъи яс квачалей йик1инч1олъиялда.
 Ясалда хадуй инеги х1инкъун эбел рокъое т1урана ва кинабго росасда бицине бокьун, щиб гьабизе кколебали гьесда гъикъизе, рос ворч1изавизе лъугьана.
Хабаралъул гьаб бут1а лъуг1улеб бук1ин х1исабалдеги босун, к1оченалде абун тезе ккола, рокъое жание лъугьунаго эбел лъалхъанилан ва ясалъ бицунеб бук1араб макьуги рак1алде щун г1емераб мехалъ рагьумах1уялъухъ ялагьун хут1анилан.

6

 Ясалъе лъугьунсб бугеб, жиндидаго бихьараб ва раг1араб эбелалъ росасда бицун бахъинег1ан, рос наралда г1одов ч1ун вук1ана. Эбелалъ ясалъул х1акъалъулъ бицун бахъинег1ан к1иго нухалъ магжида квер бахъизе гурони гьесул цониги лага багъарич1о.  Росасе гьелъ, г1иц1го ясалъул х1акъалъулъ гуребги, ясалъул г1ажаибал лъугьа–бахъиназул, гьелъие лъугьараб хиса–басиялъул х1исабал гьарун, жиндирго рижарал пикрабазулги бицунеб бук1ана. Бицунебги бук1ана, мисалалги рачун. Жийго гъит1инаб мехалъ, добаго, росулъго, мадугьалихъ йигей ясалъги гьарулаанила гьединалго жал, гьей щайт1абаца ккун йик1анила, дунялалда нилъеда лъаларел г1емерал бат1и–бат1иял жал ругилан, Аллагьасул х1ал к1олареб, Аллагьасда гьабизе к1олареб х1алт1и гьеч1ила.
    – Буго! – ян циндаго гьаракь гьабуна росас. – Аллагь гьеч1о...
Эбел т1урк1ана.
    – Дица абулеб гьеч1ищха дуда, Аллагь гьеч1о! — ян ах1дсзе лъугьана рос. – Мун, киг1ан ц1акъ ч1ах1а гьарун бералгун, дихъ ялагьун ч1аниги ч1еч1ониги, Аллагь гьеч1о. Аллагьги, динги, аварагзабиги, щайт1абиги, к1иго бат1ияб дунялги – щибниги гьеч1о! Т1абиг1ат буго! Т1абиг1ат! Дур ясалъеги щибниги къвариг1ун гьеч1о, бихьинчи гурони. Би–хьин–чи! Гьев чи гьеч1ого т1абиг1аталъ малъухъе, г1умру гьабизе к1оларого бет1ер сверун буго дур ясалъул. Гьеч1о, гьеч1о Аллагь. Сон дун т1убараб къоялъ гвенд бухъулев вук1ана... гьеч1о... Аллагь. Щибниги гьеч1о, буго т1абиг1ат1 Вах1шияб, рит1ухълъи лъалареб, беццаб, заг1ипабщинаб ч1валеб т1абиг1ат. Нилъги руго кванирукъалъ бокьа–бокьаралъуре рачунел. Т1ок1аб щибниги гьеч1о!
К1алъалеб мехахъ росасул цониги ччобори, цо¬ниги лага багъарулеб бук1инч1о, к1ут1биги мац1ги гурони. Эбелалда ккелаан жиндаго цебе к1усун бугеб къаркъала хвараб жаназа бугилан, росасул хъант1арал берал рихьулел рук1инч1елани.
– Нилъерго г1умруги хвезабуна нилъ к1иязго... –  ян абуна росас дагьаб мехалъ вуц1ц1унги ч1ун, амма вагъарич1ого. – Нилъго нилъецаго... (гьаб бак1алда чорокаб раг1и абуна).
Эбелалда лъалаан, гьадинги къанаг1ат гурони к1алъаларев рос, щиб бугониги бицунев мехалъ, гьоркьов къот1изавуни гьесул ццин бахъунеблъи. Амма къаси эбелалда рак1алда бук1инч1о ясалда щиб гьабилебали росасда данд бач1ого тезе.
    – Дур яс щайт1абаз ккун йиго, – ян абуна эбелалъ, к1ванаг1ан заг1ипаб гьаракьалъ, рос вуц1ун ч1аравго. Эбел х1инкъун йик1ана гьесда жиндирго гьаракь раг1ун батиларилан.
    – Гьеч1о. Гьелъие бихьинчи къвариг1ун вуго.
Эбелалъ г1ажаиблъи гьабуна гьсул ццин бахъинч1олъиялда.
– Гьелъие бихьинчи къвариг1ун вуго ... Дун гьанже гьелъие рос валагьизейищха вахъинев... Дун те...
К1иялго руц1ун ч1ана. Жеги рогьине г1емераб заман бук1ана, амма гьури дагь–дагьккун ц1ик1к1ине лъугьана. Рокъоб жаниб лъач1ого ц1ик1к1унеб бук1ана квач. Т1еренаб рат1лилъ г1одов ч1ун вугев росасул г1анабазда ругел х1ебда расал хучун ч1ун рук1ана, амма гьел расал рихьизе нартил чирахъалъул канлъи г1олеб бук1инч1о. Эбел зама–заманаялдасан, 15–20 соналъ квер хъвач1ого, г1одоре ран ругел росасул т1ахьазухъ ялагьулей йик1ана. Гьелъие киданиги рокьич1о т1ахьал, гьелъул пикруялда рекъон, т1ахьаз сахаб бак1алде чи ккезавуларо. Гьеб якъинго бихьулеб бук1ана эбелалда гьабсаг1ат, гьелъул х1исабалда, г1адаллъарав росасухъ ялагьараб мехалъ.
    – Дир, дуда бицине жо буго, – ян абуна эбелалъ, – дуца г1ажаиблъи гьабугеха,... Дурги дирги г1умру, кинан араб батаниги, ана... нилъеда т1ок1аб хисизабизе к1олеб жоги гьеч1о, нилъее къвариг1арабги гьеч1о... Нилъ ургъизе ккола ясалъул г1умруялда, т1ок1ав гьеб гьабизе чи гьсч1о...
    – Щиб дур дида абизе жо бугеб? – илан гьикъ¬ана росас, халалъизехъин бук1араб ч1ужуялъул хабарги къот1изабун.
Эбел сих1къот1ун ч1ана ва росасул бадие ялагьана. Гьей ургъулей йик1ана абизе бегьиладай бегьилародаян. Заманаялдасан эбелалъ, т1адеги яхъун, абуна:
– Гьадай яс дудасан ккарай гуро...
Гьес жаваб кьеч1о, амма эбелалда лъик1 лъалаан гьесда Пирбудагъ рак1алде щваравлъи. Нилъеца байбихьудаго бицен гьабун бук1ана, ч1ужуялъ жиндицаго бицун бук1анин росасда, жиндирго г1олохъанаб мехалъ ккараб гъалат1алъулилан. Росасда гьеб рак1алде щва¬на, амма гьев мекъи вук1ана. Ч1ужуг1аданалъул г1олохъанаб мехалъ Пирбудагьилгун хурхен бук1ана, амма яс Пирбудагьил йик1инч1о. Нилъер хабаралъе гьеб х1ажатги гьеч1о.
Росасда ч1ужуялъ абураб раг1и мун бихьинчи гурищан абураб г1адин бич1ч1ана. Эбелалъ абизеги гьеб, росасда гьединан бич1ч1изе г1оло абун бук1ана. Амма эбелалда гьеб рагьун абизе к1олеб бук1инч1о.
Додинго, г1анабазда хучизарун х1ебда расалгун росги тун, ч1ужу гьениса къват1ие, жиндирго рокъое жание лъугьана. Рос к1алъач1о. Эбелалда яс кьижун ятана. Жийго бусалъе лъугьунеб мехалда гьелда бихьана, ясалъул бусада гьоркьан, нуц1ил к1алт1ехун бекерун унеб цо рух1ч1аголъи. Гьебсаг1ато нуц1а рагьун бач1унеб къир–къириги бахъана. Эбелалда рокъоса къват1ибе щиб т1урун арабали лъач1о, гьеб кету бук1ин лъан бук1арабани, гьелда макьу щвелароан. Эбел гьеб сордоялъ кьижана, амма нахъисеб сордоялъ кьижич1о.

7

Нахъияб сордоялъги г1урул лъим чвахулеб бук1ана...
Кидаго г1адин яс сордо бащалъараб мехалъ йорч1ана, гьелда цадахъ эбелги. Кинабго гьабуна цебе–цебеги гьабулеб бук1араб къаг1идаялъ. Яс къват1ие ун г1емераб заман балелде, эбелги т1аде яхъана ва гьелда хадуй къват1ие лъугьана. Цебего г1адин, ясалда я йихьиларедухъ, я раг1иларедухъ хаду–хадуй яч1уней йик1арай эбелалда, жиндида¬го нахъасан цо хъваши раг1ана. Гьей яхчана, ам¬ма х1инкъун йих1ана, кват1ун ккун ятилин, нахъасан бач1унеб жо щиб батаниги, гьелда йихьун ятилин. Нагагьлъун нахъасан вач1унеб г1адан вук1арав ватани, гьев вук1ине кколаан яги, эбелалда вихьич1ев, ясалда гаргадилев вук1арав чи, яги жиндирго гьелъул рос. Щив гьев ватаниги, эбелалда рак1алде ккана дагъабги мехалъ яхчун ч1езе, гьелда лъалаан яс ганч1ида acкloe гурони унарейлъи ва х1инкъун йик1инч1о яс рик1к1алъилин, гьей йилилин. Эбелалда г1емераб мехалъ яхчун ч1езе ккеч1о, гьелда вихьана ясалдаги жиндидагоги хадув вач1унев вук1арав чи, гьев вук1ана ясалъул эмен. Эбелалда моц1рол канлъухъе бихьулеб бук1ана росасухъа яс йилун йик1ин ва гьей киехун араяли лъаларого, кивехун живго ине кколевали бич1ч1уларого хут1ун вук1ин. Ч1ужуг1аданалда бич1ч1улеб бук1инч1о, росасда жийго ясилан ккун йик1арайлъи, гьес жиндаго хадуб хал ккун бук1араблъи, гьесда къаси яс йихьизего йик1инч1олъи.  Рокъоса къват1ие ч1ужу унеб мехалъ гурони, лъач1о росасда рокъоса къват1иве чи унев вук1ин. Жиндаго цее йик1арай ч1ужуг1адан т1аг1ингун, гьев цого бак1алда жен–жедилев хут1ана. Эбелалда гьеб лъик1 бихьулеб бук1ана. Циндаго г1урул раг1алдасахун гьаркьал рахъана. Гьел рук1ана ясалъул гьаркьал. Эмен гьениве векерана, амма гьанжеги ц1огьохъего, гьаракь–мохъ бахъинаредухъ. Рос бец1льуде т1ерхьинег1анги ч1ун эбелги екерана гьесда хадуй, росго г1адин йихьиларедухъ ва раг1иларедухъ.
Ганч1ида acкloe г1агарлъигун, эбелалда гар–гар раг1ана, амма цониги раг1и бич1ч1улеб бук1инч1о. Acкloe къанани, гьай–гьай бич1ч1илаан, аск1оег1ан къанани, росасда жийго йихьиялда х1инкъи бук1ана; ч1ужуялда лъалароан кив рос вахчун вугевали. Раг1улеб гар–гар ясалъул гар–гар бук1ана.
Циндаго, анц1го–анц1ила к1иго галул манзилалъ цебе, ракьулъан г1адин, т1аде борхун бач1ана росасул лага. Эбелалда гьеб лага, сардиль ц1акъ залимаб ва, щаяли, биччараб бугилан кколеб бук1ана. Рос ч1ванкъот1ун ана ганч1иде т1аде, ясалъул гьаркьиде. Росасда хадуй ана эбелги. Аск1ое г1агарлъанаг1ан ц1ик1к1унеб бук1ана г1урул хъуй, бец1лъудасан баккун бач1унеб бук1ана гамач1ги ва гьелда аск1ов эхетарав росги. Ясалъул гьаракь т1aг1aна, гьей йихьулейги йик1инч1о. Ц1акъго ганч1ида аск1оег1ан яхчана къаси эбел гьелъие бокьун бук1ана кинабго раг1изеги, бихьизеги.
    – Мун гьаний щиб гьабулей? – илан гьикъана росас; эбелалда бихьулеб бук1инч1о лъида гьикъарабали.
– Дада, – ян бач1ана гвандинисан гьаракь. Гьеб бук1ана ясалъул гьаракь.    
– Йортана дун гьание жание... Сон, нолъги бук1ана гьаб гвенд гьаниб къасиги буго... Дир ганч1ида бащадаб бухъун буго дуца аб... Гьеч1ищ дун ц1акъай... Балагье...
Заманаялдасан гурони эмен к1алъач1о.
– Дуда вихьулев чи... Дуда аск1ов гьанив щив вук1арав? – илан гьикъана росас.
Гвандиниса къват1ибе бач1ана ясалъул елъулеб гьаракь.
– Дир ццин бахъинабич1ого, къват1ие лъугьа гьаниса, т1аде яха... – гьедин абулеб мехалъ, ро¬сасул гьаркьихъ г1енеккун бич1ч1улеб бук1ана эбелалда, гьес ццин жиндилъго гъанкъулеб бук1ин. Амма гьоркьоса къот1ич1ого елъулей йигей ясалъе ургъел бук1инч1о инсул ццин бахъаниги бахъинч1ониги. Гьелъ эмен г1ад–хоч1 гьавулев вук1ана. Эбелалда рак1алде ккана яс йихьизе аск1оег1ан яч1ине,  рик1к1адег1ан ч1ун, ях1 гьабизе к1олеб бук1инч1о эбелалда.
Ясалъулги росасулги гар–гар раг1изе ккани, гьеб бич1ч1изе ккани ва гьел рихьизе ккани, эбел ганч1ида acк1oe яч1ине кколаан. Эбелин абуни гьеб ганч1икьа х1инкъулсй йик1ана. Гьелъие гамач1 бук1ана ч1агояб, щибали лъалареб рух1ч1аголъи г1адин.
– Дуда гурищ дун? Инсуца абураб щай дуца гьабулареб? – илан гьикъулеб бук1ана росас, гвандинивеги валагьун.
– Къаси дие мун эмен гуро, бихьинчи вуго... Дихъ щай мун валагьуларев? Гьаниве валагье... – ян бахъунеб бук1ана гвандинисан.
Эбелалда яс йихьулей йик1инч1о. Гьей т1аде яхъана ва к1удияб свериги бахъун, ганч1ида аск1ое яч1ана. Рос кколев вук1ана ганч1ил цояб рахъалдехун, эбел цойгидаб рахъалдехун. Гьанже росасдаги ч1ужуялдаги гьоркьобе ккана ганч1ида цебе бахъун бук1араб гвендги. Гьанже йихьана эбелалда гвандиний йигей яс. Гьей йик1ана т1ад щибго гьеч1ого, толох1очго, гьурщун биччан расгун. Квег1аб, заг1ипаб квер, гьелъул расуде гьоркье ккун, бихьулеб бук1инч1о. Кваранаб квер гьелъ ккун бук1ана г1олохъанал курмузде гьоркье ва гьел гьанк1езарулел рук1ана, эмен жиндихъго валагьаравщинахъе. Ясалъ кинабго гьабулеб бук1ана жиндидаго цеве ч1ун вугев бихьинчиясда ч1ужуг1аданалъул бук1унебщинаб якъинго бихьизабизе. Абухъего, гьанже яс эбелалъул хъатиний лъурай г1адин берда цее йик1ана. Эбелалда, х1атта, жиндирго ясалъул х1ат1ул килщал т1ерхьинег1ан х1аршулъ рук1инцин бихьулеб бук1ана. Гьелъухъ ялагьун эбел квачазецин лъугьана. Сордо бук1ана хинаб. Эбелалда к1олеб бук1инч1о жиндидаго хьолбохъ бугеб ганч1ида хъвазе; х1инкъулей йик1ана. Гьелда кколеб бук1ана ганч1ица х1охьел ц1алеб бугилан.
– Мун щайха, бихьинчи, вуц1ун ч1арав? Мун вач1ун  вук1инч1евани,  дида аск1ов  бат1ияв вук1унаан... К1алъайха... Гьаниве жаниве дида аск1ове щай мун вач1унарев? – ян гьарделаго ясалъ, моц1рол канлъухъе, г1арац г1адин кенч1олеб черхалда кваранаб квер бахъулеб бук1ана.
– Дун йихьулей гьеч1ищ дуда?...
 Росас жаваб кьеч1о.
– Вач1а, вач1а… Гьаниве валагье... – Ясалъ инсуда бихьизабулареб черхалъул лага толеб бук1инч1о. Х1акъикъаталдаги, гьелъул черх берцинаб бук1ана, цо г1алхул ч1аголъи бугеб, бац1ц1адаб. – Гьаниве валагье... гьале...
Эбел, г1одоег1анги къулун, ганч1ида гьоркьан г1адин инсухъ ялагьана. Рос сверухъе валагьахъдилев вук1ана.
– Вач1а, х1инкъуге...
– Дун бегьуларо гьениве вач1ине, бегьуларо... Дун энив хола... Т1аде яч1а...
Эбел божуларого йик1ана гьеб гьаракь жиндир¬го росасул бук1иналда. Гьеб бук1ана г1ажаибго тамахаб, нсдегьаб, г1олохъанаб гьаракь. Росасул гьаркьилъ бук1араб гванчлъиги, хъач1лъиги т1аг1ун бук1ана.
– Холилан абич1ого, х1инкъун вугилаан щай абулареб? Жив бихьинчи гурин, жиндихъа бажаруларин щай абула¬реб? – ян яс гьесда елъанхъилей йик1ана.
Рос  гьанжеги  сверухъе  валагьана.  Гьесда рак1алъ бицунеб бук1ун батизе ккола жиндида хадуб хал ккун цойгиги к1иго бер бук1ин.
– Дица абулеб гьеч1ишха, гьаниве жанив лъугьани, дун холилан... Т1аде яч1а дида аск1ое.. т1аде яч1а...
Гьабсаг1ат росасул г1адаб гьаракь бук1уна нечарав чиясул.
– Дуе т1аде яч1аниги щиб?... Ание яч1а... бихье дица кумек гьабилин... бихье квер кье...
– Дун т1аде яч1ине бегьуларо... Дун гьений йихьула... Дуда цадахъ дунги хвела, вач1а...
Эбелалда бич1ч1улеб бук1ана гьезул гар–гаралъул щибаб раг1и, щибаб раг1ул маг1на, кинабго бич1ч1улеб бук1ана, амма эбелалда кколеб бук1ана гьез цоцазда абулареб, абич1ониги к1ияздаго бич1ч1улеб цойгиги жо бугилан.
– Вачунге дун гьенивс жаниве, – ян гьарулаго, рос гвандил раг1алда, мах1абиги жанире риччан г1одов ч1ана. – Вачунге дун гьениве жаниве, дуда гурищ дун, вачунге...
Рос гвандиниве лъугьунев вук1ана. Эбелалда кколеб бук1ана гьев бецлъун вугилан.
Яс, цо галиги нахъехун босун, гьанже гурони гьев вихьич1еб г1адинан, инсухъ ялагьун ч1ана. Рос, жиндирго х1ат1икь бугеб лъехъги, х1арщухъги г1инго т1амич1ого, щибго жо бихьуларого, ясалда аск1ове г1агарлъулсв вук1ана.
– Вач1а, вач1а, вач1а, – ясалъ цере кверал рит1ана.
Эмен, бихьуларсб къелъ тункарав г1адин ч1ана. Гьесдаго цадахъ эбелги т1урк1ана. Гьезда цадахъ ясалъухъ валагьарав цойги чи, яги кинаб бук1аниги рух1ч1аголъи бук1арабани, гьебги т1урк1илаан. Моц1рол канлъи реч1ч1ун бук1ана ясалъул цебе бит1араб квег1аб, г1айибаб квералда. Эбелалдаги, инсудаги ясалъул гьеб квер гурони, бат1ияб жо бихьулеб бук1инч1о.
– Щай ч1арав? Вач1а, вач1а... Гьа–а... Дир кверищ? Гьа–гьа–гьа... Х1инкъуге... Дица мугьзада нахъа, яги, расулъ бахчила аб, х1инкъуге, амма бокьараб мехалъ гурони, дихъ г1енеккулароха аб...
Эмен нахъе–нахъе къалев вук1ана, живго гвендалъул къадада тункизехъин вугилан ккун гьес квералцин нахъехун рит1ана, гьев къадада аск1ове щвезе к1удияб манзил бук1аниги.
– Х1инкъуге, х1инкъуге... К1ола дида аб бахчизе... – янги абун ясалъ квер мугъзаде нахъе ккезабуна.
Инсуда т1ок1ав ясалда аск1ове къазе к1олеб бук1инч1о; нахъе къазеги рак1алда бук1инч1о. Мерхьунаго х1арщгун яс инсуда аск1ое яч1ана. Гьелъул х1ат1акь лъамалъи бук1инч1ебани гьелъул курмул, гали т1амурабщинахъе сородилел, рук1инаан.
– Гьаха, х1акъикъаталда, эбелалъ, абухъего, дун дур яс раг1уларин, сункьаха х1инкъун вугев?
Эбелалъ абун бук1араб раг1и ясалда кисан раг1арабали лъиданиги лъаларо. Гьабсаг1ат гьелъ¬ул пикру гьабизе pегlapaв чиги гьеч1о; яс инсудаса рет1ел бахъизе лъугьана. Эмен вагъарулев вук1инч1о. Ясалъ гьеб гьабулеб бук1ана юц1ц1ун ч1ун, ругьунаб х1алт1и гьабулей г1аданалъ г1адин.
Эбел т1аде яхъана ва, ганч1ида нахъехунги ун, гьеб цебе цузе лъугьана. Жиндирго х1ат1алги цойгидаб, аск1обго бугеб гьит1инаб, ракьулъ къараб ганч1ида цузарун, гьелъ бугеб pyxl кьолеб бук1ана дагьабниги гьеб гамач1 багъаризабизе. Гьелда лъалаан гьеб зарраялда бан ч1ун бук1ин, гамач1 дагьа–макъабго   багъаризабуни  г1олеблъи,    амма ч1ужуг1аданалда гьеб шуризабизе к1олеб бук1инч1о. Эбел ганч1ида цеехун, ай гвенд бугеб рахъалдехун екерана. Эбел гьанжеги ганч1иде гьоркье ялагьана; х1акъикъаталдаги, гвенд ганч1ил бакьулъиялде   щвезег1ан   бухъун  бук1ана.   Гьей ц1идасан ганч1ида нахъе екерана ва гьанжесала, квешаб гьаракьги гьабун, бугеб рух1алъ гамач1 цебе цуна. Гамач1 дагьабго къуркьана, рак1ч1ун, г1едег1ич1ого хъущт1ун ун, гвандиниб дуруслъана. Гвандинисан къват1ибе гьаракь бач1инч1о.

8

Ч1ужуг1аданалъ гьеб хабар бицун бахъараб мехалъ нижер цонигиясда к1алъазе к1веч1о. Нижер руц1ц1ун ч1ей к1алъазе к1унгут1иялдаса, к1алъазе бокьунгут1иялда релълъараб бук1ана. Цо–цо бак1алъан нижеда гьелъ бицунеб жо бич1ч1улебги бук1инч1о; гьелъул бат1ияб, зах1матго гурони бич1ч1изе к1олареб бук1ана хабаралъул г1уц1и, бат1иял рук1ана пикраби.
Дица т1аде жубана, масала, ясалъул макьу, эбел кьижун йигеб мехалъ ккарал лъугьа–бахъинал, ай эбелалда рихьич1ел жал. Бич1ч1ун батила гьелги рук1инч1ебани, бич1ч1изе т1убанго зах1малъилеб бук1араблъи.
Т1оцеве дун к1алъана:
– Гьанже гьениб щибниги хут1ич1ебищха?
– Хут1ана, – ян абуна ч1ужуг1аданалъ. – Г1урул раг1алда куракул хут1ана гьвет1...
Дидаса  хадур аск1о рук1аралги лъугьана суалал кьезе, амма гьелъ киназего жаваб кьолеб букIинч1о. Свакан йикIиналъ батилин тана дица. Т1адежоялъе гьабгощинаб хабар бицун бахъинег1ан, т1ур–т1удилеб бет1ерги ч1олеб бук1инч1о гьелъул.
Ниж  киналго кванаян т1аделъараб мехалъ, гьей кваназе лъугьана. Хадуй рокъое инилан т1аде яхъ¬ана ва нуц1ида нахъаги лъалхъун, дихъги ялагьун, гьимана.
– Вук1унаан рос хъвадарилев кидаго... Кагьтал дихъ хут1ана, дуе бокьани кьела... – ян абуна гьелъ.
Дуда бич1ч1улеб батилаха кинаб гьира–шавкъалда дун гьев чиясул хъвай–хъваг1аязда хадув ара¬вали. Гьелъул рукъ рик1к1ада бук1ин дица х1исабалдецин босич1о, дида гьеб к1вар бугеб жойиланцин кколеб бук1инч1о. Гьаб бак1алда бицине бегьилаан гьелъул рукъ–бак1алъул, амма бицинаро – бокь бихьичIев чи ватиларо. Гьеб ц1акъ чорокаб бак1 бук1ана, гьедин бук1инч1ебани, г1ажаиблъиги гьабилаан дица. Жиндирго хабар би¬цунеб мехалъго бихьулеб бук1ана гьелъул лъедерал кьунсрузулъ нац1. Нилъее гьеб щай?...
Х1акъикъаталдаги ратана росасул хъвай–хъваг1аял. Бит1араб бицани, ккун бук1ана г1емераб кагъат батилин: дица машинкаялда кьабараб мехалъ, микьго–ич1го т1амач гурони бахъич1о. Гьел рук1ана чорокаб кагьтида къалмица хъварал пикраби. Пикрабиян абизеги бегьила гьезда, дневникилан абизеги бегьила...
Гьел кагьтал ц1алигун, дида бич1ч1ана кинав чи гьев вук1аравали. Рак1алде ккола киназдаго бич1ч1илилан. Нилъеда  яс лъала, эбел лъала, гьанже эменги лъазехъин вуго... Дица цин хабаралда гьорлъе бачинехъин бук1инч1о гьел инсул хъвай–хъваг1аял, х1акъикъаталдаги дир хабар, дой цо херай ч1ужуг1аданалъул хабар лъуг1араб бак1алда лъуг1ана; дица гьел гьорлъе рачинехъин рук1инч1о, эбелалъ бицаралъулги инсуца хъваралъулги кинаб бугониги хурхенго гьеч1иланги ккун. Хаду–хадуб х1исаб гьабураб мехалъ.... лъалароха, бихьилебищали, дида хурхен бихьана.  Бокьаниги гуро¬ни ц1алич1ого тезе бегьула; дир хабар г1адамазде гамач1 гириялдаго лъуг1ана.
Нагагьлъун ц1ализс рак1алде ккани гьале гьел...

9

19... сон. Кьсрхараб къо. Росулъ.
Лъицаялиго абун буго: «Г1абдалас г1арз бахъула г1адамазда жив вич1ч1улев гьеч1илан, г1акъилас – г1адамал жинда рич1ч1улел гьеч1илан». Г1адамал рижаралдаса нахъе беццулеб буго г1аданльиги, ях1ги, намусги, г1акълуги. Дунялалда рижаралщинал аварагзаби, г1алимзаби, г1акъилзаби гьелъул бицунаго, гьеб г1адамазда гъоркьоб т1ибит1изарулаго хвана. Ам¬ма г1адамазда гьоркъоб лъик1аб г1умру бук1ана би¬щунго г1акълу гьеч1ев чиясул. Квешавг1ан чи лъикI вукIана ракьалда, гьабсаг1аталда вугезеги вуго. Щай¬ха аварагзабазеги, г1алимзабазеги, г1акъилзабазеги къвариг1ун бук1араб, ях1ги, ничги, намусги, г1аданлъиги, г1акълуги г1адамазда гъоркьоб т1ибит1изабизе? Щай гьез г1адамал гуккулел? Гьезул гьеб рек1к1 батич1они, щайха гьезда хадув арав язихълъиялда ва мискинго холев?
Кибалиго хъван бугоан, дунялалда бугила к1иго секундалъул гурони г1умру гьеч1еб х1ут1–хъумур. Гьелъ, г1умруялда жаниб т1анч1и гьари гурони, щиб¬ниги гьабизе кколеб гьеч1о. Бижулеб буго, т1инч1 рехулеб буго, холеб буго. Гьединан дунялалдаса гьеб xlyrl т1аг1унеб гьеч1о. Щибаб х1ут1алъ жиндирго т1алаб гьабулеб гьеч1о, щибаб х1ут1алъ к1вар кьолеб буго жидерго тухум, жидеpгo кьибил, жалго дунялал¬да хут1изе. Гьел хут1изеги руго дунялалда дунял бугог1ан заманаялъ. Гьеб х1ут1алъе жиндицаго ракьалда балеб кIиго секунд гуро г1умру кколеб, жал¬го ракьалдаса т1аг1инч1ого рук1ин ккола.
Инсанилан абураб жо ракьалда хут1изе ккани, къвариг1уна г1адамасе ях1ги, ничги, намусги ва хут1а–хут1арабги г1акъилзабаз малъулебшинаб, сахаватав чиясулъ бук1ине кколебщинаб. Хъант1ун цоцалъ рагьилел ругони, инсан хут1уларо, гьеб г1адамаздаги бич1ч1уларо.
Кидаго цоцалъ рагьилел, хъант1унги ругин, щай¬ха лъуг1уларел г1адамал ракьалдаса? Дие гьерсал щай рицарал? Дие адаб–хъатирги, г1аданлъиги, Аллагь–Аварагалги щай рук1арал? Дун щай гуккарав?

19... сон. Кьерхараб къо. Росулъ.      
Г1адамаз веццулев вуго жиндирго заг1иплъи, тамахлъи х1алт1изабун, цевет1урав чи. Киназдаго раг1иледухъ живго г1одулев куц коч1одалъун загьир гьабурав чиясул г1адамаз къимат гьабулеб буго. Махщалица коч1одалъун г1одизе к1вани, шаг1ирилан ц1арги кьун, г1одов вук1ун хьихьулев вуго, заг1ипав чи. Гьесул ц1ар гьабулеб буго, гьесухъ г1енеккулев вуго.
Гьеб гурищ гьабураб Г1иса аварагас?

19... сон. Т1ощел бак1арулеб заман. Росулъ.
Маг1арухъ бицен буго, жиндирго квине жо лъуг1игун жив хабалъе вукъизе вачеян гьардарав чиясул. Росуцояз, молодаги лъун, хабалъ лъезе вачунев вук1ун вуго. Молода лъун гьев восун унев вихьун вуго рукъалъул т1охде вахарав цойги чияс¬да. Гьес абун буго:
    – Щай нужеца ч1агояв чи вукъизе вачунев, вачунге...
    – Асул квине жо лъуг1ун буго, – ян абун буго т1охда ч1арасда г1адамаз. — Гьардана жив вукъеян, щибха асда гьабилеб? ...
    – Дир рокъоб буго гьесие кьезе цо бакъвараб чед... – илан абун буго т1охдасан.
Гьезухъ г1енеккун вук1арав молода вегарав чи ворхун вач1ун вуго:
    – Ле, – ян ах1ун буго гьес т1охдеги валагьун. – Бакъвараб гурони, гьеч1ебищ дур чед?
    – Гьабсаг1ат х1еккине рехиларищ вац, ц1акъ бигьаяб жо...
    – Г1а–а... — ян кверги хьваг1ун, ц1идасан моло¬да вегун вуго гьев чи. – Гьанже чед х1еккине гьабулевгийищ вук1инев... Ваче дун хабалъе!
Г1абдалищ гьев г1акъилищ? Живго г1акъилищ г1абдалищали лъазе ккани, г1адамас гьеб суалалъе жаваб кьезе ккола...

19... сон. Кьерхараб къо. Росулъ.
Аллагь вуго. Жакъа бич1ч1анин дида гьеб. Гьединго жакъа дида бич1ч1ана Алжанги Жужах1ги бук1ин. Г1адамазда т1ад буго гьезда бихьулареб, киназего г1ахьалаб г1одобнак1к1. Гьеб г1одобнак1к1 лъугьинабун буго г1адамазул пикрабазги, г1адамазул къасдазги, г1адамазул анищазги, г1адамаз бат1иязе кьолеб къиматазги. Щибав чиясе бокьула гьеб бихьулареб г1одобнак1к1илъ жив¬го лъик1 вук1ине. Гьеб г1одобнак1к1илъ лъик1 вугев чи ккола г1адамазе бищунго вокьулев чи, г1адамаз жиндир къимат гьабулев чи. Гьеб г1одобнак1к1илъ лъик1 вук1ине бокьунин г1адамас бат1иясул гьеч1ел г1адал ч1ах1иял рукъзалги ралел, бат1иясул гьеч1еб г1адаб бечелъиги балагьулеб – бокьараб жо гьабула г1адамас живго веццизе г1оло. Г1одобнак1к1илъ лъик1 вук1ине рес гьеч1о г1адамаз какулев чиги, квеш вук1ине рес гьеч1о г1адамаз веццулев чиги. Г1адан хвараб мехалъ гьеб г1одобнак1к1 кибениги унаро, г1адамазда т1ад хут1ула, инсан ракьалда вугог1ан заманаялъ. Хвейгун Алжаналъуве ккарав чи вуго г1одобнак1к1илъ лъик1 вугев чи, Жужах1алъув вугев чи вуго г1одобнак1к1илъ квеш вугев чи.
Нак1к1 бихьулеб бук1арабани гьелда Аллагьилан ц1ар лъолароан.

19... сон. Роц1араб къо. Росулъ.
Г1адамазе куч1дул рокьула коч1ол щибаб мухъилъ ритм бук1иналъ. Г1адамазе накъиш бокьула гьебго ритм бук1иналъ, накъищалъул щибаб г1аламат такрарлъулеб бук1иналъ. Гьел руго т1абиг1аталъухъ валагьун инсанас ургьарал жал. Т1абиг1аталда кинабго такрарлъула: бакъ бакки, их, рии, хасел бач1ин, сордо–къо. Х1атта, вилълъинецин инсан ритмалда вилълъуна. Т1абиг1аталъ щибаб къоялъ абулеб буго г1адамасда кинабго такрарлъизе бугилан, г1адамасда бич1ч1улеб гьеч1о. Кида вугониги инсан дунялалда вижун ватани, гьев ц1идасан вижизе ккола. Ц1идасан инсан ду¬нялалда вижизе ккани, гьев дунялалдаса т1аг1ине ккола. Гьедин абуна Мух1амад аварагас.
Амма... Амма гьабсаг1ат вугев г1аданги т1аг1ун, гьев хисун, такрарлъун бат1ияв вижизе... лъаларо.


19... сон. Кьерхараб къо. Росулъ. Дун г1адалав чи вуго.

19... сон. Роц1арабилан абизе роц1арабги гуреб, кьерхарабилан абизе кьерхарабги гуреб къо. Ро¬сулъ.
Дида росулъ г1умру гьабизе к1оларо. Г1адамал квешал рук1ун гуро; г1адамал квешал рук1унаро, киназего г1одобнак1к1улъ лъик1аб бак1 кквезе бокьун буго, гьелъ бижизабун квешлъиги буго, гьеб лъиданиги т1аг1инабизеги к1оларо.
Квешлъи лъуг1изабизе к1унгут1иялъе г1илла ккола, лъик1лъи лъуг1изабизе к1унгут1и.
Дица лъие бугониги лъик1лъи гьабуни, дос диеги гьабуни, лъабабилесе квешлъи ккун батула. Лъабабилесе бокьизе гьеч1о ниж к1иялго г1одобнак1к1улъ лъик1 рук1ине. Гьес кьезе буго жинди¬даго рак1алде ккараб къимат. Х1акъикъияб къимат гьеч1о. Х1акъикъияб къимат лъач1ого инсанасда квешлъиги лъик1лъиги лъазеги гьеч1о. Цонигияб т1аг1инабизеги гьеч1о...

19... сон. Ц1ад балеб къо. Росулъ.
Г1ажаибго ворхатав, ч1ег1ераб кьералъул г1ебав чи. Бихьинчиги гурев, ч1ужуг1аданги гурев. Гьесухъ кодоб ккун буго цебе чармил хъарщи г1адаб жоги бухьараб ц1ал. Ц1алаца рухулаго гьес г1адамал рачахъулел руго цоял гьанирехун, цойгидал дорехун; гьесда жиндидаго лъалеб гьеч1о кинал кирехун гьолел ругелали. Гьесдаса дагьалниги рик1к1алъарал г1адамал как базе лъугьунел руго. Гьев г1агарлъигун ц1идасан т1урулел руго ва гьанжеги рик1к1алъаралго какал разе лъугьунел руго...
Гьев чи кидаго велъулевги вуго...

19... сон. Ц1ад балеб къо. Росулъ.
Ничалъ г1емераб бак1алда хвасар гьавула чи.
Ничалъ г1емераб бак1алда хвезавула чи.
Хасго г1олохъанай ясалъс бокьула жиндидасаго г1олохъанав вас нечезе. Амма гьелъ киданиги нечарав вас вокьулин абизе гьеч1о. Ясалда жиндаго ккола    нич    бахъарав    вас    вокьулилан.
Х1акъикъаталда, гьелъие рекlee г1ола нечарав г1олохъанав вас нич бахъарав вугони, яс гьесукьа жийго нечезе ккола, гьеб ясалъе бокьуларо. Г1олохъанав вас жиндикьаго нечани ясалда рак1алде ккола жий гьесдаса бергъанилан, г1амал к1одолъула ва г1ажаибго сурукълъула.
(Т1адехун хъван бугеб жоялдасан т1асан х1уччал ц1ан ругоан, ругониги дица гьеб нахъе рехич1о.)

19... сон. Роц1араб къо. Росулъ.
Заг1ипавг1ан, г1антавг1ан, ях1 гьеч1евг1ан, къокъго абуни, г1адамаз какулел г1унгут1аби жиндилъ ругог1ан чи цеве ине вуго. Жалго г1адамал къуват ях1, г1акълу, къокъго абуни сахабилан жидецаго рик1к1унеб жо беццулел рук1ине руго.
Х1акъикъаталдаги, кинаб лъик1аб; г1антлъийищ? ц1одорлъийищ?

19... сон. Роц1араб къо. Росулъ.
Бихьиназул жиде–жидер руччаби рук1ине бегь¬уларо. Руччаби рук1ине ккола киназего г1ахьалал. Гьеб лъик1аб буго бихьиназеги, руччабазеги. Дица гьединан г1адамазда абуни, гьел дида релъила. Релъулел рук1инч1ого т1абиг1алъухъ ралагьеян дицаги абила. Кинаб бихьинаб рух1ч1аголъиялъул бугеб г1умруялъ, жибго ч1аго бугог1ан заманалъ, кидаго цадахъ ц1унараб ц1уяб рух1ч1аголъи? Г1адан рух1ч1аголъи гуреб батани кванач1ого, кьижич1ого, къинлъарич1ого бук1а; цониги т1абиг1аталъ гьабизе т1амулеб жоялдаса инкар гьабе.
Руччаби киназего г1ахьалал ругони, жидеего бихьиназеги руччабазеги гуребги, т1убараб инсанияталъего лъик1аб буго. Лъимал бат1и–бат1иял рук1ине руго. Гьеб ккола инсанияталъул бечелъи.
Дун рух1ч1аголъи гуро...

19... сон. Роц1араб къо. Росулъ.
Кодоб г1арац гьеч1илан абизе г1емер бигьалъула, гьедин абулев чи г1адамазда бечедав чи вук1ин лъалеб бугони. Мискинчияс киданиги абуларо жиндихъ цониги шагьи гьеч1илан. Гьев нечола.
Бечедав чияс жиндихъ г1арац гьеч1ин абуни, х1акъикъаталда, кодоб гьезеги гьеч1они, сверухъ ругезе кеп щола. Щибг1аги гьениб кополаб жо бугеб?
Дие гьадинаб лъугьа–бахъинги бицана ц1акъ кополаб жо г1адин. К1удияв вац унтараб мехалъ, гьесде ваккизе вач1ун вуго гьит1инав вац. Вац вегун вугеб кроваталъул раг1алда г1одовги ч1ун, гьит1инас абун буго:
– Гьанже мун хвараб мехалъ, дие йик1ина гурищ дур гьадай ч1ужу… –ян.

19... сон. Ц1ад балеб къо. Росулъ.
Бажаруларо дихъа росулъ г1умру гьабун. Дун гьанив г1адаллъула. Г1адаллъуларо, г1адамаз г1адаллъун вугилан абула, гьеб ккола г1адаллъиги.

19... сон. Ц1ад балеб къо. Росулъ.
Жакъа дир бот1ролъе бач1ана пикру горда лъураб ц1ер бекизе. Гьеб бач1ана дун бокьов вугев мехалъ: бокьоб цониги гордуялда ц1ерги гьеч1о.
Кинан ва щай дир бот1ролъе гьединаб пикру бач1араб?
Щиб дида бараб жо бугеб т1абиг1аталъул? Дида щиб гьабизе к1олеб? Масала, дирго бот1родаса т1агъур бахъизе к1ола. Бахъана. Щуго минуталъ цебе щайха бахъизе к1ун бук1инч1еб? Т1агьур бахъизе бач1араб пикру дие бокьун гуреблъидал бач1араб? Пикруялълъидал дун т1агъур бахъизе т1амурав...
Гьаб хъвалеб мехалъ чирахъ свана...
(Гьеб мухъ к1ич1–к1ич1араб бук1ун, цоцаде х1арпал рахун, зах1матго гурони ц1ализе к1всч1о.)

19... сон. Роц1араб къо. Росулъ.
Г1арабазул гьадинаб бицен буго Аллагьас абунила:
– Ле, г1адан, дуего бокьараб жо гьаре, т1убазабила. Амма дуе щиб гьабунги гьебго жо, к1иго нухалъ ц1ик1к1ун мадугьаласеги гьабила...
Ургъанила г1адан, ургьанила ва абунила:
– Дир цояб бер бахъе...
Вокьуларо г1адамасе г1адан. г1адамасе г1адан вокьулев вук1аравани, гьез цадахъ г1умру гьабилароан...

19...сон. Роц1араб къо. Росулъ.
Г1адамасул г1умру бараб буго гьесул г1амалалда. Г1амал–хасият вижудасанго Аллагьас кьураб буго. Цо–цо мехалъ гьсул рагьа–рашари г1одонак1к1уде данде ккола, цо–цо мехалъ кколаро.
Жужах1алъув ккарав чиясда шибниги г1айиб гьсч1о.

19... сон. Кьерхараб къо. Росулъ.
О! Бет1ергьан Аллагь!

19... сон. Роц1араб къо. Колода.
Г1адамасда г1умруяда жаниб цониги т1ехь бихьизе тезе бегьуларо. Дун колоде вахъун, к1иго лъаг1ел сверулеб буго, жегиги цониги т1ехь кодобе босич1о. Къаламги босилароан, гьадин хъвазе гуребани...

19... сон. Роц1араб къо. Колода.
Дида, росулъ вугев мехалъго, бихьизе кколаан кинабго ч1агоябщинаб жо цоцазде аск1обе ц1алеблъи. Ч1агояб гуребги, масала, гиризе биччараб гьорчо, ганч1ал бугеб бак1алъ ч1ола. Яги гьвет1–хералъухъ хал гьабе...

19... сон. Колода.
О! Бет1ергьан Аллагъ! Баркала зах1мат ургъаралъухъ!

19... сон. Колода.
Аллагь гьеч1о...

Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook