Авторизация

МагIарул басмаби цолъизабураб «МагIарухъ» сайт хIалтIизе биччана

Къалам, дуца щуре щакъиялдехун

Авар рухI - авар мацI, гIадатал, гIамал,

Авар хасиятги рукIа-рахъинги…


2016 соналъул 23 ноябралда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул миллияб библиотекаялда тIобитIана МагIарул басмабазул цолъиялъ гIуцIараб «МагIарухъ» абураб сайт рагьиялъул данделъи. МагIарул мацIалда хъвараб нилъер халкъалъул тарих, адабият, маданият, казият-журналазул нахърател, цIиял харбал – гьеб кинабго жанибе бачараб, нилъер рахьдал мацIги, рухIги, яхIги цIунизелъун хIалтIизе биччараб сайт ккола гьеб.

«МагIарухъ» (avarpressa.ru , аварпресса) сайт рагьиялъул тадбир бачана «Гумбет» информациялъул гIуцIиялъул бетIер, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ХIамзат ГIизудиновас. Гьес бицана МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул ва МагIарул басмабазул цолъияз бахъулеб хIаракаталъул.


Интернеталда жаниб тIамулеб бугин цIиял гIелаз гIемерисеб заман, гьединлъидал, магIарул публицистика, тарих, адабият ва маданият цо хасаб сайталда жанибе буссинабуни ва гьеб сайталдаса пайда босизе лъималазда малъани, гьитIинаб къоялдаса бахъараб нилъер халкъалъул къебелъухъ миллатцоял лъадаризе рес щолин абуна ГIизудиновас. 


МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев, тарихиял гIелмабазул кандидат ШагIбан ХIапизовас «МагIарухъ» сайталда церечIарал масъалабазул ва гьелъ мацI цIуниялъе, миллаталъул суалал рорхиялъе гьабизе бугеб квербакъиялъул хIакъалъулъ баян гьабуна.


Шамил мухъалъул «Цолъи» басмаялъул бетIерай редактор ПатIимат  ГьитIиновалъ бицана магIарул мацIалда биччалеб цIияб сайталъ дунялалда риххарал миллатцоял гъункизаризе квербакъилилан ва Турциялда ругел магIарулазухъе жиндица рухьарал сапараз рекIелъ тараб асар загьир гьабуна.


МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул цолъиялъул нухмалъулей, педагогикиял гIелмабазул кандидат Баху МухIидиновалъ абуна гьеб идараялъги сайт гIуцIулеб бугилан ва кIиябго ассоциациялъул цадахъаб хIалтIуца лъикIал хIасилал кьелилан.


Россиялъул  ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул (ИЯЛИ ДНЦ РАН) нухмалъулев, филологиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIамадовас «МагIарухъ» сайт рагьиялъул бугеб кIудияб кIваралъул бицана. Гьединго МухIамадовас абуна нилъер халкъалъул даражаялъе мустахIикъаб миллияб политика  гьечIилан, рахьдал мацIалъул ва маданияталъул хIал беццизесеб куцалда гьечIин ва гьеб ахIвал-хIал лъикIлъиялъе цадахъаб хIаракат хIажалъулилан.

   

Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул Правлениялъул секретарь, магIарул секциялъул нухмалъулев, «Гьудуллъи» журналалъул редактор МухIамад ПатахIовас нилъер халкъалъул маданият ва адабият цIуниялъе, церетIезариялъе гьаризе бегьулел ишазул бицана.


«МагIарулазул щибаб районалда рахъана маданияталъулги адабияталъулги машгьурал хIаракатчагIи. Районазул администрацияз гьезул  цIаразда хасал премиял чIезаруни, гьелъ квербакъилаан нилъер рухIияб рахъ цебе туркIиялъе», - ян абуна МухIамад ПатахIовас. Цоги басмабазулго гIадин, «Гьудуллъи» ва «Лачен» журналазулги гьурмал руго «МагIарухъ» сайталда.  МагIарул хъвадарухъабазул асаралги цIализе бегьула, гьеб сайталдеги раккун.


«МагIарухъ» сайт рагьулеб дандеруссиналда гьединго кIалъана МахIачхъалаялъул пресс-хъулухъалъул управлениялъул нухмалъулелъул заместитель, МагIарул басмабазул цолъиялъул гIуцIиялъул идараялъул бетIер Зайнаб ГIалимирзаева, Унсоколо мухъалъул «Ахихъан» басмаялъул бетIерай редактор Саният КъебедмухIамадова, Хасавюрт шагьаралъул «Гьудуллъи» казияталъул бетIерав редактор МухIамадрасул ШайихмухIамадов, ХъахIабросулъа МахIмудил фондалъул нухмалъулев МухIамад ХIасанов ва цогидалги. 


МагIарулал гIумру гьабун ругел ракьазда биччалеб  27 казият-журналалъул хасал бокIнал гьарун руго сайталда, гьединго руго цере къватIире риччарал «Сабаб», «Имамат» журналазул, «Къоял», «Вацлъиялъул калам» казиятазул гьурмалги. Сайталда лъезе руго магIарул мацIалда ругел документалиял видеофильмал, телепередачаби, кIалъазе буго магIарул радио.  «МагIарухъ» сайт ккола магIарулазул чIинкIиллъи, нилъер рухIияб пачалихъ гIадаб бакI, миллияб годекIан, тарихияб нахърател, жакъасеб къоялъул магъущ, букIинеселъе лъураб кьучI. Миллаталъул милат гьабулелщинал гIадамал ахIулел руго «МагIарухъ» (avarpressa.ru , аварпресса) сайт цIализе, гьенире хъвадаризе, нилъер халкъалъе пайдаяб цадахъаб хIалтIи гьабизе.

Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +315
  • Нравится
Оставить комментарий
Тавпикъ кьеги!
Амин! РачIа сайт цадахъ хIалтIизабизе!
orosib,
Мун т1оцебесеб кьерда гурищ?


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook