Авторизация

МагIарул миллиябгун маданияб автономия

Хириял магIарулал, урхъараб саламгун, кидаго ракIазе чармилаб сахлъиги, свин гьечIеб гIишкъул цIаги гьарулаго, гьаб кагъат нужехъе хъвалеб буго «МагIарул миллиябгун маданияб автономия» гIуцIиялъул  рахъалъан.

Дагъистаналъул тарихалда кинаб кIвар бугеб лъугьа-бахъин кканиги, гьелъул аслиял гIахьалчагIи, аслияб бутIа лъолел гIадамаллъун рукIана магIарулал. Миллат цIехечIого гIагараб ракьалде бачIараб къварилъи гьез жидерго рокъобе бачIараблъун къабул гьабулаан, рохулаан гIагараб Дагъистаналъул церетIеяздаса ва бергьенлъабаздаса. Цоцазулгун бухьеналъе ва гьоркьорлъабазе хIалтIизабулаан цо росдал босараб гуреб, киназего хасиятаб болмацI.

Гьелдалъун магIарул маданият, адабият ва гIумрудул тарих жибго жиндаго чIараблъун гуреб, киназего хасиятаблъунги лъугьунаан. ЧIухIизе ккараб буго магIарулазул маданиятги тарихги. Щибаб росдал рукIа-рахъиналъул, хьвада-чIвадиялъул, тарихиял лъугьа-бахъиназул, ретIел-хьиталъул ва квен-тIехалъул жидеего хасиятал рахъал рукIаниги, киназего гIаммал руго гьезулъ аслиял рахъал. ГIамал-хасияталъул рахъалъ босани, хIатта киналго магIарулал гIумруялде куцаялъул тарбия цо мугIалимас кьураб бугиланцин ккола – гьедигIанги цоцазда релълъарал руго магIарулал.

ГIемерал руго магIарулазул цо росдал гIадамаца бицунеб мацI цогидазда бичIчIуларел жамагIатал. Амма лъикIаланго бечедаб буго гьезул адабияталъул нух: кир ругел магIарулазул гIадал магIна цIубарал кицаби, абиял, халкъиял асарал, лъида лъалареб Инхоса ГIалихIажиясул гIакълудул гъварилъиги, ХъахIабросулъа МахIмудил рокьул кучIдузул бухIиги, ЦIадаса ХIамзатил малъидул гIатIилъиги, Гьандихъа Муса МухIамадовасул асаразул паналъиги; Дагъистаналъул цIар дунялалдаго рагIизабурав Расулил пикруялъул цIубайги. Кина-кинавги чиясда къимат кьезего бажаруларо гьеб тIолабго хазинаялъул.

ХIисаб гьабураб мехалъ, къалмил устарзаби куцалеб алатлъун буго жибго халкъ, миллат, гьелъул гIумру. Халкъалъул пикрабазул ва гIумруялъул лъугьа-бахъиназдасан босараб бечедаб нахърател тана гьез нилъей рагIудалъун. Гьеб буго нилъее букIине кколеб хьвада-чIвади баян гьабулеб, гIолеб гIелалъе тарбия кьолеб аслияб мугIалим – гIасрабаца нахъа тараб умумузул нух.

МагIарул халкъалъул мацIги щибаб росдае хасиятаб гуреб, гIаммаб буго, гьебги болмацI ккола. Амма адабияталъул гIаммаб хъвай-хъвагIай бичIчIизе ккани, нилъерго рахьдал мацIги гьелъул хъвай-хъвагIайги лъазе ккола. Гьеб умумузул нух тIаде бачIунеб гIелалда лъалеб гьечIони, лъидасан ва сундасан гьез мисал босилеб?...

ГIумру гьабизе бигьалъаби цIехон, гIемерисел магIарулал гIатIиракьалде гочана, рехун тана рижараб ракь, гIагараб жамагIат. Гьел таниги, цадахъ босизе бегьулеб магIарул тарбияги, гIамалги, ракIалдещвеялги цояз цIунана, жидерго лъималазухъе кьуна. Цогидаз, «БагIараб кьо бахаралдаса магIарул мацIго щай?» абураб махсаро хIакъикъатлъун лъугьинабуна. ГIатIиракьалде рахъаралдаса рехун тана мугIрузул гIадат-гIамал: лъалеб гьечIо магIарул тарих, гIумру, умумузул цIарал, гьезул рачIин, аслу, гIагараб ракьалъул тарих. Бищун аслияб, гьеб кинабго цIунулеб мацI – я бицунеб, я лъалеб гьечIо.

ГIагараб миллатги, гьелъул мацIги, кинабго рухIанияб бечелъиги биларал нилъер наслабазда метерисеб къоялъ мун щиб миллаталъул абун цIехани, жаваб кинабдай щвела гьездасан. КватIулел гьечIодай нилъ аралъул хIисаб гьабизе, нилъер миллаталъул мацIниги цIунун, гIолеб гIелалъухъе гьеб кьезе?! МацIалда цадахълъидал кинабго гIамал-хасиятги, чилъи-яхIги инсанасулъ цIунун хутIулеб. Гьадин салулъан чвахулеб хIабургъараб лъимлъун биччан тани, кидаялиго гучаб, цIар рагIараблъун букIараб магIарул халкъ, кигIан заманалъдай нилъеда цIунизе кIвелеб ва нахъе хутIилеб гьелъул бечедаб миллияб хазина?!

Гьел пикрабаз ниж рачана хадусеб хIукмуялде. 2012 соналъ магIарулазул данделъиялда гIуцIана «МагIарул миллиябгун маданияб автономия». Гьенир гIахьаллъараз загьир гьарулел рукIана батIи-батIиял пикраби – магIарул мацI, тарих, адабиятгун маданият цIунизе ккун бугин, гIолеб гIелалъе умумузул ирс кьезе кколин. Рехсана нилъер миллаталъул цоги-цоги гIузраби. Гьенибго хIукму гьабуна магIарул миллаталъул жамгIияб гIуцIи букIине кколин, гьеб хIалтIи жидедего тIаде босулеб, миллаталда хурхун раккарал суалал тIуралеб, гьезие квербакъулеб абун. ГIемер заман гьоркьоб инчIого гIуцIана «МагIарул миллиябгун маданияб автономия». Идараялъул нухмалъуде гъорлъе лъугьана:

1. Айтберов Тимур

2. БисавгIалиев МухIамад

3. ГъазимухIамадов ГIалисултIан

4. ГIумаханов Сайгидпаша

5. Ибрагьимов Бадрудин

6. МуртазагIалиев АхIмад

7. Набиев ГIисалмухIамад

8. Уладиев Сулайман

9. ХIапизов ШагIбан.

БетIерлъун вищана («Правлениялъул председатель») – Сайгидпаша ГIумаханов, гьев хисулевлъун («заместитель») – ШагIбан ХIапизов.

«МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъул» аслияб мурадлъун ккола мацIгин тарих, маданиятгун адабият лъазаби ва цIуни, гьелдаго цадахъ, гIун бачIунеб гIелалъе ва цIиял наслабазе нилъер бахIарчиял умумузул тарихги, гIакълуялъул ралъад гIадал гIалимзабазул асаралги халкъалда рагIизаби ва цIуни.

МацI, тарих ва дин – гьаб лъабабго буго нилъер миллат цIунулеб аслияб алат. Автономиялъ гьабулеб хIалтIул аслияб кIвар кьейги гьезде букIине буго. Иншааллагь, Аллагьасул нухги ккун, умумузул рахъги ккун, магIарулазул кумекалдалъун, ракIчIараб гали тIамизе къасд буго нижер гIуцIиялъул гьеб рахъалъ. Гьайгьай, цIалдолездасан кумек щвелин хьулги буго, щайгурелъул тIадехун рехсарабщинаб ккола нилъер гIаммаб хазина ва гIаммаб къисмат.

 «МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъул» офис буго МахIачхъалаялда, Данияловасул цIаралда бугеб 12-абилеб къотIноб, 4-б тIалаялда.

Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook