Авторизация

Рахьдал мацIалъул фестиваль

20-21 февралалда Авартеатралда тIобитIана Рахьдал мацIалъул къо кIодо гьабиялъул фестиваль.


МагIарул Миллиябгун Маданияб Автономиялъул хIаракаталдалъун исана лъабабилеб нухалдаги гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна магIарул киналгоязде гIагарун райгазетазул, гьединго цо-цо шагьаразул редакцияз. Хасго лъикIаб хIадурлъигун гьенире рачIун рукIана Гумбет, Хунзахъ, Шамил ва ЦIумада райгазетазул редакциялъул хIалтIухъаби.


Жидерго миллияб кьурдигун ва кечI-бакъангун гьенир церерахъана гьидерил ва Гумбет районалъул искусствоялъул хIаракатчагIиги. ИчичIалиса гIертIазул устар Ханакаев МухIамадилги, гьоцIдерил, ансадерил гIарцул ва цIулал устарзабазул выставкаги букIана гьениб.


Миллияб журналистикиялда, поэзиялда, тарихалда ва цогидабги рахъ цебетIеялъе кIудияб бутIа лъуразе кьуна шапакъаталги.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook