Авторизация

ГIалил вас ИсмагIил, дуй нух битIаги


ГIалил вас ИсмагIил, дуй нух битIаги


Берал къанщунилан, къадру холаро


2019 соналъул анцIабилеб февралалда Аллагьасул къадаралде щвана лъикIав магIарулав, гIумру гIадамазе ва халкъалъе пайдаялъе насиб гьабурав инсан, ЛъаратIа районалъул Салда росулъа ИсмагIил ГIалиев.


ИсмагIил ГIалиев гьавуна 1935 соналъул 2 февралалда ЛъаратIа мухъалъул Салда росулъ. Гьев цIалана Избербашалъул интернаталда ва Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталда.


ГIалиевас дарсал кьуна ЛъаратIа районалъул гIемерал цIалдохъабазе. Гьес куцана магIарулазул гIемерал гIелал.


Анкьракьалъул тарих, биценал, этнография цIакъ лъикI лъалаан ИсмагIил ГIалиевасда. Гьес бицунаан живго гьитIинаб мехалда депутат ва шигIир  хIисабалда ЛъаратIе вачIарав ЦIадаса ХIамзат жинда вихьиялъулги цоги хIужабазулги.


Адабият бичIчIулев, хъвадарухъабазул асарал цIалулев, гьезие къимат кьезе лъалев, жамгIияб гIумруялда хадуб хъаравуллъи кколев чи вукIана ИсмагIил.


ИсмагIил ГIалиев хIалтIана Мулълукь, ЧIорода, Къамилухъ, ТIохьотIа росабазул школазул директорлъун, МахIач ДахIадаевасул цIар кьураб колхозалъул нухмалъулевлъун, ЛъаратIа районалъул администрациялда ва цоги жавабиял хъулухъазда. Анкьракьалъул лъайкьеялда, росдал магIишаталда, жамгIияб гIумруялда жаниб кIудияб бутIа лъуна ва такрарлъи гьечIеб лъалкI тана ИсмагIил ГIалиевас.


МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ, Авар басмабазул цолъиялъ, МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул гIуцIиялъ, «Миллат» казияталъул редколлегиялъ, кIудияб пашманлъиялдалъун, ракI-ракIалъул зигара балеб буго «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор, «Миллат» басмаялъул гIуцIарухъан МухIамад БисавгIалиевасда, эмен ИсмагIилие Аллагьасул къадар щвеялда бан.


Гьединго цIикIкIараб пашманлъиялдалъун зигара балеб буго «Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул бетIерав редактор Рамазан Ражабовасда, кIудияв эмен ватIалъиялда бан.


Аллагьас ИсмагIилие алжан насиб гьабеги, нахъе ругезе гIумруги кьеги. Амин.

 

ГIалил вас ИсмагIил, дуй нух битIаги


БисавгIалиязул кIудияв гIалим

ГIалил вас ИсмагIил, дуй нух битIаги.

Духъ ругьелгун щварас шагьра гIуцIаги,

Алжан насиблъаги, СиратI бахаги.


Мункар-Накирасе кьолел жавабалъ

ЛъикIалде рачунеб батаги хIукму.

Барзахалде росун ратаги рухIал

ХIалимасул цIобалъ цIаразда жанир.


Дунялалъул боцIухъ бахиллъичIеб напс

БацIцIадалъубги лъун, цIараб батаги.

ЦIикIкIаралде анищ ракIалде ккечIев

Расулил агьлугун аскIов ватаги.


Гьоркьоб тIей гьечIого, кIикъого соналъ

Дарсал цIаларазул дуе баркала.

Дур лъаялъул кьучIалъ лъураб тартибалъ

Институт лъугIараз лъолеб дуй дугIа.


МаслихIат-сулхIалде хIал бакъаразе

ХIалтIи тIубаялъухъ – лъугIичIеб гьари.

ТIекъав, мекъи ккарав витIун лъеялъухъ

ТIубараб рукъалъул – къотIичIеб гьари.


Мун рехсон бицунеб кагътида хъвараб

Халат гьабичIого, гьаниб лъалхъана.

Духъ ракIалги рухIун, хIухьел угьараз

Мунагьал чураян дугIаги гьабун.


ЧIородаса МухтарахIмад



Автор: «Миллат» казият

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +8
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook