Авторизация

МагIарухъцин толеб гьечIо магIарул мацI

Метер магIарул мацI хвезе батани…


МагIарухъцин толеб гьечIо магIарул мацI


Рахьдал мацI рихарал лъималазул ахал


МагIарухъцин толеб гьечIо магIарул мацI МагIарулазул шагIир, анцI-анцI соназ гIагараб росдал школалда лъималазда авар мацI ва адабият малъулев вугев мугIалим Гъагъагъа Рамазан ГIалиевас рикIкIунеб буго ясли-ахазда лъималазе миллиял мацIазда тарбия кьолел насихIатчагIи хIадурулеб отделение рагьизе кколилан.


Росабазул мугIалимзаби


ГIалиевас ДГУялъул филологияб факультет лъугIизабуна 1978 соналда. Исана 33 сон тIубала гьелдаса. Гьезул курсалда цIаларал гIолилазул гIемерисез учительлъи тIаса бищун буго. ДГУялъул филологияб факультеталъул гIурусгун дагъистаниязул мацIазул отделениеги (РДО) лъугIизабун, росабалъе цIияб гIелалъе тарбия кьезе ун руго гьел.  АнцI-анцI сонал гьоркьор аниги, Дагъистаналъул батIи-батIиял халкъазул вакилзабилъун кколел ДГУялъул цересел студентазда кIочон тун гьечIо гIолохъанаб гIужалдаго бижараб гьудуллъи ва гьалмагълъи. Гьединал дандчIваял санайилго тIоритIизе хIукму ккун буго курсцоязул. Гьел соназда жаниб 6-7 гIелцоясдаса ратIалъунги руго Рамазан ГIалиевги гьесда цадахъ цIаларалги.


«Тушбабазе кеп щоледухъ рукIине бегьуларо»


Школазда цIалдохъаби лъикI цIалулел гьечIолъиялъ рахIат хвезабун бугоан Рамазан ГIалиевасул. Эбел-инсуцаги тIалаб гьабулеб гьечIила лъималазул цIала-къалиялъул. Лъабкъойилъаги соналги рорчIанила, гьанже, учительлъиги тун, гIумрудул бокьулеб ишлъун лъугьараб найихъанлъиялде вуссинила тIубанго. Гьедин гьабуни, творчествоялда тIад хIалтIизе заманги эркенлъулеб буго Рамазание. ЦIалдолез лъикIаб къимат кьураб шигIрияб кIиго тIехьалъул автор ккола ГIалиев. Гьезул цоялъе цеберагIи хъван буго аваразул машгьурав шагIир, ДРялъул Хъвадарухъабазул Союзалъул авар секциялъул нухмалъулев  МухIамад ПатахIовасги. Философияб магIнаялъул мухъал гIезегIан руго гьел тIахьазда. ТIадчагIазе хIел-хIеди шигIруйилан ккун, илбисалъ квелъ барал «поэтазда» гьоркьовги гьечIо ГIалиев. ГIадатияв магIарулав ва гьунар бугеб шагIир Рамазан ГIалиев вуго нилъер бахIарчияб халкъалъул хасият чорхолъ бессарав чи. Гъагъалъ росдал школалда 33 соналъ магIарул мацIалъул ва адабияталъул дарсал кьурав Рамазание бокьулеб ишалъулъ кIудияб хIалбихьи щун буго. Амма цIалдохъабазул гьечIеб гъираялъ гьесулги хIалтIудаса ракIбуссинабулеб буго. МагIарул миллат бикьизабизе лъугьунездаги хIакъаб рагIи абулеб буго ГIалиевас, гIандал магIарулал ругила, гьелда тIаде тIокIал политикиял хIаял хIажалъуларила. Цоцазулъги дагIбадун, цоги халкъал тIадрелъулеб, нилъер тушбабазе кеп щолеб хIалалда рукIине рекъоларила аваразда. МагIарулазда гьоркьоб гъункиги вацлъиги гьечIони, нилъер миллат цебетIоларилан абураб, тIад кIалъазе рагIи гьечIеб пикру буго Рамазанил.


«Дун аварав вуго»


МагIарухъцин толеб гьечIо магIарул мацI Дагъистаналъул филологиялъул факультет (ФДФ) къайги мекъаб пишалъун рикIкIунеб буго Рамазан ГIалиевас. Гьеб суалгун ДГУялъул ректор МуртазагIали Рабадановасухъеги ун вукIана гьев. Гьединго ГIалиевас кIвар кьолеб масъала ккола магIарул росабалъ лъималазул ахазда авар мацI бицин. ГьабсагIат ясли-ахазда лъималги гьел идарабазул хIалтIухъабиги цоцазда кIалъалел руго гIурус мацIалда. Гьединлъидал школазда камилго авар мацI лъазабизе цIалдохъабазе захIмалъулеб буго. ДГУялда ФДФги цIигьабун, гьелда жаниб школалде рахинчIел лъималазе насихIатчагIи хIадурулеб отделение рагьизе кколин абураб пикру буго Рамазанил. Гьел махщалилаз Дагъистаналъул миллиял мацIазда кьезе кколила ясли-ахазда тарбия. «МагIарухъ ясли-ахазда гIурус мацI бицунеб букIин нилъер миллат хIакъир гьаби ккола. Цо заманалда шагьаразул цо-цо яслияздацин магIарул мацI хIалтIизабулеб букIана. Гьанже магIарухъцин толеб гьечIо магIарул мацI. ХIукуматалъ ихтияр кьун буго миллиял мацIазда яслиязда тарбия кьезе. Амма, жидер специалистал гьечIиланги абун, бакIалъулал тIадчагIаз гIурус программа билълъанхъизабулеб буго. Гьел гIурус гурони лъаларел гьитIичазул тарбиячагIи риччалел руго ДГПУялда. Гьеб суал тIубаялъе ва, ФДФги цIигьабун, рехсараб отделение рагьиялъе хIалтIи гьабеян ДРялъул лъай кьеялъул министрасухъе ва президентасухъе магIарулаз хитIаб хъвазе ккола. Школаздаги гIурус программа къабул гьабизе бегьуларо. Переписалдаги дица дун аварав вугилан хъвана, батIайиса хъварал гIандалги дида лъаларо», - ян бицана Рамазан ГIалиевас.


2011 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +139
  • Нравится
Оставить комментарий
Цитата: orosib
маг1арухъ лъималазул ахал сундуе къвариг1ун ругел? лъимал рокъор хьихьизе к1оларогойищ ругел? дун шагьаралда вук1аниги, дица дирго вас лъималазул ахалде вит1ич1о, 5 сон т1убазег1ан цо г1урус раг1ицин лъалеб бук1инч1о дир васасда.




Лъималазул ахаз умумузе рес кьола хIалтIи гьабизе ва гIелцоялгун цадахъ лъимал церетIезаризе, амма гьезул насихIатчагIи рукIине ккола лъикIал махщалилал ва магIарул халкъ хириял гIадамал.



  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook