Авторизация

Шамилиде

ШАМИЛИДЕ

1.

Дур гьитIинаб зани заназул рохьоб

 Бихьула рикIкIада Мадинаялда.

 Зонода бикIараб цIар гьечIониги,

 ЦIалула СагIудил ГIарабалъ дица.

Мун довайищ вугев, магIарул имам,

Инсул тIалъиялъул тIабгIалъул бутIа?

 – ТIаде вахъун Шамил вачIуна дихъе,

– Дун дова гьечIилан, дун гьанив вугин;

Дора ракьулъ ругин янгъизал рукьби,

Рокьи, хIасрат танин Дагъистаналда;

 Доба – къеркьеялъул къанщарал берал,

Къо гьалдараб гъугъай – Ичкерил рохьалъ;

Доба би бетараб чалма хутIанин,

Хвалчабаз ссуссунин мугIрул сухъмахъал;

 Доба салулъ къанин чияр варани,

Чодул пунхъи бугин СалтIагун Хьаргаб .

Доба – холесул как, гьаниб – кечIгин цIар,

Дир тIерхьунареб цIва АхIулгохIалда.

 Доба – дир жаназа, амма жигар, гуч:

Генубги, Гъунибги, ГIандибгун Даргъоб.

Дова – мусруялъулъ Аллагьасул лагъ,

 Гьаниб – эркенлъиян гурарал гъуждул.

 Доба – бецIаб лахIту... Дир рухIгин канлъи

– Кинабго хутIана хучдузул тIогьиб.

 Дун гIарабалъ гьечIо... Гьалдолеб къарну

 МугIрул къеркьеялъул къисабалъ буго.

 Къоно чIвалареб ракI, чIагояб бетIер

 Ункъо Гъойсуялъул гъулдулъ хъудана...

Лъала, дир доб гIумру цIиял гIаршиназ

ГIемерал гIоркьилаз борцуна гьанже,

– Дирги дагIба гьечIо, югалул сиялъ

 Севералъул махил гъутIби чIухIунин;

 Чанги чу гьекъараб некIсияб ЧIикIаб

 Дагъистан борхизе тIиналде унин...

 Разилъи буго дилъ къо щвараб мехалъ,

 Шинелалъ рагъарал наслабаздаса.

Амма кьал лъугIигун, кинабго кIочон,

КIалъалезда дица мухIкан абила:

 ГIезегIан сонаца чвахун цIад банин,

Чаран кьурул гьецIо цохIо кьуричIин;

Чанги горо щвараб Генуб кIкIалахъ гъветI,

 Гъолъул цIакъ гъваридал кьалбал рукIанин;

Каранда къараб хеч кьурун бахъарав

– Кьвагьидахъ, бихъ чIалгIун вахъун вукIинчIин.

 Кибго хъвачIониги, цIалила дир цIар

 ЦIолбол гъабу барал гъулдузул васаз.

Биччай рахIат, унго, хабалъгIаги дий,

 ХвезегIан гIумруялъ цо къоялъ лъачIеб.

 ... Йохъ дун дова гьечIо, дора дир чIумал,

ЧIалгIарал, рукIкIарал сагIтал рикIкIарал.

ЧIаголъи хутIана дир Кавказалда,

 Киналго рагъалги ругъналги гьанир.

2.

Мун цоги бакIазда вукIаравани,

БукIинаан шагьар Шамилин абун.

 Шагьар бакьулъ кьурда паркъелаан черх,

Доб Петербургалда Петрал гIадин дур.

Мун гьев пача гуро, дуца гьал гордал

Доб Европаялде рагьичIо, имам.

Европа, Рим, Париж, – гьел абиларо,

 Алжан зобалазда цIехана гIицIго.

Дагъистан букIана гъваридаб кIкIалахъ,

 – Гъобасан цIвабзахъе бугеб щинаб нух.

ГIемер накIкI букIана, канлъи букIинчIо,

 ГIемер как букIана, кучIдул рукIинчIо.

Цингиги Россия, кIудияб улка,

– КIудияб би киса гьитIинаб цIудуй?

КигIанго борхатаб букIа доб Гъуниб,

– Гъугъдулъан рахарал дол апшеронал!

 Дуцани, багьадур, гьитIинал гордал,

 Пушкин лъарав ани, огь, рагьилаан.

Амма рагьулаго тIухьиялъул цIад,

 – ЦIадуца рухIулел кIкIуйдулъ росаби.

Дур гIакълу гIелаан ракълид вукIине,

Паракъат какги бан, ахал лъалъазе.

 Амма данде чIвана хучдузул рохьал,

– Хвалчаца абуна, чоде вахаян...

... Дуй памятник гьечIо, гьеб дуй кIваричIо,

 Мун Дагъистаналда гьавураб гIола.

Гьалеян Каф-Дагъалъ дуде битIараб

 Доб килищ хутIана, доб къотIун гьечIо.

3.

Мун – дир аваразул лъалев авараг,

Апараглъун ккараб Калуга шагьар...

 Дун щвана гьениве... КIудияб асар!

КIитIалаяб мадрас гIурус ракьалда...

 Гьанже хIужраялъуб буго школа,

 Дол тункIазул кIкIуял кIочараб наслу.

АскIоб – областалъул гьоркьосеб музей,

 Гьениб имамасул Къуръангун гулгун.

Манзил цодагьалъ тун Циолковский,

– Кидадай Гагарин гьавилеяли...

Огь, Дагъистаналъе метераб къоялъ

КъачIараб бичIчIарав, сонисев гIакъил!

Окаялъ хисичIо гьасие Койсу,

 КигIан гIемер берзулъ гьеб бераниги.

МугIрулги рукIана макьилъ рихьулел

 Гьал рохьал гIемерал гIатIилъабазда.

ГIурус пачаясде гьас хъвалеб буго,

Дун, Аллагьасул лагъ, унтун херлъанин...

 Гьасий зобалаз щай жаваб гьабичIеб.

Жибго пачалъиги херлъун бугилан!..

1984


Автор: Расул Х1амзатов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook