Авторизация

ЦIадастан


Дагъистан


Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан,

Гьелъул борхалъиялде ваха гьедин абулев.

Ахал тIогьода руго, тIогьал гIаздада руго,

ГIатIидаб Каспиялда гуми лъедолел руго.


ТIадегIанаб,

ТIадегIанаб, гIагараб,

МагIарулазул улка,

Аваданаб Дагъистан.


Йохъ, цо миллион гуро дагъистаниял ругел,

Дунялалда гIагарлъи гIунги тIокI буго нилъер!

МугIрул тIокIкIарал иццахъ океан зигардула,

Аваразул васазухъ ясал чанги угьдула.


Гуро гIамал кIудияб гIадамазул ватIан гьаб,

Амма бетIер даличIо Дагъистаналъ лъиего.

Гьелъул ччорбалъ беролеб буго цIакъ машгьураб би,

Гьелъул каранлъ кьабгIелеб буго цIакъ кьварараб ракI.




* * *

Рорхатал цIвабзазде, сухъмахъал гьарун,

Гьенире ракетал роржаян абе.

Бищун тIадегIанал гIагарал цIваби -

ГIадамазухъе щвей буго дир мурад.


1959



ГIахьвахъ


Муса МухIамадовасе


Вилълъа дунгун цадахъ гIахьвалазухъе,

ГIолохъанго ругищ нилъгоян лъаэе.

Рилълъа ТIад Магъилъе тIаргъал реххизе,

Рохелалъ гьоболлъухъ риччалиш нилъан.

… Дида рекIелъ буго рикIкIадисеб их,

МаркIачIуда росдахъ балагъараб моцI.

Гьелдаса балъго ниж, г1анч!ал г1олилал

ГIахьвахъ цо ригьалъул рагьдухъе щвана.

Рагьун буго гордо, гордухъ йиго яс,

Ясалъ кечI ахIулеб буго хIайранго.

Зобалъул цIвабзазде, харил тIегьалде,

Хурив данде ккарав цо гIолиласде…

Керен гIеккана дир гьелъухъ гIенеккун…

Г1ахьвалаз жидерго цIахIилал тIаргъал

«ТIаса вище, ясай, бокьарав васин»

Иргадал рехана гордухъа жанир.

Дицаги, гьоболас, гьеб гIадат цIунун,

ГIолилай ясалде салам гьабуна.

Дирги, шапка тIагъур щурун ккун, маян,

ГьитIинаб гордухъе хьуризабуна.

Гьоркьоб мех иналде цIахIилал тIаргъал

ЦIорол гордазухъан рехун рачIана.

Дир щурун бекараб шапка тIагъурги,

ХIорихъан къверкъ гIадин, къватIиб кIанцIана.

Къварилъарав дида ясалъ абуна:

Вас, мун гьитIин вугин, цIакъ хекко кканин,

Хадуб михъ баккигун вакке гьаниван,

Гьеб дурго тIагъургун, гьеб дурго ракIгун.

Дида рекIелъ буго, нижер васазул

ЦохIо бетIералъе тIагъур батичIо. —

ТалихIав гIолихъан, михъалги кьурун,

Кьинч гIадин харана къадахъа тIаде.

Гьев жанив лъугьингун, хал гьабе, ясалъ

ХантIан къана гордал бакъ баккизегIан…

Гьоркьор сонал ана: сапарал, рагъал,

Ралъадал, шагьарал… щвана ГIахьвахъе.

МоцI балагьун буго гьадабго росдахъ,

Ясалъул кечI буго гьадабго гордухъ.

Гордухъе гIолилаз рехула тIаргъал,

Дицаги рехана дирго шляпа.

Цогидав харула къадахъа тIаде,

Къварилъарав дида абула ясалъ:

Мун кватIун кканилан, хъахIлъулев вугин,

Борхатаб магIарде гIазу бан бугин…

ХъахIилаб зодихъан бортун ана цIва. —

Кибе бортараб мун, дир гIолохъанлъи!

Я хекко ватула, я кватIун ккола,—

Кивего ккечIо дун цо цIараб гIужда.

1959


* * *

Рагъдаса солдатал руссаян абе,

Сукнодал шинелал дагь рукъе абе,

Амма дир мухъал, нуж, гIорхъабазда чIа,

ЧIухIарал асараз окопал тоге.

Нилъер улкаялда рагIи абуни,

АнцIго рагIи абе мацIихъабазде.

Абе цIакъ мухIканго, бухIилеб куцалъ,

Каранзул рекIеда хIунсилеб куцалъ.

Абе гIаламалда рагIилеб куцалъ,

ГIужилго, бегIерго, багIаризабун.

Абе, ма босеян, гьерсихъабазда,

Гьез жодорго килщал хIанчIилеб куцалъ.

Кьураб квер хIанчIизе хIадур ратулел

ХIалихьатал гьезда бихье букъун зар…

Рагъдаса солдатал руссананиги,

Солдатасул шинель бахъуге, дир кечI.


Авар мацI


Нолъ макьилъ вихьана, кьалда лъукъ-лъукъун,

Кьурда квер, чIван унев, бида вецIцIун, дун;

Кьуруги батIалъун, цеве унаго,

Цо лъарал рагIалда гIодов кколев дун.

Лъар чваххулеб буго чабхил кIкIалахъан,

Лъим кIанцIулеб буго ганчIазда тIасан;

ТIарамагъадисеб къвал балеб буго,

Къо лъикIилан, дица согIаб ракьалда.

Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали,

РагIуларо цо сас сверухълъиялда.

ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола,

ГIицIго ахалъуда чундул угьдула.

Гьедин холев вуго, хадур гIодизе

Я гIагарлъи гуро, я гьудул гуро.

Берал къанщулелъул, тIаде къулизе

Я йокьулей гьечIо, я чIужу гьечIо.

Гьале, гьеб мехалда, борхалъудасан

Нухлулазул гьаракь рагIана дида.

Гьез бицунеб буго ах, хур, хералъул,

Исана букIинеб магIишаталъул.

Кьерхен-роцIцIеналъул, боцIи-панзалъул,

Пуланав ХIасанил сихIирлъиялъул…

Гьел кIалъалел руго нилъер гIадатаб,

ГIагараб, бацIцIадаб магIарул мацIалъ.

...Дир магIу бачIана бадиса къватIиб,

Къана данде цаби, вахъана тIаде.

Аваразул калам, гьелъул камиллъи!

Кинабго черхалда лъикIлъана ругънал.

Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб ракI кьвагьун.

Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?

Щай дий магIаруллъи магIарул чагIаз

Чияр мацI бицунеб жидерго гъасда?

Щай дие гьал мугIрул, гIурул рагIалда

ГIагараб магIарул кечI рагIичIони?

Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз

Кьурул рагIалда чIун, гьеб ахIулеб куц!

Дун кIудияб пикру гьитIин гьабизе

ГьитIинаб рукIнисан кIалъалев гуро,

Ва пачалихъазул Ассамблеялда

Авар мацIалъе бакI гьарулев гуро.

Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал

Мактабазда гьеб мацI малъизе ккела.

Гьеб рекъараб буго нилъер халкъалда,

Черхалда борчараб рачел кинигин.

Гьеб мацIалъ панаяб кечI ахIулаго,

Киниги гьулакги кIикIана нилъер.

Гьаб мацIалъ рокъоса унеб мехалда,

Нух битIагийилан абуна улбуз.

Гьанже, нухалги тун, рокъоре щвейгун,

Щиб, цоги мацIалъищ нилъ гаргадилел?

Дун магIарулазе, гьедин батани,

Бищун ахирияв поэтиш кколев?

МахIмудил пасихIлъи, гьасул хIасралъи,

Бидулъ къаламги ччун, гьарурал кучIдул,

Гьел, нилъер магIарул мацIалъ кинигин,

Киданиги дида ричIчIизе гьечIо.

Бокьула, МухIамад, дие гьаб дунял,

Дунялалда бищун гьаб нилъер улка!

Дица кIвараб куцалъ кинабго рахъалъ

КучIдулъ гьеб ахIана, жеги ахIила.

Ваамма батIаго цоги рокьиялъ

Бокьула гIураб ракь, магIарул тIалъи.

Лъаларо кивехун дун хвелевали,

Амма хоб бокьила гьаниб букIине.

Щиб лъалеб, хабада цересан унел

Цо-цо нухлулаца, дир хIисаб гьабун,

Гьав нилъер Х1амзатил Расул вугилан,

ХIасратаб магIарул мацIалъ абилеб.


1959



ГьитIинай Шагьриде


Мун щайзе гIодулей, мун щай гIодулей,

ГIумру жеги лъачIеб гьитIинаб лъимер?

Дурни эбел йиго, эменги вуго,

Дур киниде къулун киналго руго.

Дир эбел камуна, дир эмен хвана,

Лъица бесдаласде васин ахIилеб?

Гьаб гIумру лъарав дун ккола гIодизе,

Мун щайзе гIодулей, мун щай гIодулей?

Мун рекIкIалъ кIвекIичIо, дулъ жахIта гьечIо

Жеги мун гьерсаца пашман гьайичIо.

Мун кодой ккун гIадин, рокьиялъ цIурал

Ракьалда панаял кучIдул ахIичIо.

Дидани бихьана тушбабазул ццин,

Цинги гьудулзабаз гьабун тараб рекIкI.

Гьаб ракI лъукъарав дун ккола гIодизе,

Мун щайзе гIодулей, мун щай гIодулей?

Дуда рагъ бихьичIо, ругънал ссудичIо,

Жеги би тIинкIичIелъ тIолеб магIу щиб?

Къо саламин абун бачIуна духъе,

Сордо лъикIан абун уна гьеб нахъе.

Дир бахIарал вацал рагъда хутIана,

БухIулеб гьаб тIалъи дида бихьана.

Балагьал лъарав дун гIодизе ккела,

Кинан мун гIодулей, щай мун гIодулей?

Дие жаваб кьуна гьитIинай ясалъ,

Гьелъул мацI бичIчIана щаяли дида,

Гьелъ абуна: мунин, гьеб кинабго лъан,

КучIдул хъвалев вугин, чIагого вугин.

«Дица гьеб чIаголъи кинан гьабилеб,

Гьадинаб хIинкъараб дуниялалда?

Гьелъ гIодулей йиго, гIодулей йиго,

Мун щайзе гIодулев — дида лъаларо».



ВатIаналде

1

Цебе бичIчIулароан,

Гьанже бичIчIулеб буго:

ХIанчIазул кочIол магIна,

Перевод гьечIониги;

Хаслихъе гъол югалде

Щай къваридго роржунел,

Къункъраби ахIдолел куц,—

Керен бухIулеб буго.

Цебе бичIчIулароан,

Гьанже бичIчIулеб буго:

ГъотIодаса тIуралго

ТIамхал щайзе ракъвалел;

Кьурдаса тIураб мехалъ,

ТIалу щайзе угьдулеб;

ТIалабалъ нух къосингун,

РитIучI щай къварилъулеб.

Цебе бичIчIулароан,

Гьанже бичIчIулеб буго:

Сонал анагIан гIадан

ГIодове щай далулев;

Дудаса рикIкIалъигун,

КъватIиве ккараб мехалъ,

Къваридаб щай букIунеб

ШигIру, пикру, балагьи…

Огь, ВатIан!


2


Дун дур цIурмазда гъорлъ цо цIумур вуго,

Дур цIар зваргъолеб куц каранда жаниб.

ГьечIо дие гьаракь гьадин бокьулеб, —

Гьеб гьаракь къотIани, дун къаникь вуго.

Дун дур цIумазда гьорлъ цо цIумлъун вуго,

Дур цIар буго дие кIиябго кваркьи.

Воржуна гьороде керенги рагьун,—

Гьел куркьбал къотIани, дун къаникь вуго.

Дун дур ярагъалъулъ, къваригIинегIан,

Дуца къеда бараб цо ханжар вуго.

Къо ккараб мехалда, лъазабе дида,

Лъалиниса вахъун, паркъезе вуго.

Хонжрол тIагъиялда тIад хъвараб дур цIар

ЦIунизе вахъина дун гIорхъабазде.

ГIагараб яргъида кьаву чIванани, —

Дун чIагоялъ гьечIо, дун къаникь вуго.

Дица дур каранда бан буго сабаб,

Сарин буго гьениб дуде гьабураб.

ГьечIо гьаб гIадинаб гIагараб сарин, —

Нагагь гьеб къотIани, дун къаникь вуго.

Дур сухъмахъалъан ун, дунялги сверун,

Духъе вуссуна дун, дур васалъ цояв.

Цо нухалъ кьураби, кьунсрулги рукIкIун,

Дихъ балагьанани, — дун къаникь вуго.

3

Щиб жо кIутIбуз шурулеб,

Щиб жо бераз абулеб,

Бадиб цIадул гаразулъ

Щиб жо кенчIолеб бугеб,

Бадиб магIил гаразулъ

Щиб жо угьдилеб бугеб?

Пашмакъазул къуцIи щиб,

Гьаказул къир-къири щиб, —

Лъалезда бичIчIулареб

Лъаларезда бицун щай?

Щай чундулгин хIайванал

ХIинкъун ахIдарал сардилъ?

Сон кисан гьезда лъараб

Жакъа ракь багъарулеб?

Дунял гъугъалеб мехалъ,

Пири пирхулеб мехалъ,

ГIенеккарал гьурмазда

Пашманго щиб хъван бугеб?

ХъахIал накIкIал рихьула

РикIкIалъулел къваридго,

Къо лъикIилан сардида

Сапаралъ ана гуми.

Дунги вуго рикIкIада,

Огь, бухIараб гьаб хIасрат,—

БихьичIезда лъаларей,

Лъалезда бичIчIулареб!


4


Жеги мацI лъалареб лъимаца гIадин,

Дица цо батIаго, бутIа-бутIа ккун,

Щурула, абула, угьула дур цIар, —

Цин Дагъан, цингиги Дагъистанилан.

Гьединан букIуна, дагьа-дагьаб ккун,

Квер къотIунгутIизе бахъулеб ханжар.

Ялъуни хIасратаб кочIое бакъан

Рекъон ккезегIан цин кIутIулеб жергьен.

КIудиял, гьитIинал улкаби рукIа,

Амма гьанжелъагIан дида гьамаро;

Гьиндустанги мунги - кинаб кIудияб,

Парижги Гъунибги  - кинаб гьайбатаб.

Дица борцунаро берцинлъи верстаз,

Дица цIадирабаз цIаларо хIасрат.

КIудияб ракь гьечIо, рокьи гурони,

КIудияб бакI гьечIо, ракI гуронани.

Дир тIалъи, тIубан мун бихьичIониги,

Цо гьитIинаб бутIа, гьебцин гIола дий.

Биччанте рогьалилъ макьилъ бихьизе

Я гIагараб росу, я росдал сухъмахъ.

Биччанте бихьизе магIарул иццухъ

Партал чурулей яс, чу гьекъолев вас.

Жегиги къачIачIеб къиматаб алмаз,—

КъотIила дуца цIер чанги гордазе.


1967



ПатIимат


Мун ячIана гьитIинай

Гьобол дуниялалде,

Данде къана эбелалъ:

ПатIимат, ПатIиматин.

Гьулаказул гьулчиги,

Чвахулеб лъарал кечIги,

КинабгIаги рагъи-тIох:

ПатIимат, ПатIиматин.

Гьоркьоб замана ана,

Дуца гъалал кьурана,

Дур гордухъ дун гьардана:

ПатIимат, ПатIиматин.

Дица дунял сверана,

РекIел дандерижиял

Дида цадахъ ахIдана:

ПатIимат, ПатIиматин.

ГIолел руго, ПатIимат,

Нилъер гьитIинал тIанчIи,

Гьезие гвангъулеб бакъ:

ПатIимат, ПатIиматин.

ТIелхаз рахчулел берал,

Бераз рорхулел тIелхал,

ТIолго дуниял даим:

ПатIимат, ПатIиматин.



* * *

АнцIила микьида дир хиял ккарай,

Дун хадув лъугьарай, кодой щвечIей яс,

Кин гьабсагIаталда мун йигей, бице?!

Дида мун кIоченчIо, дун кIочон танищ?

АнцIила микьида диде къасд ккарай,

Къисмат хисун ккарай мугIрул гIолилай,

Кин гьабсагIаталда мун йигей, бице?!

Дида мун кIоченчIо, дун кIочон танищ?

Дун лъадигун вуго, лъималгун вуго,

Нужерги нужерго буго хъизан-рукъ,

Ва амма анцIила микьабилеб их

Дуда кIочон танищ? Дида кIоченчIо.

КIочон тана чанги цебехун ккараб,

КIочон тана чанги хадуб букIараб,

Амма кIочонаро рокьул байбихьи,

АнцIила микьида тIоцебе ккараб.


Кьунсрул


Дур надал байданалда

ЦIакъ къваридаб кIиго хIор,

Эрменияз Севан кье,

Кьеларо гьелъухъги гьел.

ХIоразул тIаралъуда

Рас чIегIераб кIиго цер,

Цоцаде рачIги рехун,

Регун руго гIумруялъ.

Гьел, чIагоял чIвараб ххвел

Гьабун руго, сихIирал,

Сверухъ женжелев вугев

Чанахъан — дун гуккизе.

ХIаразда бугеб гьава,

Гьезда лъала, бичIчIула,

Яхъая цо кьурдизе,

Кьижун гьечIо гьел чундул.

Гьел цо кьуркьудулел куц,

Гьел цо кIичIардулел куц,

Нагагь дур ц, цин бахъани,

Цо гьел рукIкIун унеб куц.

Гьезул ишанаца дун

АхIаравщинав духъе:

Аян дун витIулеб куц,

Цо рас багьаричIого.

Чанги сихIирал цурдул

Руго дуниялалда;

ГьаздагIан лъикIаб хъулухъ

Лъиданиги батичIо.

ГъутIбузда бусен лъурал

ХIанчIазул жахIта ккела, —

Гьаз бусен лъураб гIадаб

СанагIатаб бакI гьечIо.

Дица гьазул мурадал

Даим тIуразарула,

ТIубараб мурадалде

Дунго щвечIонаниги.

Дуца гьал къачIалелъул

Дир назму разилъула,

Дур хIоразухъ балагьун,

Гьезий баркала кьола.

Баркала, цурдул, нужей,

Дир хIорал цIунаралъухъ,

ХIабургъине течIого,

РацIцIад гьел хьихьаралъухъ.

Гьеб хIорил лъим гьекъезе

Цо-цо дун вачIаравго,

ВихьичIеб ххвелги гьабун,

Хварал жаллъун чIаралъухъ.


Нилъер цIарал


Нилъер кIиязулго цо-цо цIар буго,

ЦIунизе умумуз нилъее кьураб.

Дуе кьуна зодой цIвабзахъ балагьун,

Дие — цIа бакарал нухахъ балагьун.

Хадуб гьаб гIумруялъ гIадамаз кьурал

ГIемер цIарал руго батIи-батIиял:

Гъалал кьурулелъул дуй кьурал руго,

Чу кьололеб мехалъ, дий кьурал руго.

Мун дандчIваралдаса гьал гIадамаца

ГIащикъилан абун лъуна дида цIар.

Дун гIащикъ ватани, гIищкъу мун йиго,

ГIащикъзаби уна, гIищкъу хутIула.

Дица дуе кучIдул щурулеб мехалъ,

ШагIирилан абун абуна дида.

Дун шагIир ватани, шигIру мун йиго,

ШагIирзаби уна, шигIру хутIула.

Нилъей чанги цIарал щвана гIумруялъ,

ГIадатги, гIамалги, хьвадиги бихьун.

Дуца дие кьуна киналго цIарал,

Дица дуе кьуна киналго цIарал.


Рокьиялъе киналго

Ригьал мутIигIал руго.


А. С. Пушкин.


Дун цIидасан гьанже


Дун цIидасан гьанже поэт лъугьана —

ГьитIинав вукIана, нужеда лъала.

КIудияб чIаголъи гьечIонаниги,

Гьунар дилъ букIана рекIкI-макру гьечIеб.

Хадув дун вачана гучаб чваххиялъ,

Цин ваккун, цин тIерхьун, рохьоб чан гIадин.

Цояца квер кьуна карачалабалъ,

Цояз гъорлъе цIана гъанкъилин абун.

Гьанже дун гIун вуго, гIорулъа къватIив

ГIодой къуличйого вачIунев вуго.

Доба-гьаниб тункун ругънал щваниги,

Дун тарулев гьечIо, дун чIаго вуго.

Хун гьечIо дилъ жеги некIсияб рокьи,

НекIоялде тIаде жегиги буго.

Гьеб рокьуда рекъон гьаракь гьабуни,

ГьакIкIан кIалгун дунял хутIизе буго.

Гьеб гьаракь дир гьечIо. Дун — лъукъараб чан,

Чанги тIухьи буго дир кереналда.

Амма данд къан руго дир цабзаз кIутIби,

Дихъе квер бегьуге, дунго вилълъина.

Дун — цIидасан гьанже ццидалав гIащикъ:

ГIуцIун буго дица дир рокьул улка.

Полпилаб чваххидалъ дун гъорлъе цIалел

Дица, гъванщаги ккун, тункила цоцалъ.


ЦIадастан


Дир бусен, дир гъансито,

Дир хIасраталъул рогьел,

ТIоцебе дий ахIараб

Ихдалил кочIол гьулак.

Буго мун, ЦIада росу,

Нусго цIараки гьечIеб,

Дур панаяб цIагун дун

Дунялалда тирана.

Чваххана цIад, бана цIер —

ЦIорочIо, квачачIо дун.

Дур кунчIиялъ цIунана

Киналго полюсазда.

Биччай, нилъер миллат, мацI

Лъалеб батичIониги.

Лъалеб асар батана

Нусго улкаялда гьеб.

Дир хIасраталъул вацал,

Цо бакIалда ратичIел,

Цо ракIалъул руго гьел, —

РекIелъ щиб жо гьунареб?

Гьел рихьун дида лъана,

Дунял цIун буго ЦIада:

Нусго цIараки гуро,

Нусго миллион буго.

Дир бусен, дир гъансито,

Дир хIасраталъул рогьел,

ТIоцебе дий чваххараб

Иххалъул иццул бетIер…

Гьанже мун гIатIилъана,

ГIащикъзабазул улка…

Дица гьалда цIар лъуна

ЦIадастанилан абун.


Къо гьeчIо


Вас гьавичIеб къо гьечIо,

КечI гьабичIеб къо гьечIо,

ЦIад балареб къо гьечIо,

Бакъ щолареб къо гьечIо.

ГьечIо къо рокьи ккечIеб,

Йокьулелда къвал бачIеб,

Къого миллион соналъ

Дир гIищкъул улкаялда.

Нилъер къоял, нилъер къоял,

Бакъулалгин цIадалал,

Рокьи гьечIел чагIазе

Гьадинго арал руго.

ГIазу бачIеб къо гьечIо,

МагIу тIечIеб къо гьечIо,

Ццин бахъинчIеб къо гьечIо

КIудияб дунялалда.

Гьаниб ццин гьукъун буго,

Гьересидуй бакI гьечIо.

Цо гIищкъу, гIищкъу, гIищкъу, —

ГIумру ЦIадастаналда.

Нилъер къоял, нилъер къоял,

Бакъулалгин цIадалал,

Рокьи гьечIел чагIазе

Гьадинго арал руго.

ГьечIо къо къварилъичIеб,

ГьечIо къо рохел гьечIеб,

ГьечIо, гьечIо, гьечIо къо

Гьудулалда данд чIвачIеб.

БитIахъе росу бакьулъ

ЦIада гьавунаниги.

ЦIадастаналдаса чи

Гуро рокьи гьечIев чи.

Нилъер къоял, нилъер къоял,

Бакъулалгин цIадалал,

Рокьи гьечIел чагIазе

Гьадинго арал руго.


ЦIадастаналдаса гIадатав чи


— Мун щив?

— Расул ХIамзатов.

— Киса?

— ЦIада росулъа.

— Дур хъулухъгин хIалтIи щиб?

— ХIасраталъул шагIир дун.

— Дур миллат, мацI, цIар, улка?

— ЦIадастан, рокьи, рокьи.

— ЦIаларав кив, гIелму щиб?

— ГIищкъул академия.

— Гьудулзаби, гIагарлъи?

— Киналго гIищкъу ккарал.

— Судалде гъоркье кканищ?

— Рокьул судалде ккана.

— Рагъда гъорлъ гIахьаллъанищ?

— ГIумруялъ гьенив вуго.

— Дур тушман щив?

— Ццин буго.

— Цоги?

— Гьересигун мацI.

Гьез кидаго лъукъана

Каранлъ жаниб гьинал ракI.

— Мун асирлъун вукIанищ?

— Рокьул асирлъун вуго.

— Дуе рокьулел кучIдул?

— Цо рокьул, рокьул, рокьул.

— Дуе рокьулел харбал?

— Гьадабго ракьул, рокьул.

— Дур хIайранал пикраби?

— Кидаго рокьул, рокьул.

— Дуе щвараб шапакъат?

— Холареб рокьи буго.

— Дур хазина, бечелъи?

— Даимаб рокьи буго.

— Дур борхараб байрахъ щиб?

— Панаяб рокьиялъул.

— Гьелъул кьер?

— Нусабго кьер

Нур къотIун гьабун буго.

— Байрахъалда хъвараб щиб?

— Рокьи ккарал цолъеян.

— Байрахъалда цебе гьа?

— Рокьул улка цIунизе.

— Дур гIумру?

— ГIищкъу буго,

ГIищкъуялъе ригь гьеч!о.

Гьединалщинал руго

ЦIадастаналъул лъимал.


* * *

— Дун гьавураб Дагъистан,

Картаялда — хIанчIил тIинчI,

ХIасраталъул улка, мун

Щиб картаялда бугеб?

— Дун бугеб карта буго

Каранда гьалдолеб ракI,

Гьудулалъулги дурги

ДандчIван кенчIолел берал.

— Дие ирсалъе кьураб

Инсул тIалъи, мун даим

Цо-до континенталда

Цо-цо керен цун буго.

Дие щвараб ЦIадастан,

Щиб бакIалда мун бугеб?

— Рокьул куркьбал гIатIидал,

ГIищкъу гьечIеб бакI гьечIо.

— Дун гIураб ракь, дур гIурхъи

ГIораз мугIруз бикьула,

Рокьул улка, дур гIорхъол

ГIаламат, тIабигIат щиб?

— Рокьи, ракь кинигинан,

Бикьуларо гIорхъабаз;

ГIаламалде щвараб бакъ —

Кибего щущалеб цIад.

— Дир ВатIан дида лъала

Лъидасан кин цIунилеб;

ГIищкъу, дур хъаравул дун,

Дида тIадаб хъулухъ щиб?

— ЦIуне, гIураб ракь гIадин,

Рокьи гьаб дунялалда.

ЦIуне бищун хирияб

Хазина цIогьаздаса.

                       


Автор: ХIамзатил Расул

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +81
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook