Авторизация

Мискинчиги меседил гъурщалги



Кванда нахъа гIодор чIаралъуб нижер сихIкъотIи букIуна. Эмен аскIов вугони дагьалги къарал гIадин рукIуна киналго. ЦохIо гьитIинай ИкI (Асият) йиго «протоколги» хвезабун, рекIее бокьанщинаб гьениб бицун бажарулей чIужу.  Ингилис мацIалъул мугIалималъулги, жиндиего щварал щуйилабазулги, катил гIамал-хасияталъулги, гьаб дунялалда гьелъ ургъел гьабулареб, гьениб бицунареб жого букIунаро.

ГьитIинабго сихIкъотIиялдаса пайдаги босун:

 

- Гьа, аравищха дов ГIабдулатIипов хъулухъалдаса, - йилан гьикъана инсуца.

- ГIарза кьун бугоха. Путинги Туркмениялда вуго. Щив асул бакIалда вачIиневалиги лъаларо. МетергIаги лъаларебищали, - йилан абуна дица.

- ГIадамаз щибиланха абулеб бугеб?

- ГIадамаз абулареб жого гьечIо. Цоял рохун, цойгиял гьев нахъе ине бокьуларого. ГIемерисел циндаго киназулго гIумру лъикIлъиялъул хьулалда. Сунда бараб жо гьеб хьулалиги лъаларо.

- Доба тIасан гIадлу гьечIого буго гьаб кинабго. Доба гIадлу букIарабани, гьединаб ахIвал-хIалалде гIадамал ккезе рукIинчIо, - йиланги абун, эмен вуцIцIун чIана. Амма цо абизе бокьараб жо рагIалде бахъинчIолъи бичIчIулеб букIана.

- БутIрул хисунилан рохиги пашманлъиги буго гIакълу гьечIолъи.  Гьединал жал рукIуна гIакълу гьечIел, тIадгоял,  рагIа-ракьанде щвечIел чагIазул.  Аллагьасул хIукмуялда божулев чиясда бичIчIула бетIерасда бараб жо гьениб гьечIолъи.  Буго гури цо мискинчиясулги меседил гъурщазулги хIакъалъулъ бицен…, - иланги абун, эмен цIидасан вуцIцIун  чIана эмен. Кидадай цIидасан ав кIалъалаян валагьун дунги, цо гьанал кесекалде вуссун гьеб къотIулев эменги вукIана.

- Щибха эв мискинчиясул ккараб? - илан гьикъана дица, харбил хадусеб рагIизе хьулгун. Гьанги добехун лъун, чайдал истаканги аскIобегIан цIан, инсуца байбихьана:

- Ханасда цеве кванихъ хIалтIилев вукIуна  мискинчи. Цо хIаталдаса ун гIемераб бачIин бачIараб соналъ, меседил гъурущги кьун, мискинчи рокъове витIула ханас. Гьасул рохелалъе гIорхъи-рахъ букIунаро.  МоцIрол канлъухъе хурзабахъан вохуца холаго рокъовехун валагьун векерулев вукIуна гьав. МоцI накIкIукье тIерхьарабго, бецIлъуда цо ганчIидаги ван, гIодов ккола. ТIадеги вахъун чвантинибе бегьула квер. Батуларо гъурущ. Чвантил тIиналда батула каратI. ГIасиго ракIбакъвала гьанже мискинчиясул. 


Цин чвантида речIчIун, цин бетIер ккун, борхатаб ххарилъ квералъ квашун гъурущ балагьизе лъугьуна. Векерун вачIунаго картIинисанищ гъурущ бортараб, яги гIодов речIчIидалищ тIагIарабалиги лъалеб букIунаро. Кверзукье бакъвараб ххер, ганчIал, ракь гуреб жоги кколеб букIунаро. Чара къосарав гьав доб ганчIида малги бан гIодула. Нахъе иналде цойги нухалъги квер квашула кинабниги гIодоб батанщинаб жоялда. Ва циндаго цо гургинаб гъурщида релълъараб жо ккола кверзукье. Вахъун тIадегун борхула зодихъе. НакIкIукьан моцIги баккула, гьасул тIагIун букIараб меседил гъурущги кенчIола. Мискинчиясул рохалие гIорхъи букIунаро.


ТIокIаб чвантинибги лъечIого, къахIан зарукь ккун гъурущгун, талихIав векерулев вукIуна гьав хурзабахъан. Рогьалилъ щола рокъове. Херай эбелалда къвалги бан бицуна гьасие меседил гъурущ кьурав  квербиччарав ханасул, биланиги гьеб нахъ буссинабурав гурхIел-рахIму цIикIкIарав Аллагьасулги. Эбелада цевеги вукIун рахъула свакарал бохдуздаса чакмаял. Гьел рагьумахIуялдехун рехулаго, звангъиялда цо жо бортун бачIуна. ГIажаибго ралагьарал гьазда цебе свериги бахъун, битIун хIатIида цебе бегула гъурущ. Кодобе босула. Гьеб батула доб ханас кьураб, багьараб чвантинисан чакмаялъубе бортун араб меседил гъурущ. КIиабилеб гъурущин абуни мискинчиясда батула доба хуриб, гьаб билараб тIоцебесеб балагьулаго.  Аллагьас чиясе хъвараб рикъзи гIалхуда сардилъ авлахъалда квер квашунги батула.  


КIиябго меседил гъурущ Аллагьас кьуна мискинчиясе. КIиабилеб батизе сабаблъун тIамуна тIоцебесеб гъурущ. 

Гьединлъидал, сундасаниги рохел яги пашманлъи гIакълу гьечIолъи буго. Аллагьас хъвараб жо лъугьинчIого букIунаро, - ян лъугIизабуна инсуца хабар.

 


Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook