Авторизация

Харахьи гьоркьохъеб школалъ 90 сон. Дида школа цIумилан ккола

Харахьи гьоркьохъеб школалъ 90 сон. Дида школа цIумилан ккола Хунзахъ районалда тIоцересел лъай кьеялъул гIуцIабазул цояб, араб гIасруялъул къоабилел соназго рагьараб жидерго школалъ 90 сон тIубаялъул юбилей кIодо гьабуна херехьдерил жамагIаталъги ва гьеб рохалилаб тадбиралда гIахьаллъарал гьалбадерицаги гьал къоязда. Диниял гIалимзабиги гIурус гIелму цIаларал гIезагIанго церетIурал гIадамалги дагьал рукIинчIониги, революциялда хадусел соназ Дагъистанги рикIкIунаан лъавукъаб, хъвай-цIали гьечIеб, нахъе ккараб бецIаб бокIонлъун. Гьединлъидал цIигIуцIараб советияб улка цебе бачине хIажат рукIана лъай бугел гIадамал. Улкаялдаго лъазабун букIана хъвазе, цIализе малъиялъул акция-лъавукълъи тIагIинаби.

1926 соналъ Харахьи росулъги рагьула байбихьул школа. ГIемерал захIмалъаби дандчIвана цIигIуцIулеб хIалтIулъ школалъул директорлъун тарав Гьамущиса Сиражудинов МухIамадидаги херехьдерил мугIалимзабаздаги байбихьуда. РукIинчIо хас гьабун гьелъие хIадурарал специалистал, школалъе батIа гьабураб мина, цIалул пособиялгун тIахьал. Лъималги тIубараб гъираялда гуро журалел рукIарал ругьунаб гуреб ишалде гъорлъе. Ясалин абуни росабалъ школазде риччалелго рукIинчIо эбел-инсуца. Хъвай-цIалиги рукIалиде ккун, улкаялда тIоцересел церетIеял лъугьиндал I936 соналъ Харахьи байбихьул школа анкьго сонилаблъун гьабула.

Ана замана, ккана хиса-басиял. Ракълилаб гIуцIарухъанлъиялда букIараб Советияб улкаялде тIаде кIанцIана гитлерилаб Германия. Хиянатав тушманасдаса ВатIан цIунизе бахъана тIолабго халкъ. Харахьиса рагъде аразда гъорлъ вукIана I4 учительги. Гьадингоги гIемерго рукIинчIел гьел, тIубанго дагьлъула рагъул соназ. Гьанжесев директор Зубаиров МахIачица школалъул тарих бицун гьабулеб кIалъаялда гьеб къоялъ цIар-цIарккун ракIалде щвезаруна кьалул майданалде арал учительзаби-росуцоял. Амма рагъде аразул бакIалда союзалъул батIи-батIиял республикабаздаса гIурус учительзаби-цIикIкIунисел руччаби рачIине байбихьана дагь-дагьккун кIудияб улкаялъул рикIкIадал регионазде. Гьедин 1940-60 соназ Харахьи школалда завучаллъун хIалтIун руго Воробьева Лилия Васильевна, Холодцов Иван Васильевич, Цогов, Разумович. Байбихьул классазда дарсал кьун руго Соловьевалъги Медведьевалъги. ГIемерал соназ школалда гIурус мацIалъул дарсал кьун руго Полина Георгиевнаялъ, Новикова Клавдияца, Иванова Нина Петровнаялъ, Ростенко Раисаца, Ханова Нина Антоновнаялъ, Баранова Зинаидаца, Кайбукова Заретаца, Орфанова Иринаца. ХIисаб гIелмуялъул учительзабилъун рукIун руго Михаил Иванович Бут, П. Ф. Ермилова, Р. В. Машков, Протченко Иван ва Варвара. Херехьдерил лъималазда география малъун буго Лопаев Борисицагун Перуовскияс, Биологиягун зоология-Елена Петровнаялъги Потапов Владимирицаги. История кьун буго Лебедева Аза Дмитриевнаялъ.

Рагъда хадусел соназ школалда цебе рагьула интернат. Гьенир цIалулел рукIуна Харахьи участкаялдасаги 40-90 ялде гIагарун лъимал. ЦIалдохъабазул къадарги цIикIкIараб, цIалулгун тарбия кьеялъул базаги щулалъараб, гьелъие киналго шартIалги гIуцIараб мехалъ Харахьи рагьула гьоркьохъеб школа. Дагь-дагьккун гьеб жубала росдал жамгIияб гIумруялъулъе. Бажарараб кумек гьабула гIаммаб магIишат данде бачиналъулъ. ЦIалдохъаби гIахьаллъула ах-хуралда гьарулел хIалтIабалъ, хIалтIула пихъил консервал гьарулеб заводалда. Гьедин цIалдохъабаздасан гIуцIула производственнияб бригада ва гьеб тасдикъ гьабула ВДНХялъул гIахьалчилъун. Школалъул вакилзаби гIахьаллъула Целиноградалда тIобитIараб гIелмияб конференциялда. Гьел мустахIикълъула ДАССРалъул Верховный Советалъул ХIурматалъул грамотаялъе. Дол соназ республикаялъул росдал магIишаталъул министерствалда хIалтIулев вукIарав росуцояв ГIусманов ДибирхIажиясул кумекалдалъун школалъе бала цIияб типовияб мина, кватIичIого гьенибго рагьула спортзал, гьелъул кьучIалда лъималазулгун гIолилазул спортивияб школа.

Киналго байбихьиязулги байбихьи-гIагараб росдал школа лъугIун къватIире ричарал цIалдохъабазул рахъана лъикIал гIалимзабиги, политикиял хIаракатчагIиги, жамгIиял церехъабиги, росдал магIишаталъул, лъай кьеялъул, сахлъи цIуниялъул специалисталги, рагъулал начальникалги. Медицинаялъул хъулухъалъул полковник райбольницаялъул бетIерав тохтур Мусаев МухIамад, рагъулаб хъулухъалда тIадал ишал тIуралаго нилъедаса ватIалъарав генерал-майор, Россиялъул БахIарчи ХIайдархан ХIажиев, гьале цо-цо гьединазул цIарал. Хун хадуса ХIайдархан ГIабдулмаликовичасул цIар кьола Харахьи школалъе.

Соналдаса-соналде лъикIлъулеб буго Харахьи школалъул материалиябгун техникияб база. Гьеб кидаго гIахьаллъула районалда ва республикаялъул лъай кьеялъул министерствалда тIоритIулел батIи-батIиял олимпиадабазда, конкурсазда ва кидаго цересезул кьералъги букIуна. Гьедин «Тарбия кьеялъул системаби» республикаялъул конкурсалда ва «Россиялъул бищун лъикIаб школа-2004» конкурсалъул республикаялъулаб бутIаялда школалъе щвана тIоцебесеб бакI. Районалъул лъай кьеялъул гIуцIабазул хIаракатчилъиялъе рейтингалъулаб къагIидаялъ къимат кьеялъул хIасилазда рекъон школалъ ккуна лъабабилеб бакI.

ТIолабго улкаго гIадин Харахьи школаги буго реформабазул, хиса-басиязул  карачалабалъ. Хисана замана, хисана гIадамал, амма учитель кидаго хутIана лъималазе лъай кьезелъун абураб жиндирго рекIел ахIиялъе ритIухъавлъун.

Байбихьуда абухъе херехьдерил рохелги жидергояблъун гьабун юбилеялъулаб дандеруссиналда гIахьаллъизе рачIун рукIана гIемерал гьалбал, къватIир ругел росуцоял, сверухъ ругел росабазул администрациязул, цIалул гIуцIабазул вакилзаби, цебе школалда хIалтIарал, гьанже мустахIикъаб хIалхIиялда ругел мугIалимзаби ва батIи-батIиял соназ школа лъугIун арал, заман бахъанагIан кIудияб асаргун рекIелъ гьеб цIунарал выпускникал. Гьале росдалги районалъулги чIухIи-шагIир МухIмудАпанди, МахIачхъалаялда чIарав БакьагьечIиса гIалимчи МухIидинов Шамилгун, заманаялъул хIурул гъат тIад чIаниги жиндирго ракIалде щвеялгун пикрабалъ восарав цоги БакьагьечIиса мугIалим-ветеран ХIажиев МухIамад. Районалъулгун росабазул муниципалитетазул, райсобраниялъул вакилзаби, ункъойилъе санал рахарал гIанситIе къуларал харабиги, чIухIун ретIа-къарал гIолохъабиги, исана школалде рачарал гьитIичалги-киналго жура-гъуран цо кIудияб руккел букIана бакI-бакIазда ран дализарурал кьер-кьерал шариказги тIогьол квацIабазги берцин гьабураб школалъул азбаралда.

Рохалилаб митингги рагьун данделъараздехун баркиялъулаб кIалъай гьабурав школалъул директор Зубаиров МахIачица нахъа тараб 90 сонилаб тарихалъул бицана. Школа кколила киналго байбихьиязулги байбихьи. Щивав чияс гьенисан лъолила гIумруялда жанире тIоцересел галаби, тарбиягун лъайги гьенисан щолила щивасе. Жиндида школа релъун бихьулила бусадаса тIоцебесеб роржаде тIанчIи ричалеб цIумалда. Харахьи школа кколила участкаялъего базовияб школалъун. Жиндиего хасиятаб, захIматаб нух нахъа танила гIагараб школалъилан бихьизабуна Зубаировас жиндирго кIалъаялда.

Районалъул администрациялъул, депутатазул корпусалъул, жиндирго рахъалдасан херехьдерида росдал мактабалъ 90 сон тIубай баркараб кIалъай гьабуна райсобраниялъул председатель Хваджаев Хважаца. Рагъ байбихьараб I94I соналъ гьаб школалда хIалтIулев вукIарав жиндир эмен ХIариколоса Хважал МухIамад тушманасдаса ВатIан цIунизе унел херехьдерил учительзабазда цадахъ кьун гIарзагун фронталде ун вугилан бицана гьес. Рагъда хадусел 50-абилел соназ ХIариколоса цоги мугIалим МухIамадов ГIарип Муртазаевичас директорлъиги гьабунин гьанибилан тIадеги жубана.

90 сонилаб юбилеялда хурхун ва гIемер соназул рахъи цIикIкIараб хIалтIухъ республикаялъул лъай кьеялъул министерствалъ Харахьи гьоркьохъеб школалъул коллектив кIодо гьабун буго ХIурматалъул грамотаялдалъун. Жиндирго кIалъаялда росуцояздехун гьабураб баркиялдаса хадуб министрасул тIадкъаялда рекъон гьеб идараялъул вакил ГIазимухIамадова Аминат ГIусмановнаялъ Зубаировасухъе кьуна гьеб тIадегIанаб шапакъат. Школалъул коллективалда, росдал жамагIаталда юбилей баркараб кIалъай гьабуна районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник ГIумаров Залимханица, МухIидинов Шамилица, херехьдерил ва сверухъ ругел цо-цо росабазул бегавулзабаз, школазул директорзабаз. Школа лъугIун аразул рахъалдасан кIалъана райбольницаялъул бетIерав тохтур Мусаев МухIамад, МахIмудАпанди, культураялъул рукъалъул директор П. МухIамадова, юбилеялъул хIурматалда школлъималаз хIадур гьабун букIана концерталъул программа, ахIана кучIдул, гьаруна кьурдаби, рукIана батIи-батIиял сценкаби, церерахъинал. КIудияб асар гьабуна киназего чIахIиял классазул цIалдохъабаз бихьизабураб росулъе тIоцересел гIурус учительзаби рачIиналъул сценкаялъ. Хунзахъа ГIамирханов Расулил акробаталги, Харахьиса ГIалибегов МухIамадил палугьабиги камураб русен-свери букIунарелъул, гIисинал палугьабазул церерахъиналъги гьабуна балагьаразе асар. Официалияб бутIаялъул ахиралда МахIач Зубаировас учительзабигун техникиял хIалтIухъабазул кIудияб къукъа грамотабаздалъун, сайгъатаздалъун кIодо гьабуна. Квана-гьекъон хадуса лъикIаб асаралда гъоркь рикьа-рихана гIадамал рукъ-рукъалде.

Р.S. Газеталда лъезе гьаб материал хIадуризе кумекалъе квешаб-лъикIалъул цIехон Зубаировасухъе кIалъайдал, МахIачица гьарана гьадинаб тадбир тIобитIиялъе жидее кумекалъе ратарал, сахаватлъиялъулаб кверчIварал цо-цо гIуцIабазе, гьезул нухмалъулезе гIадатал гIадамазе жиндирго ва школалъул коллективалъул рахъалдасан газета гьоркьоб ккун ракI-ракIалъул баркала кьезе бокьун бугила гьелъие бакI батейилан. Зубаировас баркала кьолеб буго тIубараб коллективгун цадахъ сайгъат-саламгун тадбиралда гIахьаллъарав ЛъагIилухъ гьоркьохъеб школалъул директор КъурамухIамадов МухIамадбегие, гьамщадерил бегавул МухIамадкамилов Камилбегие, гьезулго школалъул директор Аминов ТIагьирие, «Росдал азахIматчи» газеталъул редактор Фатима МухIамадовалъе, районалъул лъималазул творчествалъул рукъалъул директор Раджабов МухIамадие, БакьагьечIиса захIматалъул ветеран ХIажиев МухIамадие, Харахьи участкаялъул больницаялъул бетIерав тохтур Хъайтмазов МухIамадие, ясли-ахалъул заведующая МухIамадова ПатIиматие, Гъоркьколоса Муъминов Муъминие, Харахьиса ГIаливагьабова Умие, ХIажиева Умасалимие, ХIажиев МухIамадие, Хъайтмазова Умуе, Хъайтмазова ГIайшатие, ГьитIинамухIамадова ПатIиматие ва гIемерал цогидазеги. Рехсезе ракIалде щвечIого хутIун ратарал тIаса лъугьаянги гьарулеб буго МахIачица.

Тарихал ва хIужжаби

1926 соналъ рагьана байбихьул школа.

1936 соналъ школа 7 сонилаблъун гьабула;

1948 соналъ школалда цебе рагьана интернат;

1950 соналъ 7 сонил школалъул бакIалда рагьана гьоркьохъеб школа;

1959 соналъ школалда гIуцIула цIалдохъабазул производственнияб бригада;

1976 соналъ школалъе бана цIияб типовияб мина;

1977 соналъ школа ВДНХялъул гIахьалчилъун тасдикъ гьабуна;

1982 соналъ школалда рагьана спортивияб зал;

1983 соналъ школалъул вакилзаби гIахьаллъана Целиноградалда тIобитIараб гIелмияб конференциялда;

1984 соналъ мустахIикълъана ДАССРалъул Верховный Советалъул ХIурматалъул грамотаялъе;

1990 соналъ спортзалалъул кьучIалда гIуцIана лъималазулгун гIолилазул спортивияб школа;

2002 соналъ школалъе кьуна Россиялъул БахIарчи ХIайдархан ХIажиевасул цIар;

2003 соналъ «Тарбия кьеялъул системаби» республикаялъул конкурсалда тIоцебесеб бакI ккуна;

2004 соналъ «Россиялъул бищун лъикIаб школа-2004» конкурсалъул республикаялъулаб бутIаялда тIоцебесеб бакI.

2009 сон-районалъул лъай кьеялъул гIуцIабазул хIаракатчилъиялъе рейтингалъулаб къагIидаялъ къимат кьеялъул хIасилазда рекъон школалъе щвана лъабабилеб бакI.

БатIи-батIиял соназ школалъе нухмалъи гьабун директорзабилъун хIалтIана: Гьамущиса Сиражудинов МухIамад (МухIума), Хунзахъа ГIалиханов Зайрбег, Байикьа Хъараев МухIамад, Харахьиса ГIусманов ГIисахIажи, ХIариколоса МухIамадов ГIарип, ГIободаса НигIматулаев АхIмадула, ЧIохъа Давудов Гъази, ГIахьалчIиса НурмухIамадов МухIамад, БакьагьечIиса ГIалихIажиев ХIайдар ва Харахьиса ГъазимухIамадов ГIусман.

Исана 23 абилеб цIалул сон байбихьана бажари бугев гIуцIарухъан ва нухмалъулев, лъикIав педагог Зубаиров МахIачица школалъе директорлъи гьабулелдаса. Улкаялъе бищунго захIматал 90-абилел соназ ккана МахIачиде тIаде районалдаго кIудиязул цояб-Харахьи школа нухда бачине. КъуркьичIо гьев захIмалъабазе. Цересез кьучI лъураб нух гьесги щулаго ккуна ва школалъул къадру гIодобе ккезе течIого цIунизе хIаракат бахъулебги буго. 


Автор: Р. ХIамзатов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook