Авторизация

Нилъерго миллат цIунизин

Нилъерго миллат цIунизин Дие жакъа цодагьабго бицен гьабизе бокьун буго щибаб миллаталъул цогидаздаса батIа бахъизе лъалеб хасиятльун жиб кколеб, миллатцоял цоцалъ гъункизарулеб-рахьдал мацIалъул.


Рахьдал мацI гьечIони, букIине рес гьечIо жибго миллатги. МацI лъугIидал-лъугIула халкъ, тарих, маданият. Рахьдал мацI бокьулебги гьечIони, гьеб цIунизе хIаракат бахъулебги гьечIони-гьечIо миллаталъул букIинесеб.


Нилъер рахьдал мацIлъун ккола-магIарул мацI. Кинаб бербалагьиха бугеб нилъер гьелдехун? Тохлъукьего гьеб чорок гьабураб, хIабургъинабураб иш борчIулебдай цосина нилъер цо-цоязухъа? «Метер магIарул мацI хвезе батани, хваги дун жакъаго ургьиб ракI кьвагьун»-ян абун буго мунагьал чураяв ХIамзатил Расулица. Жакъа, нилъ киналго магIарулазе хIажат буго гьеб ахIиялъухъ гIенеккизе. Балагье, шагьаралде цIализе ун лъагIел балелдего магIарул мацI «кIочарал» студентазухъ, гIенекке гIатIиракьалда гIумру гьабизе рахъиндал, лъугьинабураб, хIалеб гlypyc мацIалъ цоцазда кIалъалел мугIрузул гIадамазухъ... Цо-цо чIухIарал рагIабиги гьоркьор речIчIизарун, гlypyc мацIалъ кIалъай лъугьун буго, сверухъ ругелазухъа «бажарунареб», къадруяб ишлъун.


Гьедин гьабулезда киданиги лъазе гьечIо, академик Гъ. ГIабдурахIманов (доб мехалда дун цIалулей йикIараб ДГПУялъул экологиялъул факультеталъул декан) -гIумруялъго шагьаралда чIарав, федералияб, xlaттa халкъазда гьоркьосебцин роцадул жамгIияв хIаракатчи, дида бацIцIадаб магIарул мацIалъ кIалъайдал, дир букIараб чIухIиялъул асар! «Нилъ магIарулаллъидал -ян абуна гьес-кIалъазинха нилъерго миллияб мацIалда». Унго-унгояв патриот, магIаруллъи ва гьелда барабщинаб хирияв инсан. Ма-гIа-ру-лав. Унго, гьеб рагIул берцинлъи.


Шагьаралъул къватIахъги цIакь рохизе ва чIухIизе бачIуна бацIцIадаб магIарул мацIалъ кIалъалел рагIидал. Гьелъул гIаксалда, пашманлъизе бачIуна, росулъ магIна лъаларел «цIиял гIурусазул» рагIабаздалъун цоцазда кIалъалел ва «магIарул мацIалъ хъвараб газета жидеда бичIчIуларилан» абулел гIолилал рагIидал. Гьедин гIолилаз абизе рес букIинчIо гьезул эбел-инсуца рокъоб магIарул адабияталдеги, маданияталдеги лъималазул рокьи бижизабулеб букIарабани, гьез цо-цониги цоцазда гьоркьоб дов гIалимав деканас дида гIадин, «Нилъ магIарулаллъидал» ян абулеб букIарабани.


Нилъерго миллат нилъецаго кколебги гьечIони, магIарул мацI нилъецаго кIодо гьабулебги гьечIони, чияцаги гьабуларо.


1999 соналдаса нахъе 21 февраль ЮНЕСКОялъ лъазабун буго халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къолъун. Гьеб ана. Щиб дицаги, дуцаги гьабураб, хIурматияв газета цIалулев, рахьдал мацI гIолеб гIелалда гьоркьоб машгьурлъизабиялъе ва бокьизабиялъе гIоло?! Щибниги гьабичIо. Амма нилъеда кIолаан «гlypyc мацIалъул анкьалилан» цIарги тун школазда тIоритIулел гIицIго гьеб мацIалъ цоцазда кIалъалел гIадал гIаги тадбирал цоцазда гьоркьор рокъор, хIалтIул гIуцIабазда тIоритIизе, магIарул рагIул устарзаби ракIалде щвезаризе, мажлисал тIоритIизе...


РакI-ракIалъго гьарула нуж гьабулеб ишалъулъ, бицунеб хабаралъулъ, тIамулеб гIумрудул галиялъулъ унго-унгоял магIарулаллъун хутIизе. Нуж божа, жакъа магIарул миллаталъе гьеб чара гьечIого хIажатаб буго.


Автор: ФатIимат МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook