Авторизация

Нилъеда щай тIаса лъугьаян гьарулареб?

ГIорхъода ругел мадугьалзабазул цо-цоял гIорхъолъа рорчIулел гьечIодай?

Нилъеда щай тIаса лъугьаян гьарулареб? МагIарулазул, дагъистаниязул цIаралда, яхI-намусалда, тарихалда ва къисматалда сверухъ лъикIалги квешалги ишал кколел руго. Амма ахираб заманалда нилъер халкъалъул къимат гьабулел гIадамазул рекIелъ разигьечIолъи, хIатта ццим борчIизабулел лъугьа-бахъинал гIемерлъулел руго. ГьабсагIат Чачан Республикаялда гъорлъ бугеб магIарулазул Кванхи росулъа Рамазан Жалалудиновасул къисаги нилъер миллат бергьараб куцалда рагIалде бахъинчIо. Нилъеца киназдаго тIаса лъугьаян гьарулеб буго, кканиги ккечIониги, нилъ жидедаса тIаса лъугьаян гьарулев чи ватулев гьечIо.1999 соналда Чачанлъиялдасан Дагъистаналде тIаде кIанцIана хъачагъал. Нужеда рагIанищ Рамзан Къадировас ялъуни цоги чачаназ нилъер халкъалда гьелда хурхун тIаса лъугьин гьарулеб? ЧIагого цIаги гъун, рухIана Бороздиновское росулъ рукIарал магIарулал. ТакъсирчагIазе тамихI гьабунищ? Нилъеда тIаса лъугьаян гьаранищ?


ТIаса лъугьин цо жо буго, тIасан рахин, тIасанккей цIикIкIун буго цо-цо лотабазул. Гьеб тайпаялда лъикIаб рагIиги, гурхIел-цIобги, гIаданлъиги бичIчIуларо, гьел сахал хасиятал гьез тола загIиплъиялъул гIаламатлъун. ЦIал гьечIого хIебтIуларебги буго цо-цо къокъа.

Гьединал ричIчIизе захIматал хIужаби гIемер руго. Футболалда абула, «цохIого кавабахъе торгIо кьабийилан». Дагъистаниял цIаги гъун рухIулел руго мадугьалзабаз. Нилъецайин абуни гьел мадугьалзабазе хасал районал гIуцIулел руго, гьел кодор ккун хьихьулел руго. Бугищ гьениб ритIухълъи? ГьечIо. Цо бихьизеги.


МагIарулалги дагъистаниялги «вацлъиялъул гьоркьорлъаби церетIезарулел руго», цогидал нилъедаса цIоко бахъизе анищалда, сверун лъугьун, гъанчолел руго.


ТIоцебесеб чачаназул рагъул заманалда чан магIарулас рокъор хьихьарал бакътIерхьудаса мадугьалзаби. Инсанасул гIамал буго гьабураб лъикIлъи кIочонареб, гьелъухъ баркала кьолеб, дугIа-алхIам гьабулеб. Баркалаго лъалареб агьлуялда щиб гьабилеб?

ТIубарал халкъал квешалги лъикIалги рукIунаро. Амма жакъа нилъедаса бакътIерхьудехун ругел мадугьалзабазул тIалъиялъ бичIчIулареб сиясат билълъанхъизабулеб буго. Сунде гьелъ рачинелали заманаялъ бихьизабила.


ГIемераб жо бараб буго нилъер щивасда. Жаваб кьезе кIолареб ишалде байбихьизе бегьуларо. КьучI тIамураб жо рагIалде бахъинабизеги ккола.


Путин какулев, ГIабдулатIипов какулев, какизего бегьуларев чийищ Рамзан Къадиров? Малаикищ гьев? Жидер гIалхулаб гIамалалдаса эркенлъизе кIолеб батичIони, жаниб бахчун те абе гьеб. Гурони, жидеего квешаб буго - гьеб гIамалалъул лагълъукье ккарал рагIиятчагIазе.

Дица чанго нухалъ хъвана Бороздиновское росулъа гIадамазул къисматалъул. Гочине ккарал гIадамазул къварилъаби рорхулел, ООНалъ тIоритIарал семинараздаги гьоркьоб лъуна гьеб суал. Гьенир данделъарал чачаназул вакилзабазе рекIее гIолароан гьеб масъала борхи. Гьединал гIузраби къватIире рахъизе бокьичIони, гьаричIого те гьел. Бицине нечарал такъсиралги гьарун, бокьа-бокьухъе кидалъизегIан хьвадизе ругел? Аллагьасда божулел бусурбабийиланги рукIунин, Гьесул диваналдаса щайха нахъе къаларел?


Гьаб анкьалда цIидасан ахIи-хIур бахъана Бабаюрт районалдасан. Дилималъул гIаммаб магIишаталъул хъутаналда вукIарав 10-20 магIаруласда тIаде гурун вуго 150-200 лъарагIав. Гьениб бахъараб видеоялъухъ ралагьидал, сабру гьабизе захIмалъулеб сипат буго. Нуж бихьинал ратани, бихьинал гIадин, цо-цо ккун, бадиса бадире рагъе. ЦIукIаби гIадин, цоясда тIаде анцIгояв вуссинчIого. Гьединал кьаба-тункиял ккунгутIиялъе килищ килищалда кIутIарабгIанасеб хIалтIи гьабулареб Бабаюрт мухъалъул полиция ва тIалъи щиб гьабизе гIадамаз хьихьун ругел, кIал цIураб гIарацги кьун?


Бабаюрт районалда лъарагI миллатчагIаз магIарулазул магIишатазул ферма, бокьал, гьорал рухIун рукIана цереги, кьвагьдон, гIадамал лъукъун рукIана. Гьелъулги чанцIулго хъван букIана. КидалъизегIан гьаб къапила гогьдаризабизе бугеб? МагIарулаз аза-азар соназ гIумру гьабурал бакIалги руго пачалихъалъ ккун – сахабщинаб пихъ бижулел ракьал ГЭСазул тIинде ана. Гьел станциял щущазарилилан рахъун гьечIо гурищ магIарулал.


Къанун хIалтIунгутIиялъ ва бокьа-бокьараб гьабизе питначагIи теялъ, такъсиралда данде хадуб цунго бухIилеб тамихI гьабунгутIиялъ, хадубккун цIакъго кьогIал ва квешал хIасилазде рачине бегьула.


03.06.2016 сон.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +138
  • Нравится
Оставить комментарий


Х1амзатие хасаб баркала макъалаялъухъ, киназго к1алдибе лъим босараб заманалда, цох1о эсул бах1арчилъи г1уна эб хъвазе!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook