Авторизация

Аслияб мурад - Дагъистаналъе рекъел ва рацIцIалъи

Аслияб мурад - Дагъистаналъе рекъел ва рацIцIалъи Халкъияб Собраниялде хитIаб гьабуна республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас


Рамазан ГIабдулатIиповасухъ кодоб букIараб ва республикаялъе гуребги, Россиялъего кIвар бугел масъалабазул бицунеб доклад бакIаб тIехьалда релълъун букIана. Гьев трибунаялдехун унеб мехалда залалда гIодорчIараз хъатчIваялдалъун салам кьуна гьесие. Дагъистаналъул масъалабазда тIад ургъулаго, улкаялъул президентасул докладалъул аслиял тезисазде мугъчIвай гьабунин жинцаян байбихьана регионалъул бетIерас жиндирго кIалъай. "Дагъистаналъул бицунеб мехалда нилъеда ракIалда букIуна Россия ва Россиялъул бицунаго, чара гьечIого Дагъистаналъул пикру гьабула. Нилъер гIаммаб къисматалъул роржен берцин гьабулеб кIиго щулияб кваркьи ккола Дагъистан ва Россия", - ян философияб пикруялдаса аслиял масъалабазде вуссана гьев.


ДРялъул бетIерасул кIалъаялда аслияб бакIалда букIана улкаялдаго бугеб экономикияб хIалуциналъ республикаялъул магIишаталде гьабулеб тIадецуй. "ЗахIматаб ахIвал-хIалалда нилъер халкъ къуркьизе чIоларо ва тIадегIанаб жавабчилъигун кризисалдаса борчIизе жигар бахъула. Гьанжеги иш гьединго букIиналда ракIчIола дир. Россия ва Дагъистан кризисалдаса рорчIизе руго ва цогидал улкабигун къец базе бажари бугеб, гъункараб, цолъараб халкъалъ гIумру гьабулеб ва букIинеселде хьулгун анищ гьабулеб, къуват цIикIкIараб улкалъун лъугьине буго", - ян абуна гьес.


Ришватчилъиялдаса республика бацIцIад гьабиялъул гьадин бицана ДРялъул бетIерас. "Улкаялъул президентасул бихьизабиялда рекъон, ахираб лъабго соналда республикаялъул нухмалъи ришватчилъиялдаса ва цогидал такъсириял ишаздаса бацIцIад гьабулеб буго. Гьелдаго цадахъ жамгIияб хIалуцин гIодоцинабиялъул тадбирал гIуцIулел руго. 90-абилел соназдаса хадуб Дагъистаналда кинаб ахIвал-хIал букIарабали киназдаго лъала. Гьеб ахIвал-хIалалъе кьучI лъурал хIужаби тIатинариялъе ва кинабго гIумруялъул мухIканаб анализ гьабиялъе гIураб заман хIажалъана. ГьабсагIаталда нухмалъиялда, экономикаялда ва жамгIияталда гIадлу-низам чIезабулеб буго. Байбихьудасаго баянлъана, махщел камилал хIалтIухъаби камун рукIин ва нухмалъиялдагун экономикаялда басралъарал хIалтIул къагIидаби щулалъун рукIин. ГIемерал соназ тIуразаричIого тарал масъалабигун дандчIвана нилъ. Жакъа инсанасул пикрияб рахъ хисулеб буго, нухмалъи ва гражданал, законалъул тIалабал гIадахъ росичIого, гIицIго жидерго хасал мурадазе гIоло хIалтIун тIубалареблъи бичIчIизе байбихьун буго. Нужеда ракIалда батила, цо-цо дагъистанияз цогидал дагъистаниял гIарцуе ва хъулухъазе гIоло чIвалел рукIараб заман? Гьедин букIана нухмалъиялда ва гьебго къагIида дагь-дагьккун жамгIияталъул масъалаби тIуразариялъеги хIалтIизаризе байбихьана. Нужеда гьоркьоса гIемерисел гьединал ишазул нугIзаллъун рукIана ва цо-цоял гьезул асираллъунцин ккана. Гьединаб ахIвал-хIалалда чIаго хутIизе бигьаго букIинчIо. Ахираб лъабго соналда гьеб иш лъикIаб рахъалде хисулеб буго, амма цере рукIарал лъугьа-бахъинал тIадруссиналъул хIинкъи жеги тIубанго тIагIун гьечIо. Щайгурелъул, цебе букIараб нухмалъиялъ "кваназарурал" ва доб ахIвал-хIалалда эркенго рукIине ругьунлъарал гIадамал цо-цо идарабазда жеги хIалтIулел руго. Цебе букIараб ахIвал-хIал тIадбуссине гьечIо - законги гIадлуги чIезабизе буго Дагъистаналда! Гьеб мурад тIубала тIолалго цолъани. Дида ракIчIун абизе кIола: жакъа гьаб залалда гIодор чIун руго лъикIал хиса-басиязул рахъкколел ва дагъистаниязул гьайбатаб букIинеселъе гIоло къеркьолел республикаялъул халкъазул вакилзаби", - ян абуна Рамазан ГIабдулатIиповас ва гьесул рагIабазе жавабалъе залалда рукIараз хъатги чIвана.  

Экстремизм ва террор хIажат гьечIо


ЧIвай-хъвей цIикIкIиналде, экономикиял такъсиразде республикаялъул нухмалъиялъул тIаса-масагояб бербалагьиялъ экстремизмалъегун терроризмалъе кьучI лъолин бицана республикаялъул бетIерас. "Гьелъие гIоло хIалтIизаруна диниялилан ракIалде кколел ахIиял. Цо-цо дагъистаниял гьединал гьересиахIиязул кверщаликье ккана ва умумузул маданияталъулгун диналъул ва улкаялда рилълъанхъарал гIамалазул бакIалда нилъее чияраблъун кколеб идеологиялда хадур ана. Дагъистаналъе захIматаб ахIвал-хIал бугеб мехалда нухмалъиялъ, гьезда гьоркьоб МухIамадгIали МухIамадовасги, Россиялда гъорлъ республика хутIиялъе гIоло гIезегIан хIалтIи гьабуна. Амма 2013 соналъул авалалдагицин республикаялъул нухмалъи ва жамгIият цIакъ загIипал рукIана: гьел ккана жидерго хасал мурадазе гIоло къеркьолел къокъабазул кверщаликье ва террористазегун чIвадарухъабазе квербакъулеллъун лъугьана".


Россиялда ккарал терактазул 80 процент букIана Дагъистаналда. Низам цIунулел идарабазул ва терроралде данде къеркьолеб миллияб комитеталъул жигаралдалъун  республикаялда терроралъул хIужаби (гIадамал рикъи, бакIалъул нухмалъулезухъе ва бизнесменазухъе флешкаби рехи) дагьлъана. "Террор сабаблъун Дагъистаналъе кIудиял камиял ккана. Нилъер талихIкъосин ккола улкаялъул цогидал регионаздеги Дагъистаналда хIадурарал хъачагъал ритIулел рукIин. Цоги нухалда такрар гьабизе бокьун буго: гьеб жагьиллъи нилъее хасиятаб гIамал гуро! Нилъер ракьалдаса терроралъул цониги хIужа тIокIалъ букIине гьечIо!" - ян абуна Рамазан ГIабдулатIиповас, ва гьесул рагIабазе иргадулаб нухалда депутатаз хъатги чIвана.

Экономика ва росдал магIишат


Нилъерго кванил нигIматал гIезариялде ва гьелдалъун росдал магIишатгун гIаммаб экономика цебетIезабиялъе ресал ратиялде кIварбуссинабуна Рамазан ГIабдулатIиповас. Аслияб масъалалъун рикIкIана Россиялъул базаразде нух бахъи. Гьелъие квербакъулеб шартIлъун рехсана кванил нигIматал гIезариялда цадахъго республикаялда материалиябгун техникияб кьучIалда бащадго инфраструктура гIуцIулеб букIин. БатIи-батIиял культураби гIезариялъул бачIин ахирал соназда 6-9 проценталъ цIикIкIанин абуна республикаялъул бетIерас. "Нилъеего гIураб къадаралда нигIматал гIезарун тIубаларо - дунялалъулго базаралда сахал нигIматал чIезаризе жигар бахъизе ккола", - ян абуна гьес.


Рази гьечIоан ДРялъул бетIер республикаялда тIобитIараб Ахихъанлъиялъул лъагIалил хIасилаздаса. Гьеб сабаблъун цо чанго чи хъулухъалдаса махIрумлъанин абуна гьес. Кинниги, регионалъухъа бажарана ахихъанлъиялъул цо-цо рахъал церетIезаризеги, масала, цIолбохъанлъиялъул хIасилал квешал ккечIо. "2014 соналда бакIараралдаса лъабил бутIаялъ цIикIкIана цIолбол бачIин гъоркьисала (гIаммаб къадаралда 147,5 азарго тоннаялде бахана). 100 азарго тоннаялъул цIолбол нигIматал гьаруна. КIизаргогIанасеб гектаралда цIолбол гъабу чIана (2014 соналде дандеккун, 1,6 нухалъ цIикIкIун).


15 проценталъ цIикIкIана пиринчIалъул бачIинги. Цогидал рахъазда абизегIанасел хиса-басиял ккечIо, амма щуго проценталъниги бачIин цIикIкIинчIеб бакI хутIичIо", - ян бицана регионалъул нухмалъулес.
Бицана теплицабазулги. Ахирал соназда теплицаби рана 20 гектаралда ва гьезул гIаммаб къадар 130 гектаралде бахана. Гьенив хIалтIулев вуго 2,5 азаргоялдаса цIикIкIун чи.


Сахлъи цIуниялъул ва республикаялдаго унтаразе хIажатаб медицинаялъул кумек гьабиялдеги кIварбуссинабуна ДРялъул бетIерас. Гьединаб кумекалъе квербакъулел централ рагьиялъул ва гьезул хIаракаталъул бицана. "Гьел ишазул кьучIалда туберкулез, рахунел унтаби, бидул ва рекIел унтаби ругел гIадамал хвеялъул хIужаби дагьлъана. Инсанасул гIумруялъул гьоркьохъеб ригьлъун Дагъистаналда рикIкIуна 75 сон. Гьеб ккола СКФОялда, Кавказалда ва тIолабго улкаялда бищунго лъикIаб хIасил", - ан абуна гьес.


ГУПаздаса ва МУПаздаса инкар гьабизе ккеялъул, "Дагдизель", "Авиаагрегат", "Завод им. Гаджиева", Концерн "КЭМЗ" ва цогидал предприятиял хIалтIизариялде кIвар буссинабиялъул ва экономикаялъе чара гьечIого хIажатал рахъал церетIезариялъул бицана республикаялъул бетIерас. Исанасеб сон МугIрузул лъагIеллъун лъазабиялда бан гьаризесел ишалги рехсана: аслияб масъала - росаби чIунтунгутIи ва гьелъие гIоло мугIрузул росабалъ гьабулеб магIишаталъе кумек гьаби кколин абуна Рамазан ГIабдулатIиповас.


Бицен ккана миллиял газетазулги. Гьел церетIезаризе ва социалиял сетаздасан машгьурлъизаризе кколин абуна Дагъистаналъул бетIерас. «ТIолабго дунялалда тIиритIун ругел дагъистаниял, ай миллатцоял цолъизарула Интернеталъул кумекалдалъун. Миллаталъе кIвар бугел суалаздасан бахIсал гIуцIизе бегьула гьенир. Гьединлъидал, министерствабаз ва муниципалитетаз Москваялда бугеб вакиллъиялда цадахъ гьел масъалабазде кIварбуссинабизе ккола. Пачалихъияб Думаялде рищарал депутатаздаги тIадаб буго Дагъистаналъул гьайбатаб сипат-сурат гIуцIиялъе квербакъизе», - ян лъазабуна Рамазан ГIабдулатIиповас.


Автор: ГIабдула Къушев

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook