Авторизация

МухIамадгIали МухIамадгIалиев : «Бакълъулазул цIар борхатго цIуне»

Гара-чIвари

МухIамадгIали МухIамадгIалиев : «Бакълъулазул цIар борхатго цIуне»


Аралда таманча речIчIани, бачIунеселъ гIарада речIчIула


МухIамадгIали МухIамадгIалиев : «Бакълъулазул цIар борхатго цIуне» 2012 соналъул марталдаса 2016 соналъул маялде щвезегIан Гумбет районалъе бетIерлъи гьабуна хIалбихьи бугев нухмалъулев, гIуцIарухъан, сахаватчи, меценат МухIамадгIали МухIамадгIалевас. Гьесул биография цIалулаго, нилъеда бихьула МухIамадгIалиевас жавабиял хъулухъазда хIалтIи гьабураблъи. Гьес бетIерлъи гьабуна Хасавюрталъул горкомалъул комсомолалъул идарабазе, чанго соналъ хIалтIана ЦIияблак районалъул нухмалъулесул заместительлъун, Депутатазул собраниялъул нухмалъулевлъун. ГIахьаллъи гьабуна 1999 соналда ЦIияблак районалде тIаде кIанцIарал халкъазда гьоркьосел хъачагъал нахъчIваялъулъ. Украинаялда ккарал лъугьа-бахъиназ ва Крым Россиялда гъорлъе тIадбуссинабиялъ бакътIерхьул улкабаз санкциял гьарун, пачалихъалъул экономика гIезегIанго загIиплъарал соназде ккана МухIамадгIалиевас Гумбет районалъе нухмалъи гьабулел ахирал сонал. Гьедин букIаниги, Дагъистаналъул церетIолел ругел, бищунго лъикIал районазул кьерде Гумбет бачине кIвана МухIамадгIали МухIамадгIалиевасда.


МухIамадгIали МухIамадгIалиев : «Бакълъулазул цIар борхатго цIуне» Исана маялда Дагъистаналъул нухмалъиялъ МухIамадгIали МухIамадгIалиевасда божилъи гьабуна цIакъ кIудияб кIвар бугеб республикаялъулаб идараялъе нухмалъи гьабизе – ЦIияблак район гочинабиялъул республикаялъулаб управлениялъул начальниклъун тIамуна гьев. ЦIияблак район гочинабиялъул суал буго 25 соналъ тIубачIеб, халат бахъараб, кутакалда бигъараб, захIматаб. Жавабчилъи цIикIкIарав нухмалъулев хIисабалда, гьеб масъала тIубазе тIаса вищун вуго МухIамадгIали МухIамадгIалиев. ЦIияб хъулухъги баркулаго,  хIалтIулъ бергьенлъабиги гьарулаго, Гумбет районалда хIалтIарал соназул хIакъалъулъ чанго суал кьуна нижеца МухIамадгIали МухIамадгIалиевасе.


Хъил тIураб нух, маданияб кIалгIа…


- Кинаб букIараб дуца Гумбет районалъе нухмалъи гьабураб ункъо сон? Кинал пикрабигун толеб бугеб дуца гьеб хъулухъ? Дур ва дур пикруцоязул бергьенлъабазда гъорлъ щиб дуца рехселеб?


- ТIоцебесеб иргаялда, ракI-ракIалъулаб баркала кьезе бокьун буго Гумбет районалъе нухмалъи гьабизе диде божилъи гьабуразе, цадахъ хIалтIаразе, цере чIарал масъалаби тIуразариялъе бажарарабщинаб гьабуразе. Гумбет районалъе бетIерлъи гьабулаго, дие кIудияб кумек букIана Дагъистаналъул нухмалъиялъул рахъалдасан. Кидаго рахъкквезе ва хIалае ватулаан Дагъистан Республикаялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель СайгидахIмад АхIмадов ва цогидалги ресги бажариги бугел бакълъулазул церехъаби. Баркала буго гьезие ва тIолабго бакълъулазул жамагIаталъе.


Цебеккун Гумбет районалъе нухмалъи гьабурал МухIамад ХIамзатовасул, Муса Расуловасул, АхIмад Юсуповасул, МухIамад ХIажиевасул, СайгидахIмад АхIмадовасул ва цогидазулги социалияб политика, курс цебехун бачине жигар бахъана дица, гьезул хIалбихьиялде мугъчIвай гьабуна. Дагъистаналда цIар рагIарал гьел нухмалъулез Гумбет район цебетIезабиялъулъ кIудияб бутIа лъуна. Гьезда хадуб бажарарабщинаб гьабизе дицаги хIаракат бахъана.


Гумбет районалъе бетIерлъи гьабураб ункъо соналда жаниб дида гIагараб районалъул рукIа-рахъинги, гIолел-гIоларел рахъалги лъикI лъана, Дагъистаналъул церетIурал районазда гъорлъе бакълъулазул ракь бачиналъе бажарарабщинаб гьабуна. 2015 соналъул хIасилал гьарун, Дагъистаналъул экономикаялъул ва территориял церетIезариялъул министерствоялъ Гумбет районалъе республикаялда кIиабилеб бакI кьуна, экономикаялъул показателал, роценал хIисабалде росун.


Дагъистаналъул парламенталъул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовас Гумбет районалъе нухмалъи гьабурал 2001 – 2011 соназда районалъе кIудияб цебетIей щвана. 2014 соналъул 8 ноябралда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас рагьараб Культуриябгун сахгьариялъул комплексги СайгидахIмад АхIмадовасул бажариялдалъун, гьес районалъе бетIерлъи гьабулеб заманалда кьучI лъураб объект букIана. Гьединго исана рагьизе хIадурулеб буго хъил тIураб Сагъри-МелъелтIа нух. Гьеб хIалтIулъги Гумбет районалъе кIудияб квербакъи гьабуна республикаялъул парламенталъул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовас.


Баркала буго дица нухмалъи гьабулеб заманалда цадахъ рекъон хIалтIаралщиназе, политикияб курсалъул рахъккуразе, росабазул жамагIатазе, районалъул администрациялъул ва организациязул хIалтIухъабазе; росабазул, районалъул ва республикаялъул депутатазе, жамгIиял хIаракатчагIазе. Баркала буго, дир хIалтIул захIмалъи ва жавабчилъи бичIчIун, цадахъ рахъун, квербакъи гьабуралщиназе. Гьаб ункъо соналда жаниб гьудулзаби гIемерлъана дир нилъер районалда. РакIбацIцIадго, унго-унголъунги халкъалъе хъулухъ гьабулел гIадамал тIалъиялде рачине кIвана. Жиде-жидер жамагIатазул ва тIолабго улкаялъул ургъелал рекIелъан риччалел гIадамал руго Гумбет районалъул жавабиял хъулухъазда. Гьезие хадурккунги бергьенлъаби ва лъикIабщинаб гьарула дица.


 ГIелму-хазинайин хвелго гьечIеб жо


-2015-2016 цIалул сон дуца лъазабун букIана лъайкьеялъул сонлъун. Жагьиллъиялъ жамгIият ва пачалихъ нахъе ккезарула. Лъайкьеялъул гIуцIиялда дандчIвалел захIмалъаби дагьлъизаризе бажаранищ? Дур хIисабалда, кинал гIоларел рахъал ругел гьел идабаразул?


- Гумбет районалда лъайкьеялъул идарабазде кидаго кIудияб кIвар кьолаан. Дицаги хIаракат бахъана гьел гIуцIаби церетIеялъе хIалкIвараб кверчIвай гьабизе. Райцентралда хIалтIулеб буго пагьму-гьунар бугел лъималазул школа-интернат. Гьеб идараялъе нухмалъи гьабулеб буго лъикIав махщалилав, Москваги рехун тун, гьеб хIалтIуде вачIарав Лабазан ХIажиевас. Гьес куцалел цIалдохъабаз республикаялда бергьенлъаби росулел руго. Гъоркьиса риидал гьеб цIалул идараялда тIоритIана Дагъистаналдасаго лъимал гIахьаллъараб хIисаб-гIелмуялъул школалъул курсал.


Районалъул школазе капиталиял ремонтал гьаруна, чара къосараб хIалалда бугеб цониги цIалул заведение гьечIо, кирго рукIине кколел шартIал гIуцIун руго. Школазда цере лъималазул ахал рагьана ва гьитIичазе школазда цебесеб лъай щвезе киналгIаги квалквалал гьечIо.

Санайилго МахIачхъалаялда Гьудуллъиялъул минаялда жаниб тIоритIана Гумбет районалъул студентазул ва интеллигенциялъул форумал. Гьанир, шапакъатал кьун, рази гьаруна цIалулъ ва спорталъулъ бергьенлъаби росарал бакълъулазул студентал.

Санкциязул хIасилалда кризис ккеялъ квекIен гьабичIебани, гIемерал планал, проектал рукIана, районалда гIумруялде рахъинаризе хIисабалде росарал. Росабалъ гьарурал дандчIваязда гIадамаз рорхарал суалал рукIана, гьезул чангиял тIуразе бажаричIо, кигIан гъира дир букIаниги, пачалихъалда ккараб захIматаб политикиябгун экономикияб ахIвал-хIалалъ. Гьедин букIаниги, гIадамазе, росабазе лъикIаланго кумек гьабун бажарана, бищунго кIвар цIикIкIарал масъалаби тIуразе риччана гIарцулал сурсатал.


МугIрул тун, авлахъазде рахъарал бакълъулал


- Гумбет ва ЦIияблак районаз вацлъи рагIизабуна. Гьеб хIужаялъул кIваралъул ва дуца нухмалъи гьабулеб республикаялъулаб управлениялда цере чIарал масъалабазул бицани бокьилаан.


- ЦIияблак районалда гIумру гьабун руго гIемерал бакълъулал. Гьединлъидал, гьеб районалъулгун Гумбет районалъ вацлъи рагIизабиялъул бищун цIикIкIараб пайда буго нилъее, бакълъулазе. Дица бетIерлъи гьабулеб бугеб управлениялъул хIалтIул бицани, гьеб буго захIматаб, жавабияб, гIемерал гIадамазул къисматалда хъинтIулеб хъулухъ. Аллагьас хъван батани, цере чIарал масъалаби парахатаб куцалда, маслигIаталда гIумруялде рахъинаризе руго.


ГIакълу – цебе, ццин – нахъе


- Исана буго Россиялъул Пачалихъияб Думаялде ва Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялде рищиял тIоритIулеб сон. Гьелда хурхун, бакълъулаздехун кинаб хитIаб дуца гьабилеб?


- Умумулъанго батараб бакълъулазул сах-саламатаб гIамал-хасияталъе ритIухъаллъун рукIаян хитIаб гьабулеб буго дица Гумбет районалъул жамагIаталде. Нилъер район машгьураб буго гIадамазда гьоркьоб бугеб цолъиялдалъун, хьараб гIумруялдалъун, экстремизм, гIала-гъважа, ахIи-хIур гьечIеб, такъсирчилъи къанагIатаб район хIисабалда. Гьединлъидал, цогидазе мисаллъунги рехсола нилъ. Бокьилаан бакълъулаз нилъерго гьеб лъикIаб цIар хадубккунги борхатго цIунизе.


Исана 18 сентябралда Россиялда рищиял  тIоритIизе руго. Гьел рищиял лъугIула, хадурги цадахъ, цо районалда, цо республикаялда, цо пачалихъалда гIумру гьабизе буго нилъеца. Гьединлъидал, цоцазулгун гьоркьорлъаби хвезарун, ццинги питнаги борчIизе тун, гIорхъолъа арал пишаби гьаруни, нилъер бахIарчиял умумул нилъеда тIаса лъугьинаро. МагIарулазул абиги гьечIищха : «ГIакълу – цебе, ццин – нахъе», - йилан. Гумбет районалда социалиял бакIал раялъе, нухал, кьоял, школал ва цогидалги объектал гьариялъе, раялъе, рагьиялъе  миллиардал гъурщал харж гьаруна пачалихъалъ, Россиялда нухмалъи гьабулеб «Цогояб Россия» партиялъ, власталъул партиялъ. Гьединлъидал, гьеб тIалъиялъул, власталъул партиялъул, Дагъистаналъул ва Россиялъул нухмалъиялъул хадубккунги рахъкквезе рекъараб буго нилъеда.


 Дица Гумбет районалъе хадубккунги цебетIей, тIегьай, гьарзалъи, кинабго лъикIабщинаб гьарула. Районалъе къваригIарабщинаб дихъа хIалкIвараб кумек гьабизе кидаго хIадуравги вуго.


04.07.2016 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +159
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook