Авторизация

"ВацIцIадав чиясда чороклъи рекIунаро"

 Республикаялда гIемерав чиясда лъала Хунзахъа Гъази МухIамадов. Гьев хIалтIана партиялъул Хунзахъ райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун, Дагъовощплодхозалъул  начальниклъун,  ДАССРалъул КГБялъул  председателасул заместительлъун. Вищун вукIана КПССалъул XXVI съездалъул делегатлъун, Дагъистаналъул  Верховный Советалъул ва  Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. 


Гьал къоязда Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевас 75 сон тIубаялъул юбилей букIинги хIисабалде босун,  Гъази МухIамадовасул  районцояв гьевги вугелъул, нижеца Гъазилгун гара-чIвари гьабуна.


- Гъази, кида МухIулгун лъай-хъвай ккараб, кинаб гьоркьоблъи нужер букIараб ва бугеб?


- Ниж  цоцазда лъаралдаса 50-ялдаса цIикIкIун сон буго. 1964 соналда дун вукIана Дагъистаналъул росдал магIишаталъул институталъул комсомолазул гIуцIиялъул секретарьлъун, Дагъуниверситеталъул комсомолазул гIуцIиялъул секретарьлъун  вукIана дир росуцояв ГIабдухаликъ ХIажиев. ГI. ХIажиев КГБялъул органазде индал (хадуб гьев вахъана полковниклъун, хIалтIана Америкаялда ва цогидал улкабазда), гьесул бакIалде вачIана ЦIумада районалда школалъул директорлъун хIалтIулев вукIарав МухIу. Гьениб ккана нижер  лъай-хъвайги, гьудул-гьалмагълъиги. Ризго дандчIвачIониги, ниж цоцада рихьула, цIунун буго цебегосеб гьоркьоблъи.


- ТIадегIанал хъулухъазда вугеб заманалда, гьелдаса щиб кумек Хунзахъ районалъе щвараб?


 - Гьеб суал буго гьанжесел хIакимзабазе, депутатазе кьезе бегьулеб. Гьез рикIкIина "жидеразего" гьабураб кумекги щварал лъикIлъабиги. Комсомолалъги партиялъги  куцарал, гIезарурал  доб заманалъул кадрабаз хIалтIи гьабулаан чи ващад гьавун, нижералин, чияралин рикIкIинчIого. Мисалалъе, чанго соналъ Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министрлъун хIалтIулев вукIана нижер ракьцояв Наби Къураев. XIX гIасруялда бараб  хъалаялда жаниб хIебтIун букIана районалъул больница. Бегьилаан цIияб больница баялъе кумек гьабизе, амма бачIо. Ирга щун батилароха, нижералдасаги санагIат гьечIел шартIазда ругел цере гьарун ратила. Дица гьеб рикIкIуна гIагараб районалъе кумек гьабизе бокьунгутIилъун гуреб,  гIадамал ращад гьарилъун, гьабулеб хIалтIулъги гIумруялъулъги интернационализм цIунилъун.
- ГIемерал  соназ цоцаздаги лъалелъул,  инсан ва нухмалъулев хIисабалда кинаб къимат кьолеб дуца МухIу ГIалиевасе?


- Гьалщинал соназда жеги цониги чи дандчIвачIо, я рагIичIо дида  МухIуе ришват кьунин абулев. Коррупциялъулъ гъанкъулеб бугеб республикаялда ва улкаялда чанги жавабиял хъулухъазда хIалтIарав МухIу ГIалиевасул вацIцIалъи буго гьесул тIадегIанлъиялъул бицунеб аслияб роценлъун. Инсан хIисабалда гьев вуго гьудуллъиялъе ритIухъав, тIекълъи-мекълъи рихарав, кинаб хIалтIуда вугониги, тIадаб иш намус бацIцIадго гьабулев инсан. Партиялъул Дагъобкомалъул тIоцевесев секретарьлъун гьев ккана цIигьабун гIуцIийилан цIарги лъураб, Горбачевасул демагогиялъ дагь-дагьккун улкаялъул ва партиялъул кьучIазда квалквадизе лъугьараб заманалда. Политик, пачалихъияв хIаракатчи МухIу ГIалиевасда бичIчIана улкаялъул цолъиялъе, партиялъул къисматалъе ккезе  бегьулеб хIасил. ГIемеразда ракIалда батила 1990 соналъул июлалда букIараб КПССалъул XVIII съездалда МухIу ГIалиевас гьабураб кIалъай. Цониги союзиял  республикабазул компартиязул тIоцересел секретаразулцин букIинчIо МухIу ГIалиевасул гIадаб критикияб, лъугьунеб бугеб хIалалъул  анализ гьабураб, битIараб къимат кьураб,  гIакъилабги бихьинчиябги кIалъай.


- Хадуб  партиялъул ишги лъугIана, МухIу ГIалиевги хIалтIи гьечIого хутIана. 1991 соналъул октябралда букIараб сессиялда Верховный Советалъул председателасул заместительлъун Такибат МахIмудоваги йихьизаюн, МухIу ГIалиев гьеб хъулухъалде вачIине бокьичIо Верховный Советалъул председательлъун вукIарав МухIамадгIали МухIамадовасе...


- БитIаралда битIарабин абизе ккола, гьеб гьедин букIана. Обкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вугев мехалда  МухIу ГIалиевасе рес букIана МухIамадгIали нахъе  витIизе, Верховный Советалъул председательлъун живго вачIине. Цевеккун обкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вукIарав МухIамад Юсуповасги гьарун, пенсиялде ине 6-7 моцI хутIун бугинги абун, МухIуца МухIамадгIали тана. Обкомалъул секретарьлъун вукIарав чи Верховный Советалъул председателасул заместительлъун тани демократиялъе ва жамгIияталъе данде кколарин кIалъана  цере жалгоги  партиялъул кьеразулъ рукIарал цо-цо депутатал.


Гьезие жаваб гьабулаго, МухIуца абуна: "Цевеккун партиялъул ишазда вукIарав чи хъулухъалда тезе бегьуларин ва гьесдаса жамгIияталъе хIинкъи бугин, демократиялъе гьев рекъоларин абулев чи мекъи вуго. ХIалихьатав чияс жиндирго квешлъи  я демократиялъукьа,  я жамгIияталъукьа,  я Аллагьасукьа хIинкъичIого гьабула. Гьединазе бокьуларо жидеда аскIов дун гIадав, иш кинаб рахъалде инехъин бугебали бичIчIулев чи вукIине. Кадрабазул рахъалъ жакъа республикаялда тIобитIулеб политикаялъул хIасилал жеги рихьила нужеда".
Хадубккун къого соналъ республикаялда лъугьун букIараб ахIвал-хIалалъ МухIул гьел рагIаби ритIухъ  гьаруна. ГIурусаз гьединаб жоялда абула "как-будто в воду глядел" абун. Бичча-бихъан тана кинабго, ришваталги  кьун, хъулухъалде рачIана щибго бажариги лъайги гьечIел чагIи, битIахъего туснахъаздаса рачIун хъулухъазде тIамуралги ккана, коррупциялъ гъанкъулеб хIалалде ккана Дагъистан. Рижун рачIана миллиял багъа-бачариял, хIалуцана миллатазда гьоркьоб ахIвал-хIал. Миллиял церехъабиян лъугьарал криминалиял  къокъабазухъе власталъ жидедаго  хъвачIого рукIиналъе гIоло кьуна "кьариял " хъулухъал. Республикаялда тIегьазе лъугьана экстремизм, нилъер халкъалъе чияраб,  динияб чвахи - вагьабизм.


ТIадехун нилъеца рехсарал рагIабиги абун,  МухIу сессиялдаса нахъе анин рагIидал, дунги Расул ХIамзатовги гьесухъе рокъоре ана. Нижеда гьенив ватана Верховный Советалъул 15-20-гIан депутатги. Гьезда гьоркьор бащдаздасаги цIикIкIун рукIана МухIу Верховный Советалъул председателасул заместительлъун  тезе бокьичIел, гьеб хъулухъалде хьул бугел,  гьудулзабилъун хIалел. Расулидаги хехго бичIчIана бугеб ахIвал-хIал. МухIулгун гьесул гьитIинабго хабар ккана. Лъабго-ункъо минуталъ гIенеккунги чIун, ретIелги хисун МухIу хIалтIуде тIадвуссана.


- МухIамадгIали хIалтIудаса индал, МухIу ГIалиев президентлъун вачIанаха…


- Гьесие щвана цIакъ захIматаб ирс. Коррупциялъулъ бессун букIана тIолабго республика, хIалтIулел рукIинчIо законал. ГIарцухъ росарал хъулухъал жидерго инсул гIадин ккун рукIана  тухамузги, къокъабазги цереккун тамихIалде цIан рукIарал ришватчагIи, спортсменал, "кьвараралгун кьураралги".  Квелъ бахъун гIалахалде  биччараб чу гIадин бугеб республика нухда бачиналъе гIемераб хIалтIи  гьабуна МухIуца. Законал цIуниялда ва гьел хIалтIизариялда хадуб бербалагьи букIине кколеб прокуратураялъ иш тIаса-масаго тун букIана. ТIоцеве республикаялъул прокурор хиси букIана МухIул битIараб галилъун. Гьаруна цогидалги  хиса-басиял. Жидеда хъвазе бегьуларин рукIарал тухумчагIаз  байбихьана гьесда данде хIалтIизе, цадахъ хIалтIулел цо-цоязги ххвел гьабун гуреб,  ракI-ракIалъ хIалтIи гьабулеб букIинчIо. РукIинчIо даража бугел кадрабиги. БукIаниги М. ГIалиевасда кIвана республика экономикияб рахъалъ цебе туркIизабизе, рана гIезегIан социалиялгун культуриял объектал ва, бищун аслияб жо, власталдаса ракIбуссун букIараб гIадатияб халкъалъулъ божилъи бижана.
- Интернеталдаги  гIадамазда гьоркьорги харбал тIиритIизарулел рукIана МухIул "гIунгутIабазул" бицун.


- БичIчIана дида. Цо-цо хIалихьатал гIадамаз гIайибчIвазе жо МухIул батичIеб мехалда гьев гьекъолев вугин бугьтанал тIиритIизаруна. Ккараб бакIалда лълъар борхуларев бихьинчи кинав вукIунев.  Жидеда цадахъ МухIуца лълъар борхидал гьеб къватIибе  гьурщулелги бихьиналищха? Лъица щиб бицаниги,  вацIцIадав чиясда чороклъи рекIунаро.


- Политикаялъулги нухнухмалъиялъулги завалалда вукIарав М. ГIалиев кIиабилеб болжалалда  президентлъун щайдай течIев?


- Дир пикруялда, гьесда данде хIалтIана хIукуматалъул буголъи чIикIун  ругьунаб, халкъалъул ургъел гьечIеб,  кодоб гIемераб гIарац бугездасан данделъараб кIудияб къокъа. Гьеб къокъаялъ кверде босана Москваги. Цо  къадаралда асар гьабуна Самур гIурул лъим Азербайжаналдаги Дагъистаналдаги гьоркьоб бикьиялъул гара-чIвариязда МухIу ГIалиевасул букIараб республикаялъул мурад цIунун ккураб чIванкъотIараб позициялъги. Республикаялъул халкъалъул мурадал цIуниялъулъ бихьизабураб кьвариялъулъги вацIцIалъиялъул рахъалъги дида МухIул гьел хасиятал Данияловасда релълъун рихьула.


- Данияловгун дандчIванищ мун?


- Партиялъул Хунзахъ райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун  хIалтIулеб мехалда, тIадегIанал хулухъаздаса ун хадуб Востоковедениялъул институталда  тахшагьаралда хIалтIулев вукIарав ГIабдурахIманги дунги Москваялде унаго поездалъул цо купеялда цадахъ ккана. Гьесдаса намуслъун, гьесие рахIатхвей букIинин дун хабар-кIалалъе цогидал купеязда рукIарал гIолохъабазухъе ана. Цинги купеялде тIадвуссун вачIиндал ГIабдурахIманица абуна,  рекIелгъейги букIинин анив чIечIого къватIиве щай уневилан. АбичIониги гьесда бич1чIана жиндир адаб гьабун дун къватIиве аравлъи. Дунги гьесда рагIун ватана, абуна дур хIалтIуда хадуб жинца халкколин,  гьабулеб ишалдехун дир бербалагьиги  гьесие рекIее гIун бугоан.  Дида гIумруялъ дандчIвачIо гьединав сабурав,  гIодов виччарав, гIакъилаб каламалъул инсан. РакIалда чIана гьес бицунеб букIараб бацIцIадаб магIарул мацI, ва магIнаяб кIалъай. 



Автор: Пайзула Пайзулаев

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook