Авторизация

Хъах1аб рас

ХЪАХIАБ РАС

 РакIалъ цIакъ яхI гьабун дун вугониги,

ЯхI-къо реххун тана къванщил расаца.

Рокъов жанив вахчун черх цIунаниги,

КъватIив чIвазавуна ботIрол караца.

Заманал сверула, сагIтал тирула,

 Сон хекко бачIуна, херлъун ватула.

 Херлъун чучун унеб черх бугониги,

Черхалда кIал гьикъун, ракI бахIарлъула.

РакI бахIарлъунилан черх цIилъиларо,

Чорхол лугбузул гьан гургурун хадуб.

 Горбол щекI цIабуцIун мугъ битIиларо,

 Мугъзал гьод къулараб къо бачIун хадуб.

Хошгелди, хъахIаб рас, хабар-жо, гьобол,

Дир изну гьечIого кин мун бачIараб?

Къванщида квалквадун, каранда рещтIун,

Дун хIинкъизавуни хIакъ букIинарищ?

Божилъуда бачIун гъванщилъ рещтIине,

Берцинай ясалъул расинищ ккараб?

Расги нечечIого каранде лълъвине,

 Кеке бугиланищ хIисаб гьабураб?

 Ясал рокьизе мун вас гурев лъала,

Дирго кIалъай буго ракI чучиялъе.

 Мехго щвечIониги мун бачIинаро,

 ГъоркьбакI къачIачIелъул дун къварид вуго.

 Гьобол чIалгIарасул чIваги хIалилат,

Рокъоб хIал гьечIелъул дун хIинкъун вуго.

Гьалмагь рихарасул хваги халилат,

Бахчараб бихьизе дун нечон вуго.

 Хванщинаб бакIалда рещтIунеб бумат,

 Щайдай бусен лъураб бачIун дир расулъ?

Щалай къанщиналъуб къинлъарулеб руз,

 БачIун тIад рещтIиндал дир щаклъи ккана.

Гьодриниб бахчараб расхIереница,

ХIакълъун чIван рехана чIегIераб нухъа.

 ХIанчIакьа лъутулеб ракIтамахица,

Боржине гьабуна босниса гъеду.

Дир бетIер цIунараб чIегIераб нухъа,

 Рузица чIван хвараб ахир замана.

 БотIрода босен лъун букIараб гъеду,

Боржун къватIиб араб къиямасеб къо.

Дир магIарда рещтIун цо гIузру буго,

Я гIазу лъаларо, я руз лъаларо.

 Гъоркь букIараб нухъа боржун ун буго,

Я нахъ буссина гьеб, я буссинаро.

 Гьанже магIардаса гIазу инаро,

 МугIрул къуват хвараб къоялъ гурони.

ГIазу бианиги, руз боржинаро,

 Бусен хараблъидал хадуб гурони.

 ГIазуги лъаларо, рузги лъаларо,

Хъулбузда хьвадулев хъахIав хан вуго.

Жиндехун къец бугел къиралзабиги,

 Къан ккун ритIун унев азнавур вуго.

 Гьобол рещтIун вугин хъаладул тIохда,

ХъахIаб чеддай кьела, чайдай гьабила?

 Чай гьекъон, чед кунев гьобол гьев гуро,

Хвалил чапар вуго черхалде щварав.

 Барзахалъул болълъе мун лъугьайилан,

ХIакъав вазир вуго дуй хIинкъи кьолев.

Чанги вазир вуго, чанги хан вуго,

Ханзабазулги хан – ХъахIав хан вуго.

Киназулгоги хан Мухтарасулги,

Халикъ Аллагь вуго, алхIамдулиллагь.

Инхоса Г1али-х1ажи


Автор: Инхоса Г1али-х1ажи

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook