Авторизация

ТIабигIияб газихъ гIащикъал росаби

ЖамагIаталъул газа кьурдаги рекIунила


ТIабигIияб газихъ гIащикъал росаби


Токалъул хIубал, «кагътил рехъаби», ДТ-75 бульдозер…


ТIабигIияб газихъ гIащикъал росаби Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялде Гумбет районалдасан вищарав депутат НурмухIамад ГIалиевас 2016 соналъул тIоцебесеб декабралда гIадамал тIаде къабул гьаруна. Гьеб  кколаан улкаялда нухмалъи гьабулеб бугеб «Цогояб Россия» партиялъ 15 сон тIубараб къо.


ГIадамаз рорхана социалиял, экономикиял, маданиял ва жиеего хасал суалал. Гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Гумбет районалъул нухмалъулесул ишал тIуралев ГIабдулахIажи ГIабдулкъадировас ва районалъул администрациялъул бетIерасул заместитель ХIайбула ГIабдурахIмановас.


Бакъдаб авалалде бакъ кида щолеб


МелъелтIа росдал аслияб мажгиталъул имам ГIабдурашид Лабазановас Бакъдаб авалалда электроэнергиялъул даража лъикIлъизабиялъул суал борхана. Гьесул рагIабазда рекъон, гьеб авалалъе сахаб ток чIезабизе 15 хIуби ва кварал хIажалъулел руго.


ТIабигIияб газихъ гIащикъал росаби Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат НурмухIамад ГIалиевас абуна жиндир рищиязда цебесеб программаялдаги хъван букIанин Гумбет район мустахIикъаб куцалда электроэнергиялдалъун хьезабиялъул масъалаялда тIад хIалтIизе вугилан. Гьеб суал жиндир кидагосеб хъаравуллъиялда гъоркь бугилан абуна ГIалиевас, Бакъдаб авалалъул гIузру тIубазеги хIаракат бахъизе бугилан жаваб кьуна депутатас.


Кьаву хурхарал газил рогIрал


Гумбет районалъул Ветераназул советалъул нухмалъулев УхIумагъази Нажуевас бакълъулазулги тIабигIияб газалде хIажалъи бугилан абуна. Гумбет районалъул анцI-анцI гектар ракьалъулги бухъа-хъван, лъун руго Хунзахъ, Болихъ, ЦIумада районазде газ бачарал рогIрал. Газ бикьулеб чанго станция буго районалда. Масала, МелъелтIа росдада аскIоб буго цо гьединаб станция. Районалъул центалда жанир газалъе рогIрал лъуралдаса сонал унел руго. Гьел трубабиги кьавуца туризаричIого рукIине, гIадамазул гIумруги лъикIлъизабизе, чанго километр гурони манзилги гьечIеб мехалда, МелъелтIе газ бачине бажарилародаян суал кьуна Нажуевас депутатасе, гьеб иш гIумруялде бахъинабиялъе квербакъеян хитIабги гьабун.


Москваялдаги МахIачхъалаялдаги ругел тIалъиялъул идарабазде хитIаб гьабун, жиндирго лъай-хъваялдаса ва хIалтIулаб хIалбихьиялдаса пайда босун, бакълъулазул рукъзабахъе тIабигIияб газ щвезабизе хIаракат бахъилин абуна НурмухIамад ГIалиевас.


Вехьасул къиса


ТIабигIияб газихъ гIащикъал росаби Гумбет мухъалъул ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулев АхIмаднаби ГIалимирзаевас бицана росдал магIишаталъул бутIаялда бугеб хIалалъул,  гIиязул кIудиял рехъабазул бетIергьабазе пачалихъалъ бихьизабураб кумек щолеб гьечIолъиялъул. Дагъистаналъул росдал магIишаталъул ва нигIматазул   министерствоялдасан лемагазухъ кьолеб гIарац хIакъикъиял гIиял ругезе гуреб, «кагътида чахъаби хьихьулезе» щолеб бугилан гIарз бахъана ГIалимирзаевас. Гьединал суалалгун жиндихъе рачIунел ругила гIадамал, рехсараб масъала роцIцIинабун бажаруларищилан абуна гьес.


НурмухIамад ГIалиевас телефоналдасан ахIана Дагъистаналъул росдал магIишаталъул ва нигIматалъул министр Мусафенди  Велимурадовасухъе. Министрас абуна, гьединал хIужаби тIатани, жиндица хIалтIухъабазе гIадлу гьабизе бугилан ва унго-унголъунги боцIухъанлъи цебетIезабулел ругел гIадамазе квербакъи гьаби жидер борч кколилан.


Фермер, агроном ГIабдулкамил МухIамадовас хъутаналда ракь хIалтIизабизе бокьун букIин загьир гьабуна. ГIияе рагIи-хер букIинабизе 20-30 гектар ракьул «Мехельтинский» СПКялъул хъутаналда ижараялъ босизе рес ккелародаян абуна МухIамадовас.


Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул парламентарий НурмухIамад ГIалиевас ракIалде щвезабуна республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас ракь гьеб хIалтIизабулев чиясухъе кьезе кколилан абураб калам. ГIабдулкамил МухIамадовасдаса мисал босун, цоги фермеразги рехун тарал ракьал хIалтIизаруни, хIасилал лъикIал ккезе ругилан абуна депутатас.


Нух битIаги!


«Гумбеталъул нухазул № 10-абилеб предприятие» абураб ОАОялъул генералияв директор ГIалимчилав ГIаличилаевас баян гьабуна гьеб идараялда бугеб бигьаяб гуреб ахIвал-хIал. 2000-абилеб соналдаса цIиял тракторал рачIун гьечIо нухазул гIуцIиялде. Гьединаб басрияб техника букIиналъ, щвалде щун нухал къачIазе ва гьел гIадамазе хIинкъи гьечIеллъун гьаризе захIмалъулеб бугилан бицана ГIалимчилаевас.


НурмухIамад ГIалиев кIалъана Дагъистаналъул Нухазул агентствоялъул бетIер Загьид Хучбаровасде ва борхана рехсараб суал. ДТ-75 трактор бакълъулазул нухазул идараялъе биччазе рагIи кьуна Хучбаровас.


07.12.2016 с.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +168
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook