Авторизация

Макка бахъиялъул турки

МАККА БАХЪИЯЛЪУЛ ТУРКИ

АлхIамдулиллагь, Аллагь, тIолго рецц Дуе буго,

ХIамдлъун бугеб милкалъул Малик Мун тарав гьечIо.

Цинги свалатгин салам Аварагасде буго,

Агьлугин асхIабзаби гьесда кIочон тун гьечIо.

Макка шагьар бахъизе гIилла щибан гьикъани,

ГIин тIамун бихьея, халкъ, бицинин нужедаго.

Аллагьасул Расулас инсул росу босараб,

Сабаб лъазе бокьани, лъай гьаб тIехь киназдаго.

ХIижаз гIарабиязул кIиго кьибил букIараб,

Цояб бану бакрулал, цинги хазагIатилал.

КIиябго кьибилалда цо-цо гьудул вукIарав,

Цоцаде, мех-мех бихьун, хьвади гIадатлъун ккарал.

Цо къоялъ гьав бакрулав, базаралде къасд гьабун,

Божилъиялъ рещтIана жан хазагIатиласда.

Божун вачIарав гьудул хатир хун теларилан,

Цеве лъугьун вилъана яхI бугезул нухдасан.

Тукеналда гIагарлъухъ бакрулазул квешав вас,

ХIетIе жиндир хъущтIидал, ХIабибасде хьандана.

Гьеб хьамиялъ ракI унтун, кIутIун нахъе балагьун,

ЛъикIав хазагIатилас кIалъай берцин гьабуна.

Жиндир керен унтизе квешаб хьами гьабидал,

Кинго ракI хIалхьун чIечIо, хIалалда бакрулав тун.

ХIабибасда рекъечIеб вири-вара бициндал,

Варанидул махIабаз ччухIун лъуна, ццим бахъун.

БетIер бухун бакрулав борхьазе ракьулъги лъун,

Кодоса давла гьабун, дурун рокъове щвана.

Рокъове щун, гIодов чIун, чIужуялда бициндал,

Баркала кьун, квер босун, салам гьабун баана.

Гьединаб гьеб хIалалда квана-гьекъон рукIаго,

Квешаб хабар бачIана бакрулазул бодасан.

Нижер бодул багьаяв багьадур чIван къаникь лъун,

Къо нижеца рукIкIани, къасаблъаги нижер гьан.

Набиясе хIал кьолел бану хазагIатилал,

Боял гьарун къачIана бакрулалгун рагъизе.

ХIабибасде хьандарав хIалихьат чIван чIечIони,

Теларо нуж Аллагьас бокьанщинаб гьабизе.

КIиябгоги боялъул бер цоцада речIчIидал,

Бану хазагIатилаз мугъ бана Маккаялде.

Бакрулазул боялъул кутак цIакъаб батидал,

Аман гьарун рортана хан Абусупяниде.

ТангIималде данде ун, дов Абусупяница,

Жиндехун гIарз бахъидал Маккаялде рачана.

Маккаялъул ханзаби данделъун, диван гьабун,

Дарун-Надваталда тун, божи аман гьабуна.

Гьединаб гьеб хIалалда балъго тIагIатги гьабун,

Бану хазагIатилал берцинго жанир чIана.

Маккаялъул агьлуги, кьер-кьераб квенги гьабун,

Ригь бихьун тIаде хьвадун, хIалае цадахъ чIана.

Гьезул хабар рагIидал, хадубго чабхъен гьабун,

ТангIималда рещтIана бакрулазул аскарал.

Нижер тушбаби хьихьун телариланги абун,

Рахъ-рахъалъан рещтIана Супяниде русулал.

Искандарил сад гIадин маххуца къараб къотIи,

Биххизе разилъана, бакрулал тIаде щведал,

Гьезул чагIияздаса чараго гьечIеб гIадин,

Чучун ккана сардида рицIимахIаби тIерен.

Цеве вилълъун нух бацIцIун, хадур бакрулал рачун,

Сордо бащалъилалде рещтIана ХIарамалда.

Сардида цIогьод унел цIуял бацIал гIадинан,

ЦIаруцIун гъорлъе ана гъапуллъараб гIужалда.

Дарун-Надват абулеб диван рукъалда жаниб,

Божигун аман хвана, хазагIатилал чIвана.

Хиянаталъ куцарал бакрулазул илбисал,

Абусупянгин цадахъ жал мурадалде щвана.

Къурбаналъе хъвехъулел хъахIал куйдузул гIадин,

Хъата-масан къотIана мискинзабазул бутIрул,

Хъвадарулев катибас кагъат басунеб гIадин,

Рас-расана хучдуца хвелалде цере курмул.

Огь, дир каранзул бухIи бахIарзазул хвалида,

Хиял гьечIеб рахъалъан регьун тарал балагьал.

Цинги хIухьладул хехлъи хIал гьабун гъураразда,

ХIабиб хиралъунилан хвалчаца къотI-къотIарал.

Бакъ-моцIалъул гIадинан цIар рагIарал бахIарзал,

ЦIан рехъерхъун рехана авлахъалде хъурмазе.

ЦIар бугел гьунаразул гьел хазагIатилазул,

КIихIиго чи хутIана хIажалъидал харбие.

КIиявгоги багьадур авлахъалде рахъиндал,

Цоцазда зигар гьабун, аскIор рукIун гIодана.

ГIагаразул бидуца партал белъун батидал,

Цо гIенеккун, цоявас ахIун магIу гьабуна.

Аллагьасул къадарал къотIизе кIвечIониги,

Гьаб къадаралъе сабаб живго Авараг вуго.

Къо щварал нахъе толеб гIадатго гьечIониги,

Нилъ руссине рекъараб досул Мадина буго.

Гьединаб гьеб къасд гьабун къварилъи тIаде босун,

Сордо-къоялъ чIечIого рещтIана ТIайбаталда.

ТIайбаталде жал щведал, ТIагьаясул бакI цIехон,

Хваралги ракIалде шун, рещтIана азбаралда.

Сах бугеб гьумералда кIутIун берал речIидал,

КIиявгоги гIодана рахIмат щвеялде хьул лъун.

ХIабибулагь хьвадухъе хьвадулеб нур бихьидал,

Хьолбода гIодор чIана гIагаразухъ ракI унтун.

Пурман кьеялде балан кIалъана кIиявгоги,

Агьлуялъе гьабураб бицана щибабгоги.

РукугI гьабун, какал ран, тIагIаталда рукIаго,

ТIаде кIанцIун, квер биххун, хъвехъана киналгоги.

ГIенекке, ХIабибуллагь, хIакъав Бичасул Расул,

Къварилъи тIаде щварал щиб хIалалда хьвадилел?

Мун какарав бакрулав цо нижерас чIванилан,

ЧIва-чIван ранин сардида, кирехун ниж рилълъинел?

Харбидаса кIиявго ратIалъун хадусала,

Угьун хIухьелги биччан, ХIабиб гIемер гIодана.

Гьезда тIаде бачIараб балагьалъул цIакълъиялъ,

БухIараб магIу чвахун, гIодоб чIабар буцана.    

Гьединаб гьеб кIудияб балагь тIаде бачIиндал,

Макка агьлуялдехун аман гьарун кин инчIел?

Гьеб залимаб къавмалъул заралалда хIинкъидал,

Абусупянидехун ахIи бан кин рортичIел?

Макка агьлу гуреца гьаб нижее гьабичIо,

Абусупян таравас тущбаби тIаде гъечIо.

Божи гьабун хадуса хиянат ракIалде ккун,

Хвезе гьарун гурого гьел рокъоре руссинчIо.

Цоцада хъатги кьабун цингиги Аварагас,

Маккаялде балагьун ахIун гьаракь гьабуна.

ХIалихьатал гьунарал хIалхьезегIан гьареян,

Абусупянидехун ццин бахъун гаргадана.

АбулхIасанги ахIун, кагътал хъвана кирего,

Кагъат щун хадусала щва диде тIадейилан.

Гьал хазагIатилазе къисас босун гурого,

КъватIив вахъун хадуса нахъе вуссинарилан.

Шагьру рамазаналъул тIоцебесеб къоялда,

РачIине байбихьана баркат бугел аскарал.

Рамазан бащалъараб замана бачIинегIан,

РачIунелго къотIичIо къогин сардил сагIаталъ.

Данделъарал боязул хIисаб лъица гьабилеб,

ХIал бугеб аскаралъул сияр кинан бицинеб?

Мурадисил ГIабасил, ХIассиниде тIаде ун,

ХIал бихьараб лъачIесул керен кинан лъикIлъилеб?

Лъабкъоялда анцIила кIиго цевехъанасул,

АнцI аза-азаргIаги къулдабазул бо гIуна.

Къвал бан гъалбацIал кколел гъазизабазул чуял,

Чабхъен гьабун, махх букъун, Мадинаялде щвана.

Мадинаялде щведал чуяздаса рещтIана,

Чадралги чIван киналго рагIалда гIодор чIана.

Лачен тIаде щвелалде тIанчIазул берал гIадин,

Мухтар вачIунеб нухда балагьи даимлъана.

Мухтарасул рокъобе бодул хабар рагIидал,

Къокъана хехго тIаде асхIабзабиги рачун.

Аллагьас квегъун кьураб бодул кутак бихьидал,

Хьимун велъун вохана, Бичасе щукру гьабун.

Мугьажиразда аскIор ансариял херхана,

Хазражгин дол авсилал ахIун данде гьаруна.

Надул ягIсуб гIадинан асхIабзабазда цеве,

Анлъабго рахъалъ нур бан, Авараг тIаде щвана.

Аварагасул къокъа къачIан тIаде щвелалде,

Къулдабиги тIад ретIун, мухъал гьарун рахъана.

Мухтарасул камиллъи киназдаго бихьидал,

Накабазда хIал гьабун, хIатIикьа ракь баана.

Зобалазде хъатал ккун, дугIа жинца гьабуна,

Гьаб дир баркат бугеб бо давла щун бохагиян.

Гьеб жиндир дугIаялде бодуца амин абун,

РигьтIа нахъе вуссана хекко къачIазейилан.

Хъатамасан рокъов щун, къачIазе къасд гьабуна,

Гьаракь берцинав Билал ахIдезе тIамун ана.

Зулпукъар ГIалихъе кьун, къазиб ГIумарихъе кьун,

КъотIи цIакъаб цо хвалчен жиндагоги борчана.

Рукъалъул агьлуялда къо лъикIилан абуна,

Къварилъи тIад батарал тархъан гьарун риччана.

ХIажалъидал жиб балеб зобалазул цIад гIадин,

Пашманлъарал рухIазул хIалал хьезе гьаруна.

ГIажаиблъи, хIикмалъи, ХIабибасул гIакъиллъи,

ХIал квешал тушбабазде досул доб бахIарчилъи.

Жаниб рекIел цIодорлъи, кIал мацIалъул пасихIлъи,

КIудавщинав чиясул досиесеб мукIурлъи.

ГIали, ГIумар, ХIамзатил досда аскIоб загIиплъи,

Зубайрил гьунаралъул гьавгин цадахъ хIакъирлъи.

Валидил вас Халидил, дов вихьидал хараблъи,

ДихIятул Калабилги данде ккедал коцокълъи.

АхIламул бариятас ХIарам бахъулеб лъайдал,

ХIатIиб абурав асхIаб ватIалъун рокъов ана.

БатIа-батIаял боял ТIайбаталде рачIиндал,

БатIхIаалде битIизе балъгояб кагъат хъвана.

Кагъат кодоб битIизе кисандай чи щвелаян,

ХIисаб гьабун, хIал хисун, ХIатIиб къватIив вахъана.

ХIабиб тIаде щвелалде щулалъун чIечIонани,

Щиб къодай бихьилаян къурайшияхъ гIодана.

Маккаялда йижарай, жамалалда рекIарай,

Жарадатан абурай цо чIужу тIаде щвана.

Мадинаядда ругел гIагаразде балагьун,

ГIемерай кватIичIого, нахъ юссуней ятана.

Жарадатил xIyp бихьун ХIатIиб тIаде вахъана,

ХIал бицараб цо кагъат гъалалъ хьухьун битIана:

“Мадина гьаргьадулеб чуязул боги бачун,

Чабхъен гьабун, Авараг нужехъе унев лъана”.

Балъго гьабун рисалат босун щвезабуралъухъ,

Меседал кодоре кьун, нух битIаян йитIана.

Нухлул халалъиялда варани юргъизабун,

Гъалазда гъорлъ гъара лъун, ургъел тун нахъ юссана.

Жиндирго гIакълуялда къваригIел тIубазабун,

ТIадвуссун рокъов щвана мискинаб хIалалъ ХIатIиб.

ХIатIибил хабар босун тIасан ЖабрагIил вачIун,

Жив ургъалилъе ккана СултIан МухIаммад ХIабиб.

АбутIалибил ГIали, ГIавамил вас Зубайир,

Гьaшимияб гIашират ахIaнa Аварагас:

Хадур ун, я асадал, ккве нужеца Жарадат,

Нилъер дин босичIони, гьечIин долъие халас.

ХIатIибица гьабураб хIиллаялда тIад рекъон,

Къокъун ана Жарадат, жаза данд битIун гьабе.

Бичасул ХIабибасе хIилладуй хъвараб кагъат,

Гъалалда кваличIого, кодобе кьеян абе.

Лабайкилан жаваб кьун, жив кIиявго вахъана,

Жидедаго малъараб цIакъ разилъун гьабуна.

Хирияв вацгIаласухъ гIазизал pyxIал ричун,

Тулпаразул квелъ чучун, байдан къотIун къокъана.

Рехун араб чIор гIадин хадур гъурал лучнуца,

Мухтарасул хIакъ тIубан, нухда Жарадат ккуна.

Аварагас бицараб цо сирруялъе гIоло,

ГIалица изнуги кьун Зубайир гаргадана.

Зубайрица чIухь биччан кодоб кагъат батичIо,

Жарадатил макруялъ квегъана Абулкъарму.

Макру гьаби захIмалъун, Зубайир гукки бакIлъун,

КIалъана АбулхIасан, гьабуна чIвазе гIазму.

Риче гъалал, Жарадат, чучун кканин мун нижей,

Чарамул хвалчен кьабун, кIи къотIун рехичIого.

Бахъе гъалалъа кагъат, лъан бугебин нижеда,

Ккве дуца АхIмадил дин, дурго pyxI бахъичIого.

– Я, дир кIудияв Сайид, садатазулги амир,

Гьаб дир балъгояб хабар дуда кинан бицараб?

ХIатIибилгун данд бараб диваналде ваккизе,

Дудагойищ хIал кIвараб, ХIабибасищ бицараб?

– ГIазаб кьеяй, Жарадат, божуларей мун кинай,

Жабраиласул саййид нижер Аварагасда.

Малаул агIлаялда гIаламат расихлъарав,

Исрапиласул саййид СултIан МухIаммадида?

Исламалъул жадуца жаниса ракI цIезабун,

Мехтизаюн Жарадат жиндирго нухда ана.

ХIатIибица битIараб рисалат кисиниб лъун,

Жалут чIван Давуд гIадин, давла щун нахъ руссана.

Кагъат кодобе щведал кинабгоги жамагIат,

Жиндирго масжидалде ахIана Аварагас.

РачIун данде щванщинал щуш бан, кIалъан лъугьана,

Щиб гьабизедай руго данде ахIарал нилъ ас?

РачIун чагIи тIагIиндал минбаралде вахана,

Аллагьасе рецц гьабун тIоцеве гаргадана.

КIиабизе жиндирго даражаби рицана,

Лъабабизе халкъалда хитIаб гьабун кIалъана:

– Айюгьаннас, гьал чагIи, нужодайин дун вугев,

Дир мурадалде мункир, вахъа эхеде, лачен.

Аллагьасул Расулгин рагъ гьабизе бокьарав,

Щив бахIарчи гьевали, бахъе къватIибе хвалчен...

Киналгоги бахIарзал цоцахъ балан хIинкъана,

ХIатIибил керемалда аклаталъ ругънал лъуна.

Аллагьас Расуласда балъгояб бицунеблъи,

Куллу вахIидасдаго хIакъикъаталда лъана.

КIалъачIого вукIани, лъан тIокIкIарав Авараг,

КIалъан калам гьабуни, релъанхъулел гIадамал.

КIиго балагь тIаде щун, гьоркьов тIамураб мехалъ,

Гьабилесеб жо тIагIун хутIана ХIатIиб-батIал.

– ХатIалъанин, Авараг, тIаса лъугьа дидаса,

ХIатIиб дуй къурбанлъанин, хъве дуца дурго квералъ.

Юсуп аварагасул инсап тарал вацазда,

Цере чIун мукIурлъидал, гурхIанин хIалимлъиялъ.

Берзул мaгIy гIедерав гIаламалъулго парчахI,

Чвахун унел бералгин, балагьана ХIатIибихъ.

– Самавияб хIукму щун, ихIатIат дирлъизегIан,

ХIал хьезе гьабе дурго, гьечIин ихтияр нилъехъ...

АсхIабзаби гIодана, гIадамал зигардана,

Равзаялъул жамагIат гIакълуялдаса ана.

Пашманаб хIал тIаде щун, ХIатIиб рокъове ана,

Рукъалъул агьлу ургъун, къан хIобода вухьана.

ЧIалуе хIал кьун чIараб хIуби гIадин цIан витIун,

ХIатIибица биччана вакъун-къечон замана.

Гьесул загIиплъи бихьун, гIалимзабиги ритIун,

Йокьулей чIужуялъул чIезесеб бакI лъугIана.

Аллагьасул рахъалъан, ХIатIиб хвасарлъанилан,

Мухтарасул рокъобе рохалил хабар щвана.

Цеве ГIалиги гьавун, гIалимзабиги ритIун,

ХIатIиб хвасарлъиялъул, рохел бицун виччана.

Гьанже хадуб гьардарас гьабуна бодул низам,

Аллагьас жиндидаго илгьам гьабураб куцалъ,

Кинабго бода цеве Мурадисилав гьавун,

Багъаргъун биччан тана, цо гъапулаб сагIаталъ.

Багъаргъун унеб чабхъен гъалбацIазда бихьидал,

Гъазизабазул махI лъан, хIинкъун лъутизе лълъвана.

ХIабибулагь, Жанмурад бодул бакьулъ вихьидал,

Рокьи гьабун, нахъ руссун, сверун чIун балагьана.

Бану салимилазул азарго рекIарасе,

Саламат кьибилалъул ГIабас бетIерлъун тана.

Манинатан абураб цогиги тухумалда,

Мазанияв Мунзирал НугIман наиблъун тана.

Бану тамимилазул ч IухIараб къукъаялъе,

Жидерго жаниса жан ХIабисил АкърагI тана.

Бану хIумайрилазда, жиндир суратги гьабун,

Жабраил вахIюлъулев ДихIятул Калаб тана.

Бану кандатилазул кутак бугеб боялда,

Багьадурлъи камилав Асвадил Микъдад тана.

Бану назирилазда Музарил лъималазда,

ГIабдуягьусил валад ГIатIият тIад гьавуна.

Хазражгун авсилазул ансарияб кьолбода,

Кьалда жанив лебалав Абул-Гьайшам гьавуна.

Цинги Хазражилазул цойгиги боялда тIад,

ТIагьаясе жив вокьун, Жабир абурав тана.

Бану гьипарилазул гъалбацIазе амирлъун,

Гъорлъе жуван жив унев Абузарар гьавуна.

Бану сакъипилазул абтIалазе имамлъун,

ИбнумагIсуд абурав гIелмудал керен тана.

Сапикъилазул къокъа къачIан тIаде щвелалде,

Ясарил вас ГIаммаргун бану гIабасал щвана.

ГIаммарил квералдасан кутакаб гьунар лъугьун,

ТIолго халкъалда жаниб бакъ гIадин загьирлъана.

ГIабдулманапилазул гIакълу бугеб къавмалда,

ГIабасил вас жан битIрикъ Пазлу бетIерлъун тана.

Гьашимияб къокъагун къурайшияб бо бачIун,

ТIолгоязе имамлъун АбулхIасан витIана.

Лъабкъоялда анцIила кIийиде бахинегIан,

Гьаб тартибалда буго боял гьарураб хIисаб.

Балагьарал гIадамал гIажизлъулеб куцалда,

РикIкIун араб хIал бицун кIалъана дуда китаб.

ТIайбаталдаса рахъун цо кIкIалахъе щвелалде,

ТIад гIунтIулел рихьула байрахъазул цо боял.

Мурадисил ГIабасил гIакълуялда нахъ рилълъун,

Багъарун араб хIуралъ бакъул нур свинабурал.

Расуласе салам кьун, рекIун щварал рещтIана,

РекIаразул кIудияв Мурадисилав щвана.

Цо дагьав гьесда цеве ХIассин абурав наиб,

АнцIго гьалбацIги бачун, гъорлъе вачIарав лъана.

ГIабасил бо щваралъуб щуго байрахъ букIана,

Щуялъулго бищараб жиндирго квералъ ккуна.

КIиабизесеб байрахъ Сапваница босана,

Лъабабизесеб байрахъ ЗахIагил кодоб кьуна.

Ункъабилесеб байрахъ Зайидица босана,

Зарар квешаб къавмалда, кIал гьикъун, цеве чIезе.

Щуабилесеб байрахъ ХазагIатилас ккуна,

Хвалдаса хIинкъичIого хIал квешал чагIи чIвазе.

Байрахъал парпазарун парисиял гъалбацIал,

Гъунадул бакънал гьарун, шигIру ахIизе лъвана.

Берцинаб сарин ахIун, Авараг вохизавун,

ВадигIаспан абураб цо бакIалде рещтIана.

МухIаммадил квералда камилаб салам гьабун,

ТIолго азнавурзаби эхеде рахъун чIана.

Дур кьерилав ГIабасил анцIазарго бо гIедал,

АнцIилъ хIасрулъиялда ХIассиниде кIалъана.

Капураб заманаялъ, кутакаб боги бачун,

Кибехун рагъ кканиги вагъизе унев ХIассин.

Исламалъул нухалда Аллагьас тIовитIидал,

АнцIго чи цадахъ гьавун вачIине нечечIев кин?

Цингиги гIодилаго ХIассин цеве лъугьана,

ХIабибасул квералда салам гьабун баана.

Дир бицараб рагIуда гIин тIаме Мухтарилан,

ГIодовехун гIенеккун, гIузру бицун лъугьана.

– Мун халкъалде рахIматгун витIарав АллагьасхIа,

ХIассинида дур ахIул баянаб хабар лъачIо.

Лъарабани, Авараг, дирги улка-ракьалъул,

Къоазаридасаги тIокIлъичIеб бо букIинчIо...

ХIассинил боялъеги, бодул хвалчабазеги,

Цебе хъат ккун Мухтасарас лъикIаб дугIа гьабуна.

ДугIа гьабун Авараг рокъове инеги тун,

ГIабасил хIасад бергьун, хIал бихьун тIаде ана.

ГIабас тIаде вачIиндал кIодо гьавизейилан,

КIутIун тIаде вахъана, бахIарчи – лъикIав ХIассин.

Дур кIодо гьавиялде дун хIажалъун гьечIилан,

ХIассинида ццин бахъун, загьир гьабуна батIин:

– ХIабибасда аскIов мун, бо гIемерлъиялдалъун,

ГIабас балан вукIаго, кIалъазе бегьиларо.

БахIарчилъи бергьарав Мурадисил васасда,

Данде парислъун чIезе дур пурсат рекъеларо.

– TIaгIca лака, я ГIабас, дуе басралъи щваяв,

Дун гIадинасдайищ мун гьаг гьавун гаргадулев?

ХIассинил цохIо хвалчен, дуеги дур бодуйги,

Данде гIунги тIокIлъилин, тIаде кин вахъунарев!

– Аллагь, Аллагь, дир вакил, гьалаглъун хваяв ХIассин,

Хандакъалъул къояца лъарав дун гIадамазда.

ТIолго церехъабазул ракIал хIинкъараб къоялъ,

КъвекIаб цIум гIадин чIарав ГIабас вихьарав дуда.

– Те дуца жибго, ГIабас, гIадада хвараб рагIи,

КигIан мун кIалъаниги, кIоларин божун чIезе.

Рехсоге дуца дие хандакъалъул хабарал,

ГIалил хвалченалдаса мунго лъутарав лъазе...

Цинги кIудияв ГIабас борхалъудеги вахун,

АхIун гьаракь гьабуна данделъараб боялде:

– ХIассиница абураб ургьимес хвараб рагIи,

АхIизин нужедаго рахъа киналго тIаде.

ГIалил хвалченалдаса хIинкъуларев бахIарчи,

ХIарамлъаги ячарай, дир бералда вихьичIо.

ХIайдарида данде ккун, мугъ баларев багьадур,

ЦIар ккаги чIужуялъул, рагъда жанив ватичIо.

ТIолго бодул бахIарзал цойидасан кIалъана,

ХIассиниде гIайиб цун, ГIабас ритIухъ гьавуна.

ГIаликьа хIинкъун лъути гIайиблъулеб батани,

БахIарчилъун рикIкIине чи гьечIилан ахIана.

ГIалил гьунарал рикIкIун нилъ цере рахъинаро,

Лъугьанщинаб бицине мацIалда хIалкIвеларо.

Бицине кIвар бугелъул, кIиго-лъабго рехсани,

РакIалда лъай бугесда лъачIого хутIиларо.

Хайбаралда гьавурав ягьудияв МархIабил,

ГIамру абурав улан кIихIи къотIун рехана.

ГIамирияб кьолбода лъугьарав цоги ГIамру,

ЧIван, тIаса ччукIел бахъун, нахъвуссун тIаде щвана...

ХIассин, чодрониве ун, чуги кьолон рекIана,

Чарамул ярагъги бан, вагъизе къасд гьабуна.

ХIал бихьараб хвалчен бан, хIижазияб чу рекIун,

ХIадураб асад гIадин, данде ГIабасги ана.

Рохьор гъалбацIаз гIадин, гъварарал гьаркьал гьарун,

Такъия къулдабигун, данде кIиявго щвана.

Балада би бетулел балагьалъул хвалчаби,

Рахъун, цоцада кьабун, къиямасеб къо чIана.

Цоцаде сарин ахIун, сунареб рагъ гьабуна,

Сверун ругел боялги балагьухъе хутIана.

Чодрохъе гьаракь рагIун, ГIалиги цадахъ вачун,

ХIабибулагь тIаде щун, батIа-батIа гьаруна.

ХвечIого хутIиялда кIудияб щукру гьабун,

КIиясулго кверал ккун, цоцада цузаруна.

Исламалда куцидал, капураб гIадат гьабун,

Квеш хьвади жибго теян, вагIза-хабар бицана.

Цинги курмул цузарун, цоцада къвал базабун,

Рекъезарун къавутIе, вацал гьарун, ритIана.

Даимаб гьудуллъигун гьуинаб рекъел лъугьун,

ХIабибасе хIалги кьун, рагъда цадахъ хьвадана.

Гьанже ГIаспаналдасан къокъана цебе къукъа,

Къулдаби тIад ретIарал, бакъул нур босун унел.

Къокъабазда церехун гьаруна аздагьаби,

Ццин бахъун тIаде гъуни, гъалбацIал тIутIун ралел.

Гьединаб гьеб хIалалда, унеб бакI бицинчIого,

Пирхараб пири гIадин рещтIана ЖухIфаталда.

Малайкзаби данделъун диванал гьаризегIан,

Лъабго сордо-къо бана Микъаталъул бакIалда.

ГIемерисеб боялда унеб бакI бичIчIичIого,

КагIбул Малик витIана ТIагьаясда гьикъизе.

Маккаялде унеблъи хIаладе балан бичIчIун,

ХIадурго тIаде щвана бода рохел бицине.

Цингиги Мухтарасул магъущ ахIдезе лъвана,

Маккаялде балагьун боял рагъарейилан.

РабигI, ЖухIбат жибго тун, Микъаталдаса рахъун

Бакъани мех щвелалде щва нуж ТангIималдеян.

ГъутIби чIвазе бачIунеб мачIаб накIкIул цIер гIадин,

ЦIар бокьарал васаца цIана чIахIиял боял.

ТангIималде гIагарлъухъ, ГIаишатил масжидухъ,

Сверун лъугьун рещтIана ХIабибасул аскарал.

Найил зузуй гIадинаб, зобалазде бахунеб,

Хиямада жанир чIун тасбихI-тагьлим гьабуна.

КIи-кIи, лъаб-лъаб цIа бакун, чадрал гвангъизареян,

Жабраилул амин щвей Аварагас бицана.

Цояб мегIералдаса цогиялде ирга щун,

Бакараб бодул цIаялъ гвангъана мугIрул-щобал.

Дунялалда рагIичIел гIаламатал рихьидал,

Тункун ургъалил цIуна иман гьечIезул ракIал.

Данделъарал сараял Супянида рихьидал,

Сирруялда рикIкIана шакваялъул шигIраби.

БецIаб сардилъ ракарал цIаязухъ хал гьабидал,

ХантIан кьерги босун ун, сорозе лъвана лугби.

Искандаралъул малик, мисри-къибтIазул къутIбу,

Мукъавкъисил хIал ани, хIинкъилароан дир ракI.

Лавул СибтIил бо ани, ТIибраниялъул парччахI,

ТIутIун инароан таж, телароан тах, мулк, бакI.

Шамгин АнтIакияталъ тIад гьавурав Гьирикълил,

Гьал боял ругелани, ургъелго ккелароан.

ГIажам, ГIиракъ, пурсазул Кисри Ануширванил,

Шавкат кодоб кьуниги, кIварго гьабилароан.

Румазул хан Къайсарил къасд диде бугеб ани,

Къарал бералги рагьун дун валагьилароан.

МухIаммадан абулев вахIю рещтIунев Сайид -

Сорон ккана дир лугби, долгун ватилевилан.

Абулкъасим маликлъун Мукъавкъисица кьураб,

Бугълаталда тIад рекIун, вагъаргъун ана ГIабас.

Ругьел бан чи витIизин гьашимияб кьолбоде,

Бергьун тIаде щун вугин дир вац ГIабдуллагьил вас!

ГIурцIмадаса гIодов лъун, ГIабас гIенеккун чIана,

ГIарабияб кечI ахIун Абусупянги щвана.

КIиго нукарги вачун, мунсиринаца витIун,

Мадиналде къасд гьабун, къаси тIаде вачIана.

ГIабасгун Абусупян – басриял гьудулзаби,

Цоцазе якъинлъидал, къвалал жемун хурхана.

Хадуб хъваяб гьудуллъи, гьитIинго ккараб рокьи,

Миллатал хисаниги, холареб букIин лъана.

КIиявгоги гьудулас калам-кIалъай гьабуна,

ЦIадул, бодул хабарал цIехон баян босана.

Ярагъ-матахI кодоб ккун, нукарзаби нахъе гъун,

ГIабасиде балагьун Абусупян кIалъана:

– Я, дир кIудияв ГIабас, ГIабдулмутIалибил вас,

Гьав дур вацасул васас кибехун гьаб бо цIалеб.

Гьал кIудиял боязул дидехун къасд батани,

Дир гIазизаб pyxI дица кибехун лъун цIунилеб?

– Я къурайшазул хIама, ХIарбул гIакълу гьечIев вас,

ХазагIатилал гъури гъаралъун ккараб дуе.

Дир вацасул васасда дур батIулал жал рицун,

ТIасан Жабраил вачIин гIечIо дие рекIее...

– Дур вацасул васасда балъгояб жо лъалеблъи,

ГьанжелъагIан, я ГIабас, лъазе хIал кIвечIо дида.

Дунялалъул гIатIилъи къварилъун кканин дие,

Дур лъикIаб гIакълудал квелъ бай дирги бетIералда.

ХIабибасул гIурцIмада цIан вахъун ХIарбул вас лъун,

ХIинкъадго ана ГIабас Аварагасда тIаде.

Абусупянил махI лъан, ХIайдар чодрохъан ваккун,

Гьабуна зарпаб гьаракь, чIа мунан Дулдулалде.

ГIалил гьаракь рагIидал, гIурцIмадул къуват хвана,

Абусупянгин ГIабас гIодоре рортун ана.

Пунщун араб хIохьелалъ, рохь цIа гъун бухIиледухъ,

Ццин бахъун, АбулхIасан хIадурго тIаде щвана.

АбулхIасан тIаде щун кIалъай гьабилелдего,

КIиявго гIагарлъана гIакълуялдаса ине.

ГIабасил тIагъур бахъун, хъахIаб бетIер бихьидал,

ГIалица халас кьуна Мухтарасухъе ине.

Аварагасда аскIов Абусупян вачIиндал,

Исламалде ахIана, би хIалаллъунгутIизе.

ХIалалъ кIал мукIур гьабун, ракI цадахъ хьвадичIого,

Нифакъалда къвалги бан, къокъана ахIи базе.

Цинги Аварагасда досул мунафикълъи лъан,

Жиндирго гIурцIенги кьун, ГIабас хадув витIана.

Мун хадув гъолеб мехалъ хвалчада квалквадани,

Я, АбулхIасан, абун ахIейилан малъана.

Абухъе хадув къокъун, Абусупян къан ккуна,

Къараб чалмаги бичун кIигъуждулъан вухьана.

Аварагасул аскар кIал гьикъун кIалъазегIан,

Нухда тIадехун вачун, тIил гIадин чIезавуна.

Цинги Расулуллагьас боял данде гьаруна,

Бодул церехъабазда амру-нагью гьабуна.

Абусупян какараб, Расулуллагь веццараб,

ШигIру ахIун цересан къотIун аян малъана.

Цебесеб тартибалда, тамашаяб куцалда,

Киналго бутIрул ана Аварагасда цере.

Жиде-жидер бутIрузде мутIигIлъун, хадур рилълъун,

БатIарикъалги ана Супянида бадире.

Сахрул гьумер-кIалалде байрахъал гьесизарун,

Унел боял рагIани, берал гьечIел гIодила.

РахIматалъул Авараг унеб сипат бихьани,

Рахъун, мехтун, хIал бергьун, хIатIал гьечIел кьурдила.

Гьаваялдасан унеб хIинчI хIулулеб бакънаца,

ХIарбул Сахрул каранда квешал ругънал гьаруна.

Капураб аскар цIалев АбухIанзалатида,

ЧIухIараб буртузул бо бергьун цебеса ана.

Къокъаби тIагIун хадуб, цодагьаб мех иналде,

Борхана тIаде цо xIyp тIолгояб кIочон тараб.

XIyp бикьиялде балан бакьулъе хал гьабидал,

Батулил бетIергьанчи вуго дов Абутураб.

Абутураб абулеб ГIалида исму буго,

Батулги досул чIужу ПатIиматил цIар буго.

БухIараб хIухьел буго, ахIулеб шигIру буго,

Чодул кьолода жаниб кьурдулеб чIухIи буго.

ЦIадул цIвагIан багIараб кIиябгоги бер буго,

МагIарзухъан бурулеб, накIкI гIадинан кIкIуй буго.

КIудияб бетIер буго, риццатал хIатIал руго,

Риз баккараб рохь гIадин, тIад чIегIераб рас буго.

Эхеде балагьани, борхалъи хвезабула,

ГIодовехун вуссани, дунял хIакъир гьабула.

АбтIалазул хвалчаби махсароде гуккула,

Ханзабазул улка-ракь ирсалъе бахъун кьола.

Бергьарал аздагьаби басра гьарун квегъула,

Кутак бугел гъалбацIал тункун цере къотIула.

РакIалда нипакъ бугел гъаза гьабун гъурула,

КIалалда инкар бугел асир гьарун рацIула.

Бадире ралагьани, гьайбатлъи-камиллъиялъ,

РухIал рахъулев вакил Малакулмавтин ккола.

Гьаркьиде гIенеккани, гIинзуниб зунун иналъ,

НакIкIуе гIазаб кьолев РагIдул малайкин ккола.

Жиндир кIиябго квералъ цо-цо байрахъ ккун буго,

Чода тIад чIун хIатIаца бухъун балеб ракь буго.

Жинда релълъарав гъалбацI дунялалда лъугьинчIев,

АбтIалазулги бетIер МуртазагIали вуго.

Рехсараб гьаб сипатгин СултIан ГIалиги ана,

Абусупянил лугби сири щун тIуртIудана.

Цо дагьаб мех иналде борхатаб хIурда жанив,

ХIайдар кIочон тезавун МухIаммад тIаде щвана.

Хадуб бугеб боялъул хIисаб-низамго гьечIо,

ХIабибасда нахъгIунтIи Аллагь гуресе гьечIо.

АбулхIасанил къвакIи, ХIайдарил бахIарчилъи,

МуртазагIалил гьунар ТIагьаяс кьечIеб гьечIо.

Мухтар вачIунеб мехалъ цадахъ рекIун рачIарал,

Малайкзабазул боял рикIкIине хIал кIвеларо.

ХIабибасухъ балагьун чIарал хIурулгIинзаби,

Нусазарго ясалъухъ гьезул цо рас кьеларо.

Гьаваялда хIанчIаца данделъун мухъ гьабула,

Гьашимил Башириде шигIру ахIун цIалдезе.

ХIутI-хъумургиму женал жанир ургъун рекъана,

ХIабиб жидехъе щведал жергъен кьабун кьурдизе.

ТIолго хIурулгIинзаби зобалазде рахана,

ГIаишатил вокьулев жидедаго вихьизе.

Фирдавсалъул мусудул Сидраталде рахана,

Хадижатил росасул сурат берцинлъи лъазе.

Макка бахъулеб къоялъ, къана чIегIераб чалма,

Жиндир сиядаталде далалатлъун букIине.

Чалмаялда рекъараб тана эхебе цо рачI,

Сиядаталде балан бергьарав вукIин лъазе.

ХъахIаб чалма жибго тун, чIегIераб чалмаялъул,

ГIаламат, хIикмат буго, хIинкъа мун, Абусупян.

Жиндир тIанчIи гъурараб гъалбацI гIадин ццин бахъун,

Анин Авараг духъе, лъе иман, гьаре аман.

БагIараб гIакъикъалъул, гIурччинаб дибажалъул,

Ункъабго бокIоналда Къуръаналъул хатI хъвараб.

Жавгьар-якъут бекьараб, накъиш гьабун хьухьараб,

Жиб бихьарал беразе бакъ гIадинан гвангъараб.

Нажашияс битIараб гIажаибаб цо байрахъ,

Цогидал байрахъалгин, борхана гьаваялде.

Ункъабго рахъалдасан анцI аза-азар богин,

Ункъо малаик щвана Аварагасде тIаде.

Нажашияс битIараб байрахъ тIибитIун биччан,

ТIаде балагьун шигIру ХIассиница ахIана.

ШигIруялъул балагъат маблагъалде бахиндал,

Мухтарасул такбиралъ малайкзаби тирхана.

БецIбагIарал чуязул богун Жабраил вачIун,

ГIасакиразул бакьулъ Расулги къокъун ана.

Эбел-эмен лъан хадур лъимал угьдулел гIадин,

Авараг тIаде щведал Абусупян гIодана.

Супяниде балагьун дагьав хьимун велъана,

ДугIа гьабун, хIеренлъун, гурхIизе къасд гьабуна.

ГIабасидехун абун, асир вичун виччана,

Ургъел тIаде щвелалде иманги лъун витIана.

Маккаялда гъоркьехун КъугIайкъигIан абулеб,

МугIрул кварчIада бугеб Куда абулеб нухалъ,

Халид абурав асхIаб, хвалиде гIищкъу бергьун,

Хвалчен бахъун вортана нахъ вуссинареб хIалалъ.

Халидил хабар рагIун, ГIикраматан абурав,

Абужагьалил цо вас вагъизе данде лъвана.

ГIикраматил квенчIел ккун, ГIамрул Сагьлу данде къан,

Къайсил ХIаммад аскIов ккун, Сапванги цадахъ ана.

Жиндир насихIаталде тушбаби руссинчIелъул,

Халидил хиял лъуна гъеж гурун гъорлъе ине.

Халидил бахIарчилъи жидедаго бихьизе,

ХIурулгIинзаби ана, зодосан балагьизе.

Кьолоде тIаде гьетIун, гьаракь кIудияб биччан,

Векерун гъорлъе ана кваназе унев гIадин.

Капуразул горбода квер гьорозегIан кьабун,

ГIикраматил цIуяб бо, хъамуна цIани гIадин.

«Аман, Халид!» ахIана хIал бергьараб мехалда,

«КигIан нуж ахIданиги, аман дица кьеларо.

Аллагьасул Расулас амру гьабун бахъараб,

Хвалчен лъалиниб лъезе, Халидида лъаларо».

КIицIул тIаде ритIарал Расуласул русулал,

КIалдир мацIал хилиплъун ахIдана Халидиде.

Лъабкъоялда анцIго хан чIван къватIахъе рехидал,

Къурайшазул садатал рортана ХIабибасде.

ГIемер ниж квешлъаниги, гIагарлъиялда гурхIун,

Халидил хвалчадаса хвасар гьаре, МухIаммад!

Шамалда тIагIун гIадин, тIибитIараб дур кьалалъ,

Кьолбода цIа гъун бугин, свинабе дуца, АхIмад!

Къурайшияхъ ракI бухIун гIемерав гIодилаго,

ХIасан-ХIусенил эмен ахIун тIаде вачIана.

Халид хилиплъун кканин, хвалчен кодоса бахъун,

Нахъе квералги рухьун, вачейилан витIана.

АбтIалазул бутIрузда ругънал гьарулеб гъалбацI,

Мухтарасдаса хIинкъун вортана Халидиде.

Бичасул Аварагас амру гьабураб куцалъ,

Асир гьавун, ккун вачун, щвана кIиявго тIаде.

Мискин Халид хIинкъана, ХIабиб къварилъун ккана,

РитIарал чапарзаби тIаде ахIун кIалъана.

Рагъ тейилан ахIизе дуца ритIанщинахъе,

ХIакъаб кIочон, кIалдиб мацI мекъса сверун батана.

ТIасан вахIю вачIана, хIакъикъат бицун кьуна,

ХIабибасе Халидил хилиплъунгутIи лъана.

УхIудалда ХIамзат чIван къварилъи щвараб къоялъ,

Гьабун, кIочараб къотIи ракIалде щвезабуна.

КIочон тараб вакъигIат бицун кодобе кьедал,

Аллагьасе рецц гьабун, суждаялда жив ккана.

БетIер тIаде борхидал Халидилан ахIана,

Абу Сулайман абун тIокIцIаралда кIалъана.

Лабайкилан жан Халид векерун тIаде ана,

Каранде къан, ХIабибас баун салам гьабуна.

Дуйги дур боялъеги давлат даимлъагиян,

ДугIа гьабун, Халидил ракI бохизе гьабуна.

Маккаялъул кIалгIаби малайкзабазул цIуна

РакIалда инкар бугел бакI-бакIалде рехана.

Абусупянгун цадахъ ислам бокьанщинав чи,

Аварагасде рачIун, бусурманлъун руссана.

Маккаялда наиблъун Абусупян гьавуна,

Иман лъечIев квешасул, керен сунн, ракI бахъана.

КагIба рукъалъул нуцIби рагьун жанив лъугьана,

Жанир ратарал хъанчал рахъун къватIире рана.

Гьаблул агIла абулеб кIудияб хъанчидасан,

ГIалиде данделъана марадатазул боял.

Аварагас малъараб дугIа жинца гьабидал,

Дунялахъ рихун ана гIирпитазул аскарал.

Жиб бижаралдасаго би гIодоб тIечIеб ХIарам,

Бидул гIорал риччана ХIабибасул хвалчаца.

Цо чиясда ругъун лъун, гъара лъугьинчIеб Макка,

Гъурун вабаъ биччана асхIабзабазул боца.

Хъанчалъе лагълъи гьабун хъублъи ккараб КагIба рукъ,

Каримасул хвалчаца чурун бацIцIад гьабуна.

Чорокаб гIамал гьабун, гIадада хвараб Макка,

ГIалимзаби жанир тун, дарсал цIалун гIуцIана.

ГIадлу-диван тIибитIун, тIавафул вадагI гьабун,

Маккаялъул къавмалда къо-лъикIилан абуна.

ГIасакирал хадур цIан, усарал цере къотIун,

Ансариялгун ТIагьа ТIайбаталде вуссана.

ХIабибасул хIакъалъулъ хIалкIун бессараб сарин,

ХIакъикъат бичIчIичIого чIоразе гIужлъун гъоге.

ГIали-хIажияв ургъун рекъараб гIажам мадихI,

ГIараб гурилан абун, мугъалде нахъе ккоге.

БидгIаяб жо бугилан бадигIалде абуге,

Бардатул мадихI лъалес лъачIесе кици тIаме.

ТIагьаясул гьунарал гьоцIолъун ккарав чияс,

Цо дагьаб кIалдиб хъвани, хъантIун гIемер чIамила.

Ахир холеб къояца эменлъарав дир саййид,

Аиматазул хатим, халкъ сверун лъвараб КагIба.

Шамил АхIмадил гъазилъиялде дунги ваче,

Хварал гIадамазулги гIемерал вацал руго,

РакIалде щун гурого кIалалъ рехсон лъунаро.

Юсупил МухIаммадги ХIайдарбег-хIажиявги,

КIиявго хIибру хведал хIухьелго цIороларо.

Жавгьар гIадаб гьаб назму низам хун цIаличIого,

СагIидил ПатIиматид тIаде ун малъизабе.

ПатIиматида аскIоб тIокIкIун батичIеб рагIи,

ГIабдулхIалим-хIажияв хIакимлъун ккун лъазабе.

ГIарабалдаса босун балъго тараб таржама,

Муъминзабазда жаниб жинца загьир гьабурав,

ТIагьаясул агьлулъун гьаве гIузруяв гIалим,

Аллагь гурхIун цIунаги НурмухIамад-хIажияв.

РахIматалъул Авараг рехсезе вирдал гьаре,

Доб рахIмат бикьулелъул рохизе нилъер ракIал.

Ракьалда нилъ рукIаго салат гIемераб битIе,

Салам кьун щвараб хвелалъ гьоцIо тIезе мацIалде.

Дунял холаресухъ тун, ХIабиб хазинадуй тун,

Цересел нилъер вацал гьабго нухдасан анин.

Жиндехун бичIараб кIал, гIажамалъ бугониги,

ГIадада хунгутIизе ХIабиб кIалкъулав вугин.


Автор: Инхоса Г1али-Х1ажи

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook