Авторизация

БетIер бекизеги нилъерго чи лъикI (нахъраталидаса)

Стамбулалдаса байбихьун киса-кирего цадахъ рукIана ИчичIалиса умумузул лъимал, гIолохъанал рос-лъади Озден ва ГIайшат, гьезул лъабго ва щуго сон барал ясалги. Стамбулалъул универститеталъул экономикияб факультетги лъугIизабун Озден жиндирго махщалида рекъон хIалтIун ва гIумру гьабун гьенивго чIун вуго. ГIайшатил буго гьоркьохъеб лъай, гьей лъималги хьихьун рокъой йикIуна,-ян бицана Озденица. Гьалдаги лъала магIарул мацI,-ян абуна гьес, дуда цIакъ лъикI лъалеб бугин магIарул мацIан дица абидал.

Стамбулалдаго дица кIвар буссинабуна руччабазул ретIа-къаялде. Школалде- нахъе унел лъимал гурони гьеб, шагьаралъул лъикIаблъун рикIкIунеб авалалда берчIвачIо ботIрол рас къватIиб лъурай ва логол сипат лъалеб ретIел ретIарай чIужугIаданалда. Гьединго ретIа-къан йикIана ГIайшатги.

Озденил хъизамалъулгун жеги гIагардегIан лъай-хъвай ккана Ялова шагьаралда гIагарлъухъ гIумру гьабун йигей гьесул эбел Сабиляхъе щведал.

Нилъер гьаниб хъутан яги колохъин абилаан Сабилял хъизаналъ гIумру гьабулеб бакIалде. Гьел ругоан Ялова шагьаралдаса батIа-тIун, гIагардухъ цохIониги рукъ гьечIеб авлахъ гIадаб бакIалда, лъикIал шартIал санагIалъи бугеб кIудияб кIитIалаяб минаялъур. Буго жидерго гIи-боцIи, сверухъ гьанжего гьанже хIалтIизабизе байбихьараб саламатаб ракь. ХIассил яшав бугоан цIакъ берцинаб, жидерго квераз гIуцIараб.

-Цо лъагIел буго минаги бан гьаниб гIумру гьабизе рахъаралдаса,-ян бицана Сабиляца. Гьениб сверухъ берцинлъи гьабизе, къачIа-кIатIазе заман гIолеб гьечIо васазул., Нусалги лъималаздаса, рукъ-бакIалдаса регIулел гьечIо. Диргоги цебе гIадаб къуват гьечIо хIалтIи гьабизе.

Сабилял руго анлъго лъимал. Щуявго васасе рачун руго жидерго гIагарлъиялъул ясал. Яс кьун йиго Буртунаялдаса умумузул васасе. ЗахIмат буго ракIалъе цохIо йигей яс рикIкIада йикIун. КигIан лъикIал нусал ругониги яс гьез хисилищха,-ян абуна гьелъ Муш шагьаралда йигей ясалъул бицунаго.

-Дагъистаналдаса гочун рачIаралдаса нахъе нижер умумул гIумру гьабун рукIана Муш вилаяталъул Чалбур росулъ. Гьениб нижер гуребги жеги чанго росу букIана магIарулазул. Гьанжеялдаса 35 соналъ цебе гьел росабалъ букIана гIемераб зарал гIадамазе ккараб ракьбагъари. Росулъа ниж гочана Муш шагьаралде. ЛъикIаб магIишат букIана нижер гьениб. Амма васазе бокьичIо гьенир чIезе. Лицей лъугIарабго цо-цоккун гьел ана Стамбулалъул университеталда цIализе. Гьеб лъугIун хадуб цоял Стамбулалдаго чIана, цогидаз Яловаялда яшав гьабизе байбихьана. Рос МухIамадмирза Аллагьасул къадаралде щваралдаса хадуй дунги гьание, кIиявго васасда аскIое яхъана. Дурцасе бокьулеб гьечIо гьаб рахъалде вачIине. ЦIакъ нилъерго гIадатал ккурав, гIараб гIелму цIаларав чи вуго гьев. Къуръаналъ бихьизабураб нухалдаса кьуризе толаро ункъалго жиндирго лъималги чIужуги.

Сабилял эбел йикIун йиго туркай.- Дир эмен МухIамад Махсун вукIана цIакъ гIакъилав, цIаларав чи. Лъаларо щай гьес туркай ячараяли. Дида гьаюрай эбел лъаларо. ГьитIинго дун йикIаго хун йиго гьей. Дун хьихьана хадуй инсуца ячарай гIаданалъ. Нижерго росулъа (ИчичIалиса ) йикIана гьейги. Рокъоб магIарул гурони мацI бицунароан нижеца. Гьанже, кигIан дица абуниги, лъималаз жидерго лъималазда рахьдал мацI лъазабулеб  гьечIо. Амма ясалъул лъималазда лъала гIисинго ругониги.

Гьединги гIолохъанаб гIелалъ магIарул мацI цIунун батилин пикруцин букIинчIо дир. ЦIакъго чвахун бицинчIониги Сабилял васаздаги нусаздаги лъалеб бугоан умумузул мацI. Гьеб хутIун батила турказулгун ригьин жубачIолъиялъги. Сабилягун цадахъ гIумру гьабулев кIудияв вас Камалил чIужуялда гьикъана дица нужер гIун рачIунел ясал ругин гьел ясазе бокьани турказе кьечIого тIубаладаян. – Валлагь кьолароха,-ян абуна Сямраца кьварун,-гьезие бокьараб жо лъица цIехезе бугеб? БетIер беканиги гьебги нилъерго чияс бекизе те, чияца бекизегIан». Гьелъул пикруялъул рахъ кколеб бугоан гIисинал нусазги.

Бигьаго букIана дие гьез бицунелъухъ гIенеккизе, гьез кьолел суалазда данде жавабал кьезеялдаса. МагIарул мацIго бичIчIуларел гьезул гIисинал лъималгицин кIваркьун гIенеккун рукIана Дагъистаналъул бицунеб мехалъ. Ниж чIухIулу гьениса умумузул лъималлъун ратиялдаса. Амма пайда щиб кигIан урхъаниги гьеб бихьизе ниже щолеб гьечIо,-ян абуна пашманго Сабиляца.

Гьезул суаалал рукIана аслияб къагIидаялъ руччабазул гIумруялда хурхарал. БитIараб бугищ Дагъистаналда руччаби бихьиналгун цадахъ гIодорчIун гьекьолдулин, ботIрол расги къватIиб лъун диналъ гьукъараб ретIа-къаялда рукIунин абураб жо?

Гьелъул умумуз цIакъго хIурматалда, къадруялда бицунеб букIараб Дагъистан тIубанго хисун бугин кин жаваб кьелеб херай магIарулалъе? ЗахIмат букIана гьезда бичIчIизабизе нилъер гIумруялъул гIуцIи, гьел чIухIулеб умумузул ракь кьураби хутIун кинабго хисун бугин абизе. Иман бугес намусги цIунун буго ва гьединал цIикIкIун ругин жаваб кьуна дица. Гьезие интерес букIана щибаб рагIиялъул.

БитIахъего, бахиллъана дун гьеб хъизаналда доб заманаялъго чияр ракьалде гочарал умумузул наслуялъ «Дагъистан», «МагIарулал»абурал рагIабазул гьабулеб бугеб хIурматги къиматги бихьун. КIалъазе лъаралдаса нахъе гьез лъималазда бицунеб буго Дагъистаналъул, малъулеб буго анкьго сон барабго как базе.

БатIияб ахIвал-хIал батана Яловаялда гIагарлъухъ бугеб Гюней росулъ. (Гьеб магIарул росдал гIезегIанго бицана цебеккунги газеталда). цIакъ тIабигIат берцинаб, магIишат гьабизе бигьаяб ракь бугоан гьеб. – Гьале сверухъ балагье, чIунтулел руго рукъзал, хIалтIизарулел гьечIо ахал-хурзал, -ян бицана гьенир годекIанир гIодорчIун ратарал харабаз. -Лъималазе бокьулеб гьечIо росулъ чIезе, гьале дунго цохIо вуго хутIун гьанив,-ян бицана х1урматияб ригьалде вахарав Сугъралъа  МухIамад Расихица. (Гьев вуго Гюней росдал жамагIатчи, гIакълучи). -Цо-цо дунго уна лъималазухъе щвезе Стамбулалде, риидал гьелги рачIуна. КIудияб, гъункараб росу букIана гьаб цебе. Гьанже 230 хъизан хутIун буго, гьелги гIемериселго херал чи. ГIолилал цIализе, хIалтIизе къватIире арал росулъе тIадруссунаро. Ригьинги гIемерисебго турказулгун буго. Россиялда хиса-басиял ккелелде Дагъистаналде щун вукIана; лъикIал гIадатиял гIадамал ратана нилъер магIарулал, амма яшав мискинаб, захIматаб буго хасго магIарухъ ругезул. Дун гIумруялъго хIалтIана ралъдада, рагъул гамида лъикIаб пенсия бачIуна, гьеб харж гьабунцин бахъунаро бащдабги. Лъималги диде ккараб хIалалда гьечIо.

ХIабщиса НасухI абулев чияс 90 соналъ цебе чIараб чинаридул гъотIокь гIодор чIарал нижеда аскIоре цо-цо ккун рачIунел рукIана батIи-батIияб гIелалъул гIадамал. Гьезул щивасе рагIизе бокьун букIана Дагъистаналъул хIакъалъулъ.

Кин вугев ХIамзатил Расул, -ян гьикъана Хунзахъа умумузул 70 сон барав чияс. Расул камураблъи бицараб мехалъ гьес абуна. –Валлагь рагIичIо. Бихьулищха Стамбулалде щваниги нижехъе щвезе, Дагъистаналъул бицине магIарулал нагагьги рачIунел гьечIо.

-Нужее бигьаго буго гьанире рачIине,-ян абуна КIикIуниса 75 сон барав МухIамадица-амма нижер рахъалдаса захIмат буго. КIиабилеб паспорт кьезе ккола гьанир ругел магIарулазе. Гьелъул тIалаб гьабулев чи гьанивги гьечIо Дагъистаналдаги гь ечIо. Ниж гьанир херлъун холел руго, ВатIан бихьизе бугеб урхъи бусине щвечIого.

-БахIарчияб, бечедаб таварихалъул ракь буго гьаб Гюней,-ян абун жиндирго рекIел захIмат загьир гьабуна Сугъралъа МухIамадица. Росдал цебебесеб хадур гIолезда лъазе гьечIо. Гьелъул хъвай-хъвагIайги лъицаниги гьабулеб гьечIо.

Гюнеялде унаго нижгун вукIана («ХIакъикъат»газеталда гIезегIанго бицана гьесул) нилъер гIалимчи АхIмад МуртазагIалиевасул гьудул, хъвадарухъан, тарихчи, шагIир ЖахIбар Барласги.

ЖахIбарил рахъалъ гIемер жо бицине бегьила, бегьила къокъго гьесие къимат кьезеги-гьединал Дагъистаналда щуго-яги лъабго ругони гIела миллияб тарихги, культураги, мацIги цIунизе. ХIикмалъана дун гьесухъ гIенеккун. БацIцIадаб, чваххун бачIунеб магIарул мацIалъ гьес ракIунтун, кIудияб рокьигун хIурматгун бицана Дагъистаналъул, Турциялда ругел магIарулазул гIумруялъул, масъалабазул. Гьелъул нижеца хадуб цо дагьабги гIатIидго бицина.

ЖахIбарил эбел 82 сон барай Зулайхатица умумул Турциялъул ракьалде гочиналъул бицунаго абуна:- ГIурус бачIараб мехалъ тIурун руго гьел гьениса. Гьез зулму-хIал гьабун нилъер гIадаталги динги пасат гьабулеб букIун буго.

ЖахIбарил яц-вацалги ругоан аскIорго гIумру гьабун.

-Гьале дир гьитIинаб Дагъистан,- ин абуна ЖахIбарица жиндирго рукъалъул чердакалде рахунаго. ТIуцалго гIисинал рукъзабахъ щибаб тIехь, тIамач, тIагIел-гIучI буго Дагъистаналъул бицунеб. Жив чIаго вукIаго умумузул ракьалъулгун бухьен щула гьабиялъе хIаракат бахъизе бугин абуна гьес.

-ХIатIида заз къарабгIанги Дагъистаналъе унтиги захIматги бугони гьеб нижер ракIазда хIунсула, -ян абуна гьес. Амма бухьен гьечIо, бокьухъе гьенире рачIине ресги гьечIо гьанир ругел магIарулазул.

Яловаялдаса Стамбулалде тIадруссунагоги гамида цадахъ ккана Сугъралъа МухIамад Расих. Гьес бицана дида гьенир чIаго ратичIел инсул гIагарал чагIазулги. Херав магIарулас салам битIана киналго сугъулдериде, магIарулазде. Гьединго щивас гьарулеб букIана жидер ракI Дагъистаналда бугин бицеян ва Турциялде щвейгун умумузул ракьалдаса харбалгун жидехъе рачIаян. Гьеб букIана цIикIкIараб гIелалъул гьари.

ХутIаралщинал, Барласица ракIунтун рицунел масъалабазул гъварилъуде раккичIого, гьединаб буго росабалъ гIумру гьабулел турциялъул магIарулазул гIумру.

               Апрель. 2004 сон. ПатIимат ГЬИТIИНОВА. 


Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook