Авторизация

Тимур Айтберов: «Турк ва гIараб мацIазе какал ралел рукIана, рехун тун гIагарал мацIалгун»

Дагъистаналда автономия лъазабуралдаса исана 95 сон тIубана. Гьеб заманалъул нугIзал цIакъго къанагIалъун рукIаниги, хутIулел руго тарихиял материалал ва хIужаби. Тарихчи Тимур Айтберовасул раг1абазда рекъон, Дагъистаналда автономия лъазаби гIицIго большевиказул пикру кколароан, 19 гIасруялъул ахиралдаго букIана гьелъул бицен. 
Тимур Айтберов: «Россиялъул империялда гъорлъ Кавказалъул цо-цо мухъазе автономиялъул даража кьеялъул 19 гIасруялъул авалалдаго бицунеб букIана. Масала, цIар рагIарав миллатчи, хадувккун большевиказ чIварав Михаил Меньшиковас хъвалеб букIана гIурусал гIумру гьабун ругел бакIаздаса цогидал миллатазул чагIи ратIа гьаризе ккеялъул. Гьединго, доб заманалда Москваялъул университеталъул ректорасул вас Николай Трубецкояс, гьаниб инкъилаб ккедал, Австриялде тIурун ун, гьенисан хъвалеб букIана Врангелихъе ва Деникинихъе, Россия большевиказухъа т1адбуссинабун хадуб, цо-цо бакIазе автономиялъул даража кьезе ккелилан, хас гьабун гьес рехсолеб букIана Дагъистан. Гьединлъидал большевиказ пайдаги босун, гIуцIана Дагъистаналда автономия. 
Инкъилаб ккеялъе аслияб хIалтIи гьабурал чагIи 30 абилел соназда чIвана, хадубккун гьезул цIарал цIакъго кIодо гьаризе лъугьана. ХIакъикъаталдаги щал гьел рукIаралин абуни, доб заманалда перифериялда ругел, ай хъачагъ тайпаялъул гIадамал, гIицIго хис-басаз гурого жидер хIал хисизабизе рес гьечIел гIадамал рук1ана. ХIакъикъиял революционерал гьезда гъорлъ цIакъ дагьал рукIана. Инкъилаб ккелалде цебе Дагъистаналда хутIун букIинчIин интеллигенция, гIицIго имамзаби, къадизаби ва шайихзаби рукIанин гьеллъун рикIкIине бегьулел гIадамал, Советияб кверщелалъ рижизарунин лъай бугел дагъистаниялин рик1к1унеб буго Тимур Айитберовас. Пачаясул Россиялда гъорлъ бугебгIан мехалъ дагъистаниязул кодор ругел ракьал Дагъистаналда цIакъ дагьал рукIанила, аслияб куцалда гьел эрмениязухъ рукIанила.
Тимур Айтберов: «Дагъистаналда губернаторлъун Меликов вугеб заманалда эрменияз г1одобе рехун багьаялде росулел рукIана Буйнакскалда ва Дербенталда, гьединго сверухълъабазда ракьал. Гьеб гуребги, Александр III императорлъун вугеб заманалда шовинизмалъулаб политика тIобитIулеб букIана, Дагъистаналъул гIодорлъабазда гурел мугIрул ракьалги ун рукIана рахъун, масала, ЦIунтIа ва ЦIумада мухъазда. Советияб кверщел бачIун, Дагъистаналда автономия лъазабиялъ гьелъул ракьал дагъистаниязухъе щвана. Гьеб гуребги, дагъистанияв вукIинчIо цониги нухмалъиялда. Инкъилаб бахъилалде цебе дагъистанияв щвезе рес букIараб бищун кIудияб хъулухъ кколаан губернаторасул канцеляриялъул нухмалъи, хадубккун киналго пачалихъиял идарабазул нухмалъи щвана жалго дагъистаниязухъе».
Автономия лъазабигун дагъистаниязда гъорлъ гIурус мацI тIибитIизе байбихьана, гьеб мехалда байбихьана миллиял мацIазе кколеб къимат кьезеги, Дагъистаналъул тарих лъазабизеги, Тимур Айтберовасул пикруялда рекъон. Инкъилаб ккелалде гIараб ва турк мацIазде гурони кIвар кьолароанила гIелму ц1аларал дагъистанияз. Масала, Хунзахъа Дибир-Къадица гIараб-турк ва персазул мацIазул рагIибусс бахъанила. 
Тимур Айтберов: «Турк ва гIараб мацIазе какал ралел рукIана, рехун тун гIагарал мацIалгун. Къудукьа гIалимчи Мусалас бахъун буго гIараб мацIалъул грамматика. Гьесда цIакъго лъикI кIвелаан гьеб грамматика гIагараб мацIалъулги гьабизе. Гьединго рагIибуссалги. ГIурусазул гIалимчи Л. И. Жирковас ва Германиялдаса офицер П. К. Усларица рахъана Дагъистаналъул мацIазул тIоцересел рагIибуссал. ГIурусаз кьуна тIоцебе кIвар нилъер мацIазде, гьелдаса хадуб гурого нилъецагоги кьечIо».

Автор: Зульфия ХIаджиева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook