Авторизация

Репрессиязул къурбанал: МухIаммад-Къади Дибиров

Репрессиязул къурбанал: МухIаммад-Къади Дибиров Дагъистаналъул гIалимзабазул кьерда, имам Шамилил катиб, ай секретарь Къарахъа МухIаммад-ТIагьиридаго аскIоб бакI кколеб буго цогидав Къарахъа чияс — МухIамад-Къади Дибировас.

Гьел кIиялгоги рукIанила лъай бугел, гIакълу цIикIкIарал устарзабилъун шаргIиял суалазул рахъалъ, кIиялго гIумру гьабун рукIана бигьаяб гуреб, багъа-бачари бугеб заманалда.Амма гIумрудул ахир гьев кIиявго гIалимчиясул батIи-батIияб кканила.

Гьедин хъвалеб буго МухIаммад-Къади Дибировасул хIакъалъулъ тарихчи ХIажимурад Доногъоца. Дагъистаналъул тарихалда гIемер ругин бажарари цIикIкIарал дагъистаниял, цогIаги тарихчиясул бер тIаде щвечого хутIарал гьединазул цояв кколила Дибировги.

Исана балеб буго 140 сон, ХХ гIасруялъул тIоцебесеб бащалъуда Дагъистаналда рукIарал цебетIураб пикру бугезул цояв, Къарахъа МухIаммад-Къади Дибиров гьавуралдаса.

Жиндир заманалъул гIадамазда гъорлъ лъай цIикIкIаразул цояв, жамгIияталда гъорлъ къимат-къадру бугев МухIаммад-Къади тарихалда хутIун вуго жигарчи, свак лъаларев гIалим, хъвадарухъан ва чанго литературияб хIалтIи хъварав чи хIисабалда.

МухIамад-Къади Дибиров гьавун вуго магIарул Гьочоб росулъ, гьес гIумру гьабулеб заман букIана Дагъистаналда гIемер хиса-басиял кколеб, кьер-кьерал жеги рукIинчIел лъугьа-бахъинал кколеб заман. Гьеб заманаялъ, киналгIаги жамгIиялгун политикиял ишал кколеб бакI букIана Темирхан-Шура. Гьениб гIумру гьабулеб букIана Дибировас чанги гьелчолел лъугьа-бахъинал кколеб заманалда.

Февралалъул инкъилаб бахъун хадусеб, Советияб кверщел жеги щулалъичIеб заманаялъул хIакъалъулъ лъалеб жо гIемер гьечIин абулеб буго МухIаммад-Къади Дибировасул хIакъалъулъ тIехь хъварав тарихчи ва гьесул наслуялъул чи ДагьдухIажи Дагьдуевас.

ТIоцебе Дагъистаналда светияб гIелму ва лъай тIибитIизабураб МухIаммад-Къадил хIакъалъул чанги хIикматал жал баянлъанила цIех-рехалъ гьарулагойилан бицана гьес.

ДагьдухIажи Дагьдуев: « Дагъистаналъул тарихалъул халгьабидал, бихьула цIакъ дагьал гурого баянал гьечIолъи инкъилаб бахъун хадусеб, советияб кверщел жеги щулалъичIеб заманалда хурхун. Гьеб заманаялъ тIоцебе светияб гIелму ва лъай тIибитIизабулев вукIарав чик кола МухIаммад-Къади Дибиров.

1901 соналъ Аксаялда рагьун букIана тIоцебесеб светияб школа. Гьеб заманалда Аксай букIана цIакъ динияб рахъалъ цебетIей бугеб бакI. Гьениб, мадрасаялда хIалтIулаго гьес лъезе байбихьун руго светиял дарсалги, къуран малъиялдаго цадахъ. Амма гIадамазе гьеб къабуллъун гьечIо ва гьениса нахъе ине ккун вуго».

МухIаммад-къади Дибиров вукIанила гIелмуялдехун рокьи бугев ва махщел бугев чи. 18 сон байдал, МухIаммад-Къади Дибиров тун вугила Темирхан-шураялъул къадийлъун, 36 чиясда гъорлъ лъай тIокIав вукIиналъ. Амма динияб лъай щвалде щун лъалеб бугониги, хIакъиъкияб гьесул рокьи букIун буго тарбия кьеялде ва гIелму лъай цогидазухъе щвезабиялде.

Педагогикияб хIалтIулъ ва гIелмиябгун лъай-кьеялъул жигарчилъиялъулъ загьирлъунги буго гьеб. Дибировас къватIибе биччан буго 20-ялдаса цIикIкIун тIехь.

ТIахьазул автор, тарихиял даптаразул гIуцIарухъан, цIалул мажмугIазулгун диниял хIалтIабазул автор, чанго мацI лъалев МухIаммад-Къади кидаго жамгIиябгун политикияб гIумрудул цебесеб кьерда хIажат вукIана тIалъиялъе.

1917-1928 соназ Дибировасул хIалтIаби къватIире рачIана «Баянуль-хакаик», «Маариф ёлы», «Мусават» ва цогидал газетазда ва журналазда. I920 соналъ Дибировас редакторлъи гьабуна «Шура Дагъистан» абураб турказул журналалда.

Гьединго МухIаммад-Къадил макъалаби къватIире рачIана «Джаридатуль Дагъистан» абураб газеталдаги (I9I3-I9I8), гьезул кIудияб кIвар букIана Дагъистаналъул халкъалъул динияб пикру хисиялда жаниб.

Гьелъ халкъалъул пикруги гьезул бичIчIиги хIадур гьабуна цIиял идеяби къабул гьариялъе ва социалияб ритIухълъи бичIчIиялъейин абулеб буго тарихчияс.

МухIаммад-Къади Дибиров гIарабист хIисбалда цеветIурав живго вукIаниги, гьес абулеб букIанила гIицIго исламиб лъай гуреб жо кIвар кьун лъазабулеб гьечIолъиялъ бусурбаби Европаялъул улкабазул халкъаздаса нахъа ккарал ругилан.

ДагьдухIажи Дагьдуев: «Техникияб прогресс бусурбабазул гьечIин, гьезул светияб лъай гьечIолъиялъин рукIкIунеб букIана гьес. Жинцаго гьеб ахIвал-хIал хисизабиялъе тIадчIейги гьабулеб букIана. Гьедин Дибировас гIуцIун буго тIоцебе Дагъистаналда хисизабураб гIараб алифалъул кьочIода бугеб алиф. Рагьарал хIарпал ГIараб мацIалда ругел хисизеги гьарун. Гьеб гуребги гьес буссинабун буго Лев Толстоясул асарал».

Жиндирго гIелмияб хIаракатчилъиялъул заманалда Дибировас хъван буго 12 тIехь ва гIелмияб хIалтIи. Гьезда гьоркьор руго лъарагIазул букварь, магIарул кIиабилеб классалъул хрестоматия, мугIалимзабазе педагогикиялъул рахъалъ пособие ва цогидалги басмаби.

МухIамад-Къади Дибировасул хIалтIуда жаниб аслияб бакI ккола гьес I9I7 соналдаса Советияб власть чIезегIан Дагъистаналда букIраб ахIвал-хIалалъул гьес гьарурал хъвай-хъвагIаял. Дибировас вукIанила цIилъиялъул рахъ ккурав, киналгIаги рагъ-муч, яги питна рихарав чи. Гьев вукIанила гIелмудал канлъи халкъалъухъе кьей бищун аслияб жиндирго масалалъун бищарав чи, амма хIукуматалда МухIаммад-Къадил тушман вахъинавунила.

1929 соналда Дагъистаналда цIакъ ахIи-хIур бахъинабураб политикияб хIужалъун ккана «Дини-комитет» абураб динияб гIуцIиялъул вакилзабазде гIайиб гIунтIизаби. Цин жинцаго изнуги кьун гIуцIараб гьелда хадуб халкквей чIезабуна тIалъиялъ, цинги чанго соналдасан къан гьебгун, батиI-батIияб тамихIалде цIан руго комитеталъул вакилзаби. Цо-цоял чIвазегицин къотIула.

Дагъистаналъул областалъул хIукуматалъул цIуна-къаялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз туснахъ гьавула гьезул 75 чи. МухIамад-Къади Дибиров, гьеб гIуцIиялъул бищунго къадруяв вакил хIисабалда, чIвазе къотIула. Гьесулго гIадаб къисмат ккана жеги 20 чиясулги.

Терроралъ тIад михир бачарал ракьцоял ракIалде щвезе щиб букIаниги ургъизе кколин. Масала, памятник лъун, музей рагьун. Амма жакъа къоялда гьезул цонигияб гьечIин нилъер республикаялдайилан абулеб буго ХIажимурад Доногъоца.

Мунагь гьечIого гIумруялдаса махIрум гьарурал гIадамал ритIухъ гьарун, гьезул цIарал чIаголъизаризе тIадаб бугила пачалихъалда.




Автор: Алиса Алдашева

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Мунагьал чурад!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook