Авторизация

БачIинахъего лълъар кквечIони…

Гара-чIвари 

БачIинахъего лълъар кквечIони…


БачIинахъего лълъар кквечIони… МагIарулазул, тIолабго Дагъистаналъул тарихалъулъ кIудияб бакI ккола Унсоколо районалъ. Эркенлъи хириял, бахIарчиял кавказияз аза-азар соназ гIумру гьабулеб буго гьеб баракатаб ва хIикматаб ракьалда. Авар эпосалъулъ, халкъиял асаразулъ гIемер дандчIвала гьеб мухъалъул кьалул церехъабазул цIарал. Масала, Унсоколоса ГIусманилав: «Гьединаб къоялда къварид рукIаго, ВачIун тIаде щвана дов ГIусманилав, Я дол къарал боял цадахъги рачун… ТалихI кьун вохаги дов ГIусманилав, Нижер анкьасулго рухI хвасарлъарав». Белехьдерил машгьурав бодул бетIерасул рахъалъ гьадин абулеб буго халкъияб кочIолъ: «Боде гъара балел гъолодисеца ГъалбацIилан тарав Мусал ГIадалав. Къокъаби тIутIулел дол тIомораца ТIаса вищун тарав балахьунисев». Унсоколо районалдаса ккола Кавказалъул кIиго имам. Гьезул къеркьеялъе нугIлъун руго Генубги, АхIулгохIги, цойги бакIалги.


БачIинахъего лълъар кквечIони… Унсоколо районалъул нухмалъулев МухIумахIажи ТIагьировасулгун гьабураб аналитикияб гара-чIвариялда, гьайгьай, бицунеб буго жакъасеб къоялъул ва районалда церечIарал аслиял масъалабазул.


ГIелмияб бахIс – яргъил гуреб


- КъватIиса пачалихъаздаса рачIунги, журналистал щолел руго ахирал соназда Унсоколо районалъул росабалъе. Гьелъие гIиллалъун ккола районалда ахIвал-хIал хIалуцин, 2007-2009 соназда Россиялъул аскарияз ва милициялъ Генуб операция (КТО) тIобитIи. 2009 соналъул хIасилал гьарулаго, ДРялъул МВДялъ лъазабуна районалда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул (НВФ) кIиго къокъа бугилан (гендерил ва белехьдерил). БатIи-батIиял цIех-рехчагIаз бихьизабулеб буго гьаниб гIадамазда гьоркьоб динияб рикьи лъугьун бугилан, гьелъ тунка-гIусияздеги рачине бегьулилан. Районалъул бетIер хIисабалда, гьел суалазул рахъалъ щиб дуца абилеб? 


- Ункъо-щуго моцI гурони гьечIо дун хIалтIизе лъугьун. Гьеб заманалда жаниб гIезегIан гIодобиччараб хIал буго районалда. Экстремистазул къокъаби гьанир ругилан абун, дида гьел рихьичIо. Гьедин букIаниги, гьеб рахъалъ хIалтIи гьабизе рагьун буго районалъул бетIерасул хIинкъи гьечIолъиялъул рахъалъ заместителасул хъулухъги. Щибаб анкьалъ гьев щола Балахьуни ва Генуб росабалъе. Лъазабула гьениб бугеб ахIвал-хIал. Жиндирго сапаразул хIасил гьабураб кIалъайгун цевеги вахъуна гьев жиб-жиб итни къоялъ райадминистрациялъул данделъиялда. ГъалатI камурав чи ватуларелъул, мекъи ккарал гIолохъаби рукIине бегьула. Дица гIадамазулгун дандчIваял тIоритIана Генубги Балахьунибги. ГIолохъабазда гьоркьоб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабулеб буго. Рохьореги ун, изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIолохъаби ратани, гьезул бицун, гьел жидерго рукъзабахъе руссинаризе, жиде-жидер магIишат цебебачине, хъизан-лъималазда аскIор рукIине рачIаян ахIизе хIажат буго. Гьединлъидал гьеб суалалда сверухъ щибаб анкьалъ, щибаб къоялъ хIалтIаби гьарулел руго. Дида ракIалде ккола гIемер кватIичIого гьеб хIаракаталъ унго-унгояб хIасилги кьелилан.


Жакъа къоялда жаниб районалда изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазул тIадекIанцIиял гьечIо.


- РагIуеги бокьараб дин гьабизеги ихтиярал кьун руго Россиялъул Конституциялъ. «Вагьабизм» абун машгьурлъараб исламияб рикьиялъул гIадамалги, гьез ярагъ кодобе босулеб гьечIони, эркенго теян абула Москваялъул хIакимзабазги Дагъистаналъул нухмалъулезги. Улкаялъул ихтиярал цIунулел гIуцIабаз гьедин толел ругищ гъол? ТIаса лъугьун теялъул (амнистиялъул) бицуна. Гьединал шартIазда кверде рачIаразеги хадуб тамихI гьабуни, гьел гуккани, цогидал разилъиладай ярагъ гIодоб лъезе? Нилъер мадугьалзаби чачаназул президентги гьесул хIакимзабиги цере рукIарал боевикал ккола. ЖамгIият цолъизабичIого, бусурбаби рикьизе, цоцалъ разе гьоркьобе ракьа рехулелги кколел руго… 


- Дица гьадин абула. Пуланаб рикьиялъул гIадамал загьирлъун ратани, мажгитазда жанир гIодорги чIун, жидер далилалги хIужабиги ритIарал рукIин чIезаре гьез. Генуб босаниги, Балахьуниб босаниги, диниял экстремисталилан жидеде абулел, пачалихъалда, тIалъиялда дандечIарал гIолохъаби жакъа Унсоколо районалда гьечIо. Гьединаб къокъа цебе районалда букIараб батаниги, жакъа кир гьел ругелали дидаги лъаларо, цогидаздаги лъалел гьечIо. Гьел чагIи ралагьулелги гьечIо. Генув мажгиталдеги уна дун, гьениб гьабулеб вагIзаялъухъги гIенеккула. Динияб экстремизмалъ районалъул гIумруялъе асар гьабулеб гьечIо.


- Генуса МухIамад Сулеймановгун ва цойги гьединал гIадамалгун дандчIвалищ мун? 


- Районалъул росабазул имамзабигун рукIуна дир дандчIваял. Цадахъ рекъон хIалтIула районалъул имамгунги.


Лъица квараб 13-абилеб харж?


- Кин букIаниги, гIезегIан чIвай-хъвеял ккана районалда. ГIемер хъвана РОВДялъул кIиго нухмалъулевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат ГъазимухIамад МухIамадовги, Унсоколо районалъул бетIер Казимбег АхIмадовги чIваялъул. Милициялъулгун, прокуратураялъулгун кинаб хурхен букIунеб райадминистрациялъул? Гьел ва цогидалги такъсирал рагьулел ругищ гьез? Районалъул хъахIаб рокъор тIоритIулел данделъабазда гьел суалал рорхулищ? Унсоколо районалъул ОВД-ялъул рахъалъ гIемерал гIарзал рачIуна республикаялъул газетазде: цIияб сон щвей кIодо гьабулаго мехтарал гьел Шамилхъалаялда цоцазулъ рагъанила, РОВДялъул начальникас хIалтIухъабазул «13-абилеб харж» жиндиего ккунила, цинги гъол хIалтIудаса нахъе анила, ва гь.ц., ва гь.ц. Районалъул нухмалъиялъ кIвар кьоларищ «ихтиярал цIунулел хъулухъчагIазул» гьеб рекъечIеб хьвада-чIвадиялде?


- Щибаб моцIалъ райадминистрациялда данделъула прокуратураялъул, милициялъул ва ФСБ-ялъул хIалтIухъаби. Районалда лъугьа-бахъарабги гьоркьоб лъун, гьелъие букIине кколеб къимат кьола. Милициялда лъазабун буго щибаб анкьалъ нижехъе баянал щвезареян. ЦIияб сон бачIунеб сордоялъ Унсоколо РОВД-ялда ккараб иш цоги сунда букIаниги бараб жо гуро, мухьал рикьиялда хурхун ккараб жидерго жанисеб суал буго. Райадминистрацияги гIахьаллъун, гьеб лъугьа-бахъин нижеца цIадирабазда лъуна. Гьединал хIужаби хадурккунги рукIунгутIиялъе тадбиралги гьарулел руго.


- Погонал рарал гъалмагъирчагIазул административияб тамихIалдениги цIарав чи кканищ? 


- Дагъистаналъул жанисел ишазул министрас ахIун рукIана гьел жиндихъего. Россиялъул МВД федералияб идара ккола, жидерго хIалтIухъабазе гIадлу гьабиги гьезул иш буго. Нижеца данделъабазда гIицIго къимат кьола гьезул хIаракатчилъиялъе.

 

«Россельхозбанкалъе»  букIунарищ диванго?


- Исана тIоцебе тIобитIараб, гьаб сонил бюджетги къабул гьабураб райсессиялда гIахьаллъана дун. «Россельхозбанкалъе» нахъруссинаричIел къарзал районалда гIезегIан ругилан бицана гьениб дуца. Республикаялъул гIемерал районазда буго гьединаб хIал. Ришватчилъиялдалъун росарал къарзаз гIакъуба кьолеб буго гIадамазе. 


- «Россельхозбанкалъе» тIадбуссинабизе цебего заман щвараб къарзалъул 40 миллион гъурущ налъи буго гьабсагIат районалъул гIадамазда. Дица абулеб буго щибаб росдал бегавулас тIалаб гьабизе кколин налъулаздаса гьеб гIарацилан. «Россельхозбанкалъул» нухмалъулелгун цадахъ райадминистрациялъги хIалтIи гьабулеб буго гьеб рахъалъ. Гьайгьай, квер мекъал чагIиги руго налъулазда гъорлъ, гIарац тIадбуссинабизе хIадуралги руго. Пачалихъалъ заманаялъе биччараб гьеб сурсаталъухъ гIи-боцIи, магIишат гIезабуралги руго. Амма цIикIкIунисел руго, жиндир заманалда гIарацги гъоркь тун къарзалги росун, гьел нахъго руссинариларин чIарал. Гьединал руго 70-80 процент. Гьезул гIезегIаназда уголовниял делаби гьарун руго, судазул хIукмабиги руго. Ункъого делоялъе гьабун буго судалъул хIукму. Судалъул приставалги рачIун, налъулазухъа буголъи бахъулебги буго. Гьел тамихIалде цIалел, туснахъ гьарулелги руго.


- «Откатазул» процентал щварал «Россельхозбанкалъул» хIалтIухъабазе букIунарищ диванго? 


- Официалияб куцалда лъалеб жо гьечIелъул гьелъул. Ришват босулаго тIадго кквечIони, кин гьел къватIир чIвазарилел, судалда цере эхетизарилел?

 

Россия – хьиндалазул налъулаб


- Унсоколо районалъул аслияб масъала Рихьуниб ГЭСалъул хIорикье арал ракьазухъ хIакъикъияб рецIалил гIарац щвей бугин абуна дуца райсессиялда. Гьеб ИГЭСалъ зарал гьабурал гIемерал гIадамалгун дандчIвана ниж. Закониял тIалабал цере лъолел руго гьез: чиясул ихтияр гьечIого, гьесухъа ракьги мина-картги бахъизе бегьуларо; районалъул ва росабазул бутIруз гьезул ихтиярал цIунизе ккола, ва гь.ц., ва гь.ц. ГЭСчагIазин абуни, «погоназул» автоматазул кумекалдалъун гIадамазул ригьзабазда тIаде гъуна лъим. Ахазухъ кьолеб дагьаб гIарцудаги рази гьечIо хьиндалал. ИГЭСалда хурхарал суалал дуца дурго бербалагьиялда гъоркье росун ругин абуна. ДандечIеялъул митингазде рахъаниги, гьебго милиция тIаде тIамулеб буго гIадамазда. Рес гьечIищ гьезул ритIухъал гIарзал тIуразе? 


- Республикаялъул нухмалъулезулгун рукIунел дандчIваязда дица кидаго борхула гьеб суал. Президентасдаги бицана дица гьелъул хIакъалъулъ. ДРялъул ХIукуматалъул бетIерасул заместитель Ризван ГъазимухIамадов ккола гьел масъалабазул рахъалъ жавабияв. Гьесдаги лъала нижер гIузраби. Пачалихъалъ нижее рецIичIого хутIана: рихьундерил ракьазул 80 гектарги (гьелъухъ цIияб бакI кьезе ккола гьезие), Унсоколо, ГьаракIуни, Майданское, Зирани росабазул 318 гектарги (гьелъухъ гIарац бикьизе ккола ХIукуматалъ). Гьел гурелги, нижее гьаризе тIадал хIалтIаби гIезегIан руго: хIорил рагIал щулалъизаби (200 га), Рихьуни пихъил завод бан лъугIизаби, ГьаракIуни гьоркьохъеб школа эхети, Майданское росда цебесан сангар гьаби, базарал ран лъугIизари, ва гь.ц., ва гь.ц.


Бищунго кIвар бугеб, чара гьечIого тIубазе кколеб масъала буго щвечIого хутIараб рецIалил хIакъ (компенсация) гIадамазе бикьи. Гьоркьор тарал чагIи руго гъора. ГIарац кьезе бихьизабураб судалъул хIукму буго, сияхIал руго – азаридаса цIикIкIун чиясе щун гьечIо рецIел. ГьабсагIат гьел документазул ДРялъул ХIукуматалъ халгьабулеб буго – закониялищ, закониял гурелищ ругелали чIезабизе. ГIицIго гьелдаса хадуб къотIула хIукму.


Гьаб дица дуда бицарабщинаб жоялъул буго цо гIаммаб хIукмуги: техникияб. Гьеб къабул гьабула «Ленгидропроект» абураб идараялъ. Техникияб хIукму щиб жо? Проектги бахъун, документазда хIисаб гьабула щиб гьабизе кигIанасеб гIарац хIажалъулебан: ракьухъ, минабазухъ, ва гь.ц. Биччай, гIага-шагарго цо миллиард гъурщиде бахине… Гьеб техникияб хIукму къватIибе бачIиндал, лъала щиб гIарац гIадамазе кьезе хутIарабали.


БукIине кколеб куцалда гIадамазе гьабураб зиян бецIичIони, районалда гIадлу-низам билълъанхъуларо.


Пакъир –чахъу, мискин-чахъу


- ЦIакъ битIараб пикру. Ваамма хьиндалал рази гьечIо гьезул захIматалъухъ, ахазухъ кьолеб багьаялда. Цо сотыхалъухъ анцIазарго гъурущ гурони кьолеб гьечIила. ЦIияб гъветI гIезе ккани, 10-20 сонги къваригIунеб буго…


- Жакъа гуреб, араб гIасруялъул 70-90-абилел соназда къабул гьабураб хIукму ккола гьеб. Масала, ГьоцIалъ ГЭС балеб бакIалда гIадамаз мухIканго абулеб буго: гьанжесел, базаралъулал багьабазда бецIе нижее кколеб зарал. Ракьалъе «зеленкаги» буго дозул, гьеб жал бетIергьанаб мулк кколин документалги руго. Жидее бокьараб гIарац щвезе ккани, гьелго документал хIажалъула ансадериеги.


- «РФялъул ракьул кодексалда» бихьизабун буго, ракьалдаса пайда босулезухъа бахъанигицин, гьеб бецIизе тIалъулилан…


- Ракь ижараялъе щварал, пайда босулел, ва гь.ц., ва гь.ц. – гьелги гьечIо районалда. Законалда чIванкъотIун хъван буго бетIергьанаб ракьалъухъги (собственность), ижараялъухъги (аренда), ва гь.ц., ва гь.ц. – кигIан гIарац кьолебали. Гъоба мухIканго хъван буго: масала, гектаралдаса чан центнер бачIиналъул щолеб, гьелъ кинаб хайир кьолеб…


- ГЭС базе байбихьарабго щайха ричIчIизаричIел халкъалда къануналги ихтияралги? ГIадамал цоги нухалъ гуккун ругоха пачалихъалъ.


- … Доб заман батIияб букIана. ГЭСалъул хIор эхеде бахиналде жиндир заманалда гIадамазул рес букIана киналго жидерго масъалаби тIуразаризе. ГIемерал дандечIеялъул митингал, забастовкаби рукIана, ГЭС базе биччалеб букIинчIо гIадамаз. Цолъун, гъункун, тIолго суалал тIурачIого гьел митингаздаса нахъе ине бегьулароан халкъ. Цо-цо чагIазул хасал мурадаз хвезабуна кинабго. Масала, гьеле мун – цевехъан, дуда хадув 50 чи вугин те. – ГIадамазе гIоло къватIиве вахъун вуго дун! – анги ахIдон, забастовкаги гьабун, нух къан буго дуца. Цинги цояв дуда аскIове вачIуна ва абула: - Гьале дуе 50-азарго гъурущ, аскIор чIарал чангоязе – лъебе-лъеберазаргоги. Рихха гьаниса! – ян. Гьеб къагIида хIалтIана, тIурачIого суалалги хутIана.


Жакъайин абуни ОАО «РусГидроялъ» Рихьуниб ГЭС балаго тIаде росарал киналго ишал, къотIиялда рекъон, тIуразаруна. ГIумруялде рахъинчIел масъалабазул жаваб кьола Россиялъул ХIукуматалъ. Жиндир заманалда РАО «ЕЭС» идараялъухъа хIакъикъияб рецIалил гIарац щвезе рес букIана. Бугъил лълъурдул ккун рукIана гIадамаз – рорчIизе риччана, рачIчI ккун букIана – гьебги ана кодоса, щибго гьечIого хутIана. Гьанже халкъги ХIукуматги цоцахъ ралагьун тана.


Басрияб цIулалъул цIияб гъалдибер


- Ракьалдаса махIрумлъарал чагIазе рецIел кьеялъул хIакъалъулъ Россиялъул ХIукуматалъул цIияб хIукму (2003 сон, 7 май, №262)   къабул гьабуниги, басриялда рекъон хIалтIулеб буго ДРялъул ХIукумат (28 январь, 1993 сон, №77), гIадамазе цIикIкIун гIарац щвелин абураб «хIинкъиялъ». Гьеб пиша такъсир кколарищ?


- Цере рукIаралщинал хIукмабиги хисизарун, 2003 соналда РФялъул ХIукуматалъул цIияб хIукму бачIана. РецIел кьечIого хутIаразеги цIияб хIакъ щолезеги гьеб хIукмуялда рекъон кьола гIарац. Дица цебеккун абухъе, гIаммаб 398 гектаралъухъ кьезе ккола пачалихъалъ жеги рецIел.


- ГъутIбузухъ кьолеб рогьояб багьаялдаги разилъичIого, гIарацго босичIого чIаралги гIезегIан ругогурищ районалда. Гьезда щибилеб?


- Гьанире рачIун рукIана ДРялъул ХIукуматалъул Ихтияразул управлениялъул ва Юстициялъул министерствоялъул комиссиял. Хадур дица росабазул киналго бегавулзаби рачун рукIана гьеб Ихтияразул управлениялъул начальникасухъе. Гъос абулеб буго: - Киналго суалал тIуразе руго законалда рекъон, - илан. Нилъеца кIалалъ абураб букIунаро. Руго къанунал: «Ракьул кодекс», «Бюджеталъул кодекс», бакIалъулаб нухмалъиялъул законал. ГЭСалъул хIорикье араб, ракь буго, гьелъул иш гьабизе гIуцIараб отдел буго, бегавулзаби руго. Гьел росабазул бутIрузда абулеб буго: - Законалда рекъон, нужее гьедигIанаб гIарац кьезе кколеблъи чIезабе! – ян. Ахазул къимат гьабулел махщалилалги батIи-батIиял руго: цояз сотыхалъухъ 50-азарго гъурущ бихьизабула, цогидаз – 200 азарго. Бербалагьиялда бараб буго гьеб. ДРялъул ХIукуматалъги, гьелъул Ихтияразул управлениялъги, президентасги абулеб буго: - Законалда рекъон, нужее гьеб гIарац кколеблъи чIезабе! Нужее гьеб кьезе буго, - ян.



МахIачил ракьцоял – МахIачхъалаялде


- Бергьун захIматаб суал буго… Рихьундерие 80 гектар ракьул киб кьезе бугеб – Кочубеялда аскIобищ?


- Гуро. ХIукуматалъ хIисабалде босун буго МахIачхъалаялъул рагIаллъуда, Семендералдаги Шамхалалдаги гьоркьоб 80 га бичун босизе, щутIалаял минабиги ран, гьенире рихьунисел рахъинаризе… Нахъеги абуниги, гьеб хIалтIи гьабиги техникияб хIукмуялда бараб буго. Цо соналда жаниб тIубалеб суал гьеб гуро.


- АнцIго лъагIелищ къваригIунеб?


- Гуро, анцIго сон хIажалъуларо. Масала, гьеб мурадалда 2-3 миллиард гъурущ биччани, гьез гьеб 2-4 соналде бикъула, графикги бахъун, гьелда рекъон хIалтIула.


- Рихьуниб ГЭС балелдаса 30-40 сон ана. Жакъаги тIубачIого щай бугеб гьеб масъалаги?


- Дица абичIищха, бачIинахъего лълъар кквечIони, лъутун унаго, рачIчI щоларилан.


ГЭС бан лъугIизе – жеги 10 сон


- Закониял тIалабалги тIуразаричIого, 2008 соналда 547 метралде бахинабуна ГЭСалъул хIор. ДРялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъ мухIканго хъван буго хIор гIатIид гьабизе хIадурлъун гьечIолъиялъул: гIадамаз гIумру гьабулеб 50 мина бугила; 70 га куракул ахил бугила; Рихьуни, Майданское, Шамилхъала росабалъ канализациялъул рацIцIалъизарулел бакIал ран гьечIила  ва гь.ц. Гьединги букIаго, лъим бахинабизе бегьилаанищ?


- ГЭСалъе, гьелъул хIалтIуе щибго квалквал кколаро, гьел тIалабал тIуразаричIониги. ГIадамалги гъанкъилароан, законалда рекъон, хIорил рагIалда 20-30 метр бацIцIалъизабурабани (санитарияб чIоло)… Рихьуниб ГЭС жеги бан лъугIун гьечIо. Чанго соналъе хIалтIаби руго гьенир. ХIалтIулаб комиссиялъ гурони, пачалихъияб комиссиялъ гьеб къабул гьабичIо.ЧIикIабги цогидалги станциял «РусГидроялъги», «Дагъэнергоялъги» къабул гьаруна, ИГЭС гьабичIо. ХIалтIаби рагIалде рахъинегIан «РусГидроялъул» филиаллъун, НурмухIамад  ГIалиевасул бетIерлъиялда гъоркь батIаго тун буго гьеб. Щуго-анцIго соналъги квербагъари гьабизе ккола гьениб.


- Районцоязул ихтиярал хвезарулел ругони,  ИГЭСалда хурхарал документазда гъоркь гъулбасунгутIизе рес буго бетIерасул. Амма чанги рокьукъаб документалда кIудиясул гъулбасалги ратула.


- Балагье. Жиндир заманалда районалъул бетIерас гъулбасун буго гьал документазда. Гьездаго гьоркьоб – хIалтIулаб комиссиялъул хIукмуялдаги. ТIубазабизе кколеб къого суал (пункт) бихьизабун буго гьенибги. Пачалихъияб комиссия жеги гьабичIо. Гьелде ирга щвезе гIемер мех буго.


Район - сахават


- ОАО «РусГидроялъул» акциязул 51% пачалихъалъул ккола. НигIматал гьарзаяб, гьайбатаб жаниблъи къурбан гьабуна ракьал мукъсанал магIарулаз бергьун гIатIидаб улкаялъе. Унсоколо районалъул бюджеталде магъало (налог) бачIунарищ ИГЭСалъул хайиралдаса?


- ХIисаб гьедин гьабуларо. Токалъухъ босулеб гIарцул, гьеб хайиралдаса рахъулел налогазул кьучIалда гьарула бикьи-кьабиял. Гьедин ИГЭСалъ кьураб бечелъиялъул цо бутIа бачIуна ДРялъул бюджеталде: санайил 800 миллион. Гьединлъидал Унсоколо район ккола, гьардохъан (дотационный) гуреб, сахават (донор). Масала, метериса суал лъунани щибаб район сахаваталъеян, нижее щибго хIинкъизе бакI гьечIо… Районалъул исанасеб бюджеталда 370 миллион гъурущ буго.

 

ЦIилъиладай басрияб мина?


- Цо-цо росаби кIвар кьечIого хутIулел ругин абуна дуца райсессиялда: Балахьуни,  ГIашилтIа, ГьаракIуни. Гьенир ва цойги росабалъ рукIа-рахъин лъикIлъиялъе кинал тадбирал гьаризе нигат бугеб. Дунялалдаго цIар араб тарих буго нужер. Гьеб цIунулел музеязеги батIи-батIиял мажлисазеги квербакъизе рес гьечIищ администрациялъул?


- Рищиязда дирго кандидатура лъолелъулго дир анищ букIана халкъалъе хъулухъ гьаби. Гьединлъидал, щибаб росулъе щун, гIадамалгун дандчIван, гьезул гIузрабазухъ гIенеккун, тарихалде араб Унсоколо районалъул цIар цIидасанги лъикIаб рахъалдасан рагIизабизе бокьун буго. Балахьуни ва ГIашилтIа цIиял гьоркьохъел школал раялъе проектал рахъизе руго исана,  тIасияб соналдаса байбихьизе буго гьел разе. Райбюджеталъул сурсатаздалъун Балахьуни  ясли-ахги къачIазе буго исана. Гендерил ва белехьдерил бицани, социалияб ритIухълъи гьечIолъиялъги ккун ратила гьезул чангиял рохьоре. Пачалихъалда гьеб гъалатI бичIчIулеб бугин ккола: чиясе чара гьечIого хIажатал бакIал раялъе гIарац биччалеб буго. «Басрияб мина» абураб федералияб программаялда рекъон Шамилхъалаялда минаби къачIазе бихьизабун буго 35 миллион, «Заманалъул поселокалъе» - 150 миллион. АхIулгохI Дагъистаналъул хIикматазда гъорлъе босун буго. «Генуб-АхIулгохI»   туристазул нухлъун лъазабизе ккола. Имамзабазул цIар кьураб гендерил музеялъе цебе школалъул букIараб мина тана. АхIулгохIда санайил мажлис гьабула. Гьеб тадбир тIобитIиялъе исана райадминистрациялъ 200-азарго гъурущ кьезе буго. РакIалда буго ГохIде рачIарал бакъудаса цIуниялъе кIудияб чадир чIвазеги. КъватIисел пачалихъазде ине ккечIого рукIине, нилъерго лъималазда гьанибго малъизе ккола дин. Районалъул щибаб росулъ руго мадрасаби. ТIадеги ралелги руго.


Районалъул гIумруялъул киналго рахъазде кIвар кьезе жигар бахъула: лъай кьей, медицина, спорт, патриотикияб тарбия…

Рихьуниб бан бахъинчIеб пихъил завод ччугIилалде сверизабизе буго. ГЭСалъул хIориде русбиги риччан, туризм цебетIезабизе къасд буго. Ахил гурел, хурул нигIматалги гьарзаго рижула гьанир: хъапустIан, картошка (тIадмагIарухъ) ва гь.ц. Кинав магIаруласда рагIичIеб гендерил цIибилалъул хIакъалъулъ? ЦIулада месед бекьулеб ансадерил устарлъиги хвезе биччазе гьечIо.

Бокьилаан районалъул рахъалъ журналистаз ритIухъго хъвани, квешаб гуребги, лъикIабги бихьани.



Гара-чIвари гьабуна ХIамзат ГIизудиновас,

Унсоколо-МахIачхъала, 

2010 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +129
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook