Авторизация

Дида ХъахIабросдал нусго гIечIеб рукъ Тахшагьарин ккола, мун жанив гIураб

Почтовый кагътиде керенги чучун


Дида ХъахIабросдал нусго гIечIеб рукъ

Тахшагьарин ккола, мун жанив гIураб


Араб шамат къоялъ сапар бухьана ХъахIабросулъе, «рокьуца хваразул хабал рихьизе». Жегиги магIарул адабияталъул классикасул росулъе щвечIел гIадамал гIемер ругоан гьеб ЦIадаса ХIамзатица тахшагьарлъун рикIкIараб ХъахIабросулъ 11 октябралда данделъаразда гъорлъ. Гьезулго кьерда вукIана гьал мухъазул авторги. ХIакъикъаталдаги гIищкъул шагIир, Кавказалъул Блок вахъине мустахIикъаб тIабигIат-сипаталъул росу бугоан гьеб.


ХъахIабросулъа МахIмудица 140 сон тIубай кIодо гьабизе гьесул росулъе рачIана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев МухIамад АхIмадов, Дагъистаналъул бетIерасул МугIрузул округалда вугев вакиласул заместитель ГIамирхан МухIамаддадаев, Унсоколо районалъул нухмалъулев Шамил МухIамадов, РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул директор МухIамад МухIамадов, МахIмудил фондалъул нухмалъулев МухIамад ХIасанов ва цогидалги.


МахIмудиде гIагаралги гьесдаса гIезегIанго рикIкIадалги кIалъаялги рукIана гьенир, пандур хъвалезул къецги тIобитIана, шагIирасул музеялъуреги хабадеги гьалбалги щвана.


Харил гIархъал, цIоросаролъил гулал, хъабхъазул гохIал – бачIин гьарзаяб хасалихълъиялъ ханлъи гьабун бугоан ХъахIабросдал хурзабахъ ва харибакIазда. ТIадран хIалтIулел ругоан гIадамалги. Гьанже цо-цо магIарул росабалъ хурзал рекьиги лъилъаригун рецариги рехун тун ругелъул, унго-унгояб магIарул рукIа-ракъин хъахIабросулъез цIунун букIин рекIее гIуна. «ХарибакIалда МахIмудилги Муилги дандчIвай» абураб хъахIабросулъез хIараб сценкаялдаги загьирлъана гIадатиял гIадамазул-актеразул гIадатлъи, гIодоре риччай, намуслъи.

Гьалбал лъикI къабул гьаруна Унсоколо районалъул гIадамаз ва, хас гьабун абуни, хъахIабросулъез. МагIарул тепси-сурпаги татуяб тIутIги букIана, тIаде рачIарал гьалбадеридаса рохун рукIинги бихьулеб букIана. ЦIакъ лъикI ритIизарун, къачIан ругоан росулъе ругел нухалги.

Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас буюрухъги бахъун, ноябралда МахIачхъалаялда гIатIидго кIодо гьавизе вуго МахIмуд ва тIобитIизе буго гьесул юбилей.


ГIицIго рокьул шагIир вукIинчIо МахIмуд, «рокьи гьоркьоб гьечIеб кьалул хабаралъ кьоларо дие кеп, кин бицанигиян» хъваниги. МахIмудил гIищкъудул асараз жанибе бачун буго дунял-гIалам. Гьенир камурал сипаталги, магIнабиги, суалалги, жавабалги гьечIо. Гьединаб бергьараб пагьму-гьунаралъул ва магIнаялъул асар ккола «Макьу» ва цогидалги шагIирасул кучIдул.


«ГIамирканазул ханцин накалда чIезавуна» МахIмудица. Нилъехъе щвараб гьесул творчествоялда жаниб буго жамгIияб, социялияб темаги. Бокьараб заманаялъе кIвар бугеб, гIумру ва чагIи рихьизарулеб ункъо мухъ буго гьесул: «Гьанже дунялалъул халго гьабуге, - ХинкIал цIикIкIарасул цIар бахъун бугин. ЦIуяв, бихьинав чи батIалъи гьечIо, - ТIаде нацI бахарав хан лъугьун вуго».


ЦIадаса ХIамзатиего гIадин, ЦIадаса Расулиеги хирияв вукIана ХъахIабросулъа МахIмуд. Ахирал соназда Расул ХIамзатовас хъварал кучIдузул цоялда буго «цо кавказиясул кагътал хъирщулев Карпатазда вугин» тейила жив, хун хадув. Гьадинаб поэтикияб сипат кьолеб буго ХIамзатовас нилъее. ГIемер асарал хъвана МахIмудил хIакъалъулъ Расулица. ТIадехун рехсараб «хинкIазул» мухъазе гьадинаб жаваб гьабуна ХIамзатовас: «ХинкIал цIикIкIарасул цIар гуреб бугеб, ЦIогьал руго, МахIмуд, гьанже бахIарзал. Нусго грамм гьекъей, миллион бикъи – Гьале гIумруялъул гIакълу гьабсагIат».


ХъахIабросулъ МахIмудил минаялъуб гьабун буго гьесул музей, гьес хIалтIизарурал алатал, гьес ретIараб ретIел лъун руго гьенир. Гьеб киналъго ракIалдаса унареб асар гьабула тIаде рачIаразе.


Гьаб макъалаялъул ахиралда загьир гьабилин гIемерисезе гьоркьоб лъезе ва дагIба гьабизе бокьулеб ХъахIабросулъа МахIмуд чIваялъул темаялде дирго бугеб бербалагьиги. Бергьараб гьунаралъул гIадамал дагьал батIиял рукIуна. МахIмудил къисмат релълъараб буго 15 октябралда жив гьавуралдаса 200 сон тIубарав Михаил Лермонтовасулалда. Гьел кIиялго чIван хвана.


Абула Игьалив Магьдил МухIамадил рокъов ХъахIабросулъа МахIмуд дагьав «цIцIани магIарде рахун» вукIанилан. Гьес мехтел гьекъолароанилан абулелги руго. Кин батаниги, МахIмудил адабияталъулаб ирсги дунялалъул литератураялда бугеб кIварги сунцаниги щинкIизаруларо. Гьанже цIакъго цIакъ «валилъарал» цо-цояздаги абила, щайха Магьдил МухIамадица жиндир рокъоб мехтел гьекъезе тараб, диналъ гьукъараб жо? Гьеб цо. КIиабизеги, Кавказалъул хасияталда ва гIадатазда рекъон, бидул тушманцин чIваларо гьоболасул рокъов.


1919 соналда магIарулазе ва дунялалъул адабияталъе камуна унго-унгояв шагIир, рагIул устар, хIикматаб гьунаралъул лирик. МагIарулал ругебгIан мехалъ, магIарулазда цадахъ букIина «Панаяб хIухьел» - МахIмудица жиндир асаразулъ бекьараб илагьияб рокьул асар.


 Тарихиял хIужабазде ралагьизе ккола, ахIи-хIур гьабичIого, сабуралда ва философияб куцалда. ЧIвай-хъвей камураб жамгIият букIунаро. КIванагIан дагьлъизе те гьеб дунялалда, биччай рекъелги панаяб хIухьелги  дунялалдаго тIиритIизе. Эрнест Хемингуэйица хъвана рагъалда данде «Прощай, оружие!» абураб роман. Гьединабго магIна буго МахIмудил гьал мухъазулги : «ЧIалгIун кьили буго, кьаллъун чу буго, Чорхол рухI ун буго ахIуд мунилан. Рихун туманкI буго, тун ярагъ буго, Тана берзул нуралъ лъикIго вукIаян».


«Дунго хвананиги, халкъалда лъалел Къасидатал тана таманал рокьул», - гьединаб  ахир гьечIеб буго ХъахIабросулъа МахIмудил лирикияб ирс.


2014 сон

 






Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +144
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook