Авторизация

Исламалъул нухда ЧIахIиязе вагIза гIолилазе насихIатал

Исламалъул нухда

ЧIахIиязе вагIза гIолилазе насихIатал

 

«Шамиль районалъул гIолилал» жамгIияб гIуцIиялъул хIаракаталдалъун 29 октябралда МахIачхъалаялда СайидмухIаммад-хIажи Абубакаровасул цIаралда бугеб фондалда тIобитIана нилъер районалъул гIолилазул данделъи. Гьеб данделъи рагьана рехсараб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Суракъат Вагьабиловас ва хадубккун гьеб нухда бачине рагIи кьуна МухIамад Муслимовасе. ГIолилазе вагIза-насихIаталгун кIалъазе рахъана районалъул имам Сиражудин-хIажи АхIмадов, гIалимчи ва тохтур МухIамад ГIабдурахIманов, Дагъистаналъул гIолилазул парламенталъул председатель МухIамад МухIамадов, нилъер районалъул студентазул цолъиялъул нухмалъулев Шамиль МухIамадов. КIалъазе рахъараз бицана гIолилазулъ жакъа къоялда дандчIвалел гIузрабазул, гIумрудул мисалаздалъун гьаруна рухIиябгун муруватияб тарбия щолел ва ВатIан бокьиялде гIолилал ахIулел насихIатал. ВагIза-насихIатазда хадубго тIобитIана интеллектуалияб «Брей-ринг» хIай. Гьеб хIай гIуцIун букIана МухIамадгIарип Мирзаевас. Балагьаразул гъира балеб хIаялъул хIасилалда бергьенлъи босана Зивуриб росдал командаялъ. Бергьенлъи босаразе ракIалдещвеялъулал сайигъатал кьуна районалъул имам Сиражудин-хIажи АхIмадовас. Гьединго «Шамиль районалъул гIолилал» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Суракъат Вагьабиловас ракIалдещвеялъул сайигъатал ва сувенирал кьуна районалъул спортсменал, ММА рагъулаб тайпаялда чемпионлъун вахъарав МухIамад Анкалаевасе ва "Енисей-СТМ" командаялда гьоркьов регби хIалаго кIицIулго чемпионлъун вахъарав Шамиль МухIамадовасе. Гьенирго рехсана мисал босизесел нилъер районалдаса цогидал спортсменалги. Гьеб баракатаб мажлисалъе ахир лъуна киналго данделъаразул цадахъаб дугIаялдалъун.

***

Араб гьатIан къоялъ ХIебда росулъ тIобитIана исламалъул гIалимзабазул кIудияб мажлис. Мажлисалда вагIза-насихIаталгун кIалъаял гьаруна районалъул имам Сиражудин-хIажи АхIмадовас, Къелеса гIалимчи ГIусман хIажи ГьитIинамухIамадовас, районалъул имамасул наиб Гьолокьа ГIали ГIалиевас, ГIасаб росдал имам Сайпулакъади МухIамадовас ва Ругъелда росдал имам Аюб хIажи ЗайнулгIабидовас. ГIалимзабаз жидерго вагIзабазда аслияб кIвар буссинабуна гIун бачIунеб гIелалъе рухIиябгун муруватияб тарбия кьезе ккеялде, бицана районалъул жакъасеб исламияб гIумруялъул , жавабал кьуна данделъаразул суалазеги. Баракатаб мажлисалъе ахир лъуна мажлисалъул тIолалго гIахьалчагIазул цадахъаб дугIаялдалъун.. Мажлисалъул гIатIидаб

материал нижеца  кьела хадусеб номералда.

Информация ва суратал щвана «Шамил районалъул гIолилал» гIуцIиялъул пресслужбаялъухъа


Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook