Авторизация

Авар Атлантидаги Элладаги


Расулил нух


Авар Атлантидаги Элладаги


Сапаралъул очерк


«Кида магIарухъе нахъруссунел нилъ?» - абун хъвана машгьурав магIарулазул хъвадарухъан МухIамад ХIамзаевас. МоцIида жаниб цо нухалъгIаги МагIарухъе щвечIони, тату хола рекIел, рухIияб къечалъ къан ккола щекъер… 15-17 марталда Расул ХIамзатовас 90 сон тIубаялъул хIурматалда гьесуллъун лъазабураб гьаб соналъул тIоцересел тадбиразул цояб тIобитIана – кIудияв шагIирасул суратаз ва рагIабаз къач\арал машинабазул читIир «МахIачхъала – Шура – ЧIикIаб ГЭС – Дубки – ЦIада – Макьасда – Гъуниб –ХицIиб» маршруталда нухда букIана.


БитIараб бицани, гьединаб сапар жеги бухьун букIинчIо. МахIачхъалаялдаги Буйнакскиялдаги (Шураб) къогогIан машина букIана нижер кьерда. Тахшагьаралда мотоциклалги рукIана, байкераз роркьаризарулел. Квачарал къоял рукIиналъ, гьел магIарухъе рилълъинчIо. Лъай-хъвай гьабидал, машинаби рачунезулъги гIемерал байкерал ругоан. Жидерго цолъиялги гIуцIиялги рагьун руго гьез МахIачхъалаялда. Нижер чотIролъ рукIана цере гурони чIоларел украинал Маша ва Лариса. Гьединго цадахъ рахъана Чачанлъиялъул «Доймокъ» телекомпаниялъул операторалги журналисталги. Ккаралъубги ккечIелъубги Чачанлъиялъул байрахъалги рорхун, жидерго фотосуратал рахъизе рагъарулаан гьел. Амма бихьа-рагIаралъ жидее кIудияб асар гьабунин рукIана. Гьезул цояс, Гъунире щведал, гьединаб официалияб кIалъайги гьабуна.


Общежитиялда Расулил рукъ


15 марталда тIоцебесеб дандчIвай букIана Расул ХIамзатов цIалараб ва гьесул цIар кьураб Буйнакскиялъул педучилищеялда. Сонетаздаги цоги асараздаги ХIамзатовас чанцIулго рехсолеб буго гьеб цIалул идара. Студентазул занкIун цIураб залалъув кIалъалаго, колледжалъул вакилас абуна, ХIамзатовас гIумру гьабулеб букIараб общежитиялъул рокъоб жидеца гьесул музей гьабун бугилан. Колледж ракIалде щолищ дудаян гьикъидал, ракIалде щвезе ккани, гьеб педучилище жинда кIочонго толарилан жаваб кьун буго Расулица. Буйнакскиялда юкъун йиго шагIирасул эбел Хъандулайги. Колледжалдаги хадусел дандеруссиназдаги кIалъаял гьаруна автопробег гIуцIарал идарабазул вакилзабаз : Дагъистаналъул туризмалъул комитеталъул «Чайка» цолъиялъул нухмалъулев Дада ХIажиевас, Казбек районалъул (НахъбакI мухъалъул) администрациялъул бетIер Зикрула Эмеевас ва цогидазги. Казбек мухъалъул кIиго росулъ (Калининаул, Ленинаул) чачаназги яшав гьабулеб бугелъул, гьеб районалъул администрациялда вукIуна рехсараб халкъалъул вакилги. Автопробегалда гIахьаллъарав гьесги магIнаял, ХIамзатовасул хIурмат борхун ккурал кIалъаял гьаруна. 


Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул рахъалдасан автопробегалда гIахьаллъана даргияй Аминат ГIабдулманаповаги гьал мухъазул авторги. Тадбир байбихьулаго, МахIачхъалаялда ХIамзатовасул памятникалда аскIоб тIобитIараб дандеруссиналда калам гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, республикаялъул халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовасги.


ЧчугIби лъедолеб росу


Шурабги нахъа тун, Расулил нухккун, гьесул цIар кьурал ва гьесул гIумруялда жаниб кIудияб бакI ккурал (расуловские места) росабалъеги ракьаздеги щвана. Шималияб Кавказалда бищун кIудияб ЧIикIаб ГЭСалъул сангаралде рахана. Маххул хьуриялъ сверун къан, гIурус рагъухъабазул къокъаялъ цIунулеб бугоан станция. 1970 соналъул ракьбагъариялде гIунтIун, ГЭСалъул тарих бицана тIаде рачIаразе гьелъул хIалтIухъабаз. ЧIикIаб росу гъанкъизабиялъул баянал цIехана гьеб росулъа харабазда (гьанже ГЭСалда хIалтIулел руго гьел, хъван батани, цогидал номеразда тIадвуссина гьеб темаялде). Советияб кверщел къуваталда букIараб дол соназда щибха гьабилеб чIикIасез. Росдал хараби чIун рукIун руго нахъе инарилан. Станциялъул музеялъул къеда сурат буго, гьедин чIаразул минаби гъанкъизарулеб куц бихьизабулеб. Азаридаса цIикIкIун сон бараб, бечедаб тарихалъул ЧIикIаб росдал гIадамазул жидерго росдаде бугеб рокьиялъул гIаламатлъун ккола гьел гьанжеги росу гъанкъараб щобде щолел рукIин, цо-цояз гьенир аскIор минабицин ран ругилан абуна.


Расул ХIамзатовас лъел тIинде араб ЧIикIаб росдае сайгъат гьабураб панаяб асар хъвана. Хадусел соназул сонетаздаги ратула гьадинал мухъал: «Авар Атлантида – ЧIикIаб кинигин», - абурал. ХIакъикъаталдаги МагIаруллъиялъул гIемераб ракь Атлантидаялде сверана ва сверулеб буго. ГЭСазул ралъадаз кIкIун унел руго нилъер росаби, ахал, хурзал, сагаби. ЧIикIаб ГЭСалъул сангаралда гьелъул хIалтIухъанас абуна щуго сон инелде бецIанин гьеб станциялъ жиб балаго харж гьарурал сурсатал. Лъеберго-кIикъого соналъ гьеб ГЭСалъ кьолеб хайир кибедай унеб бугеб? МагIарулазул гIоразда рарал станциялги гьез лъугьинарурал ралъадалги хIоралги рукIана  нухдасан рихьулел: Чирюрталда, Миякьо, ЧIикIаб, Рихьуни, ГьоцIалъ, Хьаргаби, Гъуниб рарал ГЭСалги гьезул лъадал тIинде арал нилъер ракьалги.

ЧIикIаб ГЭСалда хIалтIулел кьурабалъан харулел махщалилазул къокъаялъул хIурматияв гIахьалчиги вукIун вуго Расул ХIамзатов. Гьелъул хIакъалъулги бицана станциялъул музеялда.


КIкIуйдулъ босараб рохь


Сордо Дубкиялдаги бан, машинабазул читIиралъ Гендерил тоннелалдехун нух босана. Къокъа хадуб гъезегIан тоннелалъул кIалтIа ниж лъалхъун рукIаго, рекIа-рорчараб рагъулаб техника ана цебесан. Тоннел бахун доб рахъалде щведал, Гендерил ракьалда бугеб Заманаялъул поселокалда аскIоб лъалхъун бугоан колонна. КIкIуйдулъ босун бихьана хадуб белехьдерил рохьги. Постазда ругоан чахIиял къаркъалабазул, хIотолкьерал михъазул, славяназул куц-мухъалъул чагIи. 15-16 марталда Унсоколо мухъалда хасал операциял тIоритIун руго, «Эркенлъи» радиоялъул баяназда рекъон, маскаби ххураз кьабун Шамилхъалаялда ГIашилтIаса гIолохъанчи ХIайбуллагь ХIайбулаевги хун вуго. Дагъистаналда рекъел бокьичIел къокъаби гIемер руго. Лъаларо кире нилъ гьез рачинелали.


ЧотIролъ рукIарал чачаназул журналистаз цIакъго кIвар кьун бахъана Дагъистаналъул ва Чачанлъиялъул тIоцевесев имам ГъазимухIаммад шагьидлъараб бакI. 16 марталъул къаде автопробегалъул гIахьалчагIи Хундерил тIалъиялде рахана. Гьалбал щвана ЦIадаса ХIамзатил музеялде, Макьасда  наиб ХIажимурадие ва хъвадарухъан Лев Толстоясе бараб мемориалалъухъе, Хунзахъ тахшагьаралъул тарихияб музеялде.


ЦIадастанги кьалул байдабиги


Цо сонеталда ХIамзатил Расулица хъвалеб буго: «Гьанже дун дагь щола духъе, дир ЦIада… КъанагIат бихьула авар Эллада», - абун. ЦIадаги МагIаруллъиги шагIирас дандекколеб буго машгьураб некIсияб Грециялда (Элладаялда). Унго-унголъунги, некIсияб Грециялъул гIадал эркенал жамагIаталги шагьарал-полисалги рукIана нилъер. Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго этнограф Агъларовасги. Элладаялъул гIадал чIахIиял эпикиял рагъалги ккана МагIарухъ. Расулил нухккун къокъараб нижер къокъа лъабабилеб къоялъги (17 марталда) щвана гьединал рагъал ккарал, нилъер умумузул биялъ лъалъарал бакIазде: ТIасагъунире ва ХицIиб магъилъе.


Гъуниб «ХъахIал къункърабазе» бараб памятникалда цебе тIобитIараб дандеруссиналда лъикIаб программа бихьизабуна цIалдохъабаз, цIалана ХIамзатовасул асарал, хIана ролял. Гъунир гьарурал тадбирал нухда рачана гьеб районалъул администрациялъул гIолилазулгун иш гьабулеб идараялъул хIалтIухъан МуртазагIали МухIамадовас. Тадбиразда гIахьаллъана «Гъуниб район» МОялъул нухмалъулесул зам Р. ХIусенов. Хунзахъ тIоритIарал тадбиразда гIахьаллъана гьеб районалъул бетIерасул заместитель СагIадулагь Батиров.


Нухлулаз (14 машина, 30-40 чи) тIоцебесеб сордо бана Дубки поселокалда, кIиабилеб сордо – исана ГьоцIдерил ГЭСалъул хIорикье ине бугеб ГIортIаколо абулеб ахикь, РАНалъул экспедициялъ чIел ккурал евровагоназда жаниб. Гьеб ракь гъанкъилелде археологазги этнографазги цIех-рехал гьарулел руго гьенир. Машгьурав этнограф МухIамадхан МухIамадхановги археолог-лаборант Аскерхан Абиевги (ИИАЭ ДНЦ РАН) дандчIвана гьеб чIелалда. ГIалимзабазул хIалтIаби сентябрь-октябрь моцIазде рагIалде рахъине кколел руго (МагIаруллъиялда хурхарал цоги темабиго гIадин, ГЭСазул темаги «Миллаталъ» хасаб кIвар кьолеб суал буго).


ХIамзатил Расулица асаразулъ гIемер хIалтIизаруна нухлул сипатал. «Нухалги мехалги» абураб циклги буго гьесул. РакIалде щвезарилин шагIирасул цIар араб кочIолъа мухъал: «Дир гьудул, ругьунаб чоца рехани, Чодул мугъ бухуге, нухлул халгьабе. Гьеб гьетIараб букIин чол гIайиб гуро, ГIедегIуге, гьудул, чу хисизе мун». Сухъмахъал рукIаниги, шагьраби ратаниги, ритIухълъиялде рачунел нухал дандчIайги магIарулазда. Нухал ритIаги нилъее!


2013 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +75
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook