Авторизация

МухIамад ХIамзаевас 50 сон тIубаялде... Кинаб заман бачIаниги къимат дагьлъулареб ирс

Араб анкьида ХIебда, маданияталъул кIалгIаялъуб букIана нилъер районцояв  магIарулазул машгьурав шагIир, хъвадарухъан, журналист, переводчик, къватIисел улкабазул дипломат, ДРялъул  культураялъул  мустахIикъав хIалтIухъан, филологиял гIелмабазул кандидат,  Бакълъухъа МухIамад ХIамзаевасулгун районалъул жамагIаталъул дандчIвай. 

 

ШагIирас 50 сон тIубараб юбилеялде гьеб тадбир тIобитIана  райадминистрациялъул тIалабалда гъоркь, гIуцIана  «ЦОЛЪИ» газеталъул редакциялъ ва Районалъул лъайкьеялъул отделалъ, гьезие квербакъи гьабуна районалъул маданияталъул нухмалъулез, Гъоркьа Бакълъухъ росдал администрациялъ. Тадбиралде ахIун рукIана исламалъул церехъаби, районалъул киналго школазул нухмалъулел, адабияталъул мугIалимзаби, чIахIиял классазул цIалдохъаби,культураялъул ва искусствоялъул хIаракатчагIи, райцентралъул идарабазул хIалтIухъаби. 


Тадбиралъул мурад бицун данделъиги рагьун, хадубккун гьеб нухда бачана ДРялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан, районалъул газеталъул бетIерай редактор ПатIимат ГьитIиновалъ.


 Гьелъ М.ХIамзаевасул гIумруялъул къокъаб баян кьун хадуб, баркиялъулаб каламгун кIалъазе вахъана районалъул бетIер МухIамад ХIасанов: -Гьадинаб гьунаргун бажариялъул районцояв, гьудул-гьалмагъ вукIиналдаса нилъ чIухIарал ва кутакалда рохарал руго, -ян абуна гьес ХIамзаевасда юбилей баркулаго. М. ХIасановас баркала загьир гьабуна М.ХIамзаевас районалъул школазе сайгъатлъун кьурал тIахьазухъги. Гьединго,  районалъул бетIерас щивасул цIарги хъулухъги рехсон, баркала кьуна тадбиралда гIахьаллъизе рачIарал хIурматиял гьалбазеги.

 

- Жакъасеб гьаб тадбиралде живго ХIамзаев гуро  хIажатавлъун вугев, гьалде нилъер буго бергьараб хIажалъи, хасго цIияб гIелалъул,- ин абуна шагIирасда баркулаго районалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев, Россиялъул мустахIикъав учитель Ибрагьим ХIажиевас. –МухIамадил щибаб кечI, щибаб тIехь буго хвел гьечIеб, кинаб заман бачIаниги жиндир къимат дагьлъулареб ва наслабазе цIакъго хIажатаб дарслъун. Гьесул творчествоялъул дарсал рукIана исана районалъул киналго школазда, гьел рукIина хадурккунги..


 Гьенибго Ибрагьим ХIажиевас бицана районалъул киналго школазе къиматаб сайгъатлъун букIин М.ХIамзаевас жиндирго юбилеялъулаб соналъ къватIибе биччараб  микьго томалдаса гIуцIараб тIахьазул набор («ЦIуне, Аллагь, Дагъистан»,«МухIамад Авараг», «Хириял халифаби», «Ункъабго мазгьабалъул имамзаби», «Шамил имам»,«Бакълъухъа СагIадухIажиясул МухIамад Афанди», «ГIабдулгъафурил МухIамад-хIажи», «ЧIикIаса СагIид Афанди»).


  Нилъер ракьцояв кIодогьавун гьоболлъухъ рачIун рукIана магIарулазул  шагIир, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул вакил, «Гьудуллъи»  журналалъул редактор, Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан МухIамад  ПатахIов,   Дагъистаналъул гIелмияб централъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб мацIалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул ректор, филологиял гIелмабазул доктор  МухIамад МухIамадов, гьенивго  хIалтIулев машгьурав гIалимчи, филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиев, Дагъистаналъул халкъияв артист ХирамухIамад ХирамухIамадов, Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХIамзалав ХIамзалов, Дакул фонд гIуцIарав, ДРялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан АсхIабгIали ХIасанов.


Жидерго кIалъаязда гьез бицана ХIамзаевасул гьунаралъул хаслъиялъул, жакъасеб ва метерисеб къоялъе, Дагъистаналъул  адабияталъе, тарихалъе гьелъул бугеб цIикIкIараб кIваралъул. Жидерго рекIелъе рортарал ХIамзаевасул цо-цо шигIрабиги цIалана гьез.


КIудияб гъираялда къабул гьабуна данделъараз живго МухIамад ХIамзаевасул цевевахъин.  Цо-чанго жиндирго кечIги цIалун, гьес къокъго бицана исламиял тIахьал хъвалаго жинцаго мугъч1вай гьабурал рахъазул, гIакълу дандбарал исламиял церехъабазул, тIахьазе материал бакIарулаго гьезул кьучI цIехон щварал бакIазул.


Ракьцоясул, гьудуласул ва гьесул кIудияб гьунаралъулги бицун баркиялъулал кIалъаял гьаруна Къелеса гIалимчи ГIусманхIажияс, жамагIатчи ГIабдулвахIид ХIажиевас, ГIасаб росдал бегавул Сайпула-къадица, Гьандихъ школалъул директор М.Гъазалиевас, Гъоркьа Бакълъухъ школалъул директор ГIабдулхIамид ГIумаровас, росдал бегавул МухIамадгIарифица.  ШагIирасул гьунаралъул, гьес хъварал тIахьазул гуребги гьез бицана  ХIамзаевасул жамгIияб хIаракатчилъиялъул, гIемерав чиясе гьесдасан бугеб баракаталъул. Жинцаго ХIамзаевасде гьабураб кечI цIализе цеве вахъана Къелеса шагIир Сайпула ГитIинамухIамадов.


МухIамад ХIамзаевас хъварал къиматал тIахьазухъ, гьесул жамгIияб хIаракатчилъиялъухъ шагIирасе баркалаги загьир гьабун,  районалъул администрациялъул рахъалдаса гьесие ХIурматалъул шапакъат кьуна МухIамад ХIасановас. Гьединго ракIалдещвеялъул сайгъатал кьуна Гъоркьа Бакълъухъ росдал бегавулас, гьебго росдал школалъул директорас, райОНОялъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевас, «ЦОЛЪИ» газеталъул редактор П. ГьитIиновалъ. ШагIирасе бищунго рекIее къабулаб сайгъатлъун ккана  тадбиралда районалъул школазул цIалдохъабаз гьабураб гIахьаллъи, гьез цIаларал кучIдул.


-ТIокIалъ районалде вачIине намусаб хIалалде ккезавуна жакъа нужеца дун, -ян абуна М. ХIамзаевас ахиралда тадбир гIуцIаразе, гIахьаллъаразе баркала кьолаго. –Дида кидаго кIоченаро нужеца гьабураб хIурмат, кив вугониги нужее кумекалъеги хIадурав вуго. Хасаб баркала буго райОНОялъул, редакциялъул нухмалъулезе, районалъул тIолалго школазул нухмалъулезе, мугIалимзабазе, цIалдохъабазе.


ЦIакъ махщалида ва рекIелъе рортулеб хIалалъ ХIамзаевасул кучIдул цIалана ГьентIа школалъул мугIалим Кусум АхIмадовалъ, Гьоориб, ГьентIаб, Гьандихъ, Гъоркьа Бакълъухъ, Лъахъ, КъахIиб, ХIебда школалъул цIалдохъабаз.  


Нижер мухбир

 


Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Баркула Мух1аммадида,сахлъи гьарула!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook