Пикру
Гъарабагъалъул бал
Азербайжаналда гьанжеги тIахьал рухIулел руго. 1988 соналда, Гъарабагъалъул суал хIалуциндал, СССРалъул Президиумалъул член Расул ХIамзатовас кIалъай гьабуна, азербайжаналги эрмениялги ракълиде ахIараб ва Гъарабагъалъе хасаб статус чIезабизе ккеялъул бицараб.
Гьеб каламалдаса хадуб азербайжаназ ХIамзатовасул «Дир Дагъистанги» цоги тIахьалги рухIизе байбихьана. Исана цIа гъуна жидерго машгьурав хъвадарухъан Айлислил тIахьазда ва суратазда. «ГанчIилал макьаби» абураб ахирисеб романалда гьес къватIир чIвазарулел руго эрмениязе зулму гьабурал азербайжанал.
Азербайжан Республикаялъул (АР) нухмалъулеб партиялъул («Ени Азербайжан») вакилзабазги Мелли Мажлисалъул (парламенталъул) спикерасги какана Айлислил цIияб асар. Хъвадарухъан ватIаналдаса вачахъеян хъихъири буго цо-цоязул.
Исана январалда Исмаили шагьаралда лезгияз азербайжаназул тIалъи заманаялъ нахъе лъутизабуна, гьезул отелалги машинабиги рухIана. Митингал рукIана Бакуялдаги.
Кавказалъул щибаб улка-ракьгун, регионгун бухьараб буго магIарулазул тарих. Кавказалъул къисматалъулъ ва тарихалъулъ нилъеца кколеб бакIалъулги гьабулеб асаралъулги бицуна гьелъ.
БакътIерхьул Кавказалда «Аминовка» абун гIор буго – Гьонодаса МухIамад-амин Асияласул цIар щвараб. Бакъбаккул Кавказ - магIарулазул кьолболаб ватIан. Кавказалъул аслияб щоб бегун гъоб рахъалда, югалда магIарулазул ракьалги росабиги руго – ЦIор.
Гъарабагъги буго нилъер эпосалъулъги тарихалъулъги («Бахтикал кечI» ва гь.ц.). XVIII гIасруялда Гъарабагъалъ КIудияв ГIумаханасе магъало кьолаан. Гьанже Гъарабагъалъ магIарул гIолохъаби чIаралел руго – Азербайжаналъ Армениялъулгун гIорхъоде бищун цере ритIула ЦIоралъул аварал.
2013 сон
Автор: ГIизудинил ХIамзат