Авторизация

Фашизм= сталинизм?

Фашизм= сталинизм?

 

Евросоюзалъул парламенталъулаб ассамблеялъ дагьаб цебе къабул гьабуна 20 –абилеб г1асруялда Европаялда бук1анила к1иго зулму – «сталинизм» ва «фашизм» абураб х1укму. Гьелда т1асан г1емераб ах1и-х1ур бахъинабулеб буго Россиялъул политиказ. Гьезул разилъи гьеч1олъи буго Сталинил режим релълъинабизе ккани гитлерилалда абун. Бищунго к1удияб ах1и буго щайила жакъа Россиялъ цоги-цоги х1укуматазда т1аса лъугьайин нус-нус аза-азар дозул ракьцоял ч1вазе къот1иялъухъ ва туснахъ гьарун т1аг1инаруралъухъ. (Мисалалъе: Эстония ва цоги Прибалтикаялъул х1укуматал).  Кинха    гьанжесел политиказ жидерго  «идеялъулал умумул» мекъи рук1анин абун абилеб? Абиларо киданиги. Гьеб жидеда абунилангицин руго эхе-эхеде к1анц1елел. Гьелъул ц1акъ г1емерал мух1канал бак1ал руго, г1аммаб х1алалъ пикру гьабуни гьеб к1иябго режим цоцаздаса г1емер рик1к1адго ун гьеч1ин ккола.


Нилъеца кинаб бугониги кколеб лъугьа-бахъин борцина нилъедаго, ай Дагъистаналда. Киг1анаб къадаралъ доб Сталинил режималъ зарал гьабураб нилъее. Сталинил абун ц1ар бугониги гьаб буго г1аммаб къаг1идаялъ т1олго доб большевиказул (коммунистазул ) режималдаго абулеб жо буго.  Щибго даг1ба гьеч1о  гитлерилазул фашизамалъул зулму т1аде гьукъизе Сталинил нухмалъиялда гъоркь Совет Союзалъул халкъаз бергьун к1удияб х1алт1и гьабураблъи. Амма, х1исаб гьабураб заманалда, рагъде ун ч1вараздасаги рагъул заманалдего ва гьелдаса хадуб туснахъ гьарун ч1ван т1аг1арал г1адамал дагьал кколел гьеч1о.  Рагъде рит1ана цевеса ккун кинавго г1олохъанчи, туснахъ гьаруна ва ч1вана гъорлъа рищун лъик1а-лъик1ал, лебалал, кинаб рахъалъ бугониги жидер иш билълъанхъизабизе бажари бугел г1адамал.  Дагъистаналъул дол соназда нухмалъиялда рук1арал г1адамал киналго г1адин к1иц1ул хисана, ва киналго гьел ч1вазе къот1ана. (Гьанибго абун тела, дов Дагъистаналда вук1арав бищун вах1шияв  г1ащт1ичи Ломоносов ккуна 1939 абилеб соналъ. Гьеб мехалде гьесул сейфалда батана Г1абдурах1ман Данияловасде бак1арараб дело. Цо к1иго – лъабгоги къо бан бук1арабани ирга щвезе бук1ун буго Г1абдурах1манидеги. Кинниги  цо гьев баракатав инсанг1аги нахъе ц1унун вуго Аллагьас Дагъистаналъе). 


Режим абун рехсаниги доб бук1ана жидерго идеология билълъанхъизаби. Кин гьез гьабурабалиги буго бицунеб. Цо бук1уна жидерго мисалал берцин рихьизарияздалъун цогиги г1адамал хадур рач1инари. Амма, арматураялъ бет1ерги бухун, жалго реццизе т1ами ва жив ч1валаго «г1ащт1ичи ч1ахъайин» ах1изабулеб къаг1ида кинабха бук1араб? Щивго г1айиб гьеч1ого как балев вихьунин абун вачун эмен ч1варал лъималазе щиб жавабдай кьезе бугеб коммунистаз? Эбел-инсул хинлъиги т1арбияги бихьизе биччач1ого г1ураб г1елалъул бадире балагьизе нечоларел г1адамаз бокьараб гьабиларищха. Кинаб божи бугеб гьеб режим ц1унулез метер гьеб билъанхъизабиларилан, бат1и-бат1иял къаг1идабиги ургъун. Германиялъ абуна жидер х1укуматалда баккун бук1араб фашизма инсанияталъе заралияб ва балагьал рачараб режим бук1анин абун. Гьеб лъазабиялъ Германия бергьун гурого къеч1о, долдаса инкар кквеялъ цебет1ей гурони щвеч1о дозие. Россия абуни жеги т1ирун ч1олеб буго цересел бут1рузул гъалат1ал рук1инч1илан. Ва киналго ч1варалги бит1ун ч1ванилан, зулмуги зулмуго бук1инч1илан г1адлу билълъанхъизаби бук1анилан абиги гьереси буго. Доз ч1вана кинавниги жидер дагьлъиги г1исинлъиги мекълъиги бат1а бахъизе лъалев, жиндирго пикру бук1ине рес бугевгицин г1адан. Ва гьел цереса индал хут1араз ургъараб «демократия» билълъанхъизабулел политиказ лъик1аб жо гьабилилан  хьулги хут1улеб гьеч1о. К1иго зулму бихьана къоабилеб г1асруялда нилъеда к1иялъулго зарал нилъер щивасул рокъобе щвана, гьелъул ругънал жеги сахлъун гьеч1о. Гьанжеги доб к1иябго зулмуялъул цонигияб бецун к1алъалел рихьарал  чаг1азда маг1арулаз абухъе бет1ералда кват1изе ккела.


Автор: МухIамадрасул ГIумаров

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Т1оцере,гьел коммунизмалъул мах1 бахъарал харабазда бич1ч1улебани,киг1ан мисалал рачаниги,жеги дораго жидерго лъимерлъиялда,г1олохъанлъиялда буго ч1ах1ияб г1ел коммунизм г1уц1улел)


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook