Авторизация

МалъичIеб хIалтIиги кьечIел хинкIалги…


- Йо, яхъа, яц, къват1ие, Саратие кумек гьабизе, - йилан дун к1алъайгун, дир гьудул Къурмангъиз йиго, малъич1еб х1алт1иги гьабугейила, кьеч1ел хинк1алги кунгейилан малъун бук1анила жинда к1одоэбелалъ. Я Аллагь х1ал Алжаналъуб батагиха, я ЕГЭ кьеч1ел, я репетиторазухъе хьвадич1ел, вищиабразаваниецин щвеч1ел нилъер г1акъилал к1одоэбелазул.

Пикру гьабураб мехалъ, гьаб бук1ун батула, малъа-малъарабги гьабун рук1унел, г1адатиял г1адамазе кьолеб бук1араб г1акълу. Цойгидаз малъизег1ан ч1оларел, жедецаго малъулел чаг1иги рук1ине кколелъулха. Г1адада гуро маг1арулаз гьединал чаг1азда абулеб нухмалъулелилан. Нухги лъалел, унеб мухъ-рахъги бихьизабулел, щиб гьабизе кколебалиги малъулел чаг1и рук1ине ккола жидерго г1акълуги бугел, гьеб х1алт1изабизеги бажарулел чаг1и. Гьезие, гьаб дица т1адехун рехсараб, г1адатиял г1адамазе кьолеб бук1араб г1акълуги данде кколаро. Цойгидаздаги малъулев, малъараб жоялъул жавабчилъиги т1аде босизе к1олев вук1ине ккола нухмалъулев.

Нилъер нухмалъулелин абуни, кьишни-къул бак1арейин абизеги Главаясул Указалъухъ г1енеккун ч1ола, лъималазда рахьдал мац1 малъизеги Главаясул Указ къвариг1уна, мустах1икъал чаг1и к1одо гьаризеги Главаясул Указ гьеч1ого бегьизего бегьуларо, наркотоказде данде рагъги Главаясул Указ гьеч1онги гьабизего бегьулеб жо гуро… гьелда релъун цойгидабщинабгиха.  Щиб данделъи бугониги, кинаб к1вар бугеб суал цебе лъуниги, Главаясул Указалда рекъон, нилъеца гьабги гьабги гьабизе кколилан бицуна аз, Главаясе къвариг1араб жо аб бугеб г1адин. Жедерго бут1рул сунда т1ад х1алт1илелдай рук1унел? Квеш ккараб жо буго нилъер г1емерисел х1акимзабаз, гьаб т1адехун рехсараб абиялъул т1оцебесеб бут1а, ц1акъ т1ад ч1ч1ун т1убазабулеб бук1ин.

Гьанже г1ун бач1унеб г1елалдаги малъараб гьабизе гурони, жедерго бет1ер х1алт1изабизе малъулебго гьеч1елъул. Суалалда т1адали щайгурин, жавабалда т1адцин ургъизе кколаро гьанже, х1адурараб жавабалда т1ад «у» яги «гуро» - йилан килищ цураб г1ола. «Ворта, Мух1умабазул» наслаби руго г1езарулел.

Т1асан х1акимасул буюрухъ бач1ани т1убала, бач1инч1они – къиямасеб къо ч1агиян кинабгоги тун, г1адада вук1инч1ого кьеч1ел хинк1ал кваназе жувала. Т1убанго г1антавги гьеч1елъулха ав, жиндиего данде кколеб жог1аги гьабизе лъач1ого вук1ине. Дир х1исабалда, гьанже ругел х1акимзабазул гьаб халкъияб г1акълуялъе гьадинаб жаваб буго: «Малъараб гурони х1алт1иги гьабиларо, кьеч1ониги хинк1алги кванала» - ян.

Цо-цог1аги бет1ер х1алт1улелги, г1акълу билълъанхъизабулелги, гьал г1исинх1акимзабазул ах1макълъиги, х1елх1елчилъиялъул кутакги бихьулел нухмалъулелги ругелъул, гьез дозул х1алал рихьизе, цо т1убан раг1а-ракьанде щвеч1елг1адал буюрухъал рит1ула дозухъе, кагътида хъван бук1аниги, телефоналъ абун бук1аниги, яги годик1анив дандч1вараб бак1алда абуниги. Валлагь рекерулаха ал эмехвадал г1одор ккун – т1аде рахъун, гьеб буюрухъ т1убазе, киг1ан г1акълуялъ къабул гьабулареб г1адаб бук1аниги.

Гьале нужеего цо мисал.

Цо лъайкьеялъул министерствоялъул х1алт1ухъанас кибалиго абун буго (кидал ва лъица абурабали лъиданиги ч1езабизе к1веч1о) классалъул журналалда авар мац1алъул ва адабияталъул хъвай-хъваг1аял г1урус мац1алда гьареян. Квешезего абун батизе бегьула, копоего абун батизе бегьула, кин бук1унебали бихьизе абун батизе бегьула… кин батаниги, абун буго. Г1емер руго, г1акълуги х1алт1изабун, Россиялъулги Дагъистаналъулги Аслияб законги ц1алун, лъайкьеялъул х1акъалъулъ законги ц1алун, гьебги бич1ч1ун, бук1араб х1алалъ авар мац1алда хъвай-хъваг1ай гьабизе журналалги тун, парахат, дагьабги к1вар бугеб, лъималазе лъай кьеялда т1ал х1алт1улел УОялъул нухмалъулел ва школазул директорзаби.

Цойги руго, щиб гьабизе т1амурал чаг1и жалгоялиги к1очон тун, гьадав чиясул раг1иги кьолон, учительзабазе г1акъуба кьолел. Х1инкъаби кьун, х1алт1удаса нахъе рит1илин лъазабун, бадирч1ваял гьарун, харж т1аса кквелин лъазабун, учительзабигун рагъилел. Гьанже гьеб тайпаялъул нухмалъулез лъазабун раг1ула авар мац1алъул ц1алул программабиги г1урус мац1алъ хъвайилан. Дов т1ад вугев х1акимасда берцин вихьизеха. Х1алч1ахъадал! Кьеч1ел хинк1ал квинеги ратила гьединалго г1едерал.

Гьанже дие бокьун буго, цо министерствоялда бугеб г1иси-бикъинаб лъай-хъваялдаса пайдаги босун, авар мац1алъул дарсалги г1урус мац1алъ кьейилан ругьел бит1изе лъайкьеялъул Управлениязул нухмалъулезухъе (вореха нужеца лъиданиги бицунге). Гьеб мехалъ якъинлъила чан нат1 щивасда бугебали.

Я, Аллагь, г1акълу кьеги!  

Педагогикиял г1елмабазул кандидат,

Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмияб

институталъул г1елмияй х1алт1ухъан,

 авар мац1алъул учительзабазул

Ассоциациялъул пирсидател


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook