Авторизация

Танказул «Шамил» колонна

Пикру


Танказул «Шамил»  колонна


Чанги тушманасул бетIер чIинтIараб


Араб анкьалда, ай 2017 соналъул 25 апрелалда, талат къоялъ, РИА «Новости», «Известия», «Коммерсант» гIадал информациялъул алатаз харбал тIиритIизаруна исана лъабабилеб апрелалда Санкт-Петербургалъул метроялъуб теракт гьаби тIаде босун рагIулила «Шамил имамасул батальон» абураб, «Аль-КъагIидагун» рекъараб террористияб къокъаялъ. «Reuters» («Рейтер») абураб, Англиялъул тахшагьар Лондоналда бугеб информациялъул агентствоялъ къватIибе кьун буго тIоцебе гьеб лъазаби. Россиялъул сайтазги, халго гьабичIого, бахъун буго. Щибго кьучI гьечIеб хIай, провокация кколин гьеб ишилан рикIкIунеб буго цо-цо политологаз. Жидерго мекъал мурадал тIуразаризе Шамил имамасул цIаралдасан пайда босизе бокьарал къуватал кидаго рукIана ва жакъаги камун гьечIо.


Шамил имамасул ва Кавказалъул цоги имамзабазул цIарал жакъасел террористазги цоги къокъабазги жидерго хасал, исламалдасаги гIадамазул нухалдасаги рикIкIадал къасдазе гIоло хIалтIизаризе хIаракат бахъулеб буго. Гьеб хIаялда жаниб буго исламалда, гьелда хадубго – кавказиязда, дагъистаниязда ва магIарулазда тункизе, кьаби щвезабизе бокьи. Амма гьединал гъарачагIазул, бидулазул, залимзабазул анищал тIуразе гьечIо, гьезул дунялги ахиратги гIадада хола.


Дагъистаналъул халкъазул батIи-батIиял вакилзабаз хитIабал хъвана, Россиялъул машгьурал информациялъул алатаз аслу ва мухIканлъи гьечIел харбал тIиритIизариялъул бугеб заралалъул бицарал ва гьел сайтаздаса Шамил имамасул цIар квешаб рахъалъ рехсарал информациял нахъе рахъеян.


Тарихчи ва журналист ШагIбан ХIапизовас рикIкIунеб буго гьеб гьересияб хабар тIибитIизаби хIалихьатаб, гIорхъолъа борчIараб хIай, провокация кколилан.


«ЦIех-рехалъул хIалтIухъабаз абулеб буго исана 3 апрелалда Санкт-Петербургалда теракт гьабурал хъачагъал Гьоркьохъеб Азиялдаса ругилан. Амма гьеб такъсиралъул цIех-рех гьабун бахъун гьечIо ва диваналъ хIукму къотIичIо. Гьоркьохъеб Азиялдаса хъачагъаз гьеб вахIшилъи гьабун батаниги, гьел лъай мукъсанал ва мухьдахъ рукIа-рахъиналъул хIалтIаби гьаризе рачIарал азиялъулазда Шамил имам лъалин абураб жоялда божуларо. Хъубаб ва нахъегIанаб гьеб теракт гьабурал такъсирчагIазулгун кинабгIаги гьоркьоблъи гьечIо магIарулазул, дагъистаниязул ва Шамил имамасул хIурмат гьабулелщиназул. Гьаб информациялъулаб хIаялъе жаваб кьезе ккола, гьеб ургъаразул заралиял мурадал тIурачIого рукIине», - ян абуна ШагIбан ХIапизовас.


Исана Шамил имам гьавуралдаса 220 сон тIубала. Шамил имам вуго магIарулазул, кавказиязул Миллияв БахIарчи. Гьесул цIар цIунун рагIи абуларев чи унго-унгояв кавказиявлъун рикIкIине бегьуларо. Шамил имамас гIадаб гIакъуба исламалъе ва Кавказалъе гIоло лъицаниги хIехьечIо. Кавказалъе гIоло щвана гьесда анцI-анцI ругъун. Гьел лъугьана Кавказалъулго ругъналлъун. Мех-мехалда унтула гьел, ссудула.

«Марксица къимат кьурав кьалул цевехъанасде кьучI билараб пероялъ гьагал чIорал рехана», - абун хъван букIана цебесеб гIасруялъул бащалъуда ЦIадаса ХIамзатица. КьучIал риларал къалмал дагьлъулел гьечIо дунялалда.


1999 соналъул августалда халкъазда гьоркьосел хъачагъалгун Дагъистаналда тIаде кIанцIарав Басаевас гьеб гьужумалда «Операция «Имам ГъазимухIаммад»» абун цIар лъуна. Гьебго соналъул сентябралда ЦIияблак районалде гьабураб тIадекIанцIиялда «Имам ХIамзат-бег» абураб цIарги лъун буго хъачагъаз. Амма унго-унгоял гIалимзабаз ва Дагъистаналъул халкъаз гьел гъарачагIи Кавказалъул имамзабазул ирсилаллъун къабул гьаричIо, гьезие гьединаллъун жалго рихьизаризе кигIан бокьаниги. АхIичIого рачIарал хъачагъаз ва питначагIаз биял тIуна ва гьел сабаблъун Дагъистаналъул росаби щущазаруна, рагъулал самолетаз тIаде топалги ран. Басаевасулги ХатIабилги бетIерлъиялда Дагъистаналда тIаде кIанцIараб «Исламияб ракълилаб бригадаялъ» гьединаб, бидулги къварилъабазулги цIураб «рекъел» босун бачIана республикаялде.

Кавказалъул имамзаби ва гьездаго гьоркьов Шамил имам руго дунялго жидеца асир гьарурал, ритIухълъиялъулги, тушманасдехунцин бугеб рахIмуялъулги, гIакъиллъиялъулги, гIелмуялъулги мисалаллъун хутIарал, тIадегIанаб макъамалъул тарихиял хIаракатчагIи.


КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда, дагъистанияз жиде-жидер буголъиялдса садакъаги гьабун, фронталъе кумекалъе танказул коллонаби ва бронепоездал гIуцIизе гIарац кьуна. Гьедин гIуцIараб цо танказул колоннаялда «Шамил» абун машгьурав Кавказалъул имамасул цIар лъун букIана. Гитлерил маргьабазе ахир лъеялъулъ бутIа буго танказул  «Шамил» колоннаялъулги.


Танказул ва магIарул рагъухъанасул (Совет Союзалъул БахIарчи МухIамадзагьид ГIабдулманаповасул) хIакъалъулъ гьадинал мухъал нахъе тана ХIамзатил Расулица:


Симферополалда буго гIаммаб хоб

Анкьго гIурусасул, цо аварасул,

Хабада эхетун буго чармил танк,

Чанги тушманасул бетIер чIинтIараб.

МармаргьецIоялда хъван руго цIарал,

ЦIадулал васазул нилъер ВатIаналъ;

ЦIализе риччан те гьел гьудулзабаз,

ЦIализе риччан те гьел тушбабаца.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +107
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьалеха Смиялъ,нилъ гуккулеб ва г1адал гьарулеб къаг1ида,гьединал х1аязул х1асилалдалъун бижула миллияб тушманлъи!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook