Авторизация

Наиб ХIажимурад

Наиб ХIажимурад Хунздерил ХIажимурад (1816-1852 сс.) – «Аллагьасул хвалчен», «Халид бину Валид» ян жинде абулеб вукIарав, аваразул рагъул цевехъан, имам Шамилил цIар рагIарав наиб, Кавказалъул рагъул гIахьалчи, Хунзахъа вахъарав, Аваразул ханзабазул рахьдал  вац. Гьеб гуребги, Лев Толстоясул цого цIаралъул къисаялъул бахIарчилъунги кколаан гьев.


Баянаб буго гьесул кIудадаби  Асланбекица ва ГIусманил ХIажияс, эмен ГьитIинамухIамадица, вац ГIусманица, яцалъ, вацгIалзабаз ва цинагIалзабаз, ХIажимурадил тухум «Тавулаз» ва гьесул гьанжесел наслабаз гIумру Хунзахъ гьабулеб букIараблъи ва жакъаги бугеблъи.


ХIажимурадил эбел-эмен рукIана  эркенал узденал, гьесул эбел йикIана ханзабазул васазул рахьдал эбеллъун. ХIажимурадги гьесул кIудияв вац ГIусманги рукIана ханалъул васазул кьерилалги. Гьедин букIиналъ, гьезул цоцаздехун букIана щулияб божа-рокьиги. Ханзабазулгун бугеб гьоркьоблъиялъ ХIажимурадил гIамал-хасияталъе асар гьабичIого хутIуларо.

ХIажимурадил лъимерлъи ккана  битIун Кавказалъул рагъ байбихьараб заманалде. ХIажимурадие хасиятаблъун букIана кинал ругониги захIмалъабазукьа хIинкъунгутIи, ракI къвакIи, бахIарчилъи, рес къотIараб, щиб гьабилебали лъалареб ахIвал-хIалалдаса хехго битIараб ва къокъаб нух батизе бажари.


ХIажимурадил машгьурлъи байбихьана 1834 соналъ, гьесги вац ГIусманицаги ханалъул васал чIваралъухъ рецIел босиялдасан. Россиялъул  рахъалда ХIажимурад гIахьаллъана ХIамзатил бакIалда тарав Шамил имамасде данде гьарулел рагъулал  тунка-гIусиязда. Бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ ХIажимурадие офицерлъиялъул чинги кьола.


1840 соналъ ХIажимурадиде Шамил имамасулгун балъгоял гьоркьорлъабазда вугилан гIайибги гIунтIизабун, генерал Клюгенаул буюрухъалда рекъон, туснахъги гьавун, гьев Темир-хан-Шураве витIула. Гьев щвезавизе ритIарал кIиявго чиги  цадахъ цIан, кьурул рагIалдасан бугеб сухъмахъалдасан унаго, гъоркье кIанцIула ХIажимурад. Цадахъ рукIаразда тIадги ккун, гIицIго бох бекун гурони тIокIаб къварилъи кколаро гьесие. Гьеб заманалдаса нахъе, Шамил имамасги тIамун, киналго магIарулазул росабазул наиблъун вукIана ХIажимурад. I0 соналъ имамасул кваранаб кверлъун вукIана гьев. Гьел соназ ХIажимурадил бетIерлъиялда гъоркь гьарурал бахIарчиял чабхъеназ гьесул цIар кибго  машгьурлъана. ХIажимурадиде  абулеб букIун буго «вихьуларевилан». ХIажимурад вачIине бегьулеб бакIалде, гIурус армиялъул нухмалъиялъ гьесде данде бищун къуватал, тIаса рищарал рагъухъабазул къокъаби рехулаан. 


ХIажимурадица чабхъенал гьарулаан давлаялъе гIоло гуребги, рецIел босизелъунги. Давлаялъул бутIа гьес кидаго бесдалазе  ва къоролзабазе бикьулаан. Имамасул рагъухъабазда гьоркьов ХIажимурад вукIана бищунго цеветIуравлъун. Гьесул къвакIиялъгун бахIарчилъиялъ Дагъистанги  Чачанги хIайран гьарун рукIана. Гьесул багьадурлъиялъул цIар тIолабго Кавказалдаги Россиялдаги тIибитIун букIана.


1851 соналъ имамасдаги ХIажимурадидаги гьоркьоб ккараб дагIба сабаблъун, имамасул буюрухъалдалъун ХIажимурадил хъизан-лъимал асир гьарула.  ХIажимурадги имамасдаса нахъеги ун, БакьагьечIив  чIола.


ТIадвуссун магIарухъе ине хIал бихьулаго, Азербайджаналъул Кахи районалъул Онджалы росда аскIоб хадур  лъугьарал хъазахъазул ва милициялъул чанго нухалъ цIикIкIараб къуватгун ккараб рагъулъ ХIажимурад чIвала. Кавказалъул цIар рагIарав бахIарчи хвана гъветIги ккун. Гьесул къаркъалаялда сверун гIодор ккун рукIана цохIо ХIажимурадица чIварав 17 тушманги. ХIажимурадил хоб лъугьана зияратлъун.


«ХIажимурад вукIана рагъуе гIорхъолъа ун тIокI борчIараб махщел-гьунар БетIергьанасго кьурав чи. Бищун къвакIарал бахIарзазулги бахIарчи вукIанин ХIажимурадилан аби ккола гьесул хIакъалъулъ щибго жо  абичIолъи. ХIажимурадил хIинкъи гьечIолъи букIана Кавказалъецин гIадатияб гуреб, гIажаиблъилъун. Гьев вукIана чол рекIаразул хIикматав цевехъан. Тушманасда хадув гIунтIарав, захIмалъабаздаса  ворчIизе бажарулев, гьужумазулъ нахъекъай гьечIев, нахъе къалаго лъиданиги жинда хадув гъезе, лъиданиги кквезе кIоларев. РукIана заманал гьев багьадурас князь Аргубинский – Долгоруков ва князь М. С. Воронцов гIадал цIодорал полководцал бакараб цIадутIа бугеб боркьараб къанитIа тIад гIадин гьел чIезаруралги. Гьев бергьараб гьунаралъул гIалхулав цогидаб армиялде вачаниги – французазул армиялде ялъуни дагьабги лъикIаб Мольткел армиялде, Европаялъул бокьараб армиялде вачаниги, киве кканиги ХIажимурад вукIине вукIана хIинкъи-къай гьечIев тулакав рагъухъанлъун ва чол рекIаразул бищун лъикIав командирлъун».


А. Зиссерманил хъвай-хъвагIаяздаса.

Автор: ФатIимат МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook