Авторизация

ГьитIинаб тоннелалъул кIудияб квалквал



Нухалги мехалги


ГьитIинаб тоннелалъул кIудияб квалквал


Бащдаб миллион чиясда хъатIулеб суал


МоцIидасаги цIикIкIун заман бана Генуб росдада аскIоб бугеб чанго нусго метралъул халалъи гурони гьечIеб тоннель къачIазе байбихьаралдаса. КIиябго кIалтIа светофорги лъун, тоннелалда жанисан цо рахъалъул нухалъ гурони машинаби риччалел гьечIо. Къараб рахъалда гьабилан абизе гьабураб хIалтIиги гьечIо. Бащдаб миллионалдасаги цIикIкIун чи хьвадулеб нух гьедин кIвар кьечIого щай тарабали бичIчIуларо. АнцI-анцI машинабазул читIир лъугьуна гьениб гIемер, сабру лъугIарал нухлулаз машинаби цере кIанцIизарула, дагIба-рагIи ккола, рохалилаб яги пашманаб ишалъ гIедегIарал чагIи кватIула. Гьаб суал хехго ялъуни батIайиса тIубазе ресго гьечIодай?


Масала, Генуб росулъан хьвадулаан цере машинаби. Гьанже гьеб машгьураб росуги сверун ккун чIезабун буго, киналго рахъазда хъаравулзабиги блок-посталги лъун. Тоннель къачIазегIан, гьенисан хьвадизе бегьилаан машинаби. ГIадамазул ва чанго районалъул цебетIеялъул ургъел батани, гьеб тоннель къачIаялъул хIалтIаби щай дагьал хехго рагIалде рахъинаризе бегьуларел? «Балъго-гIатIго» гьенир хIалтIулел ратани, лъаларо, амма берда бихьулеб шура-хъури гьеб бакIалда гьечIо.


Дагъистаналда нухал гьариялъе, хъил тIеялъе кIудияб хIалтIи гьабулеб буго, амма гIоларел рахъалги камулел гьечIо. Сулахъ гIоралда тIасан бугеб кьо къачIалаго, Гъизилюрталда аскIоб букIараб хIалкъайги, сабру гьечIолъиги, ахIи-хIурги нилъеда лъала.

Нухазул тема, кин бугониги, аслиязул цояблъун буго Дагъистаналда. Гьеб суалалъ «Миллат» газеталде гIемер кIалъан рачIуна ва хъвадарула гIадамал.


Масала, коляскаялда гурони хьвадизе бажаруларев сакъатав чи МухIамад ГIалиевас хитIаб гьабулеб буго жиндица гIумру гьабулеб минаялда аскIоб бугеб нух, гвендазул цIун, цIакъго квеш бугилан, гьенибе чабхил цIураб машинагIаги чIехьезе бегьуларищилан суал лъолеб буго гьев гражданинас. Гьединго гьеб нух къачIачIолъиялъ аскIоб бугеб гьес гIумру гьабулеб минаялъеги къварилъи кколеб бугин гIарз буго ГIалиевасул, машинаби квеш хьвадиялъул хIасилалда. ГIалиев яшав гьабун вуго Хунзахъ районалъул ГIарани росулъ. Гьев ккола Сивухъ росулъа чи, нухда ккараб авариялдаса хадув сакъатго хутIарав.


Унтаразде, щокъазде, язихъазде, загIипазде бугеб бербалагьиялдалъун кьола бокьараб жамгIияталъе, росдае, районалъе ва улкаялъе къимат. «Мун гьитIинав чиясде гурхIел бугевлъун вукIа», - ян хъвана авар адабияталъул классик Инхоса ГIали-хIажияс. РекIаразда лъелалги рихьун гIумру тIамизе тавпикъ кьеги нилъее. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +63
  • Нравится
Оставить комментарий
Унтаразде, щокъазде, язихъазде, загIипазде бугеб бербалагьиялдалъун кьола бокьараб жамгIияталъе, росдае, районалъе ва улкаялъе къимат.Гьаб хӏукуматалда,кӏвар цӏикӏун,яргъиде кьолаан,гьелъие чагӏии щай??Хас гьпбун унтарал,шокъал,загӏипал
Мискин-пакъир рази гьаве,
Язихъасда гурхIел гьабе…
Рекъал, беццал, загIипазде
Зияратал гIемер гьаре,
Заманаялъ мугъ рехарал
Харабазда гурхIел гьабе, –  

ЦIадаса ХIамзатил «ГIумруялъул дарсаздаса мухъал».


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook