Авторизация

СогIаб ХIаригабурлъи

Нухалги мехалги 


СогIаб ХIаригабурлъи


СогIаб ХIаригабурлъи «Вай байтулман, дуниял, дудасан гьечIеб пайда, гьабулаго гIумру ун, гIазаб цIикIкIин гурони», - абун хъвалеб буго магIарул гIакъилас. МагIарулазул нухазул согIлъиялъул, захIмалъиялъул ва паналъиялъул хIакъалъулъ макъала хъвалев вукIаго, хабар  бачIана Данухъ росдал бегавул ГIабдулгъапур ГIалиев, росдада гIагарлъухъ машинаялъ авария гьабун, Аллагьасул къадаралде щванилан. БетIергьанас гьесие ахират лъикIаб кьун батаги, нахъе ругезе гIумруги кьеги. Гендерил тоннель къан кIиго моцI унеб буго, сверун ккураб хъала гIадин, чара къосун МагIаруллъиги буго. ГIемерал миллатцоял хьвадулел руго ХIарисан. Амма хасало цIакъ квешаб нух букIуна гьеб габурлъудасан, пуй-чIвай багъарула, гIансал тIола, кьиндал нухлулазе бигьаяб шагьра гьеб гуро.


Гумбет мухъалда хIалтIулеб нухлул хIалтIухъабазул « Гумбетовское ДЭП № 10» ОАОялъул нухмалъулев ГIалимчилав ГIалимчилаевас бицана, Гендерил тоннель къаралдаса ХIарисан хьвадулел машинабазул къадар цIакъго цIикIкIанилан. ХIакъикъаталдаги гIемерисел магIарул районазде гьанже ХIарисан хьвадизе байбихьана. Амма заман хасалиде гIунтIулеб бугелъул, гьеб нухлул кьвари сапаралъ рахъаразда лъачIого хутIулеб гьечIо.


СогIаб ХIаригабурлъи Ноябрь моцIалъул авалалда, гьал къоязда гьава-бакъ согIлъана ва ХIаригабурлъи пудизе лъугьана. Гьанир машинаги хун хутIарал нухлулазе бакълъулазул нухлул хIалтIухъабазул кумек щун буго. Гьадин хъвалеб буго гьез баркалаялъул кагъаталда: «ХIурматиял Гумбет районалъул нухмалъулел ва нухазул идараялъул хIалтIухъаби! Нижее бокьун буго Сагьада, Хухрекь, Метрада росабазул жамагIатазул рахъалдасан нужее баркала загьир гьабизе. Къварилъи ккун, зигараялъ Гъизляралдаса кватIараб гIужалъ къватIире рахъине ккана ниж. Гьеб букIана гьаб соналъул кIиабилеб ноябрь. ХIаригабурлъухъе щвелелдего, балеб гIазуги пулеб гьуриги букIана. Нижер рукIана  кIиго маршрутка цIурал гIадамал. Ургъел чIвана ХIаригабурлъиялдасан захIматаб нух нахъа теялъул. ХIарибе рахунеб бакIалда цояб машина хвана, гьелъул «рачел» тIун бачIана. Гьенир чIун ругеб мехалъ, тIаде рачIана бульдозергун нухазул идараялъул хIалтIухъаби. ХIариб бараб минаялда аскIоре цIана гьез нижер хвараб машина, «рачелги» кьуна. Гьел тIаде рачIинчIелани, нижее щиб ккезе букIарабали лъаларо. Хинал рукъзабахъ парахалъизаруна гьез ниж, 12 чи хвасар гьавуна, рокъоре сах-саламатго щвана. КIудияб баркала буго районалъул нухмалъулезе, нухазул  хIалтIухъабазе, ХIариб магIарда мина баразе, гьениб хинлъи чIезабуразе, ниж гIадин, Аллагьги разилъаги гьездаса».


Гьедин къо ккарал нухлулал гIемер рукIуна ХIаригабурлъухъ. Чанги чи гIуниялдаса хвасарлъана, гьениб бараб минаялъур рахчизе щун, гьеб сабабалъе ккун. Нухлул хIалтIухъан вукIуна гьенив кидаго, хIажаталъубе бачине хасаб техникаги чIезабун букIуна. ИсаналъизегIан гьеб минаялъубе ток бачине рес ккун букIинчIо. Гьенисан аскIосан газил рогIрал лъурал «Газпромалъул» хIалтIухъабаз ва цоги сахаватчагIаз квербакъун, гьанже токги бачун буго гьеб нухлулал хвасар гьарулеб ригьнибе. «Унтарасе - гIанса, гIунулесе  - чу» кколин хIакъикъияб рагIиян хъвана ГIумар-хIажи Шахтамановас. Нухлуласе чуги, гIансаги, хинлъиги, канлъиги кьолеб мина буго ХIаригабурлъул тIогьиб.

Инарал Ермоловасул (Ярмул) рагъулаб къагIида букIана, гIатIиракьалдасаги тIезарун, магIарулал ракъуца хвезаризе кколилан абураб. Гьединабго блокада ургъун букIана Наполеоница Англиялда дандеги, гьезул чIинкIиллъиги сверун ккун. Ермолов Кавказалда бергьинчIо. Гьес гьелегьинабуна бащдаб гIасруялъ гьалдараб кьалул кор. Гьанжеги магIарулазда чIерги мичIчIги квинабизе бокьарал лъугIун гьечIеб гIадаб хIисаб буго.


Шамил имамасул пачалихъалда кIвана МагIарухъа щолеб бачIиналъ, цIамуца, магIишаталъ МагIаруллъи хIебтIизе. Хурзал рекьизе кIочон тарал магIарулазда жакъа гьаб сверункквей хIехьезе кIвей щакаб буго. XX гIасруялъул байбихьуда Бузнасан гьоко-чу унеб нух бахъана нилъер умумуз. Гьеб цIигьабизе ккеялъул суалги борхулеб буго жамгIиял идарабаз. Цоги нух букIана нилъер умумул хьвадулеб – ШишиликI магIардасан  (ГьаракIунисан). Генур гьарулел «хасал тадбирал» халалъидал, гьенисанги хьвадулел рукIана магIарулал. Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул бетIер ХIамзат ХIамзатовасги бахъана Жунгуталдаса Хьаргабибе нух, гьеб проекталда тIад гIемераб гIарацги харж гьабуна. Гьебги рехун тун буго.


ГьечIищха магIарулазе тIокIаб дарман, хважалмахьисез речIчIичIого, хьвадизе рес кьолеб? Ялъуни, гьезие донорлъи гьабизе тIаде босунищ нилъеца  бугеб? Хасаб операция тIобитIизе тоннель рагьиялъул квалквалго букIунадай? Политикияб хIукму гуродай Гендерил тоннель къай? Эхебе нух гьечIел чагIийищ ругел гьаб пачалихъалъул тIалъиялда? Гьениб хIалтIи гIуцIулезе гIемерал «меседил ханалги» гьарун, ахиркъадги рагьун букIана Гендерил тоннель. Гьава къотIулеб гIадин, гьеб къан чIезабун буго нахъеги пачалихъалъ.

Эхебеги эхедеги нух батагиха. Кьодул сакги тIун, кьурулъ кидалъагIан магIарулал рукIинел?


Ноябрь, 2014 сон

Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +165
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook