Авторизация

ГIансиялъ нух къана


Рорхатал мугIрузда руго гIадамал


ГIансиялъ нух къана


ХIаригабурлъухъ апрелалдаги гIазул кутак буго


Анкьабилеб апрелалда, араб шамат къоялъ, ХIаригабурлъухъ гIанси тIеялъ, чанго магIарул районалъулгун бухьен чIезабулеб республикаялъул кIваралъул шагьранух къан букIана. Цо нухалъ тIураб гIанси бацIцIун бахъинелде кIиабизеги тIун бачIун, гIаммго анцIго сагIат хIажалъана «Дагъавтодоралъул» Гумбет районалда бугеб идараялъе (РУАД) нух эркен гьабизе. АнцI-анцI машинаби ва гIадамал чIун хутIун рукIана гьенир.


НакIкIирохь


Гумбет РУАДалъул нухмалъулев ГIалимчилав ГIалимчилаевас гьадинаб баян кьуна ХIаригабурлъухъ букIараб ахIвал-хIалалда тIасан: «Нижер хъаравуллъиялда гъоркье кколеб гьеб нухлул 57-абилеб километраялда, НакIкIирохьилан абулеб бакIалда, гIанси тIуна. Лъимги гIемерлъун, цIакъ рикIкIадасан, эхедегIанисан тIунги бачIун, нух къана гIаздаца. ТIоцебесеб гIанси бачIана анкьабилеб апрелалъул радал сагIат анцIгоялда. КIиго-лъабго сагIаталъ гьенир бульдозералги хIалтIизарун, рагьун букIана нух. Гьебго къоялъул бакъанилъ сагIат анлъго тIубараб мехалъги тIуна гIанси, сардилъ сагIат анцIила кIиго тIубарабго гурони, нижеда шагьранух рагьизе кIвечIо, тIун бачIараб гIазул кIодолъиялъги гIемерлъиялъги. Гьеб захIматаб хIалалда жигаралда хIалтIана бульдозерчи АхIмад МухIамадов, къаси дежурствоялда вукIарав ХIажияв Зубайров ва цогидалги. ХIаригабурлъухъ гьоркьоб къотIичIеб хъаравуллъи (дежурство) чIезабула нижеца. Нухда хIалтIи гьабизе бульдозер камун толаро гьениб».


43 чи хвасар гьавуна


ГIалимчилаевас бицухъе, гIага-шагарго 200-250 кубаметр гIазул бачIун буго тIоцебесеб гIансиялъ. КIиабизе бачIаралъул халалъи 150 метр, борхалъи лъабго метр букIанила, 450-ялдасаги цIикIкIун кубаметр букIун батилила: «Гьеб тIабигIияб лъугьа-бахъиналъ сапаралъ рахъарал магIарулазе лъикIаланго квалквал гьабуна. Сардилъ гIазу бацIцIулеб заманалда шагьранухлул кIиябго рахъалда 70-80 машина чIун букIана. Исанасеб хасел цIакъ захIматаб бачIана нижее. Гьаб кьиндал гIадин гIемер чи гIазулъа вахъизего ккун ватиларо. Цересел соназда пуй-чIваяздаса хадуб цIакъго гIазу цIикIкIиндал, анцIго къоялъги ХIаригабурлъиги къан, бахъулаан нижеца нух. Исана хасало цереялдаса цIикIкIун машинаби хьвадулел рукIана гьенисан. Гендерил тоннелги рагьулеб гьечIелъул, гIадамазе къварилъи гьабиларилан, сордо-къоялъ чIечIого хIалтIун, бацIцIад гьабулаан нух. Гьури ва гIазу чIван нухда хутIарав 43 чи хвасар гьавуна нижеца исана кьиндал. Гьезда гьоркьор рукIана Гумбет, Болъихъ, ЦIумада, ЦIунтIа ва цогидал магIарул районаздаса нухлулал. Гьел гIазулъ къан хутIун ругилан хабар бачIарабго, къаси сагIат лъабгоялда гьеб баян лъаниги, къватIире рахъунаан ниж».


РУАДазул кидагосеб гIарз букIуна нухал къачIазе цIияб ва гIураб къадаралда техника гьечIилан. ГIемерал магIарулазе кIвар бугеб ва хIинкъи цIикIкIараб нух ХIарисан букIаниги, Гумбет РУАДалъулги жеги гьениб хIажалъулеб техника гьечIо. Гьелъул хIакъалъулъ нижеца цебеккунги чанцIулго хъван букIана. ГьанжегIаги гьеб суал тIубалилан хьул буго нухлулазулги нухлул хIалтIухъабазулги.


ХадурагIи


ХIаригабурлъухъ исанасеб кьин тIамураб куцалъул ва районалъул нухазда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ Гумбет РУАДалъул нухмалъулев ГIалимчилав ГIалимчилаевасулгун гьабураб гара-чIвари бахъизе буго газеталъул хадусеб номералда.


2012 сон



Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +75
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook