Авторизация

Данухъ росу: лъималаз тараб свери


МагIарул росаби


Данухъ росу: лъималаз тараб свери


1877 соналда гьеб росу бухIана ва данхъал ятабалъ ритIана


2017-2018 цIалул сон Данухъ гьоркьохъеб школалда тIобитIулеб гьечIо. ЧIорогоял рукъзал, кабинетал руго, цIалдохъабазухъ ва мугIалимзабазухъ урхъун. ЦIалулел тIахьазде, гьарулел хIисаб гIелмуялъул масъалабазде, лъималазул релъи-хъуялде, мугIалимзабазул дарсазде ругьунал мактабалъул минаялъул къадал, рукъзал, жанахIал бесдалго, чIорого, къваридго, янгъизго, гIицIлъиялъги кверде росун руго. Данухъ гьоркьохъеб школа тIокIаб гьечIо. Гьелъул хIалтIи чIезе тун буго. Щай? ЦIалдохъаби гьечIого. Данхъадерил гIолохъанаб гIел гIатIиракьалде гочун.


ХIариб мегIералъул щобда


ЗахIматал шартIазда магIарухъ чIечIого, чанги миллатцоял гIатIилъуде гочунел руго. Гьедин гьез гьабунилан, гIайиб чIвазе ихтияр бугев чи ватиги щакаб буго. ЦIакъго согIаб тIабигIияб ахIвал-хIалалда росу цIунизе захIмалъулеб буго гьанже. Данухъ росу ккола  эхедегIан бугеб, хасало чIечIого гIазул гIансал тIолеб ХIариб мегIералъул щобда эхетараб росу.


Данхъадерица бихьизабула цо кIк\аламухъ – гьаниб букIанин цебесеб шкалалъул мина, тIун бачIараб гIазул гIансиялъ гьеб босун анилан. Гьанже школалъе мина бан буго цIияб, гIансал рачIунареб бакIалда. Амма гьале 2017 соналъул сентябралдаса гьеб идара къана, лъимал гьечIолъиялъ.


Гьадинабго къисмат кколеб буго чанги магIарул росабазул ва школазул. Данухъ школалъул вукIарав директор МухIамад Сайпилаев гьанже Аргъвани гьоркьохъеб школалда методистлъун хIалтIулев вуго. КигIан паналъундай гьесул ракI бугеб, рехун школги тун, цоги росулъ хIалтIизе ккарав.


Дунялалда «глобализация», «урбанизация» абурал ишал лъугьунел руго. Нилъер магIарул халкъалъул тарихалда жаниб гIураб лъалкI тарал росабиги лъугIун, тIагIун унел руго. ЗагIиплъулеб мацIалда цадахъ загIиплъулел руго миллияб рухIги, магIарулазул ватIанги, цIумаз тIад свери бахъулел кьурабалъ гьарурал росабиги.


«Миллат» газеталъ гIумруялде бахъинабулеб буго «МагIарул росаби» абураб хIалтIи, проект. Гьелда рекъон, нилъер росабазул арабги гьанжесебги гIумру бихьизабулел чанги макъалаби рахъана казияталъул гьурмазда. Бокьун буго данхъадерил тарихалдеги дагьабго горду къиризе.


Кьурул гIусалда бараб щулалъи


Данухъ ккола некIсияб магIарул росу. Кьурул гIусалда тIад бараб гьеб релълъуна цIудул бусеналда. Унго-унгояб тIабигIияб щулалъи ккола гьеб. ГьабсагIат гьениб гIумру гьабулеб буго 40-гIан хъизаналъ. Гьелги гIемерисел хараби руго. Амма букIана заман… БукIана заман, гьаб росулъ гIумру гьалдолеб. Гьаб росдаца жиндир цIар хъвана аваразул ва тIолабго Кавказалъул бахIарчилъиялъул тарихалда. Гьаниса вахъана Шамил имамасе цIакъ хирияв, жиндир гьунаразул цIар арав наиб Данухъа ГьитIин.


1877 соналда гьаб росу данде бахъана дунялалда кверщел гьабураб, къуват кIудияб Россиялъул империялда. Къокъаб гъазаваталдаса хадуб империялъул аскараз Данухъ росу бухIана ва, рухI гьоркьоб течIого, киналго данхъал гочинаруна Новгородалъул губерниялъул Тихвин абураб шагьаралде. 217 чиясе депортация гьабуна 1877 соналда. Кодор кколел лъималги, руччабиги, харабиги – щивниги течIого, ритIана ятабалъ. Сверухъ ругел росабалъ Данухъа чи вахчун ватани, гьев вахчарав гьоболги тамихIалде цIан вуго. Гьединаб къваридаб къисмат насиблъана данхъадерие. ЦIорораб, гьава-бакъ рекъолареб севералъул ракьалда гьеб росдал жамагIаталъул чанги чи къадаралде щвана. КIудияб къо бихьана халкъалда. Амма захIмалъабаз данхъал къуркьизаричIо.


Анлъго сон Тихвиналдаги бан, данхъадерие тIадруссине изну кьуна. Гьеб анлъго соналда жаниб росу биххун, чIвадназде сверун батана гьезда. Гьезул мугIрулги ракьги, ЧIикIаса Пазулас ва Аргъваниса Шамхалица тIалаб гьабун, гьезул боцIиги хьихьун букIана гьел соназда.

Щущараб росу цIидасан базе ккана жамагIаталъ. Дагь-дагьккун цIилъун бачIана некIсияб аваразул свери. БахIарчиял, къвакIарал, нахъе къай гьечIел данхъадерица гIахьаллъи гьабичIеб улкаялъул рагъ хутIичIо. Гьез  къо баччана япониязулгун гьабулеб рагъдаги, ТIоцебесеб дунялалъул рагъдаги, КIудияб ВатIанияб рагъдаги.


ЦIияб Данухъ росдал суалал


ГьабсагIат Данухъ гIага-шагарго нусгогIан чияс гIумру гьабулеб буго (40 цIараки). Гьеб росдал жамагIаталъ хъутаналъул ракьалда, Хасавюрт шагьаралда аскIоб бана ЦIияб Данухъ росу. Гьениб гIумру гьабулеб буго 170 хъизаналъ, 600-гIан чияс. Гьениб бугеб ракь данхъадерие хъутаналъе кьун буго 1939 соналдаго. ЦIияб Данухъ росдал буго 170 гектар ракьул. Гьеб буго кIудияб гуреб къадар. БоцIи хьихьизе мегIер гIоларого рукIуна гьенир гIадамал. 156 бетIер чIегIерхIайваналъул буго ЦIияб Данухъ. Гьединго ракь хIалтIизабула, нигIматал гIезарула. «Данухский» СПКялъул къайимлъиялда Бабаюрталъул рахъалда, Львовское-8 абураб бакIалда, данхъадерил Ахтачихъан хъутанги буго. Гьениб 900 гектар ракьул буго. Амма гIумру тIамун гьениб чIараб лъабго гурони хъизан гьечIо.


«Данухский» СПКялъул бетIер ккола Якъубдибир Аминтазаев. Исана данхъадерил хъутаналда пиринчI бекьизе гIураб къадаралда лъим чIезабизе бугилан рагIи кьун буго Дагъистаналъул лъалъадиялъул рахъалъ министерствоялъ.


ЦIияб Данухъ буго гьоркьохъеб школаги. Гьанив цIалулев вуго 80 цIалдохъан. Амма кабинетал къваридал рукIиналъ ва лъимал гIемерлъиялъ, кIиго нухалъ батIа-батIаго цIализе кколел руго – къаделъизегIанги къаденахъеги (кIиго сменаялда).


Данухъ росдал бегавул МухIамад КъурбангIалиевас щибаб данделъиялда ва даимго борхулеб суал буго ЦIияб Данухъ лъималазул ах ва спорталъул кIалгIа баялъул масъала. Гьес гьеб гIузруялъул бицун буго районалъул нухмалъулездаги, депутатаздаги, цоги идарабаздаги. Улкаялда санкциязул кьаби щварал захIматал сонал ругилан, гьел суалал жеги тIуран гьечIо. Лъималазул ахикье битIизе бегьулеб 60 лъимер буго росулъ. ТIоцебесеб классалде рачIунел лъималазул къадарги къойилъе бахунеб буго.


ЦIияб Данухъ школалъул директор ГIисахIажи Юнусовасги цебе лъолеб буго мактабалъе гIатIидаб мина баялъул масъала. Амма хIукумат жеги гьел суалазде регIун гьечIо. Лъабго смена бугел школал лъугIизариялда тIаделъун руго Дагъистаналъул нухмалъулел.

Хасавюрт шагьар аскIоб букIиналъ, гIолохъаби бетIербахъи гьабизе гьенире хьвадулилан бицана ЦIияб Данухъ гьоркьохъеб школалъул директорасул тарбия кьеялъул рахъалъ заместитель, авар мацIалъул мугIалим СагIидбег Ахъаевас. Хасавюрталъул маххул базаралда ва цогидалги бакIазда хIалтIулел руго  данхъадерил гIолилал.


Данухъ росдал бегавуласул заместитель Халил ГIабдурашидовасул баяназда рекъон, дунялалда тIад ругел данхъадерил къадар гIага-шагарго азариде бахунеб буго.


Хасавюрт шагьаралда буго данхъадерил 157 хъизан. Гьединго гьеб росдал вакилзабаз гIумру гьабулеб буго МахIачхъалаялда, Стальскиялда, Бавтугъаялда, Тюбеялда ва цогидалги бакIазда.


Умумузул хабазда хурдузул сас кIочонге…


МагIарухъ бугеб тарихияб Данухъ росулъа къогогIан цIараки 1944 соналда Чачанлъиялдеги гочинабуна. Авар мацIалъул мугIалим СагIидбег Ахъаев гьавун вуго Ножай-Юрт мухъалъул Татахиб росулъ. Гьал хъизаназе  гьениса тIадруссине рес щвана гIицIго 1957 соналда.

ГьабсагIат Данухъ буго администрациялъул мина, библиотека ва клуб.


Данухъ росу тезе ракIалда гьечIев жамагIатчи, херав ГIабдулпатахI Салатгереевас МелъелтIе вачIанщинахъе дида абула: «Данхъал кин ругищали бихьизе, нижехъе вачIа», - ян. Аллагьас хъван батани, жеги чанги щвела гьеб машгьураб, бахIарчияб, кьурул гIусалда тIад эхетараб магIарул щулалъуде, тарихалда лъалкI тараб аваразул росулъе.


 «Умумузул хабазда хурдузул сас кIочонге», - абун хъвана гIакъилас. Гьеб сасги кIочани, магIарул росабиги кIочани, мацIги кIочани, кинал магIарулал нилъ кколел?


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +32
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook