Авторизация

Ахирисеб цIумур чан школалъедай кьабила гьаб соналда?

Щибаб соналъ  Дагъистаналда гьеб ахирисеб цIумур кьабула, гIицIго щкола лъугIун унезе гуребги, тIубараб школалъегоги. Араб соналда Дагъистаналда гьедин ахирисеб цIумур кьабуна  92 школалъе, бачIунеб соналда чан школа къазе рес бугебали  жеги мухIкан гьабулеб гьечIо Дагъистаналъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда.

Къараб школа – чIунтараб росу, гьединаб пикру кьун букIана цебеккун дагьал лъимал ругел школазул хIакъалъулъ хъвараб макъалаялда «Миллат» газетаялъ.  ТIолго Россиялда, 2014 соналдаса байбихьун, къалел руго нус-нус школаби, оптимизациялъул программаялда рекъон. Гьаб соналъул март моцIалда «Цогояб Россия» партиялъ лъазабуна регионазда тIобитIизе бугин мониторинг, ай цIех-рех, гIадатияб куцалда  абуни, гьелъул хIасилазда хIукму гьабизе бугин кинаб пайда ва кинаб зарал бугеб гьеб оптимизациялъулали.

Цебеккун лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда баян гьабун букIана  оптимизациялда гъорлъе кколин 50 цIалдохъан гIечIел школал, жакъа къоялда республикаялда руго  анцI-анцI школал,   20 цIалдохъан цIалулезул сияхIазулъ рехсарал, гьезулги бащалъи гIицIго кагътазда ругел. Амма гьеб иш, дир хIисабалда, какизе ккараб гьечIо, щайгурелъул гьев анцIго цIалдохъанасе гIоло хIалтIулеб школа букIаго, росу чIаго бугин рикIкIине бегьула, жакъа пачалихъалъ школа къайдал, цогидаб школалде лъимал раччизе транспротги мугIрул росабалъ чIезабун гьечIони, улбул лъималазе лъай кьезе рес бугеб бакIалде, гIодоблъиялде гочуна.

 Араб соналда гIицIго ЦIумада мухъалда къан буго 18 школа, гьенире хьвадулел рукIарал лъимал унел руго аскIор ругел росабалъе  яги Агъвали бугеб школа-интернаталде. Дагьал цIалдохъаби ругел школазда цо цIалдохъанасда 125 азарго гъурущ харж гьабизе кколеб бугин, гьебго заманалда шагьаралъул школалда цо цIалдохъанасда пачалихъалъ гIицIго 20- азарго гъурущ гурого хвезабизе кколарин  абулеб буго хIакимзабаз, цогидаб гIилла гьединал школа къаялъе  бугила гьенир учительзабазул гIураб лъай ва квалификация гьечIолъи  дарсал рачине, масала,  математикаялъул учителас кьолеб бугила химияги физикаги, гьелъ цIалдохъанасе щолеб лъай цIубараб гьечIилан абулеб буго цо-цо экспертаз. 

МагIарухъ, цере кIи-кIи, лъаб-лъаб классал рукIарал школал жакъа къазе хIинкъи бугеллъун ккун руго. Щиб бугеб гьелъие гIилла – гьелъие гIилла буго, советияб пачалихъ биххигун, росабазул экономика хвей ва гIадамал, магIишат гьабизе ресал гьечIого хутIиялъ, росаби тун, гIодоблъиялде ва хъутабазде гочун рукIин.  ХIалти гьечIолъи – гьеб рехсезе бегьула аслияб гIиллалъун гIадамал рижараб росу ракь тун нахъе рахъунел рукIиналъе, школал къаялъ росабазул гIумруялда зани чIвалин абизе бегьула.

 «Миллат» газеталъухъе щвана баянал, бачIунеб цIалул соналда тIоцебесеб цIумур кьабичIого хутIизе рес бугин Хунзахъ мухъалъул Сивухъ росулъги, гьеб оптимизациялъул программаялда рекъон, къазе хIинкъи букIиналъ. Гьелда бан, гьеб мухъалъул лъай кьеялъул бутIаялъул  нухмалъулев  Залимхан ГIумаровас баян гьабуна, гьел харбал харбаллъун хутIулин, школа къаялъул хIинкъиги гьечIилан. «Сивухъ росдал школа къазе тезе гьечIо нижеца. Цо лъимер гурого гьечIеб бакIалдаги, школа хIалтIизе ккола, щайгурелъул  лъимадул буго ихтияр лъай босизе. Хунзахъ мухъалда цониги школа къазе гьечIо»,  – ян баян гьабуна ГIумаровас.

Гьанибго бицине ккола, араб соналда бухIараб ЛъагIелухъ росдал школа мухъалъул тIалъиялда рагьизе ракIалда буго бачIунеб цIалул соналъул байбихьуде. Гьеб рагьиялъе кIвараб хIалтIи гьабулеб бугила, бищунго кватIун гьаб соналъул ахиралде школа хIадур букIине бугин тIаде жубана Залимхан ГIумаровас.

Лъималазул ихтияразул тIоцебесезул цояблъун ккола лъай босизе бугеб ихтияр, гIисинал рукIунин, школал къалаго, гьеб ихтияр хвезабулеб гьечIищ пачалихъалъ? Оптимизация – гIарац тIокI гьаби, битIараб бугищ лъай кьеялда тIад харж гьабулеб гIарац тIокI гьаби? 



Автор: Алиса Алдашева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий
Мактаб буго,пуланаб росулъ ,яги цоги г1адамаз г1умру  гьабулеб бак1алда,гьениб г1умру ч1агояб бугин,тасдикъ гьабулеб х1ужа.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook