Авторизация

ХIамзатил Расулги Гьарадирихъ росуги

Рорхатал мугIрузда руго гIадамал…


ХIамзатил Расулги Гьарадирихъ росуги


КIудияв шагIирасул рухIияб ирс гьоркьоб лъураб форум тIобитIана


   2018 соналъул 22 сентябралда Бакьулъ Гьарадирихъ росулъ тIобитIана «Расул ХIамзатовасул рухIияб ирс» абураб форум. Машгьурав шаигIир гьавуралдаса 95 сон тIубаялъул хIурматалда гIуцIараб республикаялъул даражаялъул гьеб тадбир сверана магIарул мацIалъулги, адабияталъулги, маданияталъулги, рухIалъулги, яхIалъулги байрамалде.


ЦIадаса ХIамзат – Бакьулъ Гьарадирихъ росдал имам


  Баянаб букIахъе, 1922-1923 соназда ЦIадаса ХIамзат Бакьулъ Гьарадирихъ росулъ имамлъун хIалтIулев вукIана ва гьеб росулъ 1923 соналъ 8 сентябралда гьавуна Расул ХIамзатов. ЦIар рагIарав шагIир гьавураб рукъалъул къадада бан буго мармаралъул къоно.


  Форумалда гIахьаллъана Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовасул бетIерлъиялда гъоркь МугIрузул улкаялъул творчествоялъулаб интеллигенция. Тадбирал байбихьана КIудияб ВатIанияб рагъда хваразул хIурматалда бараб памятникалда цере тIугьдузул горал лъеялдасан. Форумалъул гIахьалчагIаз ВатIан цIунулаго хваразул рухIазе дугIа гьабуна. Гьединго форумалда гIахьаллъарал щвана Расул ХIамзатов гьавураб минаялъухъеги.


«ХъахIал  къункърабазул даимаб ахIи»


  Гьарадирихъ гьоркьохъеб школалъул азбаралда тIобитIана «ХъахIал къункърабазул даимаб ахIи» абураб литературияб данделъи. Гьеб рагьана ва бачана форум гIуцIаразул цояв, «Гумбет» газеталъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ХIамзат ГIизудиновас.


  Расул ХIамзатовасул гIумруялъул, гьесул асаразул инсанияталъе бугеб кIваралъул бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовас, Авар басмабазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаровас, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ГIиса Шарапудиновас, Бакълъулазул районалъул администрациялъул культураялъул ва туризмалъул гIуцIиялъул нухмалъулесул заместитель МухIамад ГIумардибировас, мебель гьабулеб «Шанс – МК1» фабрикаялъул генералияв директор Халипа Халипаевас, «Гъизилюрталъул харбал» газеталъул бетIерав редактор ГIабдулвахIид Лабазановас, Килалъ росдал бегавул АхIмад Каримовас, ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб Республикаялъул миллияб музеялъул Бакълъулазул филиалалъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовас, гьарадирил росабазул бегавул Камил Шапиевас, Гьарадирихъ гьоркьохъеб школалъул нухмалъулесул тарбия кьеялъул хIалтIул рахъалъ заместитель ТIалхIат МуртазгIалиевас ва цогидазги.


ХIамзатил Расулил цIаралъ цолъизарула халкъал ва улкаби


  «Расул ХIамзатовас инсанияталъе сайгъат гьабуна свин гьечIеб, гIемеррахъазулаб, гIажаибаб рухIияб ирс. Расул ХIамзатовасул цIаралъ цолъизарула халкъал, улкаби, материкал. Гьесул асараз гIадамал ва дуниял лъикIаб рахъалде руссине къуват кьола, гьел гвангъараллъун, гьайбаталлъун, рацIцIадаллъун лъугьинарула. Жакъа дун вохарав вуго, ЦIадаса ХIамзат, Расул ХIамзатов ва Дагъистаналъул машгьурал цогидалги хIаракатчагIи хьвадарал гьарадирил росабалъе щвеялдаса. Нижер гьалмагъ, шагIир, хъвадарухъан, публицист ХIамзат ГIизудиновас кIудияб хIалтIи гьабулеб буго художествениял асарал машгьур гьариялъе, тIоритIула тарихиялгун маданиял, ВатIан бокьиялъул рахъазда хурхарал гIемерал тадбирал. «Гьеб хваразе гуреб, чIагоязе хIажат буго», – ян хъвана Роберт Рождественскияс. Расул ХIамзатовасул асарал хIажат руго инсанияталъе. ГIадамал цIидасан ва цIидасан тIадруссине руго гьесул бацIцIадаб поэзиялъул иццухъе, гьесул гIакъиллъиялде, гьунаралде», – ян абуна МухIамад АхIмадовас.


  Форумалда Дагъистаналъул литератураялъул классик Расул ХIамзатовасул кучIдул цIалана МелъелтIа ва Гьарадирихъ гьоркьохъел школазул цIалдохъабаз.


  Россиялъул халкъазул гIадатияб маданияталъул бакълъулазул гIуцIиялъул актераз бихьизабуна Расул ХIамзатовасул машгьураб «МагIарулай» поэмаялдаса цо бутIа.       


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +68
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook