Авторизация

Шамил имам – дир чIухIи, Шамил имам – дир бухIи


РухIияб ирс


Шамил имам – дир чIухIи,

Шамил имам – дир бухIи


Машидат Гъайирбеговалъул 90 сонилаб юбилей тIобитIана Авартеатралда


2017 соналъул 16 декабралда МагIарулазул театралда тIобитIана шагIир, драматург, маданияй хIаракатчIужу Машидат Гъайирбеговалъ 90 сон тIубаялъул хIурматалда данделъи.


Машгьурай шагIир Машидат Гъайирбеговалъул адабияталъул сордо чIаго гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовасул, ГIахьвахъ районалъул нухмалъулев МухIамадзагьид Муслимовасул, «Лотос» басмаханаялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовасул, шагIирзаби ТубхIат Зургьаловалъул,  гьелъул музеялъул нухмалъулей Каримат ГъалбацIовалъул, гIахьвалазул школазул ва гьединго Генуб гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабазул кIалъаяз ва церерахъиназ.

2017 сон ГIахьвахъ районалда лъазабун букIана Машидат Гъайирбеговалъул лъагIеллъун. Гьелъул асарал ракIалдасан рикIкIиналъул къецал тIоритIана, цIалдолезулгун дандчIваял ва цоги тадбирал гIумруялде рахъинаруна ГIахьвахъ исана.


«Миллаталъул» цебесеб номералда нижеца хъван букIана Гъайирбеговалъул творчествоялда тIасан редакциялда гьабураб гургинаб столалъул хIакъалъулъ. Гьеб передачаялъухъ ралагьизе бегьула «Ютуб» видеохостиналда «”Миллат” газета» абураб гьумералда.


Машидат Гъайирбеговалъул Шамил имамасул хIакъалъулъ хъвараб поэмаялда такрарлъулел руго магIна гъваридал ва чIванкъотIарал, камилал рагIаби:


Шамил имам – дир чIухIи,

Шамил имам – дир бухIи.


Гьеб чIухIигун ва бухIигун гIумру тIамуна Шамил имамасул наиб Тавуш-мухIаммадил ирсилай Машидат Гъайирбеговалъ. Гьелъ нахъе тарал асаразул аслияб бутIа нилъер магIарул халкъалъул ва Дагъистаналъул тарихалъулъ мустахIикъаб бакIалда буго.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +55
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook