Авторизация

Дагъистаналъул ракьазе «аншлюс» гьабиладай?


ЖамагIаталъул газа


Дагъистаналъул ракьазе «аншлюс» гьабиладай?


ГIорхъодасан харбал


2018 соналъул хасалихъе кIудияб ахIи-хIур бахъун букIана Ингушетиялда ва Чачанлъиялда гьоркьоб бугеб гIорхъи чIезабиялъул суалалъ. Ингушетиялъул бетIер Юнусбег Евкуровасги Чачанлъиялъул нухмалъулев Рамзан Къадировасги къотIи хъвана, регионазул гIорхъода ругел ракьал рикьараб. Картографаз ва географаз абулеб буго, Чачанлъиялдаса Ингушетиялде кьурал ракьал Ингушетиялъ Чачанлъиялъе кьураздаса 20 нухалъ гьитIинал ругилан. Ноябралда хъуй бахъана Чачанлъиялъул тIалъиялъул сайтазда Дагъистаналъулгун гIорхъи гьез хвезабун бугилан абураб хабаралъ, ГIандадерил хIор тIубанго жидерго республикаялъулъе ккезабун бахъун букIиналъ ва цоги гьединалго хIужабаз. Гьелдаса хадуб, 25 ноябралда, Хасавюрталда тIобитIана гIавухъал-чачаназул съезд. Гьенив кIалъалаго, Дагъистаналъул рахъалъ Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вугев Бувайсар Сайтиевас абуна, гIавухъал-чачаназе хасаб (мононационалияб) район гIуцIейилан.


 Миллаталъул кIвар гьечIилан – цоял, миллатилан – цогидал


 Росабалъ ва шагьаразда гIумру гьабун руго чанги батIиял халкъазул вакилзаби. Гьединал гIадамалгийищ нахъе гъезе кколел, мононационалияб чачаназул район гIуцIизе? XXI гIасруялда гьединаб суал кин борхулеб? Миллат батIиялщинал чагIи гочинаризе, депортациялъукье ккезаризейищ цинги кколеб?


Дагъистаналде Владимир Васильев вачIарабго, гьес абуна миллаталъухъ ралагьун хъулухъалда чагIи тезе гьечIилан ва миллиял суалал рорхугеян. Бувайсар Сайтиев вуго чачаназе миллияб район гьабеян. Гьев Васильевасда данде хIалтIулев чийищ? Васильевас лъазабуна жинда цадахъ Дагъистаналде Россия бачIанилан. Гьанже гIадатиял дагъистаниял ургъалилъе ккун руго: – «Россияйищ гьанже Дагъистаналде бачIараб яги Чачанлъийищ?» – абун. Нилъеда киназдаго лъала 1999 соналъул дарсал. Доб соналда чанги дагъистанияз рухIал ричана, мадугьалихъа рачIарал хъачагъазе жаваб кьолаго. ТIубараб халкъалда гIайиб букIунаро, амма гьел хъачагъал 1999 соналда ярагъгун Дагъистаналде Марсалдаса гуро рачIарал. Гьебищ Москваялъ дагъистаниязе кьезехъин бугеб баркала? Заманаялъ бихьизабила гьаб шура-хъуриялъул щиб ккелебали. Амма Дагъистаналда ва Кавказалда сверухъ цIадулал хIаял гьоркьор къотIулел гьечIо.


Чачанлъиялда дагъистаниязул районалищ гIуцIизе ккезе ругел?


Дагъистаналъулги Чачанлъиялъулги гIорхъода тIасан суал бижидал, нилъер республикаялъул пикру загьир гьабуна аслияб куцалда гIадатияб халкъалъ. Гьединго цере рахъана жамгIиял хIаракатчагIи, тарихчагIи, журналистал ва цоги жигарчагIи.


ЦIакъ кIудияб хIаракат бахъулеб буго МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев, тарихиял гIелмабазул кандитат, публицист ва жамгIияв хIаракатчи ШагIбан ХIапизовас. Тарихияб кьучIалда гьес чIезабун буго Дагъистаналъул ракьалде гIавухъал рачIун чанго гIасру гурони гьечIолъиги гьанжесеб Чачанлъиялда Дагъистаналъул халкъазул лъугьарал гIемерал росаби рукIинги.


Дагъистаниял бесдал эбелалъулищ?


Мадугьалихъан гIемерал кьучI гьечIел, квешал макьабалъ рихьарал гIадал, риччалъ цере тIамурал, чIахI бухIулаго ботIронир загьирлъарал гIадал гIахьучIал рачIунел руго ахираб заманалда. Михаил Лермонтов чачанав вугилан «гIелмиял хIалтIаби» хъвалел руго, Беноялдаса Байсунгъур ГъунимагIарда вукIанилан хъирмал ччухIулел руго, кIудияв инсанасде - Шамил имамасде рогьрал ралел руго. Барон Мюнхгаузен вегуниса вахъулел гIадал маргьаби тIиритIизарулел руго мадугьалихъ бугеб халкъалъул цо-цо вакилзабаз. Гьай-гьай, тIубараб миллаталъул гьединаб пикру гьечIо. Гьеб халкъалъул цо-цояз багъаризабулеб буго жидеего, Кавказалъе ва улкаялъе заралияб питна.

 Чанго соналъ цебе гьал мухъазул авторас хъван букIана «Гъагъадерил мегIералъе “аншлюс” гьабиладай?» абураб макъала. Болъихъ мухъалда ругел ракьазда мадугьалихъа цо-цояз дагIба балебги бихьун, хIукуматалъул вакилзабазулгун гара-чIвариялги гьарун, басмаялда бахъараб макъала букIана гьеб. Гьанжеги добго хурив довго Муса вихьула.


Иосиф Сталин улкаялъул бетIерлъун вугел соназда, Грузиялъе ва Азербайжаналъе бокьухъе бикьа-къотIулеб букIана Кавказ. Гьанже Россиялъул бетIерлъуда чачаназул асар бихьулеб буго, Сталинил заманалда гуржиязул букIараб гIадаб. Политиказ гъалатIал гьарула, амма халкъазда данде гьабураб къеркьей гIадада ккола.


Шагь гIадаллъун ватани…


Дагъистаналъул ва Чачанлъиялъул гIорхъиялъул суал жеги тIубан гьечIо. Гьелъул кинаб хIасил ккелебали заманаялъ бицина. Амма гьаб гьури-мучалъул байбихьи лъикIаб гьечIо. Бавудасан гурин бугъил хIал лъалебилан абиги буго магIарулазул.


ГIандуникI нуцалас васигаталда

Тана аваралъ хъван ирсалъе хитIаб.

Гьеб нилъер халкъалъе хасаб дарс буго,

Гьеб нилъер мацIалъул даража буго.

Долдаса щунусго лъагIел сверана,

Доб васигаталъул магIна хисичIо:

– Халкъ цIуне, мацI цIуне, гIорхъаби цIуне!

– Хъудула, гIор гIадин, миллияб гьаракь.


ГIатIаца, гIарцуца ва хIелхIелалъ ццулъарал цо-цо гIадамазда ракIалде щвезабизе бокьун буго Надир-шагь щущахъ виххизавун хадуб Персиялда бижараб кици: «Шагь гIадаллъун ватани, Дагъистаналде чабхъад вахъаян абе».


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +31
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook