Авторизация

Бокьула дие Кавказ!


Къалам, дуца щуре щакъиялдехун


Бокьула дие Кавказ! 

  

ХIамзат ГIизудинов гIахьаллъана Пятигорскалда Лермонтовасулаб фестивалалда


  Халкъазул цолъиялъул къоялъ, 4 ноябралда, «Гумбет» газеталъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул ва «Миллаталъул» редколлегиялъул член ХIамзат ГIизудиновас гIахьаллъи гьабуна Северияб Кавказалъул Федералияб округалъул тахшагьар Пятигорск шагьаралда тIоритIарал байрамалъулал тадбиразда. Пачалихъияб байрамалъул хIурматалда Пятигорскалда тIоритIана Россиялъул халкъазул миллиял литературабазул фестиваль ва лермонтовасул цIалиял.


  Фестиваль рагьулаго, баркиялъулал кIалъаял гьаруна СКФОялда вугев Россиялъул президентасул вакиласул заместитель Андрей Галактионовас, Ставрополь краялъул хIукуматалъул нухмалъулесул заместитель Ирина Кувалдиналъ.


  Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукIана: Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, хъвадарухъаби ва шагIирзаби  Къасумбег Миграбов, ХIамзат ГIизудинов, Юлия Зачесова, поэзиялъул театралъул директор  Елена Гарунова, ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Аваразул театралъул актерал,  Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул миллияб библиотекаялъул директор ГIали ГIалиев ва цогидалги.


  «Жакъа Пятигорскалда тIобитIулеб буго кIиго байрам: халкъазул цолъиялъул къо ва Россиялъул халкъазул миллиял литературабазул фестиваль. Гьел байрамал кIодо гьарулел руго Россиялъул литератураялъул тахшагьаразул цояблъун кколеб ва лермонтовасулаб бакIлъун рикIкIунеб шагьаралда. Щивав кавказалъуласе рекIее къабулал руго классикасул «Дирго ВатIаналъул тIагIамаб кечI гIадин, бокьула дие Кавказ!» - абурал рагIаби», - ян абуна байрам рагьулеб тадбиралда ХIамзат ГIизудиновас. Фестивалалъул батIи-батIиял байдабазда гьас цIалана жиндирго кучIдулги.


   Михаил Лермонтовасул пачалихъияб музей-заповедникалда тIобитIана  «Лермонтовский бенефис»  тадбир,  шагIирзабаз ва актераз цIалана Россиялъул халкъазул мацIазде руссинарурал классикасул асарал.


  Фестивалалда гIуцIун рукIана тIахьазул ярмарка, выставкаби, тIоритIана литературияб марафон, пресс-конференция ва цогидалги тадбирал.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +99
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook