Авторизация

Намусалъул канлъи дагьлъулеб буго


ЦIех-рех


Намусалъул канлъи дагьлъулеб буго


Рихьуниб ГЭСалъул асираз тIадчагIазухъе хитIаб хъвана


Рихьуни ГЭС базе байбихьаралдаса 35 сон тIубала исана. ХIалтIизе биччазе хIисабалде босун букIараб ункъо агрегаталъул кIигояб гурони жеги лъугIун гьечIо. Гьеб ГЭСалъул ралъдакье ракьал арал Унсоколо районалъул гIадамазул кIудияб разигьечIолъи ва гIарзал руго, пачалихъалъ рецIалил гIарац кьолеб гьечIилан. Маялъул байбихьуда гьеб масъала борхараб иргадулаб хитIаб битIана магIарулаз Дагъистаналъул президентасул цIаралда. Жеги гьелъие жаваб щун гьечIо. 

Пачалихъияб экспертизаги гьабун, маялъул ахиралде хIажатабщинаб документ хIадуричIони, Россиялъул 2013 соналъул бюджеталдаги  ГЭСалъ зарал гьабурал гIадамазе гIарац бихьизабичIого хутIулилан хъван буго хитIабалда.


ЦIул, тIинцIи, «Robbins», кьуру


Рихьуни ГЭСалъул (ИГЭС) хIисабалде босараб къуват букIине кколаан 800 МВт. ГьабсагIат гьелъ кьолеб буго 400 МВт. Гьеб ГЭС ккола «Русгидроялъул» филиал. Гьезул официалиял сайтазда хъвалеб буго, Рихьуни ГЭС балезда церечIарал масъалаби кколила: «1.1. Северияб Кавказалъул энергиялъулаб гIуцIи щулалъизаби. 1.2. Северияб Кавказалда гIураб къадаралда энергия букIинаби. 1.3. Хайир щвей. 1.4. ГЭС бан лъугIизаби, лъабабилеб ва ункъабилеб агрегатал хIалтIизе риччай, 800 МВтеялде къуват бахинаби».


ТIабигIияб цIатари дагьаб букIиналъ ва ТЭСал басралъиялъ Северияб Кавказалда энергия гIунгутIиялъул суалал раккулел ругилан хъвалеб буго махщалилаз. Лъабабилеб ва ункъабилеб агрегатазе туннелал рухъизе СШАялъул «Robbins» машинаги хIадурго бугила. Масала, кIиабилеб агрегаталъубе АваргIорул лъим чвахизабизе бахъараб туннелалъул диаметр ккола 7, 5 метр, халалъи – 5020 метр, 950 метралъул гъварилъуда кьурулъан гIанлъун буго гьеб. ХутIараб кIиго агрегат  ункъо соналда жаниб хIалтIизе биччазе кIолилан баян кьун буго Рихьуниб ГЭС балез. ТIоцебесеб ва кIиабилеб агрегатаз энергия кьезе 35 сон хIажалъана, ункъо соналда жаниб хутIараб хIалтIи лъугIиладай? Биччазе бугищ пачалихъалъ гьелъие гIарац? Бихьизабураб куцалда харж гьабизе бугищ гьеб? ГьанжелъизегIан Рихьуниб ГЭСалъе ва гьелъ къварилъи гьабурал магIарулазе биччараб гIарцуда сверухъ бугеб ахIи-хIурги лъалаго, ритIухъаб бикьа-къотIи букIиналда щаклъизе бачIуна. Аслияб жо – пачалихъалда кIочон тун руго ГЭСалъул минабаз ва ралъадалъ гочинарурал гIадамазда цебе жидер бугеб налъи ва жавабчилъи.


Ихтиярал цIуни – пачалихъалъул борч


Газета  цIалулезда лъала ГЭСазул масъалаби нижеца гьоркьоса къотIичIого рорхулел рукIин. Рихьуни лъел станциялъ минабиги ракьалги рахъарал магIарулал гъоркьиса хасалихъе Авартеатралда цере митингалде рахъун рукIана.  Гьенир гьарурал кIалъаязул ва рихьундерил ралъдаца рукъзабахъа къватIире гъурал гIадамазул гIузрабазул «Хьиндалазе пачалихъалъул налъи – 8, 5 миллиард гъурущ» абураб макъалаялда хъванги букIана (2011 сон, 28 октябрь). ЧанцIул рахъарал гьединал митингазде Унсоколо районалъул гIадамал! Пачалихъги тIадчагIиги гIинкъаллъун ва беццаллъун хIалел руго.


ИГЭСалъ квачI барал магIарулаз исана маялда Дагъистаналъул президентасухъе хъвараб хитIабалда руго гьадинал мухъал: «Рихьуни ГЭС баялъул тарихалда гъорлъе лъугьине, росаби риххизарурал, гIадамазул магIишат щущазабурал, законал хвезарурал, халкъалъул къварилъабазда тIад жидерго талихI гIуцIарал чагIазул цIарал рехсеялъ хIасил кьеларо. Гьеб гIакъуба бихьараб халкъалъ кьела гьезие къимат, гьез гьабурабщинаб Аллагьасда лъала. «Россиялъул Конституциялъул кIиабилеб ва Дагъистаналъул Конституциялъул лъабабилеб статьябазда абулеб буго: «Инсан, гьесул ихтиярал ва эркенлъи бищун тIадегIанаб хазина буго. Инсанасул ва гражданинасул ихтиярал ва эркенлъи рикIкIин, гьел хвезарунгутIи, цIуни пачалихъалъул борч ккола». Рихьуни ГЭС балелъул ва гьелъул ралъадалъукье гIадамазул ракьал кколелъул, Дагъистаналъул ХIукуматалда «кIочон руго» гьел статьяби».


Рихьуни, Унсоколо, Зирани, ГьаракIуни, Майданское, Къудукь


ГIезегIан соназ Унсоколо райсобраниялъул депутатлъун вукIарав жамгIияв хIаракатчи АхIмад ХIамзатов рехсараб хитIабгун ДРялъул «хъахIаб рукъалъул» кIалтIе щведал, гьединаб кIвар бугеб суал букIаниги, президентас тIаде къабул гьавун гьечIо. «ДРялъул Конституциялъул гарантасухъе» битIараб хитIабалъеги, анкьал аниги,  жеги жаваб щвечIо. Гьелъ рахIат хвезабун буго ИГЭСалъул ралъдал ччугIбуз ватIан кодоса бахъарал магIарулазул – Унсоколо районалъул Рихьуни, Унсоколо, Зирани, ГьаракIуни, Майданское ва Хьаргаби районалъул Къудукь росабазул гIадамазул. Гьел жамагIатазул вакилзабаз хитIабалда гъоркь гъулбасалги гьарун руго.


Рихьуниб ГЭСалъ зиян гьабурал гIадамазе компенсация кьеялъул суал дандбазе районалде ДРялъул президентасул вакил витIизе кколилан хъвалеб буго хитIабалда. ГЭСалъул ралъад тIаде кIанцIиялъ гочине ккараб 630 хъизаналъе рецIалил гIарац кьезе кколилан хIукмаби гьарун руго судалъ. Амма гьел хIукмабиги гIумруялде рахъинарулел гьечIо.


ХIалаллъи тIалаб гьабулеб гьечIо


ЛъагIел сверулеб буго Унсоколо районалъул нухмалъулев Унсоколоса МухIумахIажи ТIагьиров чIваралдаса. Гьесда цеве вукIарав Генуса Казимбег АхIмадовги гьединабго къагIидаялда къадаралде щвана. ГьабсагIат районалъул бетIерлъун щив вукIиневан абураб суалалада тIасан гIезегIан къеркьейги харбалги руго. Чанго моцIалъ районалъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев вукIана Зираниса Жаватхан ГIабдулаев. ГьабсагIаталда гьеб иш бачунеб буго Балахьуниса Сахратуллагь АхIмадовас. Унсоколо районалда щиб гьабилебали лъаларого бугин республикаялъул «хъахIаб рукъ» кверде босараб тIелилан кколеб буго. 


Гуреб батани, щайха районалъе кIвар бугеб цониги хIукму къотIулареб? МахIачхъала шагьаралъе миллиардал риччазаризе кIвана гури ДРялъул нухмалъулезда. Биччанте МахIачил ватIаналдеги гьесул ракьцоязе кколеб къадаралданиги гIарац. Аби буго, кинаб пачалихъ биххичIого хутIаниги, ритIухълъи гьечIеб улка тIатIала кколилан. РитIухълъи цIакъго хIажат буго жакъа Ри хьуни ГЭСалъ росу-ракь тезабун къватIире хъамурал магIарулазеги. «ГЭСал цIикIкIанагIан гьанже магIарухъ Намусалъул канлъи дагьлъулеб буго», - ян хъван букIана ХIамзатил Расулица. МагIарухъалдасаги, МахIачхъалаялда ва Москваялда ругел тIадчагIазул ракIазулъа лъугIулеб буго гьеб намусалъул канлъи. ГЭСаздасан кваналел руго, гьел станциял рарал ракьазул бетIергьабазухъа хIалаллъи тIалаб гьабулеб гьечIо.


2012 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +80
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook