Авторизация

Аргъвани – гъазизабазул хъала


Тарихиял дарсал. Аргъваниб рагъ ккаралдаса 180 сон тIубаялде


Аргъвани – гъазизабазул хъала


1839 соналъул риидал Аргъвани росулъ ккараб рагъ 


 Гьаб макъалаялда рехсей гьабулеб буго XIX гIасруялда Кавказалда ккараб кIвар бугеб лъугьа-бахъиналъул – 1839 соналъул риидал Аргъвани росулъ ккараб рагъул, хIасил гьабулеб буго гьелъие ккараб гIиллаялъул, гьеб кьалул хроникаялъул ва Дагъистаналъул тарихалда гьелъул бугеб кIваралъул. 


МагIаруллъиялъул каву


 Аргъвани ккола Бакълъулазул районалъул цебегосеб росу. ГIурусазул тарихчи Н. Семеновасул «Туземцы Северо-Восточного Кавказа» абураб тIехьалда хъвалеб буго Сириялдаса Аргъунида ва гьесул вацгIал ХIамзатида, гьединго имгIал Фахрудинида батанин сверун рохьазги ккураб санагIатаб бакI. Аргъун чIун вуго гьеб бакIалда яшав гьабун. МугIрузул Дагъистаналда тIоцересезул цояблъун кколеб Аргъвани росу гIун бачIана гьеб бакIалда. ГIага-шагарго гьелъул тарих 1250 соналда бащалъула.


Салатавиялде, НахъбакIалде, нухда бугеб бакI букIиналъ, Аргъвани росу ккола мугIрузул Дагъистаналъул тарихиял гIемерал лъугьа-бахъиназул нугIлъун.


Рекъав Тимурил сухъмахъ


Эргъвендерида хъинтIана Тимурил чабхъеналги. Гьанжеги цIунун руго Тимурил сухъмахъ абураб ва цогидалги гьел льугьа-бахъиназе нугIлъи гьабулел цIарал. Аргъвани росу машгьураб буго, Дагъистаналда гурелги, гьеб бахун къватIирехунги машгьурлъарал гIадамаздалъунги. Гьединазда гьоркьор рехсезе мустахIикъал руго гIалимзаби-гIарабистал ХIажи-ГIали (хвана 1769 соналда), ГIали-хIажи (XVIII гIасру), КъурбангIали-хIажи, ГIабдухIалимдибир, ПирмухIамад. Машгьурал рукIана Пахрудин ва ГIабдулатIип Шамхаловал. Пахрудин вукIана гIалимчи-гIарабист ва гьес кIудияб бутIа лъуна Дагъистаналъул адабият цебетIезабиялъулъ.


Шамил имамасул генерал Абакар-дибир


ГIабдулатIип Шамхалов 1921 соналда тана авар мацIалда бахъулеб республикаялъул «БагIарал мугIрул» газеталъул редакторлъун. Гьес лъугIизабуна Востоковедениялъул институт ва 1929 соналда – аспирантура, гьев ккола Дагъистаналда тIоцересел гIелмабазул кандидатазул цояв.


 XIX гIасруялда Кавказалъул рагъул байбихьудасаго эргъвендерица Дагъистаналъул ва чачаназул имамзабазул рахъккуна. Масала, наиб Абакар-дибирица лъабавго имамасе ритIухълъиялъе гьа бана ва Шамил имамасул генераллъун, мудирлъун вукIана.


Муридзаби хIадур рукIана ахирисеб хIухьел босизегIан рагъизе


 Кавказалъул рагъулъ хасаб бакI ккола 1839 соналъул май-июнь моцIаз Аргъвани росдае гIоло гьабураб рагъалъ. Гьеб росдада гIагардегIан рачIана Апшероналъул полкалъул 3 батальон, 200 рекIарав, 400 лъелав хъазахъ, кабардиназул кIиго батальон ва цогидалги. Генерал-лейтенант Петр Граббел нухмалъиялда Аргъвани росуялда тIаде кIанцIизе хIадурлъулел рукIана.


 Имам Шамилил къуват Дагъистаналда ва Чачаналъ цIикIкIунеб букIана. Эркенлъиялъе, чияда рараллъун гьечIолъиялъе, диналъе, ВатIаналъе гIоло къеркьеялъул рахъкколел гIадамазул рахъалдасан цолъи щулалъулеб букIана. Муридзаби хIадур рукIана ахирисеб хIухьел босизегIан рагъизе.


Кавказалъул хасаб корпусалъул командир Е. А. Головиница, императорасул рахъалдасан изнуги щун, хIукму гьабуна Дагъистаналъул мугIрузда Шамил имамасда данде къеркьезе, хвалилаб кьабиги щвезабун, АхIулгохI бахъизе ва ГIандигIорухъ щулалъизе, гьенисан, цIиял щулалъабиги гIуцIун, мугIрузул Дагъистаналда хъаравулъи, кверщел чIезабизе. Аскарал рикьана кIийиде. Цояб аскаралъе нухмалъи гьабуна генерал Головиница – Югалъул Дагъистан мутIигI гьабизе ва гьениб хъала базе. АхIулгохI бахъизе тIадкъараб аскаралъе нухмалъи гьабулеб букIана генерал-лейтенант П. Х. Граббеца.


Ташав-хIажил аскаралъул кумек


 1839 соналъул 9 маялда жиндирго аскаралгун Граббе Салаватиялдехун, НахъбакIалдехун, вачIана, ХIаримагIардасан жанисеб Дагъистаналде къокъана. Имам Шамилида гьезул планазул хIакъалъулъ лъана, дандечIей гьабизе хIадурлъана. АхIулгохI гуребги, Аргъвани росуги щула гьабуна. Салаватиялде ритIана дандечIей гьабизе бакIалъул гIадамал хIадур гьареян чапарзаби. Салаватиялъул росабалъе аскарал рачIунеб нухда, Герзел гIоралъул рагIалда щулалъи ккуна Шамил имамасул наиб Ташав-хIажица, чачаназул кIудияб аскар цадахъгун. Гьесие кумекалъе рачIана аваразул наибзаби Сурхай ва ГIалибег. Амма рагъда Граббеца Ташав-хIажил аскар къезабуна, АхIмад-хъалаялда, Мискеталда ва цогидалги бакIазда щулалъаби риххизаруна. Гьебго заманаялда пачаясул аскаразеги чIахIиял камиял ккана. Аскариязда хадуб гIемерал гьаказда букIараб къайи, квен-тIех камуна. Гьеб гьечIого церехун ине рес букIинчIо, тIадруссине ккана Внезапная хъаладухъе. 21 маялда аскар бачIана Гъозталаялде ва Апшероналъул полкалъул лъабго батальоналъухъ балагьун чIана.


 1839 соналъул 24 маялда Граббе аскаралгун ана Гертмаялде, гьенисан Дилималде, Буртунаялде. Шамил имам Бакълъулазул ракьалдаса, ГIанди ва КIаратIа мухъаздаса, гьединго багвалазул, чIамалазул ва цогидазулги ункъазарго чи вугеб аскаргун данде къеркьезе хIадурлъиялда чIана. Гьеб рагъда Шамил нахъе къазе ккана – Аргъвани росулъ щулалъи ккуна ва чанго къоялъ Граббел аскар цебехун ине биччачIо.


Рос гъазаваталда шагьидлъидал, бихьиназда цадахъ ягъана Аргъваниса Хасбика


 Буртунай, ГIаркьухъ, Данухъ росабалъ цIадул кор боркьарал рагъалги гьарун, анцIазарго чи вугеб Граббел аскар 30 маялда Аргъванибе бачIана. Генераласда бичIчIун букIана гьеб росу бахъизе захIмалъулеблъи. Амма Аргъвани росу АхIулгохIде ине каву гIадинаб бакI  букIиналъ, бахъичIого чара гьечIеблъун букIана. Граббе гIажаиблъизавуна, бакIалъул хаслъабиги хIисабалде росун, инженериял къагIидабиги цIунун, Аргъвани росу щула гьабураб куцалъ. 10-азарго муридас цIунун букIана росу. Минабиги гьенир гIебал ганчIил къадазул гьарурал рукIана. КIудияб махщалида рачIине кколеб кIиго сухъмахънухги букIана гьенибе. Росулъ бугеб 500 минаялъул щибаб гьужум гьабун гурони босизе кIолареб хъала гIадин букIана, къватIалги, риццатал къадал гьарун, щула гьарун рукIана.


 Руччаби, лъимал, херал чагIи Ингишо, ЛъаратIа росабалъе гочинарун рукIана. Росу цIунизе муридзабигун Шамил имам живго чIун вукIана. КIиго хиянатчияс гьужум гьабизе санагIатаб рахъ балъго бихьизабичIебани, Граббел аскаралда гьедигIан бигьаго росу бахъизе кIвелароан ва цIикIкIун ками ккелаан. ТIаде кIанцIана МелъелтIехун бугеб нухдасан полковник Лабинцевас нухмалъулеб Апшероналъул полкалъул лъабго батальон, Данухъ росулъахун – генерал-майор Пантелеевасул батальон, Гъадари росулъан –Куриназул кIиго батальон. Росдаде гьужум гьабуна бакъанида сагIат ункъоялда.  Хваликьа хIинкъичIого, бахIарчиго рагъана Шамил имамасул муридзаби. Граббел аскаразеги камиял дагьал ккечIо. ТIаде кIанцIиялдалъун росу бахъизе кIолареблъи бичIчIун, магIарулазул бахIарчияб къеркьейги бихьун, Граббеца буюрана гьужум чIезе теян.


ХиянатчагIазул хъулухъалдаса пайдаги босун, Тимурил нухасан, ХIанчIимагIардасан, Гьой кколеб гIусдасан, ГургинабгохIдасан Аргъванире БакътIерхьул рахъалъан кIкIалахъан рачIана солдатал ва, къалиги кьабулаго, гьужумалъ ана 31 маялъул радал микьгоялда. Гьеб букIана гIасияб рагъ. Муридзабаз чанго нухалъ Граббел гьужумал нахъчIвана, Шамил имам цадахъ вукIиналъ, гъира базабурал гьел, лъукъаралгицин, жидедаго барахщичIого, рагъулел рукIана. Бихьинчилъиялда рагъана Аргъваниса КIудияв ГъазимухIамад, Зирар, АхIматIил ГIали, АхIматIил ГIусман, ГIумар, ИсмагIил, Ханахъайил МухIамад, МелъелтIаса кIиго вац Ибрагьим ва Абакар, Ингишоса Чупан, СайгитухIума, КIудияв Дибир. БахIарчиго къадаралде щвана машгьурав гIалимчи Кьохъа МалламухIамад. Машгьурлъана Аргъваниса Хасбикал цIар. Рос рагъда чIван вукIин лъараб мехалда, бихьиназда цадахъ яхъана гьей. Рагъда захIматго лъукъана Хасбика, гьей Шамил имамас гъазизабазул боялда цадахъ АхIулгохIде ячана.


Аргъвани ва АхIулгохIда щулалъаби рана Абакар-къадица


 Куриналги апшероналги Аргъванире БакътIерхьул рахъалдасан рорчIана ва росулъ жаниб рагъ байбихьана. Хъала хIисабалда бугеб щибаб рокъобе кIкIуйдул тIаладухъан солдатаз жанире рехулел рукIана гранатаби. МугIрул халкъалъул цо-цоял гьенир рухIун холел рукIана. ТIубараб къоялъ кIиябго рахъалъул биял гIодоре тIолел рукIана. КъватIахъги, рукъзабазул тIохаздаги хучдулгун, хунжрулгун, хвалчабигун рагъ унеб букIана. Ракьалда гъоркьан нухал гьарун рукIиналъ, солдатазда кьаби щвезабизе бажарулеб букIана. Росу дандечIезе хIадурлъиялъе кIудияб бутIа лъуна наиб Абакар-къадица. Гьесулго нухмалъиялда гьаруна АхIулгохIда щулалъабиги. 31 маялда къасиялде гIемерисел минаби риххана, рагъ гьоркьоб къотIичIо рукIкIинегIан.


 Росу солдатазул кверщаликье ккана. Къаси мехалда Шамил имам чIаго хутIарал рагъухъабигун Садуб байданалде ана, гьениб сордо бана ва АхIулгохIде вахана. Цо-цо баяназда рекъон, 36 сагIаталъул рагъулъ Граббел отрядалда 611 солдат, 30 офицер ва цо генерал чIвана, Шамил имамасул рагъухъабазул 1750 чи камуна. Муридзабазе аслияб ками ккезабулеб букIана тушбабазул гIарадабаз. ТIоцебесеб июналда солдатаз байбихьана хваразул жаназаби ракIаризе ва росу биххизабизе. Лъабабилеб июналъул къасиялде росу, рукъзал рукIараб бакIцин лъаларедухъ, гьабуна.


600 шагьид вукъарал хобал ва ЦIадахIариса бахIарзал


 Гьеб рагъда шагьидлъарав Шамил имамасул 600 мурид вукъун вугин Аргъвани росдал хабалалъин абулеб бицен эргъвендерил наслабаз наслабахъе кьолеб буго. Гьаниб рехсезе мустахIикъаб буго гьаб хIужаги – Аргъваниб ккараб рагъул бицен гьабулаго, Шамилие кумекалъе ЧIиркъатIасахун Аргъванире рачIун руго цIадахIарисел. Гьезда Граббел аскараз росу сверун ккун батун буго. Асирлъуде ккезеги бокьичIого, гьел, тушбаби гIемерлъидал ва тIаде къайдал, кьурулъан гъоркье кIанцIун руго. Буртинаби ретIарал чIаго хутIун, гьел гьечIелал хун руго. Гьеб кьуруялда абула БагIарлъабазул парасилан ялъуни Шагьидзабазул кьуруйилан.


 Эргъвендерица хIехьезе ккана гIемер гIакъуба, къварилъи. Рагъда гIахьаллъана росдал киналго бихьинал. Цо къоялда жанив 60 аргъванисев шагьидлъана, цогидал лъукъана. ТIуранго рукъзал риххизаруна. Хурзабахъ бекьанщинаб хвезабуна. Сверухъ ругел росабазул жамагIатаз эргъвендерие кумек гьабуна рагъдаса хадуб цIидасан магIишат гIуцIизе.


                                               МухIамадгъази Жамалудинов, юридикиял гIелмабазул кандидат


Автор: МухIамадгъази Жамалудинов

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +16
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook