Авторизация

Шамил имамас 220 тIубаялде – Авар басмабазул цолъиялъул пресс-тур



Аралда таманча речIчIани, бачIунеселъ гIарада речIчIула


Шамил имамас 220 тIубаялде – Авар басмабазул цолъиялъул пресс-тур


Журналистал щвана Имаматалъул хъалалъун букIараб Аргъванире


   2017 соналъул 21 октябралда Аваразул басмабазул ассоциациялъ тIобитIана Шамил имамасул цIаралда хурхарал бакIазде пресс-тур. Ассоциациялъул гIахьалчагIи щвана Кавказалъул тIоцевесев имам ГъазимухIаммад шагьидлъараб ва хадув имамлъун вищизе вугев Шамил 1832 соналъул 17 октябралда хвасарлъараб Гендерил къварилъухъе, гьединго машгьураб, 1839 соналъул 3 моцIалъ муридзабаз цIунараб АхIулгохIде. Пресс-туралъул гIахьалчагIи щвана 1839 соналъ рагъ ккараб Бакълъул районалъул басрияб Аргъвани росулъеги.


   Пресс-туралда, сапаралда гIахьаллъана МагIарул басмабазул цолъиялъул нухмалъулев, информациялъулгун аналитикияб «Пикру» централъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаров, «Аварпресса.ру» порталалъул ва «Гумбет» газеталъул бетIерав редактор, Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул член ХIамзат ГIизудинов, «Цолъи» газеталъул бетIерай редактор ПатIимат ГьитIинова, авар мацIалда биччалеб «Ассалам» газеталъул редактор ГIабдула-хIажи МухIамадов, «Ахихъан» газеталъул бетIерай редактор Саният КъебедмухIамадова, «Миллат» газеталъул редколлегиялъул член Ашахан Юсупов ва цогидалги.


    «Аваразул басмабазул ассоциациялъ, Авар мацIалъул учительзабазул ассоциациялъгун цадахъ, кIвар кьолеб буго магIарул мацI лъазабиялде ва цебетIезабиялде. ЖамгIиял гIуцIаби ва социалиял институтал хIисабалда, нижеца цебе суал лъола школазда авар мацI малъиялъул даража борхизабизе ккеялъул. ТIоритIула слетал, гургинал столал, гIадамазулгун дандчIваял, конференциял, пресс-турал. Ахирияб заманалда цо-цо жавабчилъи гьечIел гIадамал цере рахъунел руго школазда миллиял мацIал малъизе хIажат гьечIилан. Гьединал харбал риччай нижеца рикIкIуна халкъазул гIемер гIасрабазулаб маданият ва мацIал тIагIинабилъун. Ниж къеркьана ва къеркьезе руго халкъазул мацI, маданият, гIадатал цIуниялъе гIоло», –  ян абуна Авар басмабазул ассоциациялъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаровас.


   Пресс-тур тIобитIулаго, росабалъ журналистаз гIадамазулгун гара-чIвариял гьаруна, кинал суалаз гьезул рахIат хвезабулеб бугебали цIех-рехал гьаруна.


   Гьеб тадбиралъул хIасилал гьарун, МугIрузул Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул ва Кавказалъул миллияв бахIарчи Шамил имамасдеги гьесул муридбаздаги бугеб халкъияб рекIел цIайиялъул хIакъалъулъ макъалаби рахъизе хIисабалде босун буго.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +155
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook