Авторизация

Аргъвани – кIиабилеб АхIулгохI


ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго


Аргъвани – кIиабилеб АхIулгохI


Шималияб Кавказго гIахьаллъараб ракIалде щвеялъул къо


Шамил имамас 220 сон тIубаялъул хIуматалда Бакълъулазул районалда мажлис гьабуна, чуял риччана, спорталъул миллиял тайпабазул къецал тIоритIана 


   2017 соналъул 21 октябралда Имаматалъул хъалалъун букIараб Аргъвани росдал ГьацIакъали байданалда тIоритIана имам Шамил гьавуралдаса 220 сон тIубаялда хурхун гьарурал тарихиялгун маданиял ва спортивиял тадбирал.


Шамил имамасул дарсал


   Кавказалъул имамас 220 сон тIубай кIодо гьабиялда гIахьаллъана Дагъистаналъул районаздаса ва шагьараздаса, тIолабго Северияб Кавказалдасаго гьалбал. Гьеб тадбиралде рачIарал гьалбадерие баркиялъулаб салам кьуна «Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас, Дагъистан Республикаялъул диниял гIуцIабазулгун цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъул, яхI-намусалъул эркенлъиялъул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев МухIамад ГIабдурахIмановас, Дагъистаналъул муфтиясул заместитель МухIамад-хIажи Мангуевас ва цогидазги.


   Юбилей кIодо гьабиялъул программа байбихьана Къуръаналъул аятал цIалиялдасан. Художественнияб сценариялда рекъон, Шамил имам байрахъулалгун мажлисалде вачIана чуяздаги рекIун ва халкъалде хитIаб гьабун кIалъана.


   Бакълъулазул районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас жиндирго кIалъаялда ракIалде щвезаруна Шамил имамасул тIадегIанлъи ва кIодолъи.


   «Ассаламу гIалайкум, Гумбет районалъул хIурматиял гьалбал! Машгьурав пачалихъияв ва динияв хIаракатчи, Кавказалъул миллияв бахIарчи, кIудияв Шамил имам гьавуралдаса 220 сон тIубаялъул байрамалде рачIарал нужее салам кьола!


    Дагъистан Республикаялъул бетIерас 2017 соналъул 2 маялда хъвараб «Шамил имам гьавуралдаса 220 сон тIубай кIодо гьабиялъул хIакъалъулъ» Указалъул пункталги гIумруялде рахъинарулаго, Гумбет районалда тIоритIана имам Шамилил хIурматалда акциял, кампаниял, батIи-батIиял тадбирал. Жакъа нилъеца тIобитIулеб буго, Шамил имамасул хIурматалда ВатIан бокьиялъул, спортивияб, маданиябгун халкъияб тадбир. Ниж рохарал руго гьалбал хирияб ракьалда нужее салам кьезе рес щвеялдаса. ЛъикI руссарал, бакъулаб ракьалде, Гумбет районалде, рачIарал гьалбал!


   Имам Шамилил цIаралъ загьир гьабула бахIарчилъи, гIакъиллъи, кIодолъи. ЗахIматаб заманалда Шамил имамасул цIаралъ Кавказалъе ва тIолабго Россиялъе кумек гьабуна захIмалъаби, квалквалал, къварилъаби къезаризе. КIудияб ВатIанияб рагъул соназда фашистазул чияр ракьал рахъулезда данде багъана дагъистаниязул сурсатаздалъун гIуцIараб «Шамил» абураб танкабазул колонна.


   Жакъаги нилъеца ракIалде щвезарулел руго имам Шамил ва гьесда цадахъ рагъарал муридзаби. Гумбет районалъул Аргъвани росулъ букIана КIудияб Кавказалъул  рагъул чIахIиял рагъазул цояб. Гьанир шагьидлъана гIемерал рагъухъаби, алжан насиблъаги гьезие.


   Жакъасеб Россия – гьеб ккола халкъазда гьоркьосеб терроризмалда данде къеркьолеб улка, гIемер миллатазул халкъазул вакилзабаз ракълида гIумру гьабулеб улка. Тарихалъул дарсаз, Шамил имамасул дарсаз нилъее жакъаги кумек гьабулеб буго, Россиялъул Федерациялда ругел халкъазул маданияталъул ва гIадатазул хIурматги гьабулаго, гIумру тIамизе. Цоги нухалъ салам кьола жакъасеб тадбиралда гIахьаллъарал гьалбадерие. Спорталъул гIахьалчагIазеги гьарула бергьенлъаби», – ян абуна ХIажимурад МухIамадовас.


Аргъвани хъала – АхIулгохIалъул кIулал


   Дагъистан Республикаялъул диниял гIуцIабазулгун цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъул, яхI-намусалъул  эркенлъиялъул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев МухIамад ГIабдурахIмановас абуна Аргъвани росулъ букIараб рагъалда халкъалъ кIиабилеб АхIулгохIилан цIар лъун букIин, имам Шамилицаги гьеб хъала АхIулгохIде кIулал ругин абулаанин.


   Дагъистаналъул муфтиясул заместитель МухIамад-хIажи Мангуевас саламалъулал рагIаби абуна ва лъикIабщинаб гьарана республикаялъул муфти ва шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевасул рахъалдасан.


    Дагъистаналъул бетIерав терапевт МухIамад ГIабдулаевасги республикаялъул сахлъи цIуниялъул министерствоялъул рахъалдасан баркиялъулаб кIалъай гьабуна.


    Байрамалъулаб тадбиралъул художественнияб бутIа бачана Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ГIиса Шарапудиновас ва Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институталъул ректорасул ишал тIуразарулев ХIамзат Жамалудиновас.


    ВагIзаби гьаруна Бакълъулазул районалъул имам Юнус-хIажи Темирсултановас, Унсоколо районалъул имам ГъазимухIамад-хIажи Абакаровас, Гъизилюрт районалъул имам ГIали-хIажи МухIумаевас, ЦIияб Аргъвани  росдал имам Камил-хIажи Якъубовас ва цогидазги.


Чуязул хIихIиди, кьурабалъ багъун,

Дагъистаналдаго рагIана, лъана


   Гумбет районалъул бетIер, олимпиялъул чемпион ХIажимурад МухIамадовас шапакъатал кьуна улкаялъул ва дунялалъул чемпионатазда бергьенлъи босаразе ва призеразе: Европаялъул чемпион, сурдлимпиялъул хIаязда тхэквондоялъе гIарцул медаль босарав Шамил ИсхIакъовасе, эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталъул гIарцул призер ва дунялалъул чемпионаталъул мазгарул призер ХIажимурад ХIажиевасе, 2017 соналда ММАялъул рахъалъ дунялалъул ва Россиялъул чемпионлъун вахъарав ГIабдулмутIалип Гъайирбеговасе, Россиялъул тIадегIанал цIалул заведениязда гьоркьор тIоритIарал торгIо хIаялъул къецазул чемпионал ХIусен МухIамадовасе ва МухIамадхIабиб Имамирзаевасе.


   Районалъул бетIерас гьединго баркалаялъулал кагътал кьуна гIараб филологиялъул гIелмабазул доктор Шигьабудин ХIусеновасе, цIа ккедал хъизан хвасар гьабурав «Дагъистан цебетIеялъул корпорация» ОАОялъул нухмалъулесул заместитель ХIамид МухIамадовасе.

    Къаде какалдаса хадур тIоритIана чуял риччай ва спорталъул миллиял тайпабазул къецал.


   1600 метралъ бекерун бергьана Гумбет районалъул Игьалиса Сайгид Исраповасул чу, кIиабилеб бакIалде Чачан Республикаялдаса Бекхан ГIисаевасул чу ва лъабабилеб бакIалде Казбек районалъул Буртунаялдаса Расул ГIалихановасул чу бачIана.


   2400 метралъ рекераразда гьоркьоб тIоцебесеб бакI Игьалиса Бартихан Бартихановасул чуялъ, кIибилеб бакI Гумбет районалъул администрациялъул цIаралдасан биччараб Элигрей абулеб чуялъ, лъабабилеб бакI Чачан Республикаялдаса Насрудин Юхигановасул ЧIор чуялъ ккуна.


    Лъабабилеб нухалъ 3600 метралъ рекеризе риччаразда гьоркьоб тIоцебесеб бакI Болъихъ районалъул Гъагъалъа Салман Дибировасул, кIиабилеб бакI «Сельсовет “Аргванинский”» росдал поселениялъул администрациялъул, лъабабилеб бакI Чачан Республикаялдаса Рустам Дебзиевасул чуялъ ккуна.


   Чуял риччаялъул призовияб фонд букIана 220 азарго гъурущ. Ункъабилеб нухалда рекеризе риччана гIицIго эргъвендерил чуял. Кинабниги бекеризе биччана Дагъистаналъул районаздаса ва Чачан Республикаялдаса 36 чу.


    Спорталъул миллиял тайпабазда гIахьаллъана Дагъистаналъул районаздаса 105 спортсмен. ЧIорбутIалъ речIчIиялъе лъабабилеб бакI М. ГIумарасхIабовасе (Килалъ), кIиабилеб бакI Ю. ГIабдулмуслимовасе (Килалъ), тIоцебесеб бакI МухIамад Исрапиловасе (ЧIарада районалъул ЦIуриб росу) щвана.


   Мугъалда бакIлъигун рекерун кIанцIиялъе (Шамил имамасул кIанцIи) лъабабилеб бакI МухIамадрасул АхIмадовас (МелъелтIа), кIиабилеб бакI ХIажи Якъубовас (Аргъвани), тIоцебесеб бакI Шамил ХIажиевас (Аргъвани) ккуна.


   Лъабго батIияб къагIидаялъ гамачI реххиялъе лъабабилеб бакI МелъелтIаса Шамил Коргъолиевасе, кIиабилеб бакI Хунзахъ районалъул Гьамущи росулъа Руслан Маликовасе, тIоцебесеб бакI МелъелтIаса Алдан Гъайирбеговасе щвана.


   Квар цIаялъе бергьана МелъелтIаса (лъабабилеб бакI), Аргъваниса (кIиабилеб бакI) ва ЦIияб Аргъваниса командаби (тIоцебесеб бакI).

   Бергьенлъаби росаразе Гумбет районалъул администрациялъ кьуна гIарцулал сайгъатал, медалал ва грамотаби.


    Кавказалъул имам кIодо гьавураб гьеб тадбиралда гIахьаллъана кIиазаргогIан чи. «Сельсовет “Аргванинский”» росдал поселениялъул администрациялъул бетIер АхIмадбег Ибрагьимовас баркала кьуна Шамил имам гьавуралдаса 220 сон тIубаялъул хIурматалда тIобитIараб тадбиралда гIахьаллъарал гьалбадерие.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +41
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook