Авторизация

Къорода, СалтIа, Гьонода росабазул тарихалдаса цо-цо хIужаби

Гьоркьехун кьолел руго Къорода, Гьонода, Кудали ва СалтIа росабазул хIакъалъулъ нахъе хутIарал цо-цо биценал. 1970 соналда ДГУялъул тIоцебесеб курсалда цIалулеб мехалда гьел данде гьарун рукIана гIолохъанго гIумруялдаса ватIалъарав хъвадарухъан Багъатар ХIажиевас. 

МагIарулал-МугIрул. Гьел цоцада рухьарал руго. Гьел щула гьарула цоцада согIлъиялъ, кьвариялъ. Гьединлъидал гьел ратIа гьаризе нилъедаги кIоларо. МугIрул гьечIони, магIарулал гьечIо, магIарулал гьечIони, мугIрулги гьечIо. Гьел кIиялго - цохIо жо… Гьединаб щулалъиялъул, согIлъиялъул, бахIарчилъиялъул, кьвариялъул кьочIокь рижичIого рес гьечIо магIарулазда гьоркьор батIи-батIиял тунка-гIусиялги, лъугьа-бахъиналги…

Цере кIудиял магIарул росаби кIанцIулел рукIун руго загIипал росабазда тIаде. Гьениб боцIи бахъун, ихтилат-кепалда рукIунел рукIун руго. Гьединал лъугьа-бахъиназул кьучIалда рижарал руго гьал хадусел лъугьа-бахъиналги.

Къорода росу лъугьараб куц

Къорода росу буго Дагъистаналда бищун цебегосеб ва басрияб росу. Гьелъие нугIлъи гьабула гьабсагIатги росулъ цониги цIияб мина гьечIолъиялъ. Киналго минаби руго цоцада гъорлъ, тIад рарал, цIахIилаб, тIулакьераб кьералъул, кьер хисун буго ганчIил, сверун росу биххун, ччукIун буго.

Къородисезул руго гIемерал кулаби, мархьаби: Къоржиб, ХIебтIа, ХIасачIиб, АрадунухIиб, КилкилбогьотIа, Малгьада, Басрияб Къорода, ШигIриб, КьуртIа, ХIайросулъ, ТIаса ХIебтIа, Гъоркьа Къоржиб, Кисмада, Гьоралъул рохь, Расандулеб кIал, МухьтIа ва цогидал.

Гьениб щибаб кули букIун буго росулъун. Щибаб росулъ вукIун вуго жидерго хасав бетIерги. Гьесие киналго мутIигIалги рукIун руго. Амма кигIан кин бугониги, гIаммав тушманасде данде (гьезда тIаде кIанцIун бачIараб цоги росдаде данде) гьеб гьитIинаб росдал къуват гIолеб букIун гьечIо. Гьез кумекалъе ахIулел рукIун руго аскIор ругел росаби ва гьезул кумекалдалъун тIаса босулеб букIун буго гьеб балагь. Гьедин букIун буго таманаб заманаялъ. Долго чабхъенал, долго тIаде кIанцIиял, добго ахIи, добго кумек гьари. Ахирги гьел сверухъ ругел росабазда бичIчIун буго думалъго гьеб балагь тIаса босулеб сабаб батизе хIажат букIин. Гьеб мурадалда киназулго хьибил ккун, гьел цолъун, цо росулъун лъугьун руго.

Гьедин Дагъистаналда тIоцебе лъугьараб росу букIин хIисабалде босун, нижер росдада абула «Уммул къура Дагъистани» абун. ГIарабалдаса буссинабун гьелъул магIна буго «Дагъистаналъул росабазул эбел» абун. Гьединан бачIараб батизе ккола гьеб росдада Къорода абураб цIарги. Яги гьеб цIар теялъе цойги бугеб гIиллаялдаги щаклъизе бачIуна.

Къорода росу буго Гъуниб мегIералда, Кьили мегIералда ва цогидал мугIруздаги гьоркьоб, аххалъуда, къор гIадинаб жанибе бачараб бакIалда. Гьенисан бачIун батизеги бегьула гьеб цIар…

БецIкъварилъи – гIалхул наялъул ватIан

Къорода росдал АрадунухIиб абулеб бакIалда буго бецIаб къварилъи. Гьениса цо хIама бачинецин нух гьечIо. Къад гьеб къварилъухъа тIаде унев чияс чирахъ босизе ккола нух бихьиялъе. Гьеб цIакъ борхатаб буго. Цоцазда дандритIун эхеде арал кьурабаз кIудияб берцинлъи цебе рехула.

Гьеб буго цебегоялдаса нахъе цIар араб кьуру. Гьениб бугеб бечелъи ккола гIалхул найил гьоцIо. Гьел кьурабалъе кинго нух бахъизе кIолеб букIун гьечIо. Чаран гIадал кьурабаз гIадамасе жиндирго бечелъи гIемераб заманалда бахъана. Гьениса тIоцебе гьоцIо бахъизе арав цо ХIажи абулев чиясул бицен Къорода гьанжеги къотIун гьечIо.

Гьеб букIун буго цIакъго цебе заман, кваназе жо дагьаб, мукъсанаб. Кьурабалъа гъоркье чвахулеб, бецIулеб гIалхул найил гьацIуца ракIал рахъулел рукIун руго мискиналгун бечедал гIадамазул. Амма гьениве вахине кIолев, гьел наял мукIур гьаризе гьунар цIикIкIарав чи вахъун вукIун гьечIо. Рес къотIиялъ цо ХIажи абурав чияс сапар бухьун буго кодор ведрабиги ккун гьацIуда хадув гьениве. Живго гьевги вукIун вуго цIакъ тIадагьав, тирияв чи. Щун вуго ХIажи малиги босун БецIкъварилъухъе. Ургъун вуго щибдай, киндай гьабилаян. ХIетIе чIезе цебе битIараб щибго жого гьечIел чаран кьураби, зодире рахарал халатал мугIрул. ХIажида ахирги нух батун буго. Гьев малиги босну, кIудияб кIудияб захIматги бихьун, гьоцIо букIараб кьурулъеги вахинчIого (гьенибе нух букIинчIелъуха), гьелда дандбитIун бугеб кьурулъе вахун вуго. Щун вуго ХIажи найил гьоцIо цIикIкIараб, цо нохъа гIадинаб жанибе ккараб бакI бихьулеб бакIалде цеве. ЦIакъ захIмат букIун буго мали хадуб цIазе. Кин бугониги, босун буго гьебги цадахъ. Ургъулев вукIун вуго гьев щибдай гьабилаян. Ахирги рекIеда ватун вуго живго вугеб бакIалдаса гьенибе цебе мали лъезе (гьелда гьоркьоб лъабго метралъул манзил). ХIажица гьедин гьабунги буго ва, кодор ведрабиги ккун, гьеб малиялдасан гьоцIо бахъулеб кьурулъе вахун вуго. Гьев вукIараб борхалъи буго, 110 метр ахадаса бахъараб рикIкIани. ЦIакъ наялъул хIал лъалев чиги вукIун, гIемер дандечIейго наязги гьабичIого, гьацIул ведрабиги цIезарун ХIажи гьевго малиялдаса нахъвуссунаго, бек-бекун унеб малидул чIваркь-чIваркьи бахъун буго. Кодор рукIарал ведрабиги гIодоре риччан, гьев хехго цояб рахъалде кIанцIун вуго ва гьедин хвечIого хутIун вуго.

Гьелдаса нахъе ХIажи гIемер унев вукIун вуго гьацIуда хадув ва кидаго мурад тIубан нахъвуссуневги вукIун вгуо. Гьес жиндирго багьадурлъи васасе ирсалъе кьуна. Гьанжеги вахуна ГIали (ХIажил вас) гьел кьурабалъе, херав чи вукIананиги, амма гьениса цебе малиги чIван гуребха, кьурулъ магIалги чIван. Гьединлъидал ГIали мустахIикълъана Булач ХIажиевасул «Дагестан в истории и в легендах» абураб тIехьалда сурат бахъиялъе ва хъвай-хъвай-хъвагIай гьабиялъе.

ХIикматаб нохъо

Къорода буго цIакъго цебесеб росо. Гьединлъидал гьенир гIемер батIи-батIиял интересал жал рукIинчIого рукIине ресги гьечIо. Гьелин абуни нижехъ цIакъ гIемер руго. Интересаб буго цо нохъоялъул хIакъалъулъ биценги.

… Цо рии букIун буго щибго цIадги балареб, бухIун бакъги щун хуриб бугебщинаб цIоросаролъ бухIун, къвагъун рехулеб. ГIадамазул, хасго мискинзабазул, гьелъ цIакъ ракI бекизабулеб букIун буго. Гъоркьгоги щибго кваназе рокъоб жеги гьечIел, гьел цIакъ малъкъосараб хIалалда рукIун руго. Унго гьечIебищха гьаб балагь тIаса босулеб сабабин зигардулел, гьоркьоса къотIичIого инагьдулел рукIун руго. Гьеб мехалда кумекалъе ватун вуго цо херав чи. Гьес халкъалда абун буго цо мегIералде килищги битIун, гьадаб мегIералъул нахъехун рахъалда  бугин цо нохъо, гьенибе гIурухъа цIураб лъим босун тIезе кколин, гьеб нохъода бугеб лъим гIурухъеги тIезе кколин. Гьеб мехалда цIад базе бугин кутакалда.

ЦIадалъухъ гIащикъал гIадамазги цо Абакар абулев чи витIун вуго гьев херав чияс абураб куцалда лъим тIезе. Ун вуго Абакар. Босун буго гIурухъа гел цIун гIурул лъим, щун вуго гьеб нохъоде. Гьенибе жанибе букIун буго цо гьитIинабго цер гьунеб гIадаб каратI, тIокIаб нухги букIун гьечIо. РакIги Абакарил махIги лъикI букIун гьечIо. Амма тIадкъараб жоги тIубачIого гIадамазда аскIове вилълъинеги намуслъун, кигIан хIинкъун вукIаниги, бачунаго лаилагьа илалагьгун, битIулаго салаватгун, цер гIадин хъурщун, гьениве жаниве лъугьун вуго. ЦIакъ захIмат букIун буго хIохьел цIазе. Эхеде ворхизе букIун гьечIо щибго рес, бакI. КигIан жаниве хъурщаниги, я лъим батулеб букIун гьечIо, я щибго сас рагIулеб букIун гьечIо. Унго дун гуккизейищха дос гуккараван ракIалде ккун буго Абакарида, амма дагьавги жанивегIан хъурщун вуго. Гьеб мехалда жаниса нохъо гIатIидго батун буго. Къеда ран ратун руго ясалъул рукь-рукьгIан риццатал гъалал, къеда рахъун ратун руго гIадамазул, хIайваназул суратал. Гьениб батун буго битIараб, тIад как балеб гIадаб ункъбокIонаб къоно. РагIизе лъугьун буго лъадал чулчули, гIадамазул зикру бачунел сасал. Абакар дагьав хIинкъун вуго. ТIокIав гьанив жанив чIун пайда гьечIилан лъугьун вуго. Жиндихъго букIараб лъимги гьенибе лъадалъе тIун, гьениса лъим босизе гьениб жанибго рахсидаги бан хIадурго батараб гел бегьун буго жанибе, гъобе ахаде, тIинде. ГIемер заман бан буго гьеб ахаде щоларого. Квешаб хъуди букIун буго лъадал. Цо нухалъ гел тIаде цIарабго бачIун буго гъуд цIурабгIан лъим. Гьедин гIемер тIинде гелги бегьун цIезабун буго жиндихъго букIараб гел. Вилълъун вуго гьениса къватIиве ва гIурухъе сапар бухьун буго гьеб лъим гьенибе тIезе. Щун вуго гIурухъе, тIун буго гьеб лъим гIурулъе. Нахъвуссунев вукIун вуго, нусго метра букIун гьечIо гIоралдаса гьесда аскIове щвезе. Бан буго чапун цIад, гъугъадун руго зобал, пирхун буго пири, хIалалъ ворчIун вуго Абакар рокъове лъутун. Гьелдаса нахъе гьеб лъим тIезе арав Абакарги, гьесда гьеб малъарав херав чиги росдал халкъалъ кIудияб къадруялда хьихьун руго.

ГIес кIанцIараб кьуру

Гъуниб районалъул Къорода росдада аскIоб буго гьебго районалъул Гьонода абураб росу. Машинаялда ани, Къородаса гьенибе буго 9 км, лъелго унел ругони - 2-3 километр. Гьеб росдал хIакъалъулъ буго цIакъ тамашаяб тарих. ГIемер гIакъуба бихьараб росу буго гьеб. ГьитIинаб букIиндалги батилаха (гьабсагIатги гьитIинаб буго – кинабниги 350-400 цIараки) цогидал чIахIиял росабаз рахIат толеб букIун гьечIо гьезие, тIаде кIанцIун жо бахъун, гIачи-бачал хъун, гьезул гьан бикъун, кванан.

Гьелъ букIун буго гьезул малъ къосинабун, рахIат хвезабун. Хасго гьезде тIаде кIанцIулел рукIун ГIасаб абураб, гIемер рикIкIада гьечIеб росдал гIадамал.

Гьале херал, лъимал гурони росулъ хутIичIеб, хутIарал бажари бугел гIадамал магъилъе, росу тун къватIирехун араб мехалъ рачIун руго цере-цере гIадин цо нухалъги гIасасел. КIудияб дандечIей гьабизе росулъ чиго ватичIеб мехалъ байбихьун буго росулъ батараб боцIи хъвезе. Гьан белъинабизе росдал майданалде рахъун руго. Гьеб росдал гIадамазда лъан буго, кумекалъе аскIоб бугеб Къорода росдал гIадамалги ахIун руго. Байбихьун буго рагъ. Гьонодисезул дагьал гIадамазде данде рахъун руго дагьалго дандияздаса цIикIкIарал гIадамал. Амма майданалда бакараб цIаги, белъунеб гьанги, кьабулеб къалиги, кьурдулел гIадамалги, гьабулеб сухIматги гIасасез кинго къотIизе тун гьечIо. Цо гьонодисев вукIун вуго ихтилат гьабулеб бакIалдаса гIемер рикIкIад гьечIого вахчун чIун. Цо заманалдаса гьес гьезде тIаде чIорбутIалдасан чIор биччан буго. Гьеб чIор доб зурма пулев вукIарасул зурмаялда жаниб щун, кIалдиб къан буго ва гьес гьаракь къотIизе тун буго. Гьеб заманалда тIаде щун руго къородиселги.

РакIалда букIинчIеб къуват тIаде щведал, гIасасел риххун руго, лъутизе рекIун руго. Амма кире лъутилели лъаларого, анире рортун, дорехун хъатун рукIун руго. Ахирги  малъ къосарал чагIи киналго нухалги ккун ратун, гьабилеб жо лъаларого, цо кьурулъа гъоркье кIанцIун руго. Гьединан лъураб бугилан бицуна гьонодисез гьеб кьуруялда «ГIес кIанцIараб кьуру» абураб цIар. Гьеб кьуру гьабсагIатги цIунун хутIун буго.

Сулдериде тIаде кудел кIанцIи

МагIарухъ билълъараб гIадат букIиндал, цо заманалдасан (гьеб букIун буго цIакъго цебе заман) мадугьалихъ бугеб СалтIа ва Кудалиб росабазда гьоркьоб (гьанже гьеб кIиябго росу Гъуниб районалда гъорлъе уна) жахIда цIикIкIун буго.

Киндай цоцазе кIвараб зарал зарал гьабилаян рукIунел рукIун руго гьел. Гьеб мехалъ кудалисезда ракIалде ккун буго жалго цIикIкIаралги ругелъул, гьитIинаб СалтIа росдаде тIаде кIанцIизе, гьединаб нухалдалъун гьезие заралги гьабизе. Гьеб мурадалда цо пуланаб къоялъ кудел кIанцIун руго СалтIа росдаде тIаде ва гIемер захIматго бихьичIого гьел жидеего мукIур гьарун руго. Байбихьун буго росулъ гьезул боцIи хъвезе, руччаби инжит гьаризе, бихьинал, херал, лъимал чIвазе ва жидедаго цере хIалтIизаризе.

ГIемераб заманалъ букIун буго гьеб балагь сулдерида тIад ханлъи гьабун.

«Вай аман, Аллагьилан» хъахъусдилеб букIун буго гьеб росдал халкъ, тIаса унареб балагьги ракIалде щун. Кулдеридаги жалго лъикIал лъугьун нахъе ине ракIалде кколеб букIун гьечIо. Малъ къосараб сулдерил жамагIат маслихIаталъе ЦIадахIариса Къади абурав, халкъалда гьоркьоб къадру-къимат бугев чиясухъе бортун буго. ВачIун вуго гьев СалтIе. Къадица кулдерида абун буго:

- Ле, гIадамал, гьаб гизма расги беццулеб ишги гурин, гьаб расги гIайиб гьечIел гIадамазе  гIакъуба щай кьолеб? ГIела нужее гьаб гIакъуба-гIазаб гьазие кьураб, кIудияб баркала сулдерие гьанжелъагIан нужер гIакъуба хIехьараб. РачIа гьаб тушманлъиги жибго тун, кIиябго росдада гьоркьоб гьудуллъиги, вацлъиги тIегьазабизе», - ян.

Гьесул кIалъай кулдерил жамагIаталъ кIудияб гъираялда къабул гьабун буго. Сулдерил жамагIаталъги кIудияб гIажаиблъи гьабун буго гьев чиясул кIалъазе бугеб кIудияб махщалида. Гьесда цебеги гIемерал гIадамаз абун буго кулдерил жамагIаталда лъугIизе тейилан гьеб гизма, амма кудалисез гьелъухъ гIинтIамулеб букIун гьечIо. Амма ЦIадахIариса Къадица абураб гьез нахъчIван гьечIо ва гIемер кватIичIого жидерго Кудалире нахъуруссун руго, ва тIубанго СалтIа росуги эркенлъун буго.

Тамашалъарал сулдерица абун буго кинин дуда гьеб кIварабилан.

- Дир тIоцебе чIужуялъ гьабуна адаб, гьелдаса мисал босун лъималаз, хадуб гIага-божараз, гьедин росдацаго, ахиралда дир адаб гьабуна бодуца», - ян абун буго Къадицаги. - Гьанже дир адаб гьабуларев чи гьаб сверухълъиялда гьечIо, гьалмагъазаби!»

Гьедин жаваб кьун буго цIадахIарисес сулдерие.


Автор: Багъатар ХIажиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьай баркала,лъик1ал баянал руго!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook