Авторизация

ХъахIабмажгит (Акджамесджид) росу

Акджамесджид ккола турказул мацIалда «ХъахIаб мажгит» абураб цIар. Гьеб цIар щун бугила, гьаниб тIоцере гочарал магIарулаз бараб мажгит хъахIаб гачалъ белъун хадуб.

Акджамесджид (ХъахIабмажгит) буго Сивас вилаяталда Сивас мухъалда. Сивас шагьаралдаса гьанибе буго 29 км, Учтепе (ЛъабгохI) росулъа – 7 км. Росу бегун буго бакъде балагьараб гохIалъул лабаллъуда, гьениб чвахулеб лъарал рагIалда. Учтепеялда гIадин гьанибги сверухълъи буго лъарагIаб бакI, цо-цо гохIал гурони кIудиял мугIрул гьечIел. МугIрулгун кьураби руго цо чанго километралъ рикIкIад, Учтепеялдаса Акджамесджидалде унеб мехалъ квегIаб рахъалда. Гьел мугIрузда гьанир ругел магIарулаз «Самудил рукъзал»-илан абула. Аслияб бетIербахъи гьаниб буго чIегIерхIайван, гIи-боцIи хьихьиялдаса ва ролъ бекьиялдаса.

Гьаб росулъ 1950-л соназда 55-60 цIараки букIун буго ва гьелги киналго магIарулал. Нахъа байбихьун руго гIадамал шагьаразде гочине. 1980-л соназда магIарул хъизаназул къадар 20-ялде бахана. ГIамирхан МухIамаддадаевас хъвавухъе 1990-л соназда росулъ букIана магIарулазул 20 цIараки. 2013-б соналъ ниж гьенир щвараб мехалъ гьениб 3 хъизан гурони батичIо магIарулазул, амма гьезда цонигиязда магIарул мацI лъалеб букIинчIо. Аслияб къагIидаялъ гьанир рукIана туркал. 20 хъизан гьениб бугоан гьезул, 1950-л соназдаса хадур турказул Мамгъа абураб росулъа гочизе байбихьарал. 2000-б соналда росулъ рукIана 66 чи, 2012-б соналда – 70. Гьезда гьоркьоса 7 чи ккола магIарулав, яги 10%, амма цонигиясда магIарул мацI лъаларо.

Хlажимухlамад Гlалисултlанил вас аль-МелъелтlййиРосдае кьучI лъураблъун рикIкIуна Учтепеялда цадахъ ХIХ-б гIасруялъул ахиралда. 1950-л соназде щвезегIан гьел цIализе хьвадулаан Учтепеялда, цадахъ гьарулел рукIана ригьнал ва цогидал тадбирал.

Нижеда росулъ ватана 1956-б соналда гьавурав Оргьан Авер (Авар букIанила жидер памилия, мекъи хъван лъугьанила Авер абуна гьес). Гьесул вугоан 2 вас – Мурадгун Мустапа ва 3 яс. Жиндир эмен ЛатIипида лъалеб букIанила магIарул мацI, амма жинда ва лъималазда гьеб лъаларилан бицана гьес. ЛатIипил эмен Мансур ва гьесулги эмен хIажи-Къадир вукIанила. МагIарухъа (Дагъистаналдаса) гьаниве гочарал ва росдал кьучI лъурал чагIазда гьоркьов вукIанила гьев хIажи-Къадирги. Киса гьев вачIаравали гьесда чIванкъотIун лъалеб гьечIо, Бакълъулал ругел гIадин бичIчIана дида. ГIамирхан МухIамаддадаевас хъвалеб буго, гьенир гIемерисел магIарулал ЧIамалазул бодулъа (ЦIумада мухъ) гочарал рукIанин. Дида гьениса Сивасалде гочаразда гьоркьор ратана Силдиса чагIиги.

Аслияб къагIидаялъ Акджамесджидалдаса гочарал хъизанал чIун руго Сивас шагьаралда (45-40 цIараки, хIаракатчи – бухгалтер АхIмад Гувен). Жеги Истанбулалда буго 30 цIараки, Кагьраман-Марашалда – 20, Яловалда – 15 ва Бурсаялда – 10 цIараки.

Росдал басриял хабалазда (лъар бахъун цояб рахъалда, гохIил тIогьида) цо гурони хоб батичIо хъвай-хъвагIай бугеб. Гьебги жаниса бухъун пасат гьабун батана. Гьеб Сулайман-ходжал хоб бугин бицана Оргьан Аверица, аммма зонода хъван батана гьенив МелъелтIаса ГIалисултIанил вас ХIажимухIамад вукъун вугин абун. ГIаммаб къагIидаялъ балагьани – Акджамесджидалда магIаруллъи тIагIун бугин абизе бегьула. Гьениса вуссун хадув дида цIакъ пашманаб асар букIана, рехун тарал рукъзал, цо гурони гьечIеб басрияб хоб, гьебги жанисан (лахIтуялде щвезегIан) бухъун батараб, рахьдал мацI лъаларев магIарулав…


Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook